Исана 3 апрелалда 70 сон тӏубалаан хӏал алжаналда батаяв гьайбатав инсан, гьунар бугев тохтур, Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутат, унго-унгояв магӏарулав Шамил районалъул Бакълъухъа Сулейманов Мухӏамад гьавуралдаса. Гьев нилъедаса ватӏалъаралдаса 31 сон баниги, гьев лъалев вукӏараз, гьесда цадахъ хӏалтӏараз жакъаги гӏемер бицуна Мухӏамадил гӏаданлъиялъулги, гӏадатлъиялъулги, гӏакълу-лъаялъулги бажариялъулги хӏакъалъулъ.
Дагъистаналъул пачалихъалъул медицинаялъул институт лъугӏун хадуса Мухӏамад 6 соналъ хӏалтӏана Калуга областалъул Медин шагьаралъул больницаялда. Дагъистаналде тӏадвуссиндал, 1981 соналдаса байбихьун хӏалтӏана «Талги» ва «Каспий» санаториязда, Махӏачхъалаялъул бакӏал ралел чагӏазул поликлиникаялда. 1986-1989 соназ Сулейманов хӏалтӏана ДАССРалъул сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул санитарияб лъай кьеялъул рукъалъул бетӏерав тохтурлъун. Кив хӏалтӏулев вугониги, Мухӏамадида сверун ракӏарулаан унтарал, гьесул рагӏиялъцин жал сах гьарулилан. Жиндихъе вачӏанщинав чиясда разияб гьимигун дандчӏвазе вахъунаан Мухӏамад, гӏажаибго унтарасул ракӏ батизабулеб рагӏи абизе лъалаан гьесда. Дарабаз гӏадин рагӏабазги гӏадан сах гьавизе кӏоларев чи тохтур кколарилан абулаан гьес.
1989 соналъ конкурсалъул хӏасилалда Сулейманов тӏамуна Шималияб Кавказалда тӏоцебе Махӏачхъалаялда рагьараб Диагностикияб централъул бетӏерав тохтурлъун. Мухӏамадица цӏакъ жигар бахъана централъе доб мехалъ бищун цебе тӏураб унтаразул хал гьабулеб оборудование балагьизе ва гьелда хӏалтӏизе тохтурзаби ругьун гьаризе. Щивав унтарасда рекъараб рагӏи бицине ва гьезул зигара-гӏарзалъухъ кӏвар кьун гӏенеккизе ругьун гьарун рукӏана гьес диагностикияб централъул киналго хӏалтӏухъаби. Къокъаб заманалда жаниб гьесул жигаралдалъун Диагностикияб центр лъугьун букӏана Шималияб Кавказалдаго бищун церетӏурал медицинаялъул учреждениязул цояблъун.
Кидаго гӏадамазе кумекалъе хӏадурав тохтур, кидаго ракӏ разияв инсан Сулейманов Мухӏамад, ракьцояз божилъиги гьабун, 1990 соналъ Верховный Советалде депутатлъун вищана. Доб букӏана кӏудияб пачалихъги (СССР) бихх-биххун унеб, щибаб республикаялъухъе жиндирго законал рахъизеги букӏинисеб тӏасабищизеги ихияр кьураб заман. Тӏалабго улкаялда байбихьун букӏана пачалихъалъулаб буголъи бикь-бикьизе, хъулухъ-пишаялда вугевщинас халкъ бетӏергьанаб мал жидедего буссинабизе. Гьелдаса цӏакъ рази гьечӏого халкъги букӏана.
Дагъистаналъул парламенталда гӏелму-лъай бугел, хӏакъикъаталдаги республикаялъул букӏинеселъул ургъел батарал депутатаз «Цолъи» абураб цӏаралда гъоркь гӏуцӏун букӏана къокъа. Гьеб къокъаялъул церехъабазул цояв вукӏана гӏолохъанав депутат Сулейманов Мухӏамад. Верховный Советалъул щибаб данделъиялда гьев цеве вахъунаан халкъалъул мурад цӏунун, республикаялда ругел гӏунгутӏабазулги, Москваялдаса республикаялъе биччараб гӏарац харж гьабиялда хадуб хъаравуллъи кквезе хӏажат букӏиналъулги бицун кӏалъазе. Кидаго Мухӏамадица рорхулаан Дагъистан цебетӏеялъе кӏвар бугел, щивав дагъистаниясул рахӏат хвезабулел суалал. Гӏемераб мехалъ партиялъул хъулухъалда рукӏарал, советияб къагӏидаялъ хӏалтӏун ругьунал гӏадамазухъа цӏигьабун гӏуцӏиялъул заманалъ республика цебетӏезабулеб сиясат бачине бажаруларин, Дагъистаналъул хӏукумат миллаталъулги тухумчилъиялъулги лъа-хъваялъулги кьучӏалда гуреб, щивасул гӏакълу-лъаялда ва бажариялда рекъон цӏидасан бищизе кколин баян гьабулаан гьес. Халкъалъ жинде божилъи гьабулареб хӏукуматалъул хӏалтӏи рагӏалде бахъине рес гьечӏилан абулаан гьес. Хӏакъикъаталда гьедин букӏинеги букӏана. Гьеб букӏана дол соназ Дагъистаналъул къисматалъул пикру гьабулевщинав чияс рокъобги къватӏибги бицунеб хабар.
Доб мехалъ Мухӏамадица бачунеб букӏана телевидениялда «Дагъистаналъул медицина» абураб передача. Гьев вукӏана Дагъистаналъул медицинаялъул бицунеб сахлъи цӏуниялъул министерствоялъул казияталъул бетӏерав редакторлъун. Сулеймановасул кабинеталда чӏахӏахатӏалъ хъван букӏана «Щивас жиндилъго вугев лагъ вачахъе», — ян абураб ахӏи. Гьелъул магӏна букӏана нилъ киналго нилъер умумулъ гӏодосанго батараб узденлъиялде тӏадруссине ккей.
Республикаялъул Диагностикияб централъул бетӏерав тохтурлъун хӏалтӏулев вукӏаниги, Мухӏамадил хӏукуматалъ кьураб квартира гурони, щибго бечелъи букӏинчӏо. Гьев бечедав вукӏана гӏаданлъиялъул рахъалъ, махщел-лъаялъул рахъалъ, гьудул-гьалмагъзабазул рахъалъ. Мухӏамадил щибаб хӏалтӏул къо байбихьулаан жиндихъе рачӏарал гӏадамазул мурадал тӏураялдалъун. Тӏоцеве вихьулев чиясдаги гӏумруялъ лъалев чиясда гӏадин ракӏ рагьун кӏалъаан гьев. Жинда лъалел, лъаларелилан Мухӏамадица киданиги унтарал чагӏи ратӏа гьарулароан. Жиндирго машинаги бачун, унаан гьев унтаралгун цадахъ больницабазде, гьезул мурад тӏубан гурони, тӏадвуссунароан. Щивав унтарасул рекӏел пашманлъиги ургъелги гӏахьал гьабизеги, гьеб жиндаго тӏаде босизеги бажарулев, сахаватаб ракӏалъул инсан вукӏана гьев. Мухӏамадил гӏадат букӏана мискинав вугогӏан чиясде кумек гьабиялде цӏикӏун кӏвар кьолеб. Гьес абулаан бечедав чиясул тӏалаб гьабизе нусго чи вукӏуна, мискинав чиясул щивго вукӏунарилан.
Верховный Советалъул депутатлъунги централъул бетӏерав тохтурлъунги вукӏаниги, жинца тохтурлъиялъул махщел хвезе толарилан абун, Мухӏамад ахираб къоялде щвезегӏан хьвадулаан республикаялъул хехаб кумекалъул (Скорый помощалъул) больницаялде сардил дежурство гьабизе. Жакъа, пикру гьабеха, Дагъистаналда цониги вугодай сардил дежурствабазде хьвадулев бетӏерав тохтур яги халкъияв депутат-тохтур? Дица бищун гӏажаиблъи гьабулеб букӏараб жо буго, дежурствоялдаса хадув радал микьгоялде хӏалтӏуде ине ретӏел хисизе вачӏунев Мухӏамадил рукъалъул подъездалда цебе кьер букӏунан магӏарухъа рачӏарал унтарал чагӏазул. Цин иргаялда гьезул къваригӏел тӏубан гурони, Мухӏамад жиндирго хӏалтӏуде унароаан. Гӏагараб росулъе вачӏанщинахъе гьев, росу сверун, херал, унтарал гӏадамазухъе ваккизе унаан, гьезие жиндирго гӏарцухъ росарал дараби рикьулаан.
Верховный Советалъул сессияздаги, халкъиял депутатазул мажлисаздаги Сулейманов кидаго кӏалъалан сонисел тӏакъсирчагӏи тӏадегӏанал хъулухъазда теялда, тухумчилъиялда, Дагъистаналда гӏадат билълъараб хӏалалъ щивав хӏакимчияс ирсалъе лъималазухъе хъулухъал кьеялда данде. Гьес абулаан щивав хӏукуматалъул халтӏуда толев чи, гьесул бажариги лъайги хӏисабалде босун гурев, миллаталъухъ, тухумалъухъ, рищваталъухъ балагьун толев вугони, Дагъистан киданиги цебе тӏезе гьечӏилан. Ритӏухълъи цӏуниялъе гӏоло тавакалги тӏамун кӏалъазе цеве вахъунаан Мухӏамад. Кӏудиял хъулухъалги гьениса хъамизе щолеб гӏаммаб малги кодоса иналда хӏинкъарал цо-цо цӏогьолал хӏакимзабаз хӏаракат бахъулеб букӏана гӏолохъанал депутатал, цоязе хъулухъал кьун, цогидал хӏинкъизарун руцӏцӏун чӏезаризе. Верховный Советалъул председателасул заместителасул хъулухъ кьолеб букӏаниги, Мухӏамадица гьелдаса инкар гьабуна, милициялъ тӏаде гӏадамал риччалареб хӏалтӏи жиндие хӏажат гьечӏилан. Цинги зама-заманалдасан телефоналъ лъаларел номераздасан Мухӏамадихъе ахӏдезе байбихьана. «Битӏарабщинаб бицун дуе щай? Мун бищун гӏакъилавищ? Дуе вуцӏцӏун чӏани лъикӏаб букӏине буго», — ян. Чанцӏул ахӏаниги, мун бихьинчи ватани, дида аскӏове вачӏа кӏалъазеян жаваб кьун гурони, ритӏухълъи цӏуниялъе гӏоло таваккал тӏамурав Мухӏамадида щибго хӏинкъи-къай лъачӏо. Жидерго чвантилги чохьолги гурони ургъел гьечӏел, нахъегӏанал гъачагъазда ва гӏорцӏи гьечӏел цӏогьазда магӏарул бахӏарчиясул гьеб узденаб гӏамал хӏехьезе кӏвечӏо.
1992 соналъул 13 февралалда къаси хӏалтӏудаса рокъове унев вукӏарав Мухӏамадил машинаялде, гъоркьчӏелги гьабун, нахъасан гулбузул цӏад базабуна рахчарал цӏукӏабаз. Гьедин шагьидлъана жеги гӏумруялъул 39 сон тӏубачӏев гӏолохъанав депутат, гӏумруялъулги махщел-лъаялъулги завалалда вугев тохтур Сулейманов Мухӏамад. Гьеб букӏана Дагъистаналда ккараб тӏоцебесеб чӏвай-хъвей. Хӏакъаб жо буго хӏинкъизавизе яги вичун восизе кӏваравани, гьев чӏвазе вукӏинчӏо. Дагъистаналъе, хасго магӏарул халкъалъе камуна намус бацӏцӏадав, лъай-гӏакълуги, бажариги, таваккалги бугев ритӏухъав цевехъан.
Сулейманов Мухӏамад шагьидлъун хадуса «Хӏакъикъат» казияталда къойилго гӏадин рахъулел рукӏана гьесда хадуб ракӏ унтарал магӏарул халкъалъул вакилзабаз хъварал нус-нус кагъталги шигӏрабиги. Сулемановасде кучӏдул хъвана машгьурал шагӏирзаби мунагьал чураял Мухӏамад Ахӏмадовас, Мухӏамад Гӏисаевас, Жабраил Хӏасановас, Гӏабдула Сулеймановас ва цогидазги. Жакъа къоялъги Сулеймановасул бицен гьабидал, додинав чи цоги вукӏунарилан бадиб магӏу ххулула гьесда цадахъ Диагностикияб централда хӏалтӏулел рукӏарал тохтурзабазулги хӏалтӏухъабазулги. Тохтурги депутатги кинав вукӏине кколевали мисалалъе вижарав гӏадав чи вукӏанилан абула ракьцояз гьесул хӏакъалъулъ. Сулейманов Мухӏамадил цӏар кьун буго Бакълъухъ росдал гьоркьохъеб школалъе. Къокъго абуни, Сулейманов Мухӏамадил бахӏарчилъиги, гьунарги таваккалги хадусел гӏелазе мисаллъун хутӏана. Ахиралда рехсезе бокьун буго доб мехалъ Мухӏамадил хӏакъалъулъ хъвараб кочӏол рагӏаби:
«Мун гӏадав депутатги Дагъистаналъ вищичӏо,
Дунялалъул боцӏи кьун, цӏогьаз кверде восичӏев.
Ватӏаналъул цӏумазулъ цӏар рагӏарав бахӏарчи,
Хӏалихьалъи бергьана мун гьечӏеб шагьаралда…», — ян.