(Гӏидалъул къо тӏаде гӏунтӏулаго, умумулги ракӏалде щун, рекӏелъе лъугьарал пикраби)
Ассаламу гӏалайкум, хӏурматиял «Хӏакъикъат» газеталъул гьудулзаби. Бихьиналги руччабиги. Гӏисиналги хералги. Гӏатӏиракьалда ругелги, магӏарухъ яшав гӏуцӏулелги. Ракӏ-ракӏалъулаб салам буго нужеде редакциялъул рахъалдаса. Гьалеха ахиралде щолеб буго исанасебги рамазан моцӏ. Бицун бажаруларебгӏан гӏемер баракатги, рахӏматги, рохелги, лъикӏлъиги, гьарзалъиги, берцинлъиги жаниб бугеб исламалъул анцӏабилеб моцӏалъ къо-лъикӏ гьабулеб буго нилъергун. Нилъ киналго ралагьун чӏун рукӏуна аб тӏаде щвеялъухъ. Рохунги рукӏуна. Кӏалалги ккола. Радакьги рахъуна, ракъи-къечалъухъ балагьичӏого, нилъерго ругьунабго пишаялде руссунги рукӏуна. Маркӏачӏудехун тӏагӏамаб квен-тӏех хӏадурулел, цоцазухъе гьоболлъухъе хьвадулел, рохелги ракӏгъейги гӏахьал гьабулел рукӏуна тӏубараб моцӏалъ. Сухӏурги, ифтарги, таравихӏазул какалги, «кӏалбиччазе къаси нижехъе ракке» абун цоцазухъе ритӏулел ругьалабиги. Маркӏачӏул гӏужалдехун шагьаралъул бищун гӏемерал гӏадамал рукӏунеб гӏадаб, машинаби гӏемераб мухъалда чамасдакги лъимги бикьулел гӏисинал гӏолохъаби, маркӏачӏул как ахӏулев будунасул гьаркьиде машгъуллъун сасараб шагьар, сверухълъи. Ракӏалги гӏажиз гьарун, какие жаваб гьабулел нилъги. Магӏарухъги гьебго сурат… Богорокъосан бежулеб, белъунеб кванил тӏагӏамаб махӏ. Бицун бажарулареб, кагътиде бикьун бахъунареб хӏалкӏояб асар. Сундухъ кьелеб гьеб кинабго? Гьединаб сагьвиллъиялъ асир гьарун, ракӏги гъун, чурхдулги ракӏалги рацӏцӏад гьаризе хӏаракат бахъулел, гӏибадаталде руссун ругел нилъги хадур ралагьун тун уна рамазан. Хадур ралагьун нилъги хутӏула, букӏараб ракӏгъураб моцӏилан бутӏрулги кӏирикӏун, цо щибалиго къиматаб, хирияб хазина кодоса араб гӏадин пашманго. Гьединабго асар батула гьабсагӏат нужер щивасулги рекӏелъ.
Хъухъанчадалги, натӏухӏги, найил гьоцӏоги
Ахиралде щолеб бугеб рамазан моцӏалъе нухги регӏулаго, нижеда ракӏалде ккана жакъасеб номералда ракӏалде щвезабизе кинаб букӏараб нилъер умумузул заманалда кӏалбиччанкъояли абун? Щиб гьел гъаримаз хӏадурулеб букӏараб хирияб къоялде? Ракъул заманалъул квачӏакълъиги, рагъул кьогӏлъиги, чанги захӏмат-гӏакъуба къулчӏизе ккарал гьезул щиб букӏараб, аслияб къагӏидаялъ, кӏалбиччанкъоялъул столалда тӏад лъезе?
Гьабсагӏат, хириял руччаби, нуж ратила сардал рорчӏун, макьу тун, пирогал режулел, натӏухӏ къа — лел, тортазе заказал кьолел. Абухъего «цӏадабе бегьаниги квер бухӏуларебин» абулел къоялги тӏаде гӏун тӏун, жигаралда.
Гьедин хӏадур гьабула руччабаз кӏалбиччанкъоялде тӏагӏам, цогидазул бугеб дирги букӏине ккелин абураб пикруялъ толарого къачӏала столал. Анцӏго батӏияб гьуинлъи, конфет-чакар, тортал, анцӏго батӏияб пихъ. Камураб жо букӏунаро гьениб.
Амма… Амма, гьудулзаби, гӏемери себ мехалъ лъицаниги кверги бегьичӏого гьединго хутӏула гьадаб къоги бихьун, макьуги тун хӏадур гьабураб нигӏмат.
Нусгоялда гьоркьоса анцӏгоясцин хӏалбихьуларо гьуинлъиялъул. Тортги хутӏула къотӏухъе, пирогалдеги лъицаниги бертӏамуларо. Сваризеги сварун, къвакӏун, тӏагӏамги хун ахиралде боцӏуе кьезе кканин цоцазде гӏарзахъдулел рагӏула руччаби.
Гьанже рачӏаха раккизин цебе заманалде. Кинаб букӏараб, мисалалъе, гьалдаса нусго яги 70-80 соналъ цебе нилъер умумузул кӏалбиччанкъо?
Чӏахӏиял чагӏаз гӏемер бицун а гьелъул. Гьарзалъи гьечӏеб за — ман букӏаниги, доб мехалъ кӏалбиччанкъоялде букӏараб тӏа гӏама лъул берцинлъиги баракатги цӏи кӏкӏараб букӏанин абула гьез.
Хиси гьечӏого кидаго умумузул хирияб къоялде хӏадурулеб нигӏмат букӏана натӏухӏ. Гьеб камураб бакӏ кибниги батизе гьечӏо нужеда. Хасго гьанже бекьизе гьукъун букӏиналъ хӏалтӏизабулеб гьечӏеб габаниги гъорлъ жубан гьабураб натӏухӏалда букӏараб батӏияб тӏагӏам. Кида гьеб кӏочон телеб?
— Доб мехалъ халкъ мискинго букӏана. Гьарзалъи букӏинчӏо гьанже гӏадин. Амма кинабго кунеб тӏагӏам букӏана татуяб, бацӏцӏадаб. Чӏахӏ гӏемер хӏалтӏизабулаан цебе. Гьелъулъги букӏана къуват. Тӏадехун абухъе, гьуинлъи, конфет-чакар щвезе бигьаго букӏинчӏо доб мехалъ. Чакарги къанагӏат гурони щолароан. Гьединлъидал аслияб къагӏидаялъ кӏалбиччанкъоялъ столалда тӏад букӏунаан натӏухӏ, бахъухъ, гьоцӏо, хъухъанчадал, урба, пурщаби, — гьедин бицунеб буго цӏикӏкӏарал чагӏаз.
Рукӏана умумул, букӏана заман…
«Доб соналъ кӏалбиччанкъо битӏун завалаб риидалил гӏужалде дандеккун букӏана. Хьиндаллъиялъул ахакь тӏадбан барщун букӏана багӏли.
Радалго рахъун росу сверизе Буцӏраса Исхӏакъил Мухӏамад цояб рахъалдехун Къарахъа Гӏабдуллагьги Чӏикӏаса Хӏамзат-Хӏажиявги цогидаб рахъалдехун ана. Рокъор хутӏарал Чӏанкӏаги Гӏашилтӏаса Къур бангӏалиги тӏаде рачӏарал чагӏазда дандчӏвай гьабизе хӏадурел ру кӏана. Азбаралъуб бакараб цӏадуда тӏад лъураб къанда тӏад бежулеб букӏана цӏияб гьан. Киданиги гьал кӏочон толарев Колоса Зайнудиница сон вацасул вас витӏун вачӏана кьагӏрил гьанги кӏудияб хӏанил чедги гьазие босун. Хӏарччинир жанир сокӏкӏун рукӏана мутагӏилзабаз гӏухьбузул къагӏидаялъ гьарурал хинкӏал. Тӏаде бан букӏана белъараб рассукӏ».
Гьадин цебечӏезабулеб буго гьалдаса 130 соналъ цебе гӏадин магӏарухъ букӏараб кӏалбиччанкъоялъул сурат Гӏумархӏажи Шахтамано вас. Бакьагьечӏиса Тажудинил (Чӏанкӏа) ва Хъахӏабросулъа Махӏмудил хӏакъалъулъ гьес хъвараб «Му гӏалимги мутагӏилги» абураб тӏехьалда.
Ток гьечӏеб, цӏумур кьабулеб сагӏат рокъоб гьечӏел соналги рукӏана нилъер умумузул. Доб мехалъ, как ахӏилалде гӏадамал тӏаде рахъинаризе батӏи-батӏиял ресал ургъулел рукӏун руго гӏадамаз. Гьединаб цо мисалалъул бицунаан эбелалъ дие.
Гьан тӏамулел тӏаде рахъа,
Тӏех буцулел дагьалъги чӏа,
Чӏагӏа бугес дунги ахӏе,
Гьо-гьо-гьо. Гьа-гьа-гьа. Гьегье-гье!
— янги ахӏулаго, бухулаго резил тӏарсгун росу сверизе унаанин мунагьал чураяв жиндир эмен Ахкул Мухӏамадилан бицунаанин жиндие кӏодоэбелалъ. Букӏун бугеб цӏакъаб заман, хӏисаб гьабураб
мехалъ.
Гӏадамал доб мехалъ рукӏана ракӏал гӏатӏидал. Лъикӏаб, тӏагӏамаб квен гьабидал, «гӏайиб гурищ, цо гьоболги гьечӏого нилъецаго квине кколеб гьаб, баркаманин» рукъалъул бетӏергьанас абулеб. Хӏамагӏанасеб куй хъведал, гьелъул бутӏа мадугьалзабазе щвезабичӏого ракӏ гӏодобе биччаларел, ролъул гурга бежидал гьеб бащдаб бекун, рукъ цурав мадугьаласе бащад гьабулел, цоцада тӏаде-гъоркье хьвадулел, гъасде ракӏарулел, ракӏалда бугеб жо цоцада бицунел, къварилъиги гӏатӏилъиги гӏахьал гьабулел – унго-унгоял умумул рукӏана нилъер.
Гьединал ракӏ сахаватал, квер цӏалтӏарал, буголъиялда барахщуларел гьел рукӏиналъ рокъоб баракатги, кванда батӏияб, хасаб тӏагӏамги букӏана. Кӏалбиччанкъоги дозул берцинаб букӏана. Кинабго буго жакъа бичун босизе щолеб. Джипазда, Лексусаздаги рекӏун, бер къанщилалде гӏадин магӏарухъеги щола. Хирияб къо кӏодо гьабизе росулъеги ракӏарула.
Умумузул хабадеги рахуна, дугӏа-алхӏамги цӏалун, гьезул рухӏазеги кьола. Амма, гьудулзаби, кинабго гьарзаго бугеб заманалда цо жо гӏолеб гьечӏо жакъа нилъее. Щиб гьебали нужго ургъун рихье, дица гьаниб ургъунго хъвачӏого толеб бугин. Щивас жиндиего кье гьеб суал ва жаваб кьезеги хӏалакунге. Хӏамзатил Расулица абухъе:
Кӏочон тоге магӏарухъ,
Магьал раччарал гӏарщал,
Гӏамал кӏодолъаразда
Кӏичӏ-кӏичӏун рехе цере.
Кинабго цадахъ босе,
Кинабго кӏочон тоге.
Умумузул хабада,
Хурдузул сас кӏочонге.
Баркула тӏолалго магӏарулазда тӏаде щолеб бугеб гӏидалъул байрам — Кӏалбиччанкъо. Аллагьас нужер ккурал кӏалалги, рахъарал сахӏалги, таравихӏ какалги, гьабураб лъикӏаб гӏамалги азариде бахинабеги. Тӏадеялъул бачӏунеб къоги гьадин рохалида, гьоркьоса чи камичӏого, дандчӏвалеб батаги. Амин. Рохун таги киналго Бетӏергьанас!