Гьал къоязда тӏобитӏараб Халкъияб Собраниялъул сессиялда гьор- кьор лъун рукӏана ран рахъинчӏел объектазулги, туризмалъулги, ин- санасул ихтияразулги, цогидалъулги суалал.
Гьедин ДРялъул Хӏисаб кьеялъул палатаялъул нухмалъулев Билал Жахӏбаровас бицухъе, 2022 соналда миллиял проектал гӏумруялде рахъинаризелъун харж гьабун буго 35 889 млн гъурущ.
Амма цо-цо мини- стерствабазул, ида- рабазул нухмалъу лез тасамахӏлъи биччаялъ, жиндир за маналда тӏоритӏун гье чӏоан гьезда хурхарал конкурсал, къотӏикъаял. Гьелъ харж гьа бичӏого хутӏун буго цоцо проектазе биччараб гӏарацги.
Масала, гъоркьиса- ла байги бихьун, исана рагӏалде бахъине кколаан «Современная школа» абураб проекталъул 17 объект. Амма гьезда гьоркьоса гӏицӏго лъабгоялъул гурони щвалде щун хӏадурун рахъун гьечӏо документал. Хутӏараб 14 объекталъул иш нухда хутӏун буго.
Ясли-ахал раялъул хӏалтӏиги хадуб бехъерхъун буго. Гьедин гьанжеялдего хӏалтӏизе биччазе кколеб букӏараб 57 объекталъул анлъгояб исана соналде бахъана. Сахлъи цӏуниялъул объектал разениги ремонтал гьаризениги биччан букӏана 4 610 млн гъурущ.
Гьебги цо-цо бакӏазда тӏубанго харж гьабизе бажарун гьечӏо. Масала, республикаялъул онкологиялъул централда базе кколаан цойги корпус.
Бакӏал разе тӏаде росарал организациязул лъикӏаб гуреб бербалагьиялдалъун, къотӏи-къай хвезабурал хӏужабиги ккун руго. Гьеб гӏиллаялъ бажарун гьечӏо Гӏахьвахъ районалдеги Южно-Сухокумскиялдеги лъим бачине. Гьединго республикаялъул мал-мулкалъул реестралде босун буго цебеккун хӏисаб гьабичӏого тун букӏараб 530 млн багьаяб буголъиги. Гьелда бан цо-цо нухмалъулезе бадирчӏваялги гьарун руго.
Депутат Гӏабдулвахӏид Лабазановас тӏадчӏей гьабуна туризмалда. Гьесул пикруялда рекъон, туризм цебетӏунагӏан магӏарухълъиги цӏилъизе буго. Депутат Руслан Ибрагьимовас борхана ясли-ахаздагун школазда медхӏалтӏухъаби гьечӏолъиялъул суал. 1403 школалда гьоркьоб гӏицӏго 327 школалда гурони гьечӏила гьел. Гьес гьарана республикаялъул бюджеталдаса гӏарацги биччан гьенир гьел хӏалтӏуда теян.
ДРялда инсанасул ихтиярал цӏунулев официалияв вакил Жамал Гӏалиевас бицана гъоркьиса дагъистанияз гьесухъе 1273 гӏарза бачӏараблъи. Аслияб куцалда гьел руго рукӏа-рахъиналъул шартӏал хвезариялда, тохтурзабазул кумек щунгутӏиялда, лъай кьеялда, бесдалазда, мобилизациялъ ритӏулезда хурхарал гӏунгутӏаби.
Учительзабазегун медицинаялъул хӏалтӏухъабазе харжал мукъсанал рукӏиналъул суалалдеги кӏвар буссинабуна омбудсменас. Инсанасул ихтиярал цӏуниялъул хӏалтӏул жеги лъикӏаб хӏасил ккезелъун жидер депутаталгун цадахъ батӏи-батӏиял муниципалитетазде гӏадамалгун дандчӏвазе анани, лъикӏ букӏинаанин абураб пикруги загьир гьабуна гьесие Халкъияб Собраниялъул нухмалъулев Заур Аскендеровас.
З. ХӏАЖИЕВА