«Тӏехь лъикӏаб буго гӏарцудаса. Щайгурелъул гӏарац дуца хьихьизе ккола, тӏехьалъ мун хьихьула»

19 апрель ккола Россиялъул полиграфиялъул ва басмаханабазул къо. Гьеб къо байрамлъун лъазабуна 2014 соналда. Гьебги бухьинабун буго некӏсияб Русалда 1564 соналда тӏоцебе «Апостол» абураб тӏехь къватӏибе биччаялда бан.

Дагъистаналъулги буго жиндирго басмахана цебетӏеялъул тарих. Советияб заманалда рикӏкӏунаан нилъер республикаялда, 1917 соналда Октябралъулаб хӏуригат ккезегӏан, басмаханаго букӏинчӏилан. Амма гьеб хӏакъикъаталде дандекколеб пикру гуро. Рукӏана нилъер республикаялдаги басмаханаялде кӏвар кьолел хӏаракатчагӏиги гьез рахъарал тӏахьалги. Гьеб рухӏияб нахърател, кинабго гьечӏониги, батӏибатӏиял архивазда цӏунунги буго. Абизе ккола, жакъаги жеги гӏелмияб къимат кьун, тӏубанго рагьун гьечӏо ХӀX гӏасруялъул байбихьудасанго Дагъистаналъул бакӏалъулаб администрациялъул изнуялдалъун рагьун рукӏарал басмаханабазда гӏараб, гӏажам мацӏазда кьабурал тӏахьазул къимат ва кӏвар.

Дагъистаналда тӏоцевесев басмачи

Дагъистаналда басмаханаялъе кьучӏ лъурав махщелчи, республикаялда миллиял мацӏазда периодикияб басмаялъул гӏуцӏарухъанлъун вукӏана Гъуниб округалъул Чӏохъ росулъа, Дагъистаналда машгьурав гӏараб гӏелму цӏаларав Мухӏамадмирза Мавраев (1878-1964).

Гьесул хӏаракаталдалъун XX гӏасруялъул авалалда Дагъистан лъугьана Северияб Бакъбаккул Кавказалда гӏараб хъвай-хъвагӏаялъул тӏахьал басмаялда рахъиялъул аслияб бакӏлъун.

Мухӏамадмирзае байбихьуда лъай кьуна инсуца, цинги гьев цӏалана доб заманалда машгьураб Сугъралъ мадрасаялда. Гьенив цӏалулеб мехалда М. Мавраев дандчӏвана Гъоркьагъазда нущиса Абусупян Акаевгун. Кӏиялго цадахъ цӏалана гьел мадрасаялда. Гьадин абулеб буго 1925 соналда А. Акаевас хъвараб жиндирго автобио графиялда: «Дун Сугъралъ мадрасаялда цӏалулеб мехалда гьенив вукӏана Чӏохъа Мухӏамадмирза Мавраевги. Гьев дидаса гьитӏинав вукӏана цо сональ. Щулияб гьудуллъи ккана нижер. Гьев вукӏана цӏакъ жигарав ва гӏезегӏанго ресалда вугев чи. Гьеб кинабгоги бихьун, дица Мавраевасда лъикӏаблъун бихьизабуна Дагъистаналда типография рагьизе. Гьев разилъана ва жигаралда тӏаделъана гьеб иш гӏумруялде бахъинабизе. Доб соналъул ахиралде ниж инженер Гӏадилгерей Даитбеговасул кумекалдалъун Казаналде ана школазда лъимал цӏализариялъул цӏиял къагӏидаби лъазаризе ва типографиялъулал станокал росизе. Гьеб букӏана 1900 сон»

Басмаханаялъул алатазда хадур Бахчисараялде

Дагъистаналда типографиял гӏуцӏизе гъира базабурал М. Мавраев, А. Акаев, Щуланиса Исмагӏил Абакаров 1902 соналда ана Бахчисарай шагьаралде ва хӏалтӏизе лъугьана Исмагӏил Гаспринскиясул типографиялде. Мавраевасе бокьун букӏана гьениса типографиялъулаб алат бичун босизе, амма пачаясул хӏукуматалъул гьелъие изну букӏинчӏо. Гьединлъидал байбихьуда гьес И. Гаспринскиясул цӏаралда бичун босана типографиялъул гьитӏинабго станок. Амма хадуб тӏахьал риччазе ккани, хӏажалъулаан пачаясул хӏукуматалъул бакӏалъулал хӏакимзабазул хасаб изну. Мавраевасул васал Анварица ва Ниязбегица жиндир заманалда кьурал баяназда рекъон, Мухӏамадмирзал имгӏал Ризван Мавраевас, Типлисалде, Кавказалда пачаясул сардарасухъе ун, гьесул хъван кьураб изну-кагъат босун буго Темир-Хан-Шураб, Дагъистан областалъул тахшагьаралда, басмахана рагьизе.

Куйдул ричун щвараб — станоказухъ

Гьанже хӏажат букӏана типографиялъе цогидабги алат-къайи босизе гӏарац. Мухӏамадмирзал гьеб букӏинчӏо. Кумек гьабуна ресалда ругел гӏагарал гӏадамаз. Гьез бичана 400 гӏиялъажо ва щвараб гӏарац кьуна Мавраевасе. Гьес А. Акаевасул ва цогидал гьудулзабазул кумекалдалъун Турциялдаса ричун росана литографиялъул станокал, Шураб – типографиялъе мина ва 1903 соналда байбихьана тӏахьал къватӏире риччай гӏуцӏизе.

Тӏоцебесеб соналда типография заралгун хӏалтӏаниги, хадусел соназда гьелъ кьуна хайир, рецӏана гьелда тӏад гьарурал харжал, ва дагь-дагьккун Мавраев лъугьана Дагъистаналъул бищунго бечедал гӏадамазул цоявлъун. Гьесул рукӏана цӏол бол ахал, консервазул заводал, хунжрул гьарулеб завод, лакай-тӏом гьабулеб фабрика, складал, тӏахьазул тукен, жиндирго хъизамалъ, гьединго типографиялъул, заводазул, фаб рикаялъул хӏалтӏухъабаз жаниб гӏумру гьабулеб анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун мина.

Гӏага-шагарго 1905 соналда М. Мав раевас типо-литографиялда къва тӏибе биччана жиндирго васият — «Мавлид манзур». Доб мехалъ Дагъистаналъул типо-литографиябазда гӏараб ва бакӏалъулал халкъазул мацӏазда тӏахьал аслияб куцалъ литографиялъулаб къагӏидаялъ къватӏире риччалел рукӏана. Гьединлъидал тӏахьазул качество ва берцинлъи бараб букӏана катибазул (квералъ тӏахьал хъвалезул) махщалида.

М. Мавраевас жиндирго типографиялда гьеб захӏматаб хӏалтӏи гьабизе рачунел рукӏана Дагъистаналъул бищунго лъикӏал махщелчагӏи. Масала, гьенир хӏалтӏана Дагъистаналъул гьунар тӏокӏал катибал Накӏкӏикьа Нурмухӏамадил вас Гӏабдулатӏип, Гъоркьагъазданущиса Ака ев Абусупян, Ибрагьимил вас Хӏа сан, Гьамушиса Мухӏамадил вас Асадула, Урариялдаса Мухӏама дил вас Давудхӏажи, Куласа Мухӏа мадмирзал вас Гӏиса, Щуланиса Абакарил вас Исмагӏил, Хважалмахьиялдаса Гӏабдулгӏазизил вас Нурислам ва цогидалги.

Гӏараб мацӏалда хъвараб Дагъистаналъулаб литератураялда гъорлъ машгьураб букӏана, Шамилил хӏара катчилъиялдалъун ва гьевги гӏахьаллъун, гьесул секретарь ва магӏарулаз жидерго эркенлъия лъе гӏоло гӏемерал соназ гьабураб ба хӏарчияб къеркьеялъул гӏахьалчи Къарахъа Мухӏамадтӏагьирица 1852-1882 соназда хъвараб «Шамилил цо-цо рагъазда Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи» абураб хроника. Амма пачаясул хӏукуматалъ гьеб асар басмаялда бахъизе гьукъана. Гӏицӏго совет хӏукуматалъул соназда гьеб къватӏибе биччана гӏараб мацӏалда ва, гӏурус мацӏалдеги буссинабун, «Лъабго имам» абураб цӏаралда гьоркь.

Дагъистаналъул халкъазул мацӏазда тӏахьал рахъи

Дагъистаналда гӏемер батӏи-батӏиял мацӏазда кӏалъалел гӏадамал ру кӏинги хӏисабалде босун, М. Мавраевас бакӏалъулал гӏалимзабазул, таржамачагӏазул ва катибазул кумекалдалъун гӏуцӏана магӏарул, дарги, лъарагӏ, лак, адыгей, азербайжан, гӏараб, балкар, кабардин, гъарачай, асатӏин, чачан, гӏурус мацӏазда тӏахьал басмаялда рахъи.

Гьединал словаразул тӏоцебе себлъун букӏана, «Суллам ал-лугъат» («Мацӏазул мали») абулеб, ункъо маДагъистаналъул полиграфия – канлъи-лъаялде лъураб нух «Тӏехь лъикӏаб буго гӏарцудаса. Щайгурелъул гӏарац дуца хьихьизе ккола, тӏехьалъ мун хьихьула» 19 апрель ккола Россиялъул полиграфиялъул ва басмаханабазул къо. Гьеб къо байрамлъун лъазабуна 2014 соналда. Гьебги бухьинабун буго некӏсияб Русалда 1564 соналда тӏоцебе «Апостол» абураб тӏехь къватӏибе биччаялда бан.

Дагъистаналъулги буго жиндирго басмахана цебетӏеялъул тарих. Советияб заманалда рикӏкӏунаан нилъер республикаялда, 1917 соналда Октябралъулаб хӏуригат ккезегӏан, басмаханаго букӏинчӏилан. Амма гьеб хӏакъикъаталде дандекколеб пикру гуро. Рукӏана нилъер республикаялдаги басмаханаялде кӏвар кьолел хӏаракатчагӏиги гьез рахъарал тӏахьалги. Гьеб рухӏияб нахърател, кинабго гьечӏониги, батӏибатӏиял архивазда цӏунунги буго. Абизе ккола, жакъаги жеги гӏелмияб къимат кьун, тӏубанго рагьун гьечӏо ХӀX гӏасруялъул байбихьудасанго Дагъистаналъул бакӏалъулаб администрациялъул изнуялдалъун рагьун рукӏарал басмаханабазда гӏараб, гӏажам мацӏазда кьабурал тӏахьазул къимат ва кӏвар. 13 №14, рузман 2023 с. 14 апрель цӏалъул – гӏараб, лъарагӏ, авар, гӏурус – словарь. Гьеб хӏадур гьабун букӏана Абусупян Акаевас, къватӏибе биччана М. Мавраевас 1908 соналда. Жа мгӏияталда гьелдехун хӏажалъи цӏикӏкӏиналъ Мухӏамадмирзаца гьеб къватӏибе биччана чанго нухалъ.

М. Мавраев Дагъистаналда машгьурав вуго периодикияб басмаялъул гӏуцӏарухъан хӏисабалдаги. 1911 соналда гьес Дагъистан областалъул начальникасда гьарана гӏараб мацӏалда газета къватӏибе биччазе изну кьеян. Пачаясул администрациялъ изну кьуна. Газеталъе хӏажат рукӏана гӏараб ва цогидал мацӏал лъалел гӏадамал. Гьединав чилъун вукӏана Гӏали Каяев. Кабардаялда хӏалтӏулев вукӏарав гьевги Дагъистаналде вачун, 1912 соналъул 1 январалда къватӏибе биччана «Джаридат-уль Дагъистан» газеталъул тӏоцебесеб номер. Редакторлъун вукӏана Бадави Сагӏидов, таржамачилъун – Гӏали Каяев.

1917 соналъул Февралалъулаб революциялдаса хадуб Дагъистаналда гӏуцӏана ва къватӏибе биччана чанго газета, 1918 соналъул 27 январалда «Мусават» газеталда бахъараб «Халкъалде хитӏаб» абураб макъалаялда М. Мавраевас гьадин хъван буго: «Эркенлъи щун хадуб (Февралалъулаб революция бергьиндал) нилъер щивас жигар бахъулеб букӏана жиндаго хӏалкӏвараб куцалда халкъалъе кинаб бугониги пайда гьабизе. Дицаги дидаго кӏвараб куцалъ жигар бахъана нилъер халкъалъе кумек гьабизе ва гьелъие лъай щвеялъул мурадалда гӏуцӏана лъабго газета: авар мацӏалда — «Аваристан», лъарагӏ мацӏалда — «Мусават» ва лак мацӏалда — «Чанна цӏукӏу» ва гьел къватӏиреги риччана», — ян.

1917 соналъул 3 апрелалда Махӏач ва Написат Дахадаеваз Мавраевасул типографиялда къватӏибе биччазе байбихьана магӏарулазул «Заман» абураб, жиндир ирсилаблъун гьанжесеб «Хӏакъикъат» кколеб газетаги. М. Мавраевасул басмаханаялда 1917-1918 соназда кьабулел рукӏана, тӏадехун рехсарал газетал гурелги, революциялъулал тӏанчалахӏиял ва лъарагӏ мацӏалда — «Ишчи халкъ» (Захӏматалъулаб халкъ), авар мацӏалда — «Хӏалтӏулел чагӏи», лак мацӏалда — «Илчи» газеталги. Мухӏамадмирза Мавраевас цӏакъ кӏудияб хӏалтӏи гьабуна тӏахьал халкъалда гьоркьор тӏиритӏизариялъеги. 20-абилел соназул авалалда Махӏачхъалаялда байбихьана цӏияб типография базе. М. Мавраевасул бажари жинда лъалев Дагъистаналъул лъай кьеялъул халкъияв комиссар Гӏ. Тахо-Годица гьев тӏамуна гьелъул управляющийлъун.

1929 соналда М. Мавраевас Дагъистан тезе ккана. Щайгурелъул гьесда лъана «гьудулзабаз» жинда тӏасан бечелъиялъул хӏакъалъулъ хъвараб гӏарза газеталъул редакциялда метер къватӏибе бачӏине бугеб номералда лъезе хӏадурун букӏин. Гьев ана Бакуялде, гьенисан Узбекистаналде. Кӏиго сон гьенибги бан, гочана Казахстаналде. Акмолинск шагьаралде ва гьенив гӏумру гьабун чӏана Кутишаса Гӏисаев Мухӏамад абураб цӏаралда гъоркь. Ячана лъади, рагьана рукъалъулал тӏагӏелал къачӏалеб мастерская ва Аллагьасул къадаралде щвана 86 сонил ригьалда, 1964 соналда. Гьев вукӏана Дагъистаналда тӏоцебе басмахана рагьарав чи. Жа къа нилъер республикаялда гӏемерго цебетӏураб полиграфия буго.

Зикрула ИЛЬЯСОВ