Лезги тайпагун цолъараб Гъарабагъалъул гӏиял лъугьараб цӏияб тайпаялда «хьергебдерил» абун цӏар лъун буго Зайнулгӏабид Хӏусеновас.
Гьанжеялдаса 15 соналъ цеве, гьеб пикруги ракӏалде ккун, гӏиял хасаб наслу гӏезабизе лъугьарав гьесде квер хьвагӏулеб букӏун буго росуцояз, мун гӏадада гӏи хвезабулев чи вугилан.
Гьебги расги жоги лъачӏого гьабулеб жо букӏун гьечӏо Зайнулгӏабидил – зооинженериялъулги генетикаялъулги рахъалъ тӏадегӏанаб лъай щун буго гьесие, 1980 абилел соназул байбихьуда Махӏачхъалаялда росдал магӏишаталъул институтги лъугӏизабун.
Гьал къоязда Хьаргаби дандчӏвайдал, гьадин ракӏалде щвезабуна Зайнулгӏабидица нижее гьеб кинабго:
— 2008 соналда байги бихьун, 2009 соналда гӏуна цӏияб тайпадул гӏиязул тӏоцебесеб наслу. Гьеб рахъалъ дие кумек щвана Росдал магӏишаталъул академиялъул кафедраялъул заведующий Сиражудин Хъараевасухъа. Генетикаялъул рахъалъ кумек гьарун ун вукӏана дун гьесухъе. Байбихьуда цӏияб гӏиял квас-рас букӏана чӏегӏераб, багӏарсурмияб. Гьедин поглотительный метод абулеб къагӏидаялдалъун ункъо соналдасан кӏвана дагь-дагьккун квасул кьер тӏубанго хъахӏлъизабизе. Щайин абуни, цӏияб тайпадул хъвай-хъвагӏай гьабизе ккани, гьеб цо хасаб кьералъул букӏине ккола: я чӏегӏераб, я хъахӏаб.
Хъахӏ гьабизе кӏваниги, гьеб квасуда гъорлъ хутӏун букӏана хвараб расги (собачья шерсть). Гьеб мехалда ун Гъарабагъалдегун, босана дозул куй, биччана гьеб гьанир ругезде. Ахирги гьедин бацӏцӏалъизабуна квас.
Дагъистаналда лезгиязул тайпаялъул кьагӏрил (бащдаб лъагӏел бараб) цӏайи букӏуна 12-16 кило. Гьазул абуни (хьергебдерил тайпаялъул кьагӏрил) — 14-20 кило. Гьеб ккола 25-30 проценталъниги тӏаде бачӏараб цӏайи.
Цо заманалда, дов Сиражудин Хъараевги гӏумруялдаса ватӏалъун, квер хьвагӏун тун букӏана дица гьаб гӏиял тайпа гӏезаби. Хадур цо-цо чагӏи чӏана лъикӏаб тайпа бугоанила гъоб, мун щайдила цӏидасан гьелда тӏадчӏоларев абун. Гьедин жувана нахъойги гъобго тайпа гӏезабиялде. Росдал магӏишаталъул институталда (зооинженерияб факультеталда) цӏалулеб мехалда дидаго малълъун букӏанщинаб жоги ракӏалде щвезабуна, гӏелму цӏалулаго хадурккун риччан ккарал гъалатӏалги ритӏизаруна. Гьедин цӏидасан рухӏ речӏчӏана дица гьабулеб ишалда.
Хасго Шамил районалдаса чагӏаз байбихьана дир гӏиял росизе. Гьанже гьел руго жеги Унсоколо, Хьаргаби ва Лаваша районаздаги. Гьенирги гьадабго къагӏидаялдалъун гӏезарулел руго гьел – лезгиязулгун Гъарабагъалъул гӏиялги журазарун. Кире щвезегӏанги ун гьеб гӏи гӏезабизе ракӏалда батаниги, дица киназдаго цебе лъола цо шартӏ – цӏияб тайпаялда цӏар «хьергебдерил» абун лъезе кколилан. Гьелги разилъула. Дида рагӏана жибго цӏияб тайпадул хъвай-хъвагӏай гьабулила гӏиял щуазарго бетӏер бугони.
— Дур кигӏанха бугеб?
— Кьагӏигун цадахъ рикӏкӏани, микьнусгогӏан жо ккола.
— Исана 16-19 маялда нилъер гьаниб тӏобитӏизе буго гӏи-цӏцӏаназул XХӀII абилеб тӏолгороссиялъул выставка. Гьенив гӏахьаллъуларищ мун?
— Гьелъул цӏех-рех гьабулев вукӏаго, дун гӏадал чагӏи гьенир гӏахьаллъуларин бичӏчӏизабулеб букӏана дида цо бакӏалъан. Гӏи гӏезабулеб дунго бетӏергьанаб магӏишат гьечӏони, дун гьеб цӏияб тайпа гӏезабулев чилъун рикӏкӏунарин абулеб букӏана гьез. Амма хадуб росдал магӏишаталъул министерствоялдасан рес кьуна дие гьеб выставкаялда гӏахьаллъизе.
— Зайнулгӏабид, гьебгощинаб гӏияда щиб дуца ургъулеб — гӏицӏго бичизейищ бичулеб, яги …?
— Дица гьал гӏагарал къоязда жаниб рагьизе буго церетӏурал технологиял хӏалтӏизарулеб гьанал нигӏматазул тукен (Хьаргабисан Курмире сверулеб нухда – авт.). Масала, сагӏатгун бащадалда жаниб 65 градусалда гьан белъунеб къайи буго гьениб. Гьединго хӏалтӏизаризе руго витаминалги хвезе риччачӏого, цӏоройдул 60 градусалдалъун курак, микьир ва цогидал пихъал цӏуниги (шоковое замораживание), вакуумная упаковкаги, цогидалги къагӏидабиги.
Гьединго гӏезегӏан мех буго дица тушенкабигун, сокал, солениял къалел цехал рагьаралдасаги. Гьеб кинабго уна 2000 соналда дица гӏуцӏараб «Каспий» СПКялда гъорлъе. Гьелъул цӏаралдасан гӏахьаллъизе вуго дун гьадаб выставкаялдаги.
Гьаб цӏияб тайпадул гӏиял бицани, гьелдаса дие аслияб хайир щола мохмохалдаса. Лъабго лъагӏалидаса заман бараб мохмохалъул (цо килоялъул) багьа букӏуна 2 500 гъурущ. Дарудай мех барабгӏан босула гьеб.
Абухъего, жакъа гӏадин ракӏалда буго гьеб мохмох къачӏалебги бакъвазабулебги куцалъул хӏакъалъулъ нижее Зубайров абурав преподавателас бицараб мех. «Коневодство» абураб дарс кьолаан гьес нижее. Гъоб мехалда 75 студентасда гьоркьоб цохӏо дица хъван батана гьеб мохмохалъул хӏакъалъулъ конспект (гьабсагӏатги дир рокъоб буго гьеб). Хасаб махӏ ине, мохмохалдаса бахъулеб лъим букӏуна. Гьеб малъана гъос дида. Бихьуларищха, росдал магӏишаталъул институт лъугӏун чан сонха араб, гьанже дие гъоб дарс къваригӏараб куц. Жибго мохмохги цӏакъ босула нилъер гӏадамаз. Хасго спортсменаз гьарула заказал. Тӏохолъги гир-гизабун, кваналеб къагӏида буго гьелъул. Тӏубараб къоялъ ракъи ккола гьелъ.
P. S.
Гьедин Зайнулгӏабидица рицунел ракӏгъурал харбазухъги гӏенеккун, гьесул гӏиги цебе къотӏун лъарахъан рачӏунел ниж, Хьаргаби росдал годекӏанире щун ратана. Цинги ракӏалде ккана племенной абун цӏарал лъурал СПКялги колхозалги гӏезегӏан ратилин нилъер республикаялда, амма ругьунабго куцалда гӏи гӏезабулел рукӏин гурони, гӏадатиял магӏишатаздаса гьезул щибго батӏалъи гьечӏинхаян.
Гьединлъидал гьезда дандеккун, гӏураб чӏаголъи бихьула тӏири пачалихъалдаса кумекги тӏалаб гьабичӏого, ккараб ккун букӏагиян, жидедаго ракӏалде ккараб иш рагӏалде бахъинабулел Зайнулгӏабид гӏадал чагӏазулъго.
P. P. S. Гьабсагӏаталда гьесие къваригӏараб жо буго гӏидул «хьергебдерил» тайпа ургъаралъухъ патент щвезе кумек гьаби. Гурони, гьеб щвезе рес буго гъосухъа ричун гӏиялги росун, жидеего цӏар гьабизе ракӏалде ккарал цо-цо чагӏазе.