Сугъралъ «Агрофирмаялъ» байбихьун буго гӏиял рахьдадасан мороженое гьабизе. Гьелъул презентация букӏана «Анжи-Аренаялда» букӏараб Тӏолгороссиялъул гӏи-цӏцӏаназул выставкаялда.

— Гьениб буго нижецаго гӏезабураб гӏиял рахьдал гьабураб, гъорлъе щибго химия жубачӏеб бацӏцӏадаб мороженое, — ян бицана «Сугъралъ» Агрофирмаялъул нухмалъулев Чураев Гӏабдурахӏманица. — Гьелда гъорлъ руго черхалъе пайдаял микроэлементал ва, гӏачиязул рахьдада дандеккун, гӏиядаса бечӏчӏараб рахьдада гъорлъ белокалъул къадарги цӏикӏкӏараб буго.

Франциялъул «Лакони» абураб гӏиял тайпаги Дагъистаналъул мугӏрузулаб тайпаги цолъизабун гӏезабураб гӏиял тайпаялъул чахъабаздаса бечӏчӏараб рахьдал гьабулеб буго мороженое.