1839 сон. Август моцӏ. Шамил:

«… Рагъ къотӏизабиялъе гӏоло дица аманаталъе кьезе кколев вуго дир хирияв вас Жамалудин. Гьанадаса гьан тӏезабизе бигьаяб буго, ракӏалдаса ракӏ кин къотӏун батӏа гьабилеб…». Гьедин байбихьулеб буго дагьал церегӏан къоязда къватӏибе биччараб Хӏажи Сайпуевасул «Жамалудин – Кавказалъул рагъул аманат» абураб драма хӏисабалда хъвараб тӏехь. Гьеб хъваялъул хӏакъалъулъги кӏудияб тарих буго.

30-ялдаса цӏикӏкӏун соналъ данде бакӏарун, хӏакъикъияб тарих къалмиде босанин бицана нижергун ккараб гара-чӏвариялда Хӏ. Сайпуевас. Драмаялдалъун рагьун буго нилъеда лъаларев Жамалудинил образ, гьесул къваридаб къисмат.

Баян:

Болъихъ районалъул Рикӏваниса Хӏажи Сайпуев цӏалана Москваялъул Полиграфияб институталъул журналистикаялъул факультеталда. Хӏалтӏана республикаялъулаб теле-радиокомпаниялда, Болъихъ райгазеталда ва районалъул радиовещаниялда. Гьев вукӏана «Хӏакъикъат» газеталъул хасав мухбирлъунги.

РФялъул Журналистазул союзалъул ва РФялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член Хӏ. Сайпуевас къватӏибе биччана анлъго тӏехь.

— Хӏажи, Жамалудинил хӏакъалъулъ художествияб асар хъвазе кин ва кидал ракӏалде ккараб?

— 1982 соналда Москваялда, «Комсомольская правда» газетаялъул редакциялда, дун дандчӏвана публицист, таржамачӏужу, хъвадарухъан Ремида Радовскаягун. Дун гьелъухъе гьоболлъухъ щведал, къадада бан бихьана бихьинчиясул ва чӏужугӏаданалъул кӏиго сурат. Гьелъ абуна 125 сон цебебахъараб Шамил имамасул вас Жамалудинил сурат бугин гьабилан абун. Дица гьелда абуна гьеб сурат Жамалудинил букӏине рес гьечӏин, гьесул цоги батӏияб сурат бихьун букӏанин дида шагӏир Гӏумар-Хӏажи Шахтамановасул рокъоб. Гьеб мехалъ гьелъ бихьизабуна дида кӏиго сурат: цояб — цебеккунго дида бихьун букӏараб ва дирго тӏехьалда лъураб ва цогидаб — гьениб къадада баралда релълъараб. Радовскаялъ абуна гьеб кӏиябго сурат цого чиясул бугин.

«Цояб дуда Дагъистаналда бихьараб, талихӏкъарав Жамалудинил, гьаб дихъ бугеб сурат– талихӏав Жамалудинил бугин. Лъикӏгобалагьидал гурони сураталда цого чи вукӏин бичӏчӏуларо», — ян абуна гьелъ.

Талихӏав Жамалудинил сурат Ремидахъе щун буго, гьесул йикӏарай абурай Елизавета Олениналъул цогидаб къайигун цадахъ. Польшаялда вугеб заманалда жиндирго абуралъухъе битӏизе бахъун букӏун буго гьеб.

Гьелъ дида бицана жинца Жамалудинил хӏакъалъулъ хӏакъикъияб къиса хъвалеб бугин, Дагъистаналдаса гьесул хӏакъалъулъ материал бакӏаризе кумек гьабеян абун. Гьеб къоялъ гьелъ дида бихьизабуна Елизаветал дневникги. Гьелдаса цо-цо хъвай—хъвагӏаял гьарун рукӏана дицаги.

— Доб мехалда гьеб темаялда тӏад хӏалтӏизе гьукъун букӏинчӏищ?

— Дагъистаналде щвейдал, Елизаветал дневникалдаса гьарурал хъвай-хъвагӏаялги магӏарул мацӏалде руссинарун, «Багӏараб байрахъ» газеталде ритӏана. Гьел газеталда рахъичӏо, кьучӏ гьечӏел, дицаго ургъарал жал ратилин абураб багьанаги батун.

Хадуб, 1986 соналда газеталда къватӏибе бачӏараб макъалаялда Жамалудинил хӏакъалъулъ Кӏаратӏа росулъа Гӏалихӏажи Гӏумарасхӏабовас хъвараб гьитӏинабго макъала батана дида.

Ункъо соналъ цебе Ремидае кьун букӏараб рагӏиги ракӏалде щун, дун ана Кӏаратӏе. Гӏалихӏажихъ батана Жамалудинил дневникги, чадирги, Елизаветал сурат жаниб лъураб, цесеб рахъалда хириял ганчӏалги лъун хъанч бахъараб меседил кулонгун рахасги.

Гӏалихӏажица дихъе дневник кьечӏо. Гьеб цӏализе ва тӏаса хъвай-хъвагӏаял гьаризе, щибаб шамат ва гьатӏан къоялъ хьвадана Кӏаратӏе.

Хъвай-хъвагӏаялги росун дун ана Москваялде, Радовскаялъухъе. Гьей хун ятана. Гьелъул вас ватана рокъов. Гьелъ нахъе цӏунараб дневник кьеян гьаридал, васас бицана жинца эбелалъул библиотека бичанин, цо-цо жо макулатураялъегикьунин абун. Гьеб мехалда ракӏалде ккана дида Жамалудинил хӏакъалъулъ тӏехь дицаго хъвалин абун.

Дун щвана Санкт-Петербург, Москва, Рязань, Торжок, Тифлис шагьаразул архивазде. Гьениб Жамалудинил хӏакъалъулъ кодобе босизе гӏадаб жого батичӏо дида. Доб заманалдаго Жамалудинил хӏакъалъулъ хъвазе биччалеб букӏинчӏо пачаяс, тӏадвуссун хадуб Шамилицаги гьукъун букӏана гьесул хӏакъалъулъ хъвазе. Гьединлъидал, тарихиял документазулъги цӏакъ мукъсанал гурони гьесул хӏакъалъулъ баянал гьечӏо. Гӏемерисеб халкъалъе гьев хутӏана инсул рахъги кколарев, инсуда дандеги чӏарав чилъун. Гьев вичӏчӏулев вукӏинчӏо гӏемерисезда.

Жамалудинил дневник цӏаларалдаса нахъе дир мурад букӏана, гьезул хъизамалда гьоркьов вукӏарав киниги, гьезул хӏакъалъулъ хъвазе. Макьилъгицин вихьулаан дида гьев. Халкъалда Жамалудинил хӏакъикъат бихьизабизе бокьун букӏана дие. Гьаб драмаялдалъун дица рагьулев вуго гьесул ва Лизал дневникалда вихьарав, унго-унгояв Жамалудин.

Хъвазе гъукъиялъ тарих мискинаб батана

— Драмаялдалъун гьеб хъваялъе гӏилла щиб?

— Къаламцояз дида абулеб букӏана драмаялъул бакӏалда киналго ругьунаб роман хъвазе бегьулеб букӏанин абун. Дица хӏалбихьана, амма драмаялъ гӏадин героязул рекӏел хӏалги, гьезда гьоркьоб бугеб дагӏба-къецги къватӏибе кьун бажарулареблъи бичӏчӏана. Гьединаб кӏудияб драма сценаялда лъоларин абулелги камичӏо. Драмаялъул чанго батӏияб жанр буго, гьелда гьоркьоб буго цӏализе хъвараб драмаги. Гьеб къагӏидаялда хъвараб буго дица «Жамалудин – Кавказалъул рагъул аманат».

Драмаялъулъ цӏикӏкӏун кӏвар кьун буго хӏакъикъиял лъугьа-бахъинал рихьизариялде. Гьениб цониги цӏар гьечӏо дицаго ургъун бахъараб. Художествияб асар бугелъул, гьенир руго эпитеталги метафоралги, калам берцин гьабизелъун къачӏарал предложениялги. Гипербола гьечӏо. Кӏодо гьабун, бугелдаса цӏакъаблъун, кутакаблъун бихьизабун гьечӏо кинабгӏаги лъугьа-бахъин яги героязул калам.

— Нилъерго тарихчагӏазда аскӏове ун цӏеханищ дуца Жамалудинил гӏумрудул хӏакъалъулъ?

— Жамалудинил хӏакъалъулъ гьезда лъалеб жо гӏемер батичӏо. Ю. Дадаевасухъе ун вукӏана. Гьес абуна Доногъохъе аян. Гьесухъе дун инчӏо. Гьесул «Аманат Кавказской войны» абураб тӏехь бихьана дида. Гьениб Жамалудин цӏалараб бакӏалъул ва буюрухъазул хӏакъалъулъ документал ругоан. Гьес абулеб бугоан Жамалудинилги Елизаветалги «легкий флирт» букӏанин, кинайгӏаги абурайги гьей йикӏинчӏин. Дицаго цӏалараб Жамалудинил дневникалда хъвалеб буго гьелде букӏараб кутакаб рокьул хӏакъалъулъ. Инсудаги гьарулеб бугоан гьес жиндие Елизавета ячеян абун. Жиндие ячани гьелъ ислам босизеги рагӏи кьолеб бугин бицун буго гьес инсуда. Шамилица инкар гьабулеб буго васасе Елизавета ячине. Гьеб мехалда Жамалудиница инсуда абулеб буго, дуца эрменияй ячине бегьараб, жинца гӏурусай ячине бегьуларищин абун. Гьединги разилъун гьечӏо имам.

— Дневник хӏакъикъаталдаги Жамалудиница хъвараб букӏиналда ракӏчӏей бугищ?

— Доб заманалъул къагӏидаялъ хъвараб, гьесул васигатги тӏад бугеб дневник букӏана доб. «Гьаб васигатги дневникги инсухъеги Гъазимухӏамадихъеги кьоге, Мухӏамад-Шапигӏихъе кьеян абун» — хъван букӏана гьениб. Жамалудиница магӏарул цӏаразулъ гӏурус мацӏалда гьечӏел хӏарпазул бакӏазда гӏараб хӏарпал хъвалел ругоан. Цадахъ букӏараб къайиги Жамалудинил букӏана. Гьениб букӏана Аллагьасдехун гьабураб хитӏабги. Нахъвуссинчӏелъухъ эбелалда тӏаса лъугьаян гьарулеб бугоан гьес, йокьулейги тӏаса лъугьинаюлей йигоан…

Жамалудинил дневник тӏагӏана

— Дневникалдаса хъвай-хъвагӏай гьабун гурони, цогӏаги сурат гьечӏищ хутӏун? Гьанже лъихъ бугеб гьеб?

— Доб мехалда Гӏалихӏажица жиндирго рокъов гӏодовги чӏун, тӏаса хъвазе гурони дихъе кьечӏо дневник. Суратал рахъизеги гьанжегӏадаб рес букӏинчӏо. Гьес абуна жиндир кӏудияв инсул эмен Гӏалихӏажица Жамалудиние рагӏи кьун букӏанила дневникги цогидаб къайиги гьесул гӏагарлъиялъухъе кьезе. Кӏудияв инсул васигат тӏубазабизе Москваялде щун вукӏана гьев. Гьезул хъизамалъ Казахстаналъул Ош шагьаралда гӏумру гьабулеб букӏана (Сталинил репрессиял сабаблъун ккана гьел Ошалде). Гьенисан Москваялде щвана Гӏалихӏажи Шамилил гӏагарлъи цӏехезе. Адресазул тӏехьалдебалагьидал гьединаб фамилиялъул гӏемерал гӏадамалги ратун, лъихъе Жамалудинил ирс кьелебали лъачӏого гьеб иш тана гьес. Гьенисавачӏаравги вукӏана гьев Дагъистаналде. Кватӏичӏого Гӏалихӏажиги Ошалде тӏадвуссана.

Гьелдаса чанго сон ун хадуб дунго ун вукӏана Ошалде, доб дневникалъул хӏакъикъат цӏехон. Гӏалихӏажи хун ватана ва гьесул рокъоса цо кӏудияй гӏаданалъ бицана гьеб къайиги Жамалудиние Мухӏамад-Шапигӏица сайгъат гьабураб хвалченги цадахъ босун анин васазин абун. Гьезухъеги щвана дун, Москваялде. Гьез немцасе бичун батанахвалчен. Дневникги жидеца бухӏанин абуна.

— «Аманат» фильмалда бихьизабулелдаги дуца дневникалдаса цӏаларалдаги гьоркьоб релълъенлъи бугищ?

— Гьечӏо. Тарихиял хӏужаби хисизарун, мукъсан гьарун, ургъун рахъун руго гьенир. Императорас жинцаго гьарана Жамалудиние Елизавета. Гьезул берталъ Жамалудинил эменлъунги живго вукӏине вугин абун буго гьес. Жамалудиница Елизаветалда абулеб буго нилъ цин магьари лъезе мажгиталде рилълъине ругин, хадуб дур къагӏидаялъ килисаялдеги ун бертинги гьабилин. Императорас мажгиталде ун магьари лъезе ихтияр кьоларин Елизаветаца абидал, Жамалудиница абуна гьес жиндирго яс Ольгаги православияб ва католикияб къагӏидаялъ бертин гьабун кьунин, жиндиеги инкар гьабиларин абун.

— Жамалудиница дозул дин босаниланищ хъван батараб дневникалда?

— Гуро. Гьесие тарбия кьуна исламияб диналда рекъон. Императорас гьев Москваялъул академиялдаса ургъунго Александровский корпусалде витӏула гьениб ислам малъулеб букӏиналъ. Кӏиго соналъ гьенив цӏалула гьев. Жамалудиница Къуръанги цӏалулаан, гӏараб, татар, ингилис, паранг, немец мацӏалги лъалаан. Гӏараб ва татар мацӏал кӏочонел ругин хъвалеб бугоан гьес дневникалда.

Доногъоца абулеб буго Жамалудинида кинабгӏаги къватӏисел улкабазул мацӏал лъалароанин. Доб мехалда паранг мацӏ лъазабулеб гӏадат букӏана киса-кибего, хӏатта гьеб мацӏалда кӏалъалаан гӏурусалги. Кӏудиял хъвадарухъабазгицин жидерго асаразулъ бащадаб къадаралда паранг мацӏ хӏалтӏизабулаан доб мехалда.

— Магӏарул мацӏ лъалеб букӏанищ Жамалудинида?

— Гьесда гьеб кӏочон букӏана. Кӏоченчӏо эбел ва гьелъ жиндиего рикӏкӏунеб букӏараб кечӏ. Аманатлъун витӏулаго сордо рогьинегӏан Жамалудинги къвалакь ккун, ракӏ унтарай эбелалъ рикӏкӏарал «Дир берзул канлъи – мун, рекӏел кӏутӏи – мун, гӏумрудул магӏна – мун, чорхол рухӏги мун» абурал рагӏаби такрар гьарулаан гьес. Дневникалда бицунелда рекъон, гьесие анкьго сонцин тӏубан букӏун гьечӏо. Гьев августалъ вачуна аманатлъун, декабралда анкьго сонги тӏубала. Тарихчагӏазин абуни, гьев аманатлъун витӏидал ичӏго сон букӏанин абулеб буго.

Инсулги васасулги бигьаяб гуреб гьоркьоблъи

— Дуца хъвалеб буго Жамалудиние гӏагарлъиялъухъе тӏадвуссине бокьун букӏинчӏилан. Ва пачаяс гьев вас хӏисабалда хьихьун вукӏанилан. Гьедин хирияв вукӏун ватани, пачаяс Жамалудин гуржиязул асиразухъ хисиялъе гӏилла щиб?

— Пачаясе гьев виччазе бокьун букӏинчӏо, амма витӏичӏогоги рес букӏинчӏо. Жамалудиница пачаясда гьикъана инсухъе тӏадвуссине жив разилъичӏони щиб дуца гьабизе букӏарабин абун. Гьес жаваб кьуна жинца армиялъул къуват цӏикӏкӏинабизе ва гьел асир гьаризе хӏаракат бахъизе букӏанин. Гуржиягун цадахълъугьунжидер армиялъ Дагъистаналдаги Чачаналдаги гӏемерал биял тӏезе рукӏанин абун. Гьеб кӏудияб тунка-гӏуси ккечӏого букӏине гӏоло вачӏана Жамалудинги инсухъе, Чачаналде.

Гьев вачӏиналъе кӏиабилеб гӏиллаги букӏана — жиндир хъизам хвасар гьабеян абун, гиназ Чавчавадзеца Жамалудинихъе кумек гьарун кагъат битӏун бачӏин. «Мун нахъе кьечӏони, дур инсуца жиндир хъизам наибзабазда гьоркьоб бикьула» абун хъван буго гьес Жамалудинихъе. Лъабго моцӏидаса тӏадвуссине вугилан гьалмагъзабаздаги Елизаветадаги абун ана гьев инсухъе.

Гьес инсуда абулеб букӏана рагъ теян: «Дур дол цере рукӏарал бахӏарчиял наибзабиги хвана. Гьанже тараз халкъ къварид гьабулебги буго. Наибзабаз рагъуеян абун магъало бахъулеб буго ва гьелдаса дагьабго рагъуеги тун хутӏараб жидерго царгъазухъе ккезабулеб буго. Халкъ бакъун ва унтун буго. Дуца пачаясда цере дурго тӏалабалги рихьизарун, рагъ къотӏизе те, эмен. Гьелдалъун мун бергьинеги вуго». Шамил разилъичӏо…

— Жамалудинилги Шамилилги гьеб диалогалдалъун Шамилил къадру дагьаб гӏодобегӏан гьабулеб бугин кколеб гьечӏищ дуда?

— Гьечӏо. Жиндир эмен гӏадав кӏудияв стратег къанагӏат гуроги гьечӏин дунялалдаян абулеб буго Жамалудиница. Ритӏухъав, вацӏцӏадав, лъикӏав гӏакълучи, лъицаго хӏурмат гьабулев цевехъан вугин жиндир эменин хъвалеб буго Жамалудиница.

Жамалудиница абулеб буго жиндаги инсудаги гьоркьоб бугеб бичӏчӏунгутӏи нуцӏа тун къватӏибе босизе кколеб жо гьечӏин. Гьеб бугила инсулги васасулги иш. Хӏакъикъаталдаги гьедин жидедаго гьоркьоб тӏубан букӏинчӏебани, гьес инсул адаб тараб жоги гьабулеббукӏун батани, гьеб къватӏибе рагӏизеги лъазеги букӏана. Гьелъул хӏакъалъулъ чияца бицинеги хӏажат гьечӏин хъвалеб буго Жамалудиница.

— Дневникалдаса цӏалараб, драмаялъе босичӏеб лъугьа-бахъин хутӏанищ?

— 1870 (71) соналда Александр II цадахъ гьесул вац гиназ Михаилги, Елизавета Оленинаги, Жамалудинил вац Мухӏамад-Шапигӏги Дагъистаналде рачӏун рукӏун руго. Гьел щун руго Гъунире. Мухӏамад-Шапигӏгун цадахъ Елизавета щун йиго Кӏаратӏе, Жамалудинил хабадеги. Гьеб дица цӏалана гьелъул дневникалдаса. Гьелъ гьениб бицунеб буго Болъихъ ругел хъулбузулги сверухълъиялъулги хӏакъалъулъ. Гьелда божичӏого кин вукӏинев.

Жамалудинил дневникги, букӏараб хӏалалда, гӏурус мацӏалда къватӏибе биччазе ракӏалда бугин бицана Хӏажи Сайпуевас. Доб мехалда гӏемер щолаан гьев пачалихъиял архивазде. Турциялдаса рачӏарал Гъазимухӏамадил кагътал руссинаризе таржамачиги вачӏунаан гьесие кумекалъе архивалде.