Маялъул байрамкъоял магӏарухъ тӏоритӏизе ракӏалде ккарал ракьцоял дореги риччан, нижеца гьабугьинан сапар гӏатӏиракьалде – Терек гӏурул рагӏалдехун бухьана.

Кьварун ракъварал, бакӏ-бакӏалдаса (цӏамхӏаллъиялъ) хъахӏлъи цебе рехарал мучӏдуздасан, цин гвандазухъе, цинги хӏарщулъе ккун, гирулеб машинаги букӏана. Магӏарухъе гочунел гӏиязул рехъабаз нухги къан, зама-заманалдасан лъалхъизеги кколеб букӏана гьеб.

Ахирго бихьиладай гьал нухлулин ккараб гӏадаб мехалда мукъсанал хъархъал хисун, цебе рехун бачӏана керчал гъутӏбузулги гьанжего-гьанже тӏирщун бачӏараб гӏурччинлъиялъулги сураталъ берцин гьабураб тӏабигӏат. Гьелда тӏаде — кваранисан бубудилаго чвахун бачӏунеб Терекги, гъотӏодаса гъотӏоде кӏанцӏон, тирхи-твархиялда маргьабалъ гӏадал – азаркьерал хӏанчӏиги, ихдал харил тӏагӏам босулел чуялги, гӏачи-бачалги…

Гьез асир гьарурал нижер пикраби риххизаруна Терек гӏурул цояб рахъ щула гьабизелъун гьенибе ракь баччулел КамАЗаз. Букӏине кколеб куцалда гӏурул тӏину бацӏцӏад гьабичӏолъиялъ, зама-заманалдасан ихдал заманалда гьеб къватӏибе кӏанцӏулеб гӏадатги букӏуна. Хасго 2005 соналда ккун букӏана гьениб кӏудияб балагь. Гьелдаса хадув, 2006 соналдаса нахъе «Дагводресурсы» гӏуцӏиялъ Терекалдаса гӏебеде бугеб ахӏвал-хӏалалъул тохал-хал гьабизе тарав чи вуго Унсоколо районалъул Цӏатӏанихъа Хӏажи. Нижин абуни рокъосанго гьесухъеги гьесул лъади Батулихъеги гьоболлъухъин рахъарал чагӏи рукӏана.

Гӏицӏго гьеб хӏалтӏуда божун чӏечӏого гьел кӏиязго гьениб хьихьун буго боцӏи-панзги, ордекалги. Гьелда цадахъго гьаби рокьулев чи вукӏиналъ, Хӏажил рагьтӏаса камулеб гьечӏоан чанго батӏияб гьойги.

Гьеб бакӏалде рахъиналде Хӏажил хъизаналъ гӏумру гьабуеб букӏун буго дагьалъ добегӏан бугеб Насосная абулеб бакӏалда. Хӏалтӏун руго «Теречное» совхозалдаги.

Палхӏасил, гӏодоса гӏодобе 40 сон буго Хӏажилги Батулилги гьеб гӏатӏиракьалда жалго жидецаго тӏуран. Батулил абуни анищ букӏун буго школа лъугӏун хадуб медицина тӏаса бищизе.

Гьадин ракӏалде щвезабулеб буго гьел кӏиязго жидецаго нахъа тараб гӏумрудул нух.

Хӏажи:

— 1980 соналда данделъана ниж. Ячана айги, дирго бетӏер гӏадал гьабизе (велъулаго. Махсаро гӏемерав чи вукӏиналъ Смешной Хӏажиянги абула гьесда цо-цояз – ред.).

Дир эбел-эменги гӏумру гьабун гьанирго (хъутаналдаго) рукӏана. Лъикӏал хӏалтӏухъаби хӏисабалда Хӏурматалъул хъорщодеги росулаан гьел. Нижер росдал хъутаби руго гьанир. Эмен – Ибрагьим — колхозалъул фермаялъул заведующий вукӏиналъ, гӏи гочарулебщинахъе эхеве хьвадун, эхеде хьвадун вукӏунаан. Хадув абуни гьанивго чӏана. Дун цӏализе магӏарухъе витӏулаанха. Дора дир кӏияйго кӏудияй эбелги ункъгӏалги рукӏана. Цӏалини кибха дица гьабулеб букӏараб, гьелдасаги бищунго бокьулаан гьаби хьихьизе. Мунагьал чурад, Маккашарипилан ункъгӏалалъул бетӏергьанчи вукӏана гӏияда. Гьебги бачун росулъе вачӏарав гьесда цадахъ гьабиги рукӏунаан. Дунги вукӏунаан гьел рагъизарулев щиб, кварида ран гьел тира-сверизарулев щиб.

Минаги къачӏан, ниж (лъадигун) магӏарухъ данделъана. Амма цо моцӏидаса цӏикӏкӏун заман базе кӏвечӏо дида. Гьанив ругьунлъиялъ батила.

«Теречное» совхозалда бригадирлъиги гьабуна дица – боцӏудаса харибакӏал цӏунулаан. Цо заманалъ боцӏудаги вукӏана гьевго бригадирлъун.

Бечедаб совхоз букӏана «Теречное». Мухӏу Гӏалиевасул вац Мухӏамадица гьабулаан гьелъие нухмалъиги. Цӏакъ лъикӏав чи вукӏана. Совхозалда хьихьулаан ордекал, гургурал. Гӏи-боцӏиги букӏана. Цо заманалда Патхӏулаев Мухӏамадги вукӏана гьенив нухмалъулевлъун. Гьев гьаниса нахъе индал, дунги ун вукӏана гьаниса нахъе. Хадур гьенир хиса-басиял ккана — совхозги биххана, боцӏиги лъугӏана.

Пасатаб совхоз букӏанаха, чӏере, гьаб. Грузиялдаса, Осетиялдаса, Кочубеялдаса, Тарумовкаялдаса бахъараб рачӏунаан гьанире харида хадур. Анкьалъги рукӏунаан машинаби цӏезе иргаби щоларого. Цӏакъ тӏагӏамаб, гьарзаяб хер бижула гьаниб.

Гьанже ГУП гьабун буго гьеб совхозалъул.

2006 соналдаса нахъе дун вуго гьанив Терекалда «Дагводресурсы» гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъанлъун. Кутакалда лъикӏав нухмалъулев вукӏана гьенив доб мехалда Гӏали абун — тумав. Цӏияб расаги (лодка) кьун, хӏалтӏуда лъуна гьес дун (осмотрщиклъун).

Батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиналги ккана гьенив хӏалтӏулаго. Лъагӏалица тӏагӏарав чиясул жаназа батана цо нухалъ. Гӏурул рагӏалда ракьулъ вукъун вукӏун, хадуб лъеца чурун гьеб бакӏгун, къватӏиве рехун вачӏун ватилаха.

— Нугъаязул ракьалдаса гӏебеде гӏисинал лъарал ракъван лъугӏанилан бицен буго. Гьединлъидал гьанибги лъим дагьлъун батила.

— У, гьанирги гӏемерисел заливал ракъван лъугӏана. Гӏадамаз харибакӏал гьаруна гъора, рухӏун къамишалгун, лъимги бакъвазабун. Амма аслияб чугӏа гьениб букӏунаан. Бокьараб сорталъул ччугӏа букӏунаан. Гьанже Терекалдагицин дагьлъун буго гьеб. Гьанже гьал элекроудочкаби раккаралдасаги тӏубанго балагь рещтӏана гьелда.

Батули:

— Хӏажил хъизанги нижги магӏарухъ мадугьалзаби рукӏана. 1980 соналъул декабралда данделъана ниж. Цо нухалда вакьадас абуна цодагьаб мехалъ эхере щайдила рачӏунарел Цӏияб сонги гьабизе, гӏи къунцӏулел чагӏазе кумекалъе рукӏине. Рилълъана.

Гъоб моцӏги ана, хадур соналги ана. Гьале гьелдаса нахъе ниж гьанир ругоха. Дир эмен районалда (Унсоколо) пекарнялъул директорлъун вукӏана. Нижер яцал-вацалги цӏаларал руго — тохтурзаби, учительница, росдал магӏишаталъул институт ва цогидаб лъугӏарал. Гьединлъидал дирги анищ букӏана медалде (училищеялде яги институталде) цӏализе лъугьине. Вакьадасулги кӏудияб дандечӏей букӏинчӏо гьелда, гьение лъугьине дие квербакъизе тӏадегицин босун букӏана гьес. Гьедин экзаменал кьезе заманги тӏаде щвана. Гьеб мехалда вакьадас абуна (цӏодорлъи бихьуларищха кӏудиял чагӏазул!) гьалейила нужеего боцӏиги, гьалейила гӏиги — ричун гьелгун айила Махӏачхъалаялде, жидеда гьел хьихьизе кӏоларила. Амма рос чӏана мун цӏалун яхъинегӏан, бичун бугеб-гьечӏеб боцӏигун, гӏодов вукӏун чӏезе жиндихъа бажаруларилан.

Гьале гъагъаб соналдаса нахъе гӏумру хъутаналда ана.

— Батули, Хӏажини Терекалдаса гӏебеде вукӏунев ватила. Дур хӏалтӏул къо кинха байбихьулеб?

— Дун яхъуна радал сагӏат анлъгоялдаго. Щибаб къоялъ 10-15 гӏака бечӏчӏизе ккола радалги къасиги. Гьелъие хасаб аппарат босаниги, гӏемерисеб мехалда дицаго речӏчӏула гьел.

Бищун кӏудияб масъала буго бахъараб хӏан-нах бичиялъул. Гьанжени цо гӏадан ячӏуна гьание гьеб босизе. Амма базаралдеги ун бичизейин лъугьани, нуж киса щалилан, цӏех-рех гьабизе ритӏун рачӏуна базарчагӏаз цо хасал гӏадамал. Цере нижеда кӏалъалев чи вукӏунароан. Бичун нижерго къайигун, гьаругьинан щолаан рокъоре.

— Нужееялдаса цӏикӏкӏун хайир нужехъа босун гьеб бичулел чагӏазе щолинги абулаха.

— Битӏараб буго. Кӏалккун моцӏалдаса нахъе дица хӏанил кило 180 гъурщиде бичулеб буго. Бищун учузал конфеталгицин гьелде рукӏунел ратиларо гьанже. Базаралда абуни доз хӏан 350-400 гъурщиде бичулеб буго. Щолеб гьечӏебищха гьезие нижееялдасаги гӏемер гӏарац?

Хӏукуматалъ гӏуцӏулебани гьеб рахъалъ хӏалтӏи – рачӏун фермераз жидерго продукция бичизе щвезабулеб хасаб бакӏ рагьани – нижее бигьалъилаанха, хӏалтӏизе ракӏги балаан.

Васасе минаби ралеб мехалда бичун, боцӏи дагьлъун букӏана нижер. Цинги гьел лъугьана цӏидасан гьеб босизеян. Боцӏи босулел чагӏазе щуго млн гъурущ биччалеб бугилан харбал рукӏана. Амма нижеда тӏад ккана гьеб. Нужер киналалиго налогал рачӏун ругин гьаниреян абун, гьел къазе 120 азарго гъурущ кьуна. Лъаларо, ниж махсародейищ ккурал, яги унголъунги гьединищ гьеб букӏарабали.

Гьединго колхоз-совхозалда хӏалтӏулаго гӏумру аниги, пенсия бахъизе араб мехалда дие бахъараб жо буго 8 500 гъурущ. Лъимер гьабун анкь байдал, больницаялдаса къватӏие йиччарайго хурие унаан хӏалтӏизе. Рос рокъов гьечӏеб мехалда, аскӏов тезе чи гьечӏолъиялъ ахиралда гьаюрай яс боцӏуде цадахъ ячунаан дица. Бусби сверизе араб заманалда гӏодой лъун тарай гьей киб бакӏалда йигеяли лъаларого тирулей хутӏулаан дун. Гьедин гьабуна магӏишат, захӏматго.

Лъималги рукъалде руссинаруна нижеца — лъабго васги кӏиго ясги. Хасавюрталда руго гьел, бищун гьитӏинав вас хутӏизегӏан.

Гьабсагӏаталда нижго руго «Дагводресурсы» гӏуцӏиялъул минаялъур. Гьеб къачӏазе яги тӏаде бакӏ базеги гьукъараб буго. Гьадал гӏачиязе бокьалгицин щай раралин гьикъизе рачӏун рукӏана гьезул хӏалтӏухъаби.

Гьаб нижеца пайда босулеб ракьалъухъ налогги кьола нижеца.

Амма бокьа-бокьараб бакӏалдаса вачӏарав чиясухъе кьоларо гьаниб ракь. Я бичизе, я босизе лъилниги ихтияр гьечӏо. Гьеб буго хӏукуматалъ щиб кканиги запасалда (резервалда) тараб бакӏ. Гӏицӏго лъагӏа-лъагӏалие къотӏиги хъван, гӏи кваназе биччала гьанибе. Гьединго рециги буго гьаниб, рекьи гьечӏо. Цебе жеги беричго бижулаан гьаниб хер. 2005 соналда Терекги къватӏибе кӏанцӏун, ракьалги гъанкъана. Ергъен абулеб херги бижана.