Араб соналъул хӏасилалги гьарун, исана хӏисабалде босараб хӏалтӏул бицана ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ, талат къоялъ республикаялъул журналистазулгун дандчӏваялда. Жидерго идараялда тӏобитӏараб гьеб данделъи нухда бачана РИА «Дагестан» агентствоялъул нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас.
Миллияб проекталда рекъон, культураялъул бутӏаялда гьарун рагӏалде рахъарал чӏахӏиял хӏалтӏабиги рехсон, республикаялъул маданияб рахъ цебетӏеялъе гьелъул хӏажалъиялъул бицана министралъ.
Аслияб къагӏидаялъ Зарема Бутаевалъ тӏадчӏей гьабуна Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 100 сон тӏубаялда хурхун исана республикаялда ва улкаялда тӏоритӏизе хӏисабалде росарал чӏахӏиял тадбиразда:
— Расулил Соналъе гвангъараб байбихьи лъуна 1 марталъ республикаялъул Гӏурустеатралда, хадубккунги гьеб тӏадегӏанаб даражаялда тӏобитӏизе буго Россиялдаго. Расул Хӏамзатов ракӏалдещвеялъул хасаб программагун нилъер искусствоялъул гьунарчагӏи, театразул коллективал щвезе руго республикаялъул районаздегун шагьаразде, улкаялъул регионазде, хӏатта къватӏисел улкабаздецин. Тадбиразул программа цӏакъ бечедаб буго, гьеб гӏуцӏизе нижее кӏудияб квербакъи буго «Росконцерт» федералияб идараялъул.
Зарема Бутаевалъ загьираб пашманлъигун ракӏалдещвезавуна, дагьалъ Аллагьасул къадаралде щварав, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев Мухӏамад Ахӏмадов:
— Ракӏал унтараб, ками ккана нилъее исана лъагӏалил байбихьудаго. Хасго гьадинаб кӏваралъул хӏалтӏи гьабулаго хьолбохъ Мухӏамад Ахӏмадов гьечӏолъи — гьеб нижее буго квербекараб чӏобоголъи.
Жиде-жидер миллаталъул маданияб ирс цӏуниялда хурхарал суалал рорхана гьенир республикаялъул газетазул вакилзабаз. Шамил районалъул къелдерил фольклор цӏуниялъе, гьезул маданияталъун мина цӏигьабиялде кӏварбуссинабураб букӏана «Хӏакъикъаталъул» рахъалдаса министралъе кьураб суал.
— Нилъер халкъазул хаслъи, рухӏияб ирс цӏуни — гьеб цӏакъ кӏварбугеб суал буго, — ян абуна министралъ. — Гьал ахирал соназ гӏемераб хӏалтӏи гьабун рагӏалде бахъана миллияб «Культура» проекталда рекъон республикаялъул райцентразда, росабалъ анцӏ-анцӏ клубалгун искусствоялъул школал къачӏана, цӏидасанги гӏезегӏан рана. Рагьулел руго заманалъул тӏалабалда рекъарал библиотекаби, цогидал культураялъул идараби, гьеб хӏалтӏи тартибалда унебги буго жеги. Жидер районалда ва росулъ гьединаб хӏалтӏи рагӏалде бахъин, бакӏалъулал нухмалъулезул хӏаракаталда, законалъул тӏалабазда рекъон жиндир заманалда документал хӏадуриялда бараб буго, — ян абуна Зарема Буттаевалъ.
Ахиралдаги министр тӏадюссана пресс-конференциялъул аслияб тема-Расулил Соналде, щаклъи гьечӏого, гьаб тӏубараб лъагӏелго нилъее киназего ракӏалда чӏолеблъун букӏинин абуна гьелъ.
Расул Хӏамзатовас 100 сон тӏубаялда хурхун тӏоритӏулел тадбиразул мухӏканлъи лъазе бокьаразе, хӏажатал баянал руго культураялъул министерствоялъул сайталда.