19 апрелалда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликовас Халкъияб Собраниялде гьабураб хитӏаб халатбахъана кӏигониги сагӏаталъ.

Гьелъухъ гӏенеккизе ахӏаразда гьоркьор рукӏана Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиев, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумаханов (гьединго цогидал депутаталги), цереги гьанжеги тӏадегӏанал пачалихъиял хъулухъазда рукӏарал ва ругел нилъер ракьцоял, муниципалиял гӏуцӏабазул киналго нухмалъулел, жамгӏиял хӏаракатчагӏи, машгьурал журналистал ва цогидалги.

Меликовас хитӏабалда рехсарал хӏужабазухъ гӏенеккун, бихьулеб букӏана гьесда гьел масъалаби гӏезегӏан гъорлъе ваккун лъалел рукӏин. Гьел рукӏана нилъер щивас рокъорги, къватӏирги, хӏалтӏудаги рорхулел политикиялги, социалиялги, экологиялги, рукӏа-рахъиналъулги, жамгӏиялги, мацӏалъулгун маданияталъулги суалал.

СВО

Жибго тадбир байбихьана СВО- ялда гӏахьаллъулаго гӏумруялдаса ратӏалъарал нилъер ракьцоял ракӏалде щвезариялдалъун.

Хитӏабалда аслияб бакӏ ккуна гьелъул гӏахьалчагӏазеги хъизама- зеги кумек гьабизелъун республи- каялъул хӏукуматалъ тӏоритӏулел тадбиразул бицунаго. Гьедин Дагъи- станалъ СВОялде битӏана щуазарго- ялдасаги цӏикӏкӏун тонна гуманита- рияб кумек.

Бечедал чагӏаздаса байбихьун, гьеб кумекалъулъ жиде-жидерго бутӏа лъун буго рахӏмуялъул гӏуцӏабазги, рагъухъабазе щватаби хьухьунел гӏадатиял руччабазги, СВОялде урба-хьон, гьан-нах, хӏан, гьоцӏо битӏарал росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазги, фронталде кагътал хъварал лъималазги, учительзабазгун тохтурзабазги.

«Кӏикӏундерил завод хӏалтӏизе ккола!»

Лъикӏаланго тӏадчӏей гьабуна росдал магӏишаталдаги.

«Нилъеца гӏезегӏан нигӏматал гӏезарула, амма гьел къачӏалеб куц буго гӏодобегӏанаб даражаялда. Консерваздалъун улкаялдаго бечедаб Кӏикӏуни росдал заводгицин чӏун хутӏун буго гӏарцул рахъалъ къварилъи букӏиналъ. Гьеб хӏалтӏизе ккола. Гьединлъидал республикаялъул хӏукуматалда тӏадкъалеб буго пихъ бакӏарулеб заман тӏаде щвелалде гьелъул суал тӏубазе хӏалтӏи байбихье», — ян абуна Сергей Меликовас.

Хъантӏарал застройщиказул хӏакъалъулъ

Ракьазда хурхун тартиб чӏезабизе ДРялъул Мал-мулкалъул министерствоялъе тӏадкъайги кьуна гьес. Масала, муниципалиял гӏуцӏабигун цолъун, исана сон ахиралде щвелалде гьез ЕГРНалъул сияхӏалде росизе ккола жидерго гӏорхъаби.

Гьединго Сергей Меликовас Халкъияб Собраниялда тӏадкъана къокъабго заманалда жаниб законопроект хӏадуризе — кьучӏаб хӏукму букӏун гурони, бакӏал рачӏого тезе.

Махӏачхъалаялдагун Каспийскиялда къойилго гӏадин ралел гӏемертӏалаял минабазул бицунаго, ганчӏил джунглиязда релълъинару- на Меликовас гьел. Сурукъго рарал гӏечӏого, жеги законги хвезабун, гӏадамалги махсараде ккунги ран ругин гьел. Цебеккунго гӏарацги бакӏарун, хасал идарабазухъа изну щвечӏолъиялъ рачӏого тарал минаби чанги ругелъул нилъер гьанир.

Меликовас бицана цо-цо застройщикал сихӏирго хӏалтӏулел рукӏиналъулги: «Масала, гьез абула жидеца кӏванагӏан кумек гьабилин СВОялъул гӏахьалчагӏазе, гьезул хъизамазе рукъзалгицин кьелила жидецаго рарал минабазда жанир. Амма жидее изну кьейила жидеего бокьараб бакӏалда мина базе. Гьелде иш ккани, дицаго кьела гьезул жидерго хъизамазе рукъзалги цогидабги, гьел доре СВОялде анани».

Гьединго Сергей Меликовас рехсана гӏадамаз жидецаго гӏарацги данде рехун къачӏалел жидерго минабазда цересел азбаралги. «Гьеб бакӏалде рачӏунгицин, щибниги базеян хӏалбихьизе лъугьунел руго хъантӏарал, гӏорцӏи гьечӏел нилъер цо-цо ракьцоял», — ин бицана республикаялъул бетӏерас.

Кьищниги роржанхъулел къучӏбиги

Унго-унголъунги республикаялъе кӏвар бугел суалал тӏуразе лъугьунелъул, цо-цо мехалда гӏажаибаб дандечӏейги загьирлъулин бицана Меликовас. Рагьун бихьизабичӏониги, гьеб халлъулеб буго расги гуреб бакӏалда квекӏеналги гьарун, бюрократия хӏалтӏизабиялдалъун. Гьерсазулги бугьтаназулги тӏубараб гӏомогоро гӏадаб жо ургъулин гьединал суалазда сверухъ. Масала, рищникъул, хутӏелал рацӏцӏад гьариялъе хӏукуматалъ гьабулеб хӏалтӏи рехсана республикаялъул нухмалъулес: «Цо рахъалъ босани, кинха данде чӏезе бегьулеб чанго анцӏ-анцӏ соназ гьадигӏан гьайбатал нилъер мугӏрулги ракьалги инжит гьарурал рощногохӏал лъугӏизариялда, кьищниги бухӏун киса-кибго заралияб кӏкӏуй тӏибитӏунгутӏизе гьабулеб хӏалтӏуда, роржанхъулел целлофаналъул къучӏбузул респу- бликаян Дагъистаналда лъураб цӏар нахъе бахъиялъе гьабулеб ишалда? Амма щолел гъурщазухъ балагьун, миллион чиясул сахлъиялда тӏаде ракь хъвалел гӏадамалги ратулел руго. Гьезда гьоркьор руго тӏабигӏат цӏуниялъе цебехун жидеца бер бахилаб хӏалтӏи гьабичӏел чагӏигицин, чороклъизе Дагъистаналъул гӏорал гун хӏоралги тун, гӏодориччан чӏун рукӏарал гӏадамалгицин. Гьан- же гьезул пикру щай хисарабали бичӏчӏулеб жо буго. Чорокаб гӏарац гьабун ругьунал чагӏазда хӏехьезе кӏолеб гьечӏо нижеца Дагъистан бацӏцӏад гьабулеб букӏин».

Хадуб Сергей Меликовас тӏаде жубана 2024 соналъул ахиралде рищни-къулгун хутӏелал рацӏцӏад гьариялъул масъала тӏубан букӏине кколилан.

Нухал

Гъоркьиса Махӏачхъала, Хасавюрт ва Дербент шагьарал сверун машинадул нухал рахъизе байбихьиялъ нухазда ахӏвал-хӏал гӏодобе биччалин, гӏадамазеги бигьалъи лъугьинилан абуна гьес.

Гьеб мехалда Меликовас рехсана нухда халлъулел цо-цо сурукъал рахъалги: «Махӏачхъалаялдаса Дербенталде унеб мехалда нухда берчӏвала гӏицӏго река-риххарал къадазда яги лъиениги къваригӏинчӏеб гӏадаб къайи-цӏаялда. Рачӏа гьенибги гӏадлу гьабизе».

Кӏочон тарал унтаби

Эбел-инсул ургъел гьечӏолъиялъги жагьиллъиялъги лъималазда вакцинаби гьаризе риччалел гьечӏиланги бицана гьениб. Гьелъ нилъехъе тӏадруссун рачӏунел руго анцӏ-анцӏ соназ церего нилъеда кӏочон тарал унтаби.

Меликовасул пикруялда рекъон, хадуб гьелъ квешаб асар гьабизе буго лъималазул сахлъиялъе.

Лъай кьей

Гӏураб къадаралда школал разе хӏажат букӏиналъул бицунаго, республикаялъул нухмалъулес муниципа- литетазул бутӏрузда бичӏчӏизе жоги бицана: «Азаргогӏан цӏалдохъанасе школа базе бакӏ хьуцӏилъ кьолеб бугони, суал бижула администрациялъул нухмалъулесдехун, кьурда тӏад гьелъие бакӏ бихьизабулеб бугони, суал баккула психиатрасдехун». Хадубго гьес кӏвар буссинабуна цо иш тӏадкъазе республикаял- да хасаб махщалил чагӏи кодоре щунгутӏиялдеги. Гьединлъидал гьел ахӏизе кколел руго Кабардино-Балкариялдаса яги цогидал бакӏаздаса.

Туризм

Нилъехъе рачӏунел туристал гӏемерлъулел ругилан бицунаго, Сергей Меликовас мисалалъе рачана Цӏадаса Хӏамзатил рагӏаби: «Ралъад аскӏоб бугел чагӏазул гӏумру бечедабги берцинабги букӏуна, гьезухъ гьалбалги гӏемер щола. Ралъдадаса берцинал жал цохӏо мугӏрул гурони рукӏине рес гьечӏо. Нилъерин абуни гьелги руго».

Палата

ДРялъул Жамгӏияб Палатаги чӏун хутӏун бугилан абуна С. Меликовас. Гӏицӏго берцинлъиялъе лъурал сурахӏабазда релълъун рукӏине бегьуларила гьелъул вакилзаби. Ккараб бакӏалда тӏалъиялъе критикаги гьабизе ккола. Амма гьебги кьучӏаб букӏине ккола. Лъай-хъваялде, гӏагарлъи-божилъиялде рачӏун рищизе кколаро Жамгӏияб Палатаялде вакилзабиги.

Ракьа рехулел чагӏи

Меликовасул рагӏабазда рекъон, халкъияб информациялъул алатаздасанги соцсетаздасанги дагъистаниязда гьоркьобе ракьа рехизе хӏаракат бахъулел къватӏиса къуваталги руго. «Амма гьел киданиги щвеларо гьеб мурадалде».

Муниципалитетал

Сергей Меликовас рикӏкӏунеб буго муниципалитетазул хӏалтӏи цӏилъизабизе кколиланги, гьел доб цебегосеб куцалда хӏалтӏулел ху тӏун ругилан. Хадубго гьес тӏаде жубана бакӏалъул администрациязул хӏалтӏухъабазе харжал цӏикӏкӏинаризе кколиланги. Гьеб мехалда хъатчӏвазе лъугьана залалда гӏодор чӏарал.

P.S. Палхӏасил, гӏага-шагарго гьединаб букӏана Сергей Мели- ковас Халкъияб Собраниялде гьабураб хитӏаб. Гьанже хьул буго гьенир рехсанщинал масъалаби нилъер депутатазги пачалихъалъул ишазул гӏоркь кодосезги гӏумруялде рахъинаризе ратилилан абураб.

Зульфия ХӏАЖИЕВА