Дагъистаниял – ватӏан бокьулезул цебесеб кьерда

«Рагъалъ бихьиназдасаги руччабаздасаги магъало бахъула цого къагӏидаялда. Амма бихьиназдаса босула биялдалъун, руччабаздаса – магӏуялдалъун».

Гьединаб буго халкъияб кици. Гьеб битӏараб букӏин бихьизабулеб буго нилъер жакъасеб гӏумруялъги. Украинаялда хасаб рагъулаб операция Россиялъ байбихьаралдаса ана лъагӏелги кӏиго моцӏги. Гьениб кӏиябго рахъалдасан кколел руго камиялги.

Дагъистаналдаса гьеб операци- ялда гӏахьаллъи гьабулеб буго нус-нус чияс. Къокъабго заманалда жа- ниб нилъер республикаялдаса рагъулъ бахьизабураб бахӏарчилъиялъе гӏоло Россиялъул Бахӏарзаллъун рахъана анкьго бихьинчи. Гьел ккола Кули районалдаса гьеб рагъулъ тӏоцевесев Россиялъул Бахӏарчилъун вахъарав Нурмухӏамад Хӏажимухӏамадов (1996-2002), Хив районалда- са Эседулла Абачев (1968), Табасараналдаса Руслан Къурбанов (1996) ва Исрафил Мухӏамадов (1981-2022), Ахти районалдаса Энвер Набиев (1988), Дербенталдаса Михаил Абраменко (1978-2022) ва Тарумовка рай- оналдаса Шамил Мухӏамадов (1991-2022). Гьезул ункъояв гьеб цӏаралъе мустахӏикълъана гӏумруялдаса ратӏалъун хадуб.

Хӏажат бугищ халатбахъинабизе?

Гьабсагӏаталда Россиялда све- рухъ Америкаялъ ва гьелъул чукъ- буз гьабулеб бугеб жо бихьараб ме- халъ лъилниги щаклъизе бачӏунаро гьеб Россиялде данде цебего ургъун гьабулеб питна букӏиналда. Кин- ха кьал байбихьараб? Кколеб бу- геб жоялъул пикру гьабуни, абизе бегьула нилъер улкаялда сверухъ политикияб ахӏвал-хӏал хӏалуцине байбихьанин СШАялъул президент Джо Байденица Россиялъул президент В. Путин «рагъулав такъсирчи» вугилан абуралдаса хадуб.

Гьелъ кӏиябго улкаялъул дипломатиялда жаниб бижизабуна кӏудияб кьал. Байбихьудасаго кколеб букӏана гьел рагӏаби Байденихъа ццидакье абун рорчӏарал ратилин ва гьелде кӏварго кьезе ккеларин абун. Амма хадуб ккарал лъугьа-бахъиназ бихьизабу- на гьеб Россиялде данде гьабулеб информациялъулаб рагъул байбихьи букӏин. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб буго жакъа дунялалъул информаци- ялъулал сурсатазда Америкаялъул рахъ кколел улкабаз Россиялде гьабулеб хасаб гьужум къотӏизе толеб гьечӏолъиялъги. Хӏакъикъиял рагъулал такъсирчагӏи щал кколелали лъазе ккани, Кубаялдасан (1906), Никарагуаялдасан (1912) байбихьун Йеменалде (2015) щвезегӏан батӏибатӏиял улкабазда Америкаялъ гьабураб пасалъиялъул халгьабидал, гьел якъинго рихьула.

Россиялде гӏайиб рехи — гӏадатияб иш

Байденил кӏалдиса гьел рагӏаби аралго, Украинаялъ байбихьана Донбассалда сверухъ жидерго аскарал щула гьаризе ва гьенир ракълилаб гӏумруялда ругел гӏадамазул минабазде, халкъ буссунел жамгӏиял идарабазде кьвагьдезе. Гьебги хӏисабалде босун, Росси- ялъ байбихьана жиндирго гӏорхъаби рахинчӏого, Крымалъул рахъал- да рагъулал хӏалбихьиял (учени- ял) гьаризе. Бакътӏерхьул улкабаз рикӏкӏана Россия Украинаялде кӏанцӏизе хӏадурлъулеб букӏиналъул хӏужа бугилан.

Гьебго заманалда щибго бицунеб букӏинчӏо Украи- наялъ Донбассалъул, Донецкалъул халкъиял республикабазул расги гӏайиб гьечӏел гӏадамал чӏваялъул хӏакъалъулъ. Гьебго заманалда Байденица Бакътӏерхьул улкабазда лъазабуна Россиялде данде гьарулел санкциял дагьалги къвакӏизаризе кколин абун. Гьелдаго цадахъ лъазабуна «Севе- рияб поток» чӏезабизе кколиланги. Польшаялъ, Болгариялъ, Великобританиялъ жидерго улкабаздаса Россиялъул вакилзаби нахъе ритӏана. Ахӏвал-хӏалалъухъ балагьун, Россиялъги СШАялъул санкциязде данде, жаваб хӏисабалда, тадбирал гьаруна. СШАялъул ва Европаялъул информациялъул алатаз ахӏи-хӏур бахъинабуна Россия киназего заралияб улка бугин абун.

Гьединаб лахӏзатги хӏисабалде бо- сун, Украинаялъ хиял гьабуна жалго бетӏергьанаб ядернияб ярагъ тӏалаб гьабизе ва НАТОялъул блокалде лъу- гьине. НАТОялъги Россиялде данде рагъ хӏалуцинаби мурдалда гьелъул рахъ щулаго ккола.

Гьеб заманалда Петербургалда нилъер хӏинкъигьечӏолъиялъул идарабаз ккуна Россиялъул спецслужбабазул хӏакъалъулъ балъгоял баянал ракӏарулев вукӏарав Украинаялъул жасус. Гьединал хӏужаби раккидал, Россиялъ Украинаялъул консул на- хъе къотӏула ва, жаваб хӏисабалда, Украинаялъ нилъер вакилзабиги нахъе ритӏана. Гьезул рахъккун Че- хиялъги, расги гӏиллаги гьечӏого, 7 соналъ цебе кьвагьизабураб жидер яргъил склад Россиялъул хӏалтӏи бу- гилан багьанаги батун, нилъер ди- пломатал улкаялдаса нахъе ритӏана. Гьелда бан Чехиялъулдипломатал нилъецаги нахъе гъуна.

Гьеб заманалда Донбассалда унеб букӏана тӏубараб рагъ, минометаз, минабаз чӏвалел, лъукъулел рукӏана ракълилал гӏадамал. НАТОялъул ул- кабаз Россиялъул гӏорхъода чӏезавун вукӏана 40 азарго рагъухъан ва Польшаялде витӏана анцӏ-анцӏ ис- требитель. Донбассалда рагъулезда гьоркьор гӏемерлъана Канадаялдаса, Великобританиялдаса, Польшаялда- са НАТОялъул инструкторал.

Гьабураб къотӏиялъе рекӏкӏ

2022 соналъул маялда Зеленскиясул чукъбуз, Белоруссия «агрессор» бу- гиланги абун, 2014 соналъул 5 сентя- бралда Минскиялда гьарун рукӏарал къотӏи-къаяздаса тӏубанго инкар гьабуна ва хадубккун гьез ДНРгун ЛНРалда кьвагьи къотӏизабиялъул комиссиязда гӏахьаллъи гьаби чӏезе тана ва гьел республикабазул гӏорхъоде цӏикӏкӏарал рагъулал къуватал цӏана. СШАялъ хӏукму гьабуна Украинаялъе танказде, гумузде данде хӏалтӏизарулел гуч цӏикӏкӏарал яргъилал къуватал кьезе. Гьединлъидал гьез Донбассалда гӏатӏидал рагъулал гьужумал гьари дагьабги мухӏканлъана. Гьеб киналъго якъинго бихьизабула, Украина гӏиллаялъеги бачун, Россиялъулгун тӏубараб информациялъулаб рагъ гьабизе Америка цебего хӏадурун букӏаниги, гьелъул жо кколеб гьечӏеблъи. Гьелъие къваригӏун букӏана кинабго Бакътӏерхьул улкабазул халкъазда Россия квешаб бералдалъун бихьиза- бизе ва Украинаялъ, Россиялде дан- де цебего хӏадурун букӏараб рагъги, Россиялъул гӏайибалдалъун байбихьанилан чӏезабизе. Гьебин абуни ккола СШАялъ нилъер пачалихъалде данде киналниги магӏишатиял бутӏабазда санкциял лъазариялъе багьана. Гьеб киналъулго мурадги буго XХӀ гӏасруялда Россиялъул цебетӏей чӏезабизе.

Нилъер улкаялде данде битӏахъегояб рагъ гьабизе Америка ва гьелъул чукъби, узухъда, рахъинаро. Щайгурелъул Россия буго къуватаб ядернияб яргъил пачалихъ. Амма киналго халкъазе бокьун буго рагъулаб операция хехго лъугӏизе ва цере вацал гӏадин рукӏарал Россиялъул ва Украинаялъул халкъазда гьоркьоб рекъел гьабизе.

Зикрула ИЛЬЯСОВ, Халкъазда гьоркьосеб Жамгӏияб палатаялъул член