Церечӏарал масъалаби гӏунги тӏокӏ ругониги, республикаялъул росдал магӏишаталъ ахирал соназда рихьизарулел руго гӏезегӏан лъикӏал хӏасилал. Хасго лъикӏал хӏасилал руго цӏибил ва пиринчӏ гӏезариялъулъ. Кинаб хӏалха бугеб щибаб районалда?
Гъуниб
Райадминистрациялъул росдал магӏишаталъул отделалъул нухмалъулев Ахӏмад ХУЧИРОВ:
— Районалъул росдал магӏишаталъул аслияб бутӏа буго гӏи-боцӏухъанлъи. Гьелъ ккола валовияб (гӏаммаб) продукциялъул 67 процент.
Районалда буго 21 СПК, 40 КФХ ва 7448 ЛПХ. Гьенив хӏалтӏула 7750 чи.
2022 соналда гӏезабураб продукциялъул гӏаммаб багьа бахана 2,7 млрд гъурщиде. Гьебго заманалда районалъул АПКялъе гьабураб пачалихъияб кумек бащалъана 84,8 млн гъурщида. Гьелда гьоркьоса 70,3 млн гъурущ щвана гӏи-боцӏухъанлъиялъе.
Гъоркьиса бана 800 тонна тӏорщалил цӏунизе рес кьолеб склад. «Щулани» ва «Обох» СПКязда къачӏана фермаби, М. Хӏажиевасул цӏаралда бугеб агрофирмаялда бана гӏухьбузе ункъо мина, гьенибго гьабизе байбихьана лъабазарго бетӏер гӏицӏцӏаназул хъулухъ тӏубалеб май- дан. Бечӏчӏана 37320 тонна рахь- дал (планалда букӏаралдаса 0,3 проценталъ цӏикӏкӏун), гӏезабуна 6274 тонна гьанал (0,5 проценталъ цӏикӏкӏун), къунцӏана 510 тонна квасул (2021 соналда букӏаралде дандеккуни — 0,4 проценталъ цӏикӏкӏун).Магӏишатазда букӏана: чӏегӏербоцӏи – 30,5 азарго бетӏер (планалда букӏаралдаса 0,3 проценталъ дагь), гьезда гьоркьоса гӏачи — 16933 бетӏер, гӏи-цӏцӏани — 150 азарго бетӏер, гьезда гьоркьоса чахъу – 104,5 азарго бетӏер. Могьолал культураби хьан руго 1600 гектаралда.
Исана ихдал беги- зе, хьон хьазе буго 4276 гектаралда, гьелда гьоркьоса пиринчӏ — 1500 гектаралда, картошка — 227 гектаралда, хурдул — 145 гектаралда, люцерна — 845 гектаралда. Районалъул АПКялда, киналго магӏишатазда церечӏарал аслиял масъалаби ккола: гӏи-боцӏухъанлъиялъул специалистал, гӏухьби, дояркаби гӏунгутӏи, гьел щунгутӏи; гӏарцул мукъсанлъи; гочинабун гӏи-боцӏи хьихьулел ракьазул багьа (ижара) тӏадеялдаса тӏаде бахунеб букӏин.
Гумбет
Райадминистрациялъул росдал магӏишаталъул управление:
— Гьабсагӏаталда районалда бу го 9 СПК, 21 КФХ ва 6025 ЛПХ. Гӏезабураб продукциялъул 82 про- цент кьола гӏи-боцӏухъанлъиялъ, 18 процент — хурухъанлъиялъ.
Магӏишатазда буго 32115 бетӏер чӏегӏербоцӏул ва 168100 бетӏер гӏицӏцӏаназул, 2710 чу, 33100 гӏанкӏухӏелеко, 6130 найил тӏала. 2022 соналда районалда гӏезабуна: гьан (чӏагояб цӏайи) — 6204 тонна, рахь — 207510 тонна, хоно – 4,5 млн штук, къунцӏана квас — 307 тонна. Гьезул гӏаммаб багьа ккола 1,8 млрд гъурущ.
Гъоркьиса районалда бакӏарана: могьолазул — 3190 тонна, картошкадул — 2860 тонна, овощазул — 1960 тонна, пихъил — 3472 тонна, бахчабазул — 1498 тонна. Гьезул гӏаммаб багьа бахана 200 млн гъурщиде.
Хӏалтӏул соналъул хӏасилал квешал гьечӏониги, гьел дагьалги лъикӏал рукӏиналъе, хӏалтӏул даража жеги лъикӏлъизабиялъе руго гӏезегӏан масъалаби. Масала, кредитал щвезе захӏмалъи; гӏезабураб продукция цӏакъго гӏодобегӏанаб багьаялда босулеб букӏин; бакӏарараб пихъ ва овощал цӏунизе бакӏал (хӏажатал шартӏал ругел складал) гӏунгутӏи; гьава-бакъалъул шартӏал захӏмалъулел рукӏин.
Гьебго заманалда районалда руго росдал магӏишат цебетӏеялъе пайда босичӏел ресал ва сурсатал. Гьел ккола хӏалтӏулъ цӏиял къагӏидаби ва технологиял рилълъанхъиза- ри, рехун тарал ракьал пайдаялда хӏалтӏизари, гӏезарурал нигӏматал районалдаго къачӏаялъе ресал ралагьи.
Исана ракӏалда буго могьолал культураби (хасало ва ихдал хьалел) хьараб гӏатӏилъи 1050 гектаралде бахинаби; кӏвар кьезе ихдал магӏарухъ хьалел могьолазул культурабазде, цӏикӏкӏинабизе гьел хьа- раб ракьалъул гӏатӏилъи; харибакӏал пайдаялда хӏалтӏизариялда хадуб хасаб бербалагьи букӏинабизе.
Гъизилюрт район
Районалъул росдал магӏиша талъул управлениялъул нухмалъулев Гӏали КАМИЛОВ:
2022 соналда районалда гьабураб хӏалтӏул 69,9 процент ккола хурухъанлъиялъ ва 30,1 процент гӏибоцӏухъанлъиялъ.
Районалъул АПКялда руго: 17 СПК; батӏи-батӏиял тайпабазул 132 КФХ; 26780 ЛПХ; 5 СПоК (СПКабазул тайпа); 1 рахьдал завод; рахь къачӏалеб 3 цех; 2 консервабазул завод; ЗАО. Хайиралда хӏалтӏулел магӏишатазул процент бахана 90-ялде, магӏишатияб ракьалъул гӏатӏилъи хӏалтӏизаби бащалъана 98,8 проценталда (ракьалъул 1,2 процент гурони рехун тун гьечӏо).
Гъоркьиса районалда бакӏарана: могьолазул – 7117,8 тонна (1 гектаралдаса 27,4 центнер); картошкадул — 11291 тонна; овощазул — 90066 тонна; цӏолбол – 6382,2 тонна; пихъил – 6957,9 тонна. Гӏезабуна: гьан — 7210 тонна (цебесеб соналдаса 4,5 проценталъ дагь); бечӏчӏана рахь – 27415,3 тонна (4,2 проценталъ цӏикӏкӏун); хоно – 1,6 млн штук (850 азарго хоноялъ дагь); къунцӏана квас – 190,7 тонна (9,2 тоннаялъ цӏикӏкӏун).
Районалда буго 21191 бетӏер чӏегӏербоцӏул (13020 гӏака), 77178 бетӏер гӏи-цӏцӏаназул, 1148 чу ва 48611 гӏанкӏу-хӏелеко.
Гьоркьохъеб хӏисабалда лъагӏалие цо гӏакдадаса районалда бечӏчӏула 2227 литр рахьдал, 100 гӏакдада хадуб цӏунула 83 бече, 100 чахъуялда хадуб — 89 кьегӏер.
Хадурагӏи
Гьадинабго хӏисаб-суал гьабила цогидал районаздасаги, магӏишатиял идарабаздасаги нижеца хадусел номеразда.
Гӏабаш ГӏАБАШИЛОВ