Туристазул сезон байбихьилалде цебе ДРялъул хӏукуматалъ лъазабуна пачалихъалъ цӏунизе тӏаде росарал тӏабигӏиял памятниказухъ, берцинал бакӏазухъ балагьизе рачӏунел туристазухъа гӏарац босизе кколин абун. 2023 соналъул 20 февралалда республикаялъул хӏукуматалъ хӏадур гьабураб сияхӏалда бихьизабун буго пачалихъалъ цӏунизе кколин рихьизарурал тӏабигӏиял бакӏазул ичӏгояб. Гьел ккола «Тӏасияб Гъуниб», «Хунзахъ», «Ицари», «Къорода» ва «Салтӏа» къварилъаби, Ханаг ва Чвахило абулел чвахукьбакӏал, Мочӏохъ хӏор ва «Алмахъ» къварилъи. Гьел росабазул гӏадамазухъа ва гьел бакӏазда хӏалтӏулезухъа хутӏун, хутӏаразухъа, ай гьалбадерихъа, рукӏа гьел нилъергоял яги къватӏиса рачӏарал, босизе буго нус-нус гъурущ.
Гьеб лъазабиялъ ахӏи-хӏур бахъинабуна социалиял гьиназда, разилъи гьечӏолъи загьир гьабуна туристал къабул гьаризе хӏадурулел ругез. Лъил чвантинибе унеб яги сундуе хӏалтӏизабизесеб гӏарац гьебилан, суалал руго гьез рорхулел.
Гьеб суалалда тӏасан жиндирго пикру загьир гьабулаго гьадин бицана Хунзахъ районалъул Мочӏохъ росулъа Мухӏамадхӏабиб Халилбеговас:
— Дагьал церегӏан къоязда Махӏачхъалаялда, Тӏабигӏат цӏуниялъул ва экологиялъул министерствоялда, тӏобитӏана данделъи. Гьенире ахӏун рукӏана туристазухъа нус-нус гъурущ бакӏаризе бихьизабурал тӏабигӏиял памятникал ругел росабазул бегавулзаби, гьезул заместителал ва цогидалги. Амма гӏемерисез гьеб суал къабул гьабун гьечӏо. Масала, нижер росдал бегавул Мирзоев Ахӏмадица чӏванкъотӏун цӏехон буго сундухъ гьеб гӏарац бакӏарулеб бугебилан.
Нижер росдал гӏадамаз, цо гъурущцин хӏукуматалдаса тӏалабги гьабичӏого, гӏуцӏун руго туристазе шартӏал — кьищни балел къалал, чӏезабун буго гьеб баччизе хасаб машина. Бачун буго лъим, ток. Бан буго какал разе бакӏ, туалетал ва хадурккунги гьел шартӏал дагьалги лъикӏлъизариялда тӏад хӏалтӏулелги руго. Мочӏохъ хӏор гьеб идараялда ракӏалде щвана гӏицӏго гьенире, нижер квербакъиялдалъун, туристал рачӏине лъугьараб мехалда. Киб букӏараб министерство гьениб форель ччугӏа тӏубанго хвезабураб мехалъ, хӏор жаниб херги бижун хьуцӏиде буссиндал?
Гьеб киналъулго ургъел гьабуна нижецаго. Нижерго къуваталдалъун биччана хӏоринибе сазань, толстолобик, хъахӏаб амур. Хӏор лъугьаралдаса нахъе нижер росдал цӏалдохъабаз ихдалги хаслихъеги бакӏарана хӏор сверухъа рищни-къул. Ниж разиял гьечӏо нижехъе рачӏунел гьалбадерихъа гӏарац бакӏаризе. Гьеб буго нижер умумузул ракь. Хӏоралда гъоркье ана 2000 гектар ракьалъул. Гьелдаго гъорлъ 15-20 гектар пихъ кьолел ахазулги. Амма хӏукуматалдаса нижее цо гъурущ рецӏелалъул щвечӏо.
Цо-цо информациялъулал алатазда хъвалеб буго 2022 соналъул сентябралда РФялъул Пачалихъалъул Думаялъ гьоркьоб лъун букӏараб бакӏалъулал идарабаз щивав туристасухъа нус-нус гъурущ бакӏаризе ихтияр кьолин абураб законалъул проект нахъчӏван бугилан. Гьелъул мухӏканлъи дагьаб нахъа лъазе буго.
Щвараб гӏарац гьеб бакӏалдаго харж гьабила
Туристазухъа бакӏаризесеб гӏарац сундуе харж гьабизе бугеб, лъил чвантинибе гьеб ине бугебали лъазелъун, нижеца бухьен ккуна ДРялъул Тӏабигӏат цӏуниялъул ва экологиялъул министерствоялъулгун.
— Гьеб гӏарац босизе бихьизабурал бакӏазда лъезе руго кассалъулал аппаратал. Гьезул жаваб кьезе буго пачалихъалъ цӏунизе тӏаде росарал тӏабигӏиял памятниказул дирекциялъ (ГБУ). Гьениса щвараб гӏарац хӏалтӏизабизе буго гьел бакӏазул сверухълъи къачӏаялда тӏад, беседкаби, скамейкаби лъезе, ккаралъуб гӏурччинлъи, тӏегь-хер чӏезе. Гьел бакӏал сверун къаялъе, канлъи чӏезабиялъе, рищни-къул балел бакӏал гьаризе, машинаби лъезе санагӏалъаби гьариялъе ва гьеб гуребги хӏажатабщиналда тӏад хвезабизе буго гӏарац, — ан бицана рехсараб министерствоялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Разибике Хӏажиевалъ.