Гьалбал цӏикӏкӏунел руго
Берцинаб тӏабигӏатги лъагӏалил бокьараб заманалда гьалбал къабул гьаризе рекъараб гьава-бакъ букӏиналъги соналдаса соналде цӏикӏкӏунел руго Дагъистаналде рачӏунел туристазул къадар.
2021 соналде дандеккун, гъоркьиса нилъер республикаялде рачӏарал гьалбадерил къадар цӏикӏкӏана 43 проценталъ. Масала, 2022 соналда 1,5 миллионалдаса цӏикӏкӏун чи вачӏана Дагъистаналде. Исана гьезул къадар жеги цӏикӏкӏине рес буго.
Араб анкьалда Сбербанкалъ тӏобитӏараб цӏех-рехалда рекъон, СКФОялъул регионазда гьоркьоб туристазе бищунго хираго чӏолеб буго нилъер республикаялде сапар гьаби. Масала, 2022 соналда Дагъистаналда цо сордо-къо барав туристас харж гьабун буго 5554 гъурущ. 2021 соналдайин абуни — 2350 гъурущ. 2019 соналда — 1400 гъурущ.
Дагъистаналда туризм цебетӏунин абизе бегьула, аслияб куцалда, гӏадатиял гӏадамазул ва цо-цо турфирмабазул жигаралдалъун. Маршруталги, туристал рачине бакӏалги, гьезие санагӏалъаби чӏезариги гьез жидехъаго бажарухъе цебетӏезабуна.
Дагьал церегӏан соназдаги гидалги турфирмабиги цӏакъго дагьаб къадаралда рукӏун ратани, гьанже гьезул къадар гӏемерго цӏикӏкӏун буго. Цӏикӏкӏунел руго росабалъгун районазда ругел гӏадамазе хӏалтӏизе бакӏал, щолеб хайир.
«Краеведал руго бищун лъикӏал гидал»
Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовасги «чӏагояб эфиралъул» заманалда борхун букӏана республикаялда гидал хӏадур гьаризе ва мугӏрузул районазда туризм цебетӏезабизе ккеялъул суалал.
Аслияб куцалда туристал Дагъистаналде рачӏинариялъе хӏалтӏи гьабурав чи вугин абизе бегьула «Тур в Дагестан» турфирмаялъул хважаин, гӏагараб ракьалъухъги ватӏаналъухъги рокьи ккарав Муртазагӏали Мухӏамадов.
Дагъистаналда туризм цебетӏезелъун щиб гьабизе кколеб? Гидал кин хӏадур гьарилел? Гьел ва цогидалги суалазе жаваб кьолаго гьадин бицана гьес «Хӏакъикъаталъе»:
— Дагъистаналда профессионалиял гидал цӏакъ дагь руго. Ругезул цо-цоял ккола аттестация гьабурал, цогидал — туризмалъул школал, академиял лъугӏарал. Гьел школал лъугӏаразулги халгьабизелъун аттестация гьабула ДРялъул Туризмалъул ва халкъияб художествиял промыслазул министерствоялъ. Гьез цере лъолел тӏалабазухъ балагьидал, бихьулеб буго гьел цо ккурал гьечӏеблъи. Рукӏине ккола рихьизарурал стандарталги гьезда рекъон гьабулеб хӏалтӏиги. Гьеб данделъиялда нижеца гьелъулги бицана, гӏемерисез гьелъул рахъги ккуна.
Магӏарухъ ругел росабазул школазул учительзаби, жидерго ракь бокьулел, гьелъул тарих лъалел гӏадамал, аттестация гьабичӏонигицин гьеб ишалде гъорлъе цӏазе бегьула. Щайгурелъул гьезда жидерго ракьалъул тарихгун рукӏа-рахъин лъикӏ лъала. Гьеб гуребги гьезул буго педагогикияб лъайги. Гьединал гӏадамазе квалквалал гьаричӏого, гьезул гъира баледухъ хӏалтӏизе риччан тезе ккола. Щибаб къойил лъималазе тарбияги лъайги кьолел гӏадамаз, тӏаде рачӏарал гьалбадерие жидерго росу-ракьалъулищ цо къоялъ бицине бегьулареб? Гьез дагьабги берцинго, гъира баледухъ, гӏенеккизе бокьуледухъ бицуна тарихалъул, ай бокьарав гидасдасаги лъикӏ.
Январалъул ахиралда Сергей Меликовасулгун букӏараб «чӏагояб эфиралдаги» борхун букӏана тӏадеги лъай кьей камил гьабизе ккеялъул хӏакъалъулъ суал. Лъикӏ букӏинаан, масала, Гъуниб рагьизе туризмалъулаб цо школа. Биччанте гьеб букӏине Махӏачхъалаялда бугеб Россиялъул пачалихъияб туризмалъул ва сервисалъул школалъул филиаллъун. Гьез хӏадуризе бегьула экскурсоводал, гидал, проводникал, отелазда, гостиницабазда хӏалтӏулел гӏадамал.
Гьединаб школалда аттестация гьабизе бегьула учительзаби-краеведазулги, хӏадур гьаризе бегьула гидалгун экскурсоводалги. Гьенире рачӏине бегьула аскӏор ругел районаздаса цӏализеги туристалгун хӏалтӏизеги бокьарал, гьабсагӏат туристалгун хӏалтӏулел ругелги. Гьеб кинабго гьабизе ккани, къваригӏуна кумекги кверчӏвайги.
Ралъдал рагӏалде инеги, гӏаздада хъещтӏезеги, цӏер чӏвараб хӏорихъе щвезеги, тарихиялгун тӏабигӏиял памятникал рихьизеги, республикаялде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏунеб буго соналдаса соналде. Чанго соналъ цебегицин туристал рихьидал гьезухъ гӏажаибго ралагьулел рукӏун ратани, гьанже киналго ругьунлъун руго. Гьединго къанагӏат гурони телевизоралдасанцин бихьизабулеб букӏинчӏеб Дагъистаналъул хӏакъалъулъ, гьанже щибаб анкьалъ гӏадин батӏи-батӏиял телеканалаздасан бицунебги бихьизабулебги буго. Бихьизеги гьабула гьалбал хириял, тӏабигӏат берцинаб, гӏемер миллатазулаб республика хӏисабалда.