Рохалил ракӏалги цӏун руссана магӏарулал 20 марталъул къаси Авар театралъ бихьизабураб, бетӏерав режиссер Мухӏамадгӏарип Сурхатиловас лъураб, «Саба Меседо» трагедиялъул премьераялдаса.

Авар театралъул зал цӏурал спектаклялги гӏезегӏан рихьана, актеразул гьунар бихьун хъат чӏвалезулъги чанги йикӏана, амма гьеб сордоялъ букӏараб гӏадаб багъа-бачари ракӏалда гьечӏо.

Премьераялда байбихьудаса ахиралде щвезегӏан тӏаде рахъинчӏого залалда рукӏана ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаеваги, республикаялъул миллиял театразул нухмалъулелги. Балагьизе рачӏаразулъ гӏезегӏан халлъана батӏи-батӏияб миллаталъул гӏадамал, (актеразул калам магӏарулалдаса гӏурус мацӏалде буссинабун рагӏизабулел аппаратал руго театралъул). Хӏалтӏул анкьил байбихьи бугониги шагьараздаса гурелги магӏарухъаги вачӏун вукӏана гӏемерав чи. «Магӏарулазе Авар театралъул гӏатӏилъи гӏезехъин гьечӏо, цӏияб, жеги кӏудияб мина базе ккола», — ян махсаро гьабулеб букӏана, гӏодорчӏезе бакӏал щвечӏого балъабазда кӏусарал гӏадамаз.

Щай нилъее Гӏабасил Махӏамадил гьеб пьеса цӏидасанги сценаялда чӏаголъизабиялъул гьедигӏанго кӏвар бугеб, гьеб бихьилалдего щайха васвасаз ракӏ басараб? Магӏарулазе кӏвар бугел лъугьа-бахъиназдаса махӏрумлъараб гьаб заманалъул рухӏияб тӏалабги, тӏадегӏанаб даражаялда гьеб асар бихьизе бугеб хьулалъ ратила цереккунго суалал рижаралги.

Вас гьавидал рахьи бала

Театралияб махщалил тӏалъи босарав, магӏарулазул ракӏазулъ рукъ ккурав Махӏмуд Гӏабдулхаликъовас Гӏабасил Махӏамадил драматургиялъул рахъалъ хъван нахъе тарал пикраби цӏидасанги ракӏалде щвезаризин: «Бугӏуд ккараб буртинаялъ цӏад жанибе биччаларо. Драматургиялъе хехлъиги кӏухӏаллъиги — кӏиябго тушман ккола, гьелъие чара гьечӏеб жо буго гвангъарал пикрабиги, рагӏабазул къокълъиги, магӏнаялъул гъварилъиги. Гьеб киналъго гугьар базабун букӏуна Гӏабасил Махӏамадил драмаялъул асаразда. Гьелъин гьел, режиссерас постановка гӏуцӏизеги, артистазе хӏазеги, балагьаразе ричӏчӏизеги бигьаял рукӏунел ва халатаб гӏумруялъ сценаялда хутӏулел. Авторас кӏудияб махщалида, рагӏа-ракьанде ваккун, хӏакъикъиябщинаб къалмикье бачун, поэтасул гӏакъиллъиги пасихӏлъиги жиндирго рекӏелъ бессун хъвана «Хъахӏаб росулъа Махӏмуд», «Камалил Башир», Саба Меседо». Гӏащикълъи, берцинлъи ва согӏлъи — гьеб букӏана лъабабго пьесаялъул аслияб магӏна. Вас гьавидал магӏарулаз рахьи бала гӏумру халатав ватагиян. Гӏумру халатал васал ратана Гӏабасил Махӏамадил «Хъахӏаб росулъа Махӏмудги», «Камалил Баширги». «Саба Меседойин» абуни ханас хеккого «Гӏакаро» мугӏрул тӏогьий гӏунун хвезаюна. Амма гьейги гӏумру халатай йикӏине йиго, иншаллагь».

Гьанже гӏадал ресал рукӏинчӏо цере

Тӏоцебе лъураб «Саба Меседо» халат бахъун хутӏичӏо сценаялда. Щайдай гьелъул гӏумру додигӏан къокълъарабин кьураб суалалъе гьадинаб жаваб гьабуна, цебесеб постановкаялда Баланурил роль хӏарав, нилъее къиматав Хӏусен Казиевасе.

— Зайнаб Хӏамзатовалъ – Сабал, дица — Баланурил образал рихьизаруна доб мехалъ, — ин ракӏалде щвезабуна Хӏусеница. — Щаялиго, советияб заманалъул зрителас гӏемер гъираялда къабул гьабичӏо цебесеб «Саба Меседо». Гӏабасилас гьанжего гьанже хъвараб цӏияб пьесаги букӏана гьеб. Нилъерго хъвадарухъабазул асар сценаялда лъолелъул живго автор вукӏунаан залалда гӏодов чӏун, жидер бихьиялда рекъон щибго хис-бас гьабизеги режиссерасул изну букӏунароан. Гьанже гӏадин лъикӏал декорациял, бечедаб ретӏа-къаялъе ресалги рукӏунароан. Ракӏчӏун абизе кӏоларо гьелъул гӏумру къокълъиялъе гӏилла. Гьанжесала Сурхатиловас лъураб постановка балагьулез цӏакъ лъикӏ къабул гьабунин бицана дида. Дун гьелдаса вохаравги вуго, нижехъе вачӏарав чи разиго нахъе ин, цӏидасан тӏадвуссине гъира бижи — гьеб буго театралъул мурад. Цоги, лъикӏаб хӏужжа буго театралияб искусствоялъул къимат лъалев, адабият, тарих бичӏчӏулев чи нижер директор вукӏин. Гурони, гьедин сахаватго сурсатал риччалароан. Щаклъи гьечӏого абила дица, Бисавгӏалиев вугин театралъе бетӏерлъи гьабизе гуребги художествияб нухмалъиги гьабизе бичӏчӏи бугев чи. Магӏарулазул къимат борхулел, къадру батулел постановкаби рукӏине ккола сценаялда.

Хӏикматаб бакъан кинигин чваххулеб магӏарул мацӏ

Дагъистаналъул Поэзиялъул театралъул бетӏерай режиссер, махщалил хӏалбихьиялъе байбихьи Авар театралъул сценаялда лъурай, Изумруд Гӏалиева республикаялъул театралияб гӏумруялда жаний йиго 35 соналъ. Гӏадатияй балагьулей хӏисабалда «Саба Меседоялъ» жиндиего гьабураб асаралъул бицана гьелъ нижер гьариялда рекъон:

— Къокъго абуни, спектакль лъугьана. Цебегоялдаса нахъе бихьичӏо Авар театралъул сценаялда гьедин бечедал декорациялги актеразул ретӏа-къайги. Сундаго барахщичӏого сурсатал риччан рукӏин бихьулеб буго. Гьеб рахъги цӏакъ къабуллъула балагьаразе. Кӏиабизе, битӏараб бицани, дир жанисеб хӏинкъи букӏана гьеб щвалде щун балагьулезухъе кьезе бажаричӏого букӏинадаян. Щайгурелъул, жибго пьеса буго жакъа сценаялда лъезе бигьаяб гуреб, цӏакъго некӏсияб темаялъул. Байбихьудаса ахиралде щвезегӏан дирго кинабгӏаги асар букӏинчӏо чӏамучӏлъиялъул, актеразул махщалил даража гӏейгьечӏеб бугин абураб пикруги бижичӏо. Цӏакъго бокьана, хӏикматаб бакъан кинигин рекӏелъе чваххулеб магӏарул мацӏалъул гугьар — тӏад квартӏа кӏутӏизе бакӏ гьечӏеб, Гӏабасил Махӏамадил пасихӏлъи. Иргадулаб нухалъ рохел кьуна гӏолохъанав актер Ибрагьим Муртазагӏалиевасул хӏаялъ. Жинца бихьизабулеб образалъул сурат бахъун балагьаразул рекӏелъ лъун бажарулеб гьунар буго гьесул. Спектаклялда гӏахьаллъарал цогидал актералги цӏакъ махщалида хӏалтӏана. Гӏамгьабун абуни, цӏакъ лъикӏаб, кӏудияб иш гьабуна Мухӏамадгӏарип Сурхатиловас. Ракӏчӏун жиндир бохдузда щулаго эхетараб, гӏумру халатаб спектаклъун «Саба Меседо» лъугьиналда божана дун. Театралияб искусствоялъул махщелчӏужу хӏисабалда цо-цо, гӏиси-бикъинал ругониги, васвасалги суалалги камилищха, вукӏанадай Булач гъодигӏан квешав, бегьилаандай ханзабазулъ къавулъ йигей кьурдухъан-гъаравашалъ, жиндирго инжитлъиялъул гъодин рагьун бицине. Актеразул махщалилъ букӏуна лъикӏасулъ квешаб рахъ, квешасулъ лъикӏаб батизе кколин абиги.

Кӏийиде бикьараб ракӏгун щвана театралде

«Саба Меседо» Авар театралъ лъолеб бугин рагӏаралдаса нахъе щавкъ ккун премьераялда данде балагьаразул цояв, нижер махщелцояв Ашахан Юсуповасги загьир гьаруна гьадинал пикраби: «Бахчиларо, премьераялде унеб мехалъ дир жанисеб рахӏатхвейги камун букӏинчӏо. Кӏвеладай театралъул жакъасел гӏолохъанал артистазда Гӏабасиласул бергьараб асаралъул аслияб кьучӏги, гьелъул гъварилъигун камиллъиги халкъалъухъе кьезейин. Щаийн абуни, бигьаяб масъала гуро гьеб, анцӏила щуабилеб гӏасруялъул ахиралдаго, хунздерил тӏалъиялда ккараб тарихалде араб лъугьа-бахъиналъул тӏолабго трагизм жакъа цебечӏезабизе.

Гьединал щакдарабаз кӏийиде бикьизабун ракӏгун щвана дун театралде, амма спектакль байбихьун арал тӏоцересел минутазго дир рукӏарал щакдараби риххизаруна. Кӏиго сагӏаталъ сценаялда лъугьунеб-толелъ асир гьавуна дунги цогидалги.

Искусствоялъул борхалъиялъги, актеразул гьунаралъги гьеб сордоялъ чӏел босана. Цӏакъ кутакалда рекӏее гӏунаа Баланурил роль хӏарав Авар театралъул гьунар тӏокӏав артист Ибрагьим Муртазагӏалиев. Саба Меседол роль хӏарай Амина Гӏабдулатӏиповалъги асир гьаруна магӏарулазул ракӏал. Цӏар-цӏарккун рехсечӏониги, киналго актераздаса разиго букӏана зал».

Лъикӏаб кьучӏалъул мина камиллъизе сверухъ лъугьун бекӏкӏулел, къачӏалел чӏоларо нилъ, гьелъухъего гӏиси-бикъинал гӏунгутӏаби камун ратиларо хъирщани. Гьеб рахъалъ суалалгун жавабал кьезе бакӏ тарихчагӏазе ва театралиял критиказе тела. Аслияблъун бихьана тӏаде рахъун, халатккун заманалъ, халкъалъ чӏвараб хъат. Гьеб батила, гӏицӏго актеразегун режиссерасе гуребги, магӏарул къвакӏиялъе, яхӏалъе, пасихӏлъиялъе ва гьунаралъе кьолеб баркала.

Премьера букӏуна зрителасда цебе тӏоцебесеб экзамен гӏадаб жо, гьеб хӏалбихьи бергьенлъиялда борхана «Саба Меседоялъ».