Хӏакъикъаталдаги тарихияллъун лъугьана Шамил районалъул жамагӏаталъе свалат-салам лъеяв хирияв Мухӏаммад аварагасул, гье- сул хъизаналъул, асхӏабзабазул асарал жидерго ракьалда рещтӏарал къоял. Цогидал районазеги щвараб рохел гьеб бугониги, 13-17 апрелалъ- ул къояз нижерго ракьалда букӏараб ахӏвал-хӏал цӏалдолезеги бикьулеб буго.
Рохалил магӏу букӏана щущалеб
Хириял асарал Дилималдаса байбихьун тӏоритӏулеб ва Хӏебда нилъер халкъалъ къабул гьарулеб къагӏида бихьидал, рохалил магӏу щущалеб букӏана гӏемеразул. Чвахун балеб цӏадакь цӏалтӏун риччаниги, нухлул кӏиябго рахъалда эхетун рукӏана гӏисиналгун чӏахӏиял. Гьеб цӏад къаденахъе Хӏебда кутакалда балеб гӏаздаде сверизе бугин кьолеб букӏана синоптиказ. Гьеб заманаялъ тӏаде щвезе кколаан аварагасул асаралгун бачӏунеб къокъаги. Шамил районалъул гӏорхъоде гьел щолаго, къокъаб лахӏзаталъ гьуриги багъарун, хинал бакъул чӏоралги рещтӏун, цебе лъуна зодил хъахӏиллъи. Аллагьасул цӏобалъул гӏатӏилъи, хӏикматазул гьарзалъи!
Гьел къояз тӏубан батӏияб, цо хӏикматаб рохалица гвангъарал къоял рукӏана тӏолабго районалда. Квекӏен ккечӏого гьеб нухда бачиналъе хасаб хӏукмуги гьабун оргкомитет гӏуцӏун букӏана районалъул нухмалъулез.
Дилималдаса хириял асаралгун Хӏебде щведал, районцоязде вуссун, Шамил районалъул бетӏер Мухӏамад Хӏасановас абуна:
— Нилъер ракьалде жакъа рещтӏараб гьаб рохел Мухӏаммад ава- рагасул (с.гӏ.в.), асхӏабзабазул асарал, гьез квер хъварал тӏагӏелал рихьизе щвей — гьеб буго иман камилал нилъер цересел умумуздасаго бачӏараб баракат. Гьаб баракат насиблъарал къоял даимго хутӏила нилъер районалъул тарихалда, халкъалъул ракӏазулъ. Дагъистаниязе, бусурбабазе кӏудияб кӏваралъул гьаб иш гӏуцӏанщиназе баркала буго нижер районалъул рахъалда- сан. Гьава-бакъалъухъ балагьичӏого, гъунисезул гӏорхъодаса байбихьун райцентралде щвезегӏан нухлул рагӏаллъаби цӏун эхетараб районалъул тӏолабго жамагӏаталъе, къаси-къад макьу, хӏалхьи тун хӏадурлъи гьабурал руччабазегун бихьиназеги азаазар баркала.
Чӏаго алжан гӏадинаб заман насиблъун буго
Лъугӏелго гьечӏеб букӏана гӏадамаз цоцазе загьир гьабулеб рохел.
Гӏайшат Мухӏамадова, Гьентӏа школалъул мугӏалим:
— Дида ракӏалде щвана лъимерлъи, хӏежалъухъ урхъун хварал чӏахӏиял чагӏи. Нижер ункъгӏалалъул гор- да тӏад цӏунун букӏана чамасдакӏул лъабго пурчӏун, аварагасул ракьал- даса бачӏараб нигӏмат бугин абун, квер хъвазе толароан лъималазда.
Пикру гьабурав чиясе цӏакъ эркенаб заман насиблъун буго нилъее. Гьалъул къимат цӏунизе гӏакълуги сабруги кьеги киназего. Нилъер заманаялъ гьеб баракат щвей буго кӏудияб Аллагьасул цӏоб.
Муъминат Дибирова, Дагъистаналъул мустахӏикъай тохтур:
— Дир гӏумруялда жанир бищун къиматал, хӏикматаб рохалил асар гьабулел къоял руго гьал. Аллагьас нилъер къисматалда гьаб рохел хъван батиялъе щукру гьабулей йиго дун. Балагьун бер гӏорцӏуларого буго районцояз бахъараб хӏаракаталъухъ, гьез гӏуцӏараб берцинлъиялъухъ. Гьаб баракат, рохел дун чӏаго йигебгӏан заманалъ цадахъ букӏина.
Гьадигӏан рухӏалъе рахӏат кьолеб байрам жеги бихьичӏо
Ункъо сордо-къоялъ гьоркьоса къотӏичӏого хьвадана гӏалам хирияв аварагасул, асхӏабзабазул асарал рихьизе. Гьелъие чӏезарун рукӏарал квегӏенлъабазул бицун хӏалкӏвеларо. Сордо-къоялъ гӏадамазе санагӏалъи ялъе эхетарал гӏолохъанал васалгун ясал рихьун гӏажаиблъизе бачӏунаан, кингӏаги хӏалкӏвараб гьаб кинабго щвалде щун гӏуцӏизе абун. Бащдаб гӏасруялдаса араб дир гӏумруялда гьадин рухӏалъе рахӏат кьолеб байрам, тадбир бихьичӏо. Маркӏачӏул гӏужалдаса байбихьун рогьалил какде щвезегӏан Хӏебда рещтӏарав аза-азар чиясе рес букӏана бокьани ашбазазда, хас гьабун хӏадурарал цогидал бакӏазда чӏорого кваназе.
Сордо-къоялъ гьоркьоб къотӏичӏо го гӏолохъабаз цин цоял хисун, хириял асарал ругеб бакӏалда жаниб цӏалулеб Къуръан, къватӏиб хӏадурараб сценаялдаса гьабулеб вагӏза, лъугӏел гьечӏеб халкъалъул чвахи. Кинабго лъугьабахъунеб гьоркьоса къотӏичӏого ютубалда, телеграмалда прямой эфиралда бихьизе рес рекъезабун букӏана «Шамил районалъул гӏолилал» гӏуцӏиялъ, Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзабаз.
— Дида гӏемераз абулеб буго гьаб кӏудияб иш гӏуцӏизе бигьаго букӏун батиларин. Битӏахъе бицани, букӏинчӏо щибго захӏмат, — ин абуна районалъул имамзабазул гӏуцӏиялъе нухмалъулев Гӏизудиница. — Бихьараб къо батаниги, гьанире арал сурсатал ратаниги — гьеб захӏмалъизе ккараб жого гурин рикӏкӏуна дица. Мажгиталда жаниб как базе гӏатӏилъиги тун, аварагасул асарал лъезе санагӏат рекъараб бакӏ, райцентралъул хӏухьбахъиялъул паркалда цӏидасан гӏуцӏизе хӏукму гьабуна оргкомитеталъ, гьеб цӏакъ лъикӏги ккана. Киналдасаго рази вуго, Алхӏамдулиллагь.
Цого пикруялда нахърилълъунел гӏадамазул бугеб къуват
— Гьаб макьу бугин яги телевизоралдаса бихьулеб жо бугин кколеб буго. Кьижизецин бокьун гьечӏо, кидаго гъора паркалдаго рукӏине бокьун буго, — ян абулеб букӏана, хӏалица улбуз ракӏарун рокъоре рачӏунел гӏисинлъималазцин.
Патӏимат Мухӏамадова, «ЦОЛЪИ» газеталъул редактор:
— Районалъул ясаз, гӏолохъабаз бахъараб яхӏалдаса бугеб разилъиялъул бицун хӏалкӏвеларо. Нилъеда лъала, цебе росдал кьучӏ букӏинчӏел бакӏазда гӏуцӏарал райцентрал руго шагьаралго гӏадал, «гьаб нижер росу, гьаниб кьибил буго» абун рикӏкӏунарел, цокӏалаб жамагӏат гьечӏел бакӏал. Халкъго къватӏибе бахъун хирияв аварагасул асараз- да дандчӏвазе цадахъ хӏадурлъиялъ батӏиябго цолъи, гъунки лъугьана хӏебдасезул. Гьаб тадбиралъ бихьизабуна цо пикруялда нахърилълъунел гӏадамазул бугеб къуватги. Дида ккола гьаб хӏалбихьиялдаса хадуб райцентралъул гӏумру батӏаго лъикӏлъилин. «Гьаб нижер росу буго, нижер лъималги гьанир гьару на ва гӏолел руго» абураб пикру щулалъизе буго гьоркьохъеб гӏелалъул.
«Нуралда тӏад нурги лъун»
Гьалбал разилъизари — гьеб буго дагъистаниязул бидулъго бессараб хасият. Шамил районалъул жамагӏаталъ цӏикӏкӏараб кӏвар кьун букӏана гьеб рахъалдеги. Хӏебде щварал гьалбадерил гӏемерисел зияраталъ унел рукӏана тӏарикъаталъул устарзаби рукъарал росабалъеги.
Гӏайшат Нурмухӏамадова, Дагъистаналъул динияб идараялъул вакил:
— Шамил районалъул гӏорхъоде щолаго, ракӏалде рачӏана «Нуралда тӏад нурги лъун Нур-Мухӏаммад лъугьана» абурал, хирияв аварагасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб цо назмуялдаса мухъал. Нуралдаги нур барал къоял руго нужер баракатаб ракьалда. Нужеца гьабун бугебщинаб берцинлъиялдаса йохана, аварагасда хурхараб ишалъе нилъеца кигӏан кӏудияб хӏалтӏи гьабуниги, гьебги дагь бугин ккола дида. Дагъистаналда гӏадин, Мухӏаммад аварагасул умматалдаса ратиялдаса разилъиялъ рохел гьурмада гвангъарал, ишазулъ гьеб загьирал гӏадамал цоги бакӏалда дида рихьичӏо. Умумузги къиматалда цӏунун нилъехъе щвараб, хирияв аварагасде бугеб рокьи, аманат васият гьабун тела нилъецаги хадусел гӏелазе. Гӏисиназул тӏалаб, чӏахӏиязул адаб гьаби, устарзаби рокьулеллъун рукӏин — гьебги буго аварагасул адаб-хӏурмат цӏуни.
Гьел къояз Хӏебда бихьизабуна, Казбек районалъул халкъияб театралъ гӏуцӏараб, Мухӏаммад авараг (с.гӏ.в.) Мадинаялъул агьлуялъ къабул гьави ракӏалде щвезавулеб сценкаги. Гьеб постановка хӏадурана Мухӏамад Дудуевас. — Кутакалда берцинаб хӏадурлъи гьабун батана Шамил районалъ. Ниж гьенире щвана, кӏиго анкьалъ макьу-хӏалхьи лъачӏел, Казбек районалъул ракьалдаса аварагасул асарал иналдаса пашманлъарал ракӏалгун, — ин бицана Мухӏамадица. — Хӏебда рещтӏиндал, свак чучараб гӏадин лъугьана, рохелги цӏилъана, цӏидасан гьеб ахӏвал-хӏалалда гьор- кьор рукӏине щун. Гьанже ниж унел руго Хучниялде, добго сценка Табасараналъул халкъалда бихьизабизе.
17 апрелалда, Шамил районалъул жамагӏат къватӏибе бахъун, хириял асарал тӏоритӏана Табасараналъул ракьалде.
Патӏимат ГЬИТӏИНОВА