Гьал къоязда Каспийск шагьаралда, «Анжи-Арена» комплексалда тӏобитӏараб гӏи-цӏцӏаназул ХХӏII Тӏолгороссиялъулаб выставкаялда гӏахьаллъи гьабуна Россиялъул 23 регионалдаса вакилзабаз, гӏи-боцӏухъанлъиялъул специалистаз, гӏалимзабаз, нилъер республикаялъул анцӏ-анцӏ магӏишатаз. Гьениб ниж дандчӏвана Гъуниб районалъул Мохӏоб росдал Мухӏамад Хӏажиевасул цӏаралда бугеб Агрофирмаялъул нухмалъулев Шарип Махаровгун.
— Шарип, нужер магӏишаталда буго 7550-гӏанасеб бетӏер гӏи-цӏцӏаназул. Хасало камиял гӏемер кканищ, кин араб «къинлъул кампания»? Гьел мугӏрузде гочинариялъе кинаб хӏадурлъи бугеб?
— Исана хасел букӏана гьава-бакъалъул шартӏал рекъараб, гьелде ниж хӏадургоги рукӏана. Гьединлъидал дандчӏвачӏо бицине гӏураб захӏмалъи, ккечӏо кӏудияб камиги. Лъикӏ ана къинлъул кампанияги. 100 чахъдада хадуб цӏунизе кӏвана 94-95 кьегӏер. Ихдал гьава-бакъалъул шартӏал рекъарал рукӏинчӏо ва ниж хӏажаталлъун ккана дагьаб цебеккунго гӏи къватӏибе биччазе. Нижер цо бригада жакъа щвана Алмалоялде. Гьаб выставка лъугӏун хадуб цогидаб бригадаялъул, гӏи транспорталъул кумекалдалъун, рехизе буго риидалил мучӏдузде.
— Кидагосеб масъала бугоха квасалъул бицунеб…
— Гьоркьохъеб хӏисабалда цо гӏиялъажоялдаса нижеца къунцӏана 3,1-3,2 кило квасул, тайпадулалъ кьола 7-8 кило. Добго гӏиллаялдалъун гӏи къунцӏиги исана нижеца байбихьизе ккана цудунго. Къунцӏараб квасул букӏинесеб къисмат жеги лъаларо, ккечӏо босулев чи. Нилъер тайпаялъул (Дагестанская горная) гӏиял квасул килоялъул багьа гӏага-шагьарго буго 20 гъурщиде. Хӏисаб гьабе, гӏиялъажо къунцӏун кьезе ккола 100 гъурущ, щвараб квасул багьа бахунеб гьечӏо гьелдецин.
— Жакъасеб выставка кин дуда бихьулеб, магӏишатазе щиб пайда гьелъул бугеб?
— Гьаб буго дун гӏахьаллъулеб 16-абилеб выставка. Чара гьечӏого тӏоритӏизе ккола гьадинал тадбирал, гьанир ккола лъикӏал бухьенал, лъала бугеб ахӏвал-хӏал, щола хӏалбихьи.
Хунзахъ районалъул Тӏануси росдал СПКялъул нухмалъулев Зиявдин Мухӏамадов.
— Зиявдин, кин бугеб магӏишаталда хӏалтӏи?
— Кинабго лъикӏ бугин абуни, гьереси букӏина. Камун гьечӏо захӏмалъабиги, руго гӏезегӏан суалалги. Амма нижеда церечӏарал масъалаби нижеца тӏурачӏого лъицаха тӏуралел. Мисалалъе, квасул кило буго 20 гъурщиде, гӏиялъажо къунцӏун уна 100-ялдаса цӏикӏкӏун гъурущ. Захӏмалъаби гӏемер ругониги, хӏалтӏизе бокьарав чиясе ресал камун гьечӏо. Цогидал шартӏал рикӏкӏинчӏониги, харж хӏисабалда лъагӏалие вехьасе нижеца кьола 40-45 чахъу. Цо гӏиялъажоялъул багьа 5-10 азарго гъурщиде бахунеб мехалъ, гьеб ккола мадараб мухь. Вехьасе изну буго магӏишаталъул гӏияда цадахъ жидерго гӏиги хьихьизе. Руго чӏезарурал цогидал бигьалъабиги. Исана буго цӏикӏкӏараб ракъдаллъи, бугониги кӏвана кӏалцӏи-хералъул рахъалъ чияде ккечӏого рорчӏизе. СПКялъе нухмалъи гьабулелдаса дир буго 15-гӏанасеб сон. Амма исана гӏадин дун разияб хӏалалда тӏинчӏ бахъараб сон цониги букӏинчӏо. 100 чахъдада хадуб цӏунизе кӏвана 90-95 кьегӏер. Хӏалтӏи нухда тӏамиялда цадахъ, камуларо гӏадамазе кумек гьабизе ресги, гьебги дица рикӏкӏуна тӏадаб налъилъун.
— Хасел кин нужеца тӏамураб, ками цӏикӏкӏараб кканищ?
— Нижер руго рекьулел ва хер бецулел ракьал, кинабго хӏадурараб кӏалцӏи-хер уна гӏияе, цогидазецин кумек гьабун гурони гьеб нижецаго босизе кколаро. 6300 гӏиялъажо бугеб бакӏалда щибго тӏаса ин гьечӏого букӏунаро, амма хӏехьезе кӏолареб ками ккечӏо.
— Риидалил мучӏдузде гӏи гочинабиялъул суал кин бугеб?
— Гӏи къунцӏун бахъана ва гьаб выставка лъугӏун хадуб байбихьизе буго чуризе, чурун бахъиндал, киналъулго хӏисаб-суалги гьабун, рахъине руго къватӏире.
— Нухазда гӏезегӏан къварилъи дандчӏвалелъул, гьеб рахъалъ щиб абилеб?
— Цохӏо дир гуребги бугеб унти буго гӏухьби гӏоларого рукӏин. Гьебго хӏал буго нухде рахъиналъулги. Амма цогидал магӏишатазе нухда бугеб захӏмалъи (нухал къварид гьари, киса-кирего минаби, бича-хисиялъул бакӏал рай) бихьараб мехалъ дун вуцӏцӏун чӏезе кколев вуго. Нижеца нухда (Хунзахъ районалъул мугӏрузде) 12 къо гурони баларо. Руго магӏишатал нухда моцӏ балелги.
— Нужее пачалихъалъ гьабулеб кумек бугищ?
— Пачалихъалъул рахъалдасан кумек щвезе ккани, тӏоцебесеб иргаялда, магӏишаталъул букӏине ккола кагътида гуреб, хӏакъикъаталдаги бугеб гӏи-боцӏи. Гьебги бугони, хӏадурарал документалги ругони, дагьабниги вагъа-вачарулев чиясе щола кумек. Буго тайпадулаб гӏияхъанлъиялъе гьабулеб кумекги.
— Гьаб тайпаялъул выставкабазе дуца щиб къимат кьолеб?
— Лъикӏаб къимат кьола. Рихьула пишацоял, дандчӏвала батӏи-батӏиял гӏадамалгун, щола лъикӏал малъа-хъваял, тӏурала бича-хисиялъул суалал.