Кавказалъул регионазде цӏикӏкӏун кӏвар кьезе гьесизаруна инвесторал

3-4 маялда МинВоды шагьаралда тӏобитӏана «Кавказалъул инвестициялъулаб выставка» абураб кӏудияб тадбир. СКФОялъул регионал экономикияб рахъалъ церетӏеялъул мурадалда ахӏараб гьеб тадбиралъ данде гьавуна 3000-ялдасаги цӏикӏкӏун чи. Гьезда гьоркьор рукӏана республикаялъул нухмалъулел, хӏакимзаби, бизнесменалгун инвесторал, пачалихъиял хӏаракатчагӏи. Хӏасил-калам, кӏудияб чӏаголъи букӏана МинВодыялъул дармилаб централда жаниб кӏиябго къоялъ. Выстакваялде вачӏана РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустинги. Гьединго Москваялъул Хъахӏаб Рокъоса гӏезегӏанго хӏакимзабиги.

«Хьитал гьарулезул шагьар», Махӏачхъалаялъул дармил порталъул цӏиял сапарал ва Мишустиница Расулил кучӏдул лъазаризе бугеб къасд

Дагъистаналдасаги цӏакъ кӏудияб делегациялъ гӏахьаллъи гьабуна гьеб тадбиралда. Республикаялъул бетӏер Сергей Меликовасул ва хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул бетӏерлъиялда гъоркь вице-премьеразул ва министрзабазул саламатаб къокъа букӏана гьенибе ун. Гьединго гьеб вывставкаялда гӏахьаллъи гьабурал республикабазда гьоркьоб бищун лъикӏаб стенд Дагъистаналъул букӏанин хъвана гӏемерисел информалатаз. Хӏакъикъаталдаги цӏакъ лъикӏ хӏадурун ругоан нилъер республикаялъул вакилзаби гьеб тадбиралде. Кӏиябго къоялда жаниб гьел дандчӏвана рикӏкӏен гӏемерал инвесторалгун. «Газпром-Медиа» ва гьелъулго гӏадаб даражаялъул анцӏ-анцӏ машгьурал бизнес-корпорациялъул вакилзабазулгун хъвана къотӏи-къаял.

Выставка рагьараб тӏоцебесеб къоялъго Дагъистаналъул стендалде аскӏове вачӏарав РФялъул премьер Михаил Мишустиница кӏудияб къимат кьуна гьелъие. Сергей Меликовас улкаялъул хӏукуматалъул нухмалъулесе бицана Дагъистаналъ гьеб тадбиралде бачӏун бугин 30 батӏияб проектин абун. Мисалалъе босани, республика экономикияб рахъалъ цебетӏеялъул мурадалда хӏадур гьабураб экономикияб моделалъулгун лъай-хъвай гьабуна РФялъул премьер-министрас гьеб выставкаялда. Гьезда гьоркьоб хасаб бакӏ ккола «Город обувщиков» абураб кӏудияб проекталъги.

Дагъистаналда гьабураб хьит гьанже дунялалдаго лъала. Хасго Европаялъ санкциязул гизма лъазабуралдаса хадуб цӏакъго машгьурлъанин гьел дунялалдаян бицана «Хӏакъикъаталъе» ДОФ (Дагестанская Обувная Фабрика) абураб кӏудияб предприятиялъул нухмалъулев Фейсал Гӏалишаевас. Республикаялдаго бищун кӏудияб хьитал гьарулеб фабрика буго гьесул, 300 чи жанив хӏалтӏулеб.

— Махӏачхъалаялда гьабсагӏаталда буго 4 предприятие нижеца гӏадин рагъулаб ретӏел-хьит гьабулеб. Заказал хехго кьезе ккола, гьединлъидал ниж хӏалтӏула полуфабрикатал риччалел гӏуцӏабигун. Гьел хехго гьарун лъугӏула. Жакъа киса-кибго гьукъа-къаял, санкциял рукӏиналда бан, ретӏел-хьит цӏикӏкӏараб къадаралда хӏажалъулеб буго. Цебе нижер конкурентал рукӏана Китаялда. Гьанжейин абуни, гьенисаги цебе гӏадин гьарзаго бачӏунеб гьечӏо къайи-къоно. Гьединлъидал, коронавирусалъул пандемиялъул заманалдаса нахъего нилъер промышленность цебетӏун унеб буго. Ретӏел-хьиталъул цӏех-рех 50 проценталъ цӏикӏкӏана. Дунялалда бугеб ахӏвал-хӏалги роцӏун, гӏурхъаби рагьараб мехалъ, рес буго нилъер промышленносталъул иш 90-абилел соназ гӏадаб ахӏвал-хӏалалде ккезеги, ай конкурентал цӏикӏкӏинеги.

Жакъа букӏараб дандчӏваялдаса хадуб дида бичӏчӏана Северияб Кавказ цебетӏолеб букӏин. Битӏун бицани, дида цебеккун, мисалалъе, нилъер республикаялдехунги, жибго Кавказалдехунги хӏукуматалъул гьадинаб бербалагьи бихьун букӏинчӏо. Сон бихьаралдаса хадуб кутакалда ракӏ бохана.

Дун гьениве ун вукӏана инвестициял тӏалаб гьаризе мурадалда гурев, дунго инвестор хӏисабалда. Фабрика цебетӏезабизелъун, дицаго лъуна гьениб инвестициязул кӏудияб къадар ва гьелдасаги пашманлъичӏо. Рукӏана батӏи-батӏиял пикраби, кибедай гӏарац биччан лъикӏилан абун. Бищунго лъикӏаблъун дида бихьана гӏагараб Дагъистаналда фабрикаги рагьун, гьенибе гӏарац биччазе. Узухъда, щивав инвесторасул гьелъие байбихьи лъолаго васвасал рукӏуна, кьеладай гьелъ хайир ялъуни хӏурудахъ гӏарацги ун, бакъалдадай хутӏилевин абурал. Амма дун мекъи ккечӏо ва дицаго тӏамураб галиялдаса пашманго хутӏичӏо. Жакъа дир фабрикаялда хӏалтӏулев вуго 300-гӏан хӏалтӏухъан. Республикаялдаго бищун кӏудияб фабрика буго жакъа нижер. Амма гьелдалъун гӏей гьабичӏого дида ракӏалда буго гьеб дагьабги бечед гьабизе ва къватӏибе биччалеб къайи-цӏа цӏикӏкӏинабизе, — ян бицана Фейсал Гӏалишаевас.

Амма цохӏо инвестициязул рахъалъ хӏадур гьарурал проектаздалъун гуребги, маданияб бутӏаялъул рахъалъги бечедаб букӏана Дагъистаналъул стенд. Расул Хӏамзатовасул нусго сонилаб юбилеялда хурхун, кӏудияб программа хӏадур букӏана выставкалде. Гьелъги кӏудияб асар гьабуна улкаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустиние. Сергей Меликовасулгун букӏараб дандчӏваялда гьес абуна кӏудияв шагӏирасул асарал ракӏалдаса лъазаризе ният кканин жиндирилан.

Выставкаялда чанги Дагъистаналъе пайда бугеб ишазул бицен гьабуна. Мисалалъе босани, Махӏачхъалаялъул дармил порталъул рес бугин хур беэн гьабулел удобрениял ва гьединго цӏул-цӏа къватӏисел пачалихъазде баччизеян бицана С. Меликовас.

Гьеб мурадалда кӏалъа-ралъаял гьарун руго Иран, Азербайжан, Гӏиракъ ва цогидалги бакъбаккул рахъалда ругел пачалихъазулгун.

Росабазул гӏузраби цоги нухалъ рагӏизаруна Москваялда

Ункъабилеб маялда, ай выставкаялъул кӏиабилеб къоялъ, тӏобитӏараб «СКФОялъул экономикаялде цӏиял инвестициял» абураб пленарияб дискуссиялда спикерлъун вукӏана ДРялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов.

Мугӏрул росаби цӏикӏкӏун инвестицияздалъун хьезаруни, нуж пашманлъиларин абураб пикру рагӏизабуна гьес выставкаялъул вакилзабазда.

— Кавказалъул мугӏрузул регионазул хаслъи ккола гьел тӏабигӏияб рахъалъ бечедаллъунги берциналлъунги рукӏин. Роцӏцӏараб гьаваги, цӏорорал иццалги, гӏалам хӏайран гьабулеб бечедаб мацӏги, маданиятги тарихги – гьеб кинабго буго жакъа доба. Гьединлъидал гьезие чара гьечӏого хӏажат буго экономикияб рахъалъул цебетӏей.

СКФОялъул регионазда ралъдал гьумералдаса 500 метралъул борхалъиялда буго 1700 гӏанасеб росу-ракь. Дагъистаналда гӏумру гьабун ругезул абуни халкъалъул лъабил бутӏаялъ гӏумру гьабун буго магӏарухъ. Гьединлъидал инвестициял къабул гьариялъул рахъалъ гьезул ресал цӏикӏкӏарал руго. Гьезул рукӏа-рахъиналъул суалал тӏуразеги, тарихгун маданият цӏунизеги гьенибе биччараб гӏарцул пайда цӏикӏкӏун букӏина, — ян абуна Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас.

Кавкзалъул инвестициязулаб выставкаялда гьединго гӏатӏидго бицана СКФОялъул регионазда туризм цебетӏезабизе букӏиналъулги. Хас гьабун Дагъистаналда гьеб рахъалде кьолеб кӏваралъул бицана МинВодыялда букӏараб тадбиралда.

Сергей Меликовас РФялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустинилгун букӏараб дандчӏваялда абуна исана ракӏалда бугин кӏиго миллион турист къабул гьавизейилан абун. Гьезие санагӏатал шартӏал чӏезаризе тадбир гьабулеб, гьалбадерил рукъзал ралел ва гьеб гуребги гӏемерал хӏалтӏаби гьарулел ругинги бицана Дагъистаналъул нухмалъулес.

Выставкаялъул хӏасилал гьарулаго РФялъул Экономкияб цебетӏеялъул рахъалъ министерствоялъул нухмалъулев Максим Решетниковас абуна СКФОялъул регионал, соналдаса соналде инвесторазда лъикӏаб бералдалъун рихьулеб даражаялде рачӏунел ругин абун.

Хӏурматиял гьалбал хӏисабалда нилъер республикаялдаса машгьурал спортсменал Гӏабдулрашид Садулаевги Ислам Махӏачевги ахӏун рукӏана выставкаялде.

Сурат босана гьаниса: dagpravda.ru