Гӏумруялъул квацӏи берцин гьабулел тӏугьдузул цояб ккола гӏолохъанлъи. Гьелъул гьуинаб махӏалъ цӏезабун букӏуна сверухълъиго. Гӏолохъанлъиялъул гӏидраялда гьоболлъи бачӏев инсанги вукӏинищха. Гьекъон къеч хьвалареб гьелъул берцинлъиялдаса бер гӏорцӏуларого ругел нилъеда лъазего лъачӏого ун батула гӏумруялъул гьеб лахӏзат. Ва гьеб хӏикматаб гӏидра даим хутӏула нилъер ракӏалдещвеязулъ.

Бокьула диеги гьеб гӏидраялде щвезе, гьелъул гьуинлъи цӏузе. Гьаб нухалда дие гьединаб талихӏ сайгъат гьабуна Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа, Махӏачхъалаялъул №39 лицеялъул 11-абилеб классалъул цӏалдохъан Гӏайшат Мухӏамадовалъ. Дагьалъ цебе Тӏолгороссиялъулаб экологиялъул олимпиадаялъул призерлъун яхъарай гӏолилай, бергьенлъи баркизе, нижеца ахӏун йикӏана редакциялде.

— Гӏолохъанлъи кидаго букӏуна гьайбатаб. Гьелда лъаларо хӏинкъикъай. Гьелъ гӏанлъун рехула кигӏан щулиялги кьураби. Сангарлъун чӏола гьеб бокьараб захӏмалъиялда цебеги. Гӏолохъанлъиялда свакги лъаларо, гӏодоб кканиги, галадизеги галадуларо. Гьеб кӏанцӏун тӏаде бахъуна ва гьорол хехлъиялда цебеги уна. Гьелда хадуй гъезе ккани, масала, дирги кинабха букӏине кколеб хехлъи, — ян байбихьана Гӏайшатица жиндирго хабар.

Жеги гьитӏинго йигониги, цӏубарал пикрабазул гӏолилалъул анищал тӏегьалел руго. Тӏадегӏанас цӏунагиха гьел гӏумруялъул бураназдасаги горо-цӏералдасаги. Гӏайшат гӏемер гӏахьаллъана батӏи-батӏиял предметазулал олимпиадабазда. Муниципалияб бутӏаялда бергьарай гьей гӏахьаллъана регионалияб бутӏаялдаги. Гъоркьисаги гӏахьаллъана Гӏайшат Тӏолгороссиялъул экологиялъул конкурсалда. Гьеб тӏобитӏун букӏана Казаналда.

— Гьеб дие букӏана исанасеб олимпиадаялде рагьараб нухлъун. Гьениб щвана дие гӏемер хӏалбихьи, лъана чанги цӏияб жо. Татарстаналда руго лъаялда тӏад чӏарал гӏолилал. Республикаялъ кӏварги кьолеб буго гьезде. Материалияб рахъалъги ку- мекги гьабулеб буго, — ян бицана Гӏ. Мухӏамадовалъ. — Гьал ахирал сона- зда кӏвар кьолеб буго республикаял- даги пагьму-гьунар бугел гӏолилазде. Гьабулеб буго гӏарцулаб кумекги. Гӏарцуе гӏоло цӏалулел гьечӏониги, гьелъги гъира базабула

Дагьай цеегӏан, призалъулаб бакӏги ккун, ватӏаналде тӏадюссун ячӏарай гӏолилалда Махӏачхъалаялъул аэропорталда дандчӏвай гьабуна ДРялъул лъай кьеялъул министр Яхӏя Бучаевас, министра- сул тӏоцеесей заместитель Аида Тӏалхӏатовалъ, Махӏачхъалаялъул мэрасул ишал тӏуралев Ризван Гъазимухӏамадовас, шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул на- чальник Мурад Шафиевас, гӏагабожараз, лицеялъул нухмалъиялъ. Гӏайшатица школа лъугӏизабулеб буго меседил медалалда, гьелъул анищги буго Москваялде, И. М. Сеченовасул цӏаралда бугеб медуниверситеталде цӏализе лъугьине.

Абула, лъимадул талихӏалда бараб бугин эбел-инсулги талихӏилан. Шамилилги Асиятилги талихӏалда хӏакъикъаталдаги баана къисматалъ. Гьезие кӏудияб талихӏлъун буго ясалъул тӏоцебесеб бергьенлъи.

Ниж гара-чӏварулаго тӏаде ячӏарай шагӏир Тубхӏат Зургьаловалъги пайдаяб хабар бицана гӏолилалъе.

Гӏайшатил лъай-хъвай ккана газеталъул бетӏерай редакторалъул ишал тӏуралей Зульфия Хӏажиевалъулгунги цогидал хӏалтӏухъабазулгунги.

Гӏайшатил эбел Асиятги ккола Махӏачхъалаялъул №25 ясли-ахалъ- ул заведующая, эмен — Шамилги хӏалтӏулев вуго муниципалияб кон- тораялъул административиябгун техникияб госинспекциялъул управлениялда.

«Хӏакъикъат» газеталъул коллективалъ баркула Гӏайшатида, гьелъул эбел-инсуда, №39 лицеялъул коллективалда гьеб бергьенлъи.