Мискинхалкъалъул цевехъан Унсоколоса Махӏачица кьучӏ лъураб нилъер миллияб басма – «Хӏакъикъат» 106 сонил ригьалде бахана.

Лъаларо, гьеб дагьищ яги гӏемерищали.

Амма Дагъистаналда бищун кӏудияб миллаталъул казият гьелъул аслияб басмалъун жеги-жеги хутӏизе бокьун бугони, гьеб жеги тӏогьол гӏужалдаго бугин ракӏалде ккезе бокьилаан. Басмаялда кьабурал газетазе къор ахирги интернеталъ гъолин абурал хӏинкъабиги лъугӏулелго гьечӏелъулха. Балагьила, бихьила…

Тӏоцебесеб нилъер казият — «Заман» — къватӏибе бачӏана ТемирХан-Шураялда, 1917 соналъул 3 апрелалда.

Дида тӏоцебе гьеб бихьизабуна ДГУялда цӏалулеб мехалда нижер преподаватель, журналист-фронтовик Мухӏамад Бутаевас.

Заманалъ тӏогьиллъараб кӏиго тӏамач цо къиматаб жавгьар гӏадин бачӏун букӏана гьес дарсиде. Бихьуларищин гьалщинал соназ жинца нужер тарих цӏунун бугеб куцилан, вохуца холаго бицунаан мунагьал чурадица.

«Заманалъул» тӏоцебесеб номер Бутаевасесайгъат гьабун бугоан Гьамущиса хъвадарухъан, журналист Асадула Мухӏамаевас.

Гьелдаса чанго соналдасан «Хӏакъикъаталъул» редакциялде- ги вачӏун, жиндир гӏумрудул къо- ял ахиралде щолел рукӏин лъараб кинигин, Мухӏамадица гьеб ка- зият Гӏали Камаловасухъе кьуна цӏунизе. Къокъабго заманалдасан Аллагьасул къадаралде щвана ни- жер преподавательги… Палхӏасил, гӏасруялдаса цӏикӏкӏун соналда жаниб 12 цӏарги хисун, лъабго батӏияб алфавиталда (гӏажам, латин, кириллица) магӏарулазе харбалги рицун, пачалихъалъул чанго батӏияб гӏуцӏиги бихьун, нилъехъе щвана гьаб казият.

Гьелъул нусгосонилаб тарих жанибе бачараб «Заманалъул матӏу» абураб тӏехь биччана чанго соналъ цебе Пайзула Пайзулаевас. «Хӏакъикъат» газеталъ гьеб бихьизабун буго ДРялъул Пачалихъияб Премиялъеги. Гьелъие хӏукму къотӏизе тӏаса рищарал комиссиялъул чагӏазда гьеб тӏехь лъикӏаб бералъ бихьани, миллияб газеталъе гуребги, тӏолабго миллаталъего гьабураб сайгъатлъун рикӏкӏинаан гьеб. Гьединаб тарих бихьизабураб тӏехь Дагъистаналъул цониги миллияб газеталъул гьечӏо.

Гьединго магӏарул газета киналго миллиял газетаздаса кӏудияблъунги ккола. Масала, гьал къоязда «Дагестанская правда» газеталъул коллективалъ кӏодо гьабуна гьелъие кьучӏ лъуралдаса 105 сон тӏубай. Гьелда бан гӏагараб газеталъе гьарула, къисматалъул нухда дандчӏвалел къварилъабазеги къуркьичӏого, бихьинчи гӏадин цебехун ине.

Цоги нусго сон балеб къоги лъикӏ бихьизе хъван батаги!

Зульфия ХӏАЖИЕВА