«Открытая власть» абураб проекталда рекъон, журнали сталгун дандчӏвана УФСИНалъул начальник, генералмайор Андрей Поляков ва промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов. Аслияб суал букӏана такъсир гьабурал чагӏи тамихӏалде цӏаялъе ахирал соназда билълъанхъизабулеб бугеб цӏияб къагӏидаялъулгун журналистазул лъайхъвай гьаби.
— Такъсир гьабуразда хӏалтӏизе тӏадаблъун гьабиялъул къагӏида нилъер улкаялда билълъанхъизабизе байбихьана 2017 соналъул 1 январалдаса нахъе. Гьединаб хӏукмуги гьабула судалъ, ай тӏадагьал такъсирал гьаруразе. Гьединазе гӏуцӏулел руго хасал централ, гьенир чӏезарун руго бигьаял шартӏал. Кибго гӏадин, гьезиеги буго микьго сагӏаталъулаб хӏалтӏул къо, 18 къоялъул отпуск, харжги кьезе бегьуларо МРОТалъул къадаралдаса дагь. Харж бачӏуна щивасул картаялде. Гьесда хадуб налъи ялъуни бецӏизе кколеб зарал батани, картаялда бугеб гӏарцудаса гъоркь ккола 5-20 процент, — ан бицана Андрей Поляковас.
Гьесул рагӏабазда рекъон, централде ритӏуларо санаде рахинчӏел лъимал, лъимаде йигей чӏужугӏадан, гьитӏинаб лъимер бугей эбел, 55 сонил ригьалде яхарай гӏадан ва 60 сонил ригьалдаса тӏаде арав бихьинчи, аскариял.
Гьеб къагӏида хӏалтӏизе биччаялъул аслияб мурадги ккола колониял, дагьабго къадаралъ ругониги, эркен гьари ва тӏадагьал такъсирал гьарурал, жамгӏияталъегун пачалихъалъе жиндаса хӏинкъи гьечӏел жанир тӏамун ругел дагь-дагьккун ракълилаб, эркенаб гӏумруялде ру- гьун гьари.
ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Хали- ловас бицухъе, гӏезегӏан руго гьединал хӏалтӏухъаби къваригӏарал, гьезие хӏалтӏи кьезе хӏадурал предприятиял. Масала, Буйнакскиялда – «БОФ», Дербенталъул зонаялда — «Татляр» магӏишат, ДагъОгни шагьаралда — цӏер гьабулеб производство.
— Тамихӏалде цӏарал гӏемерисел хӏалтӏухъабазул буго лъикӏаб махщел (цо-цоязе гьеб щола колониязда ругел профтехучилищеязда цӏалунги). Гьединлъидал предприятиязе бокьула гьелгун хӏалтӏизе. Амма буго цо масъала — гьел жанир чӏезе бакӏал гьечӏо, — ян бицана Н. Халиловас.