«Гессаразул» гӏи, Черкесазул чӏегӏерал куйдул, Калмыказул квас, «Гъизляралъул Дорпер», мармаралъул гьан ва 45 килограмм бахъулеб кьегӏер
16 маялда Каспийскиялда, «Анжи-Аренаялда» байбихьи лъуна «XХӀII Всероссийская выставка племенных овец и коз» абураб тадбиралъе. Дагъистаналда тӏцоебесеб нухалда тӏобитӏана гьединаб даражаялъул кӏудияб дандеруссин. РФялъул 26 регионалдаса 80-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏияхъабаз, фермераз, зоотехниказ, росдал магӏишаталъул церехъабаз гьоболлъи бана нилъеда.
«Анжи-Аренаялъул» сверухълъиялда кӏудияб чӏаголъи букӏана. Цӏулал чалиялъ сверун къарал павильоназда жанир рукӏана нусго батӏияб тайпалъул гӏигун цӏцӏани. Цояб рахъалда батӏа тӏезабураб чалиялда жанире къотӏун рукӏана: варани, залимаб бугъа, хӏамул ва чуял.
Тадбиралъе официалияб къагӏидаялъ байбихьи лъуна сагӏат анцӏгоялда. Сценаялде рахана республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги, РФялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Андрей Разинги, РФялъул гӏияхъабазул союзалъул нухмалъулев Харон Гӏамирхановги ва цогидалги хӏакимзаби.
Республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасул цӏаралдасан баркиги цӏалун, Гӏ. Гӏабдулмуслимовас абуна:
— Дица баркула жакъа киназдаго гьаб тадбир. Хӏакъикъаталдаги нилъер республикаялъе бергьун кӏудияб кӏваралъул ва даражаялъул тадбир буго гьаб. Республикаялда тӏоцебесеб нухалъ тӏобитӏулеб Россиялъул чанго батӏиял субъектаздаса гӏи-боцӏухъаби данде ракӏарараб выставка. Гӏияхъанлъиялъ нилъер республикаялда хасаб бакӏ ккола, Россиялъул базараздаги Дагъистаналъул гӏиял гьаналъ чӏел босана ахирал соназда. Гьеб бищун тӏагӏамаб бугилан абулеб буго гьелъул хӏалбихьараз».
Гьесда хадув кӏалъазе вахъана РФялъул росдал магӏишаталъул министрасул заместитель Андрей Разин. Министр Дмитрий Патрушевас дагъистаниязде ва гьединго выставкаялъул тӏолалго гӏахьалчагӏазде битӏараб саламги цӏалун, эркенго, тӏанчидаса цӏаличӏеб кӏалъай гьабуна гьес жиндирго рахъалдасан.
Выставкаялде рачӏун рукӏана Калмыкиялдаса, Кабардагун Балкариялдаса, Черкесиялдаса, Ставрополалдаса, Астраханалдаса, Ростовалдаса, Волгоградалдаса, Крымалдаса гӏияхъаби. Гьединго рачӏун рукӏана рикӏкӏадаб Сибиралъул ракьалдасаги.
Салул хӏур гъорлъе биччалареб квасул къолден
Калмыкиялдаса бачӏараб тайпадулаб гӏи берчӏварабаго батӏа бахъизе лъалеб букӏана. Гур-гурарал рачӏаразул, риццатал гарбазул, михрал гӏадал гургинал куйдул рукӏана сверун цӏулал чалиялъ жанибе къараб бакӏалда хер кунел. Тӏаде балагьун кутакалда кьараго рихьулел рукӏана гьел. Гьединлъидал бацӏцӏадаб гьанал порода батилин гьебин хӏисаб гьабуна. Амма мекъи ватана дун. Жидеца гӏи гӏезабулин гӏицӏго квасуе гӏолойин бицана «Племенной завод Улан Хееч» АОялъул вакил Саврица.
— Гьабсагӏат дуда бихьулеб тайпа ккола Россиялдаго бищун къанагӏатаб тайпаялъул квас бугеб гӏи. Гьединаб хӏеренаб квасалъул тайпадулаб гӏи цогидаб регионалда гьечӏилан ракӏчӏун абизе кӏвела дида. Гьанибе балагье мунго, — янги абун, тӏаса биццатаб гъатги нахъе гьабун, гӏазухъахӏаб квас бихьизабуна гьес дида. — Киназдаго лъала нижер Калмыкиялъул ракь салул авлахъалда букӏин. Гьороца добе-гьанибе сали хъвалареб къо гьениб къанагӏатги букӏунаро. Амма кигӏан гьури пулеб къоялъги сали жанибе биччаларо гьабсагӏат дуда бихьуле гӏиял тайпаялъ. Тӏабигӏаталъго сайгъат гьабураб къолденалъ гӏадин цӏунула гьез жидерго квас.
Цогидал гӏиязда гъорлъ бессун букӏуна гьеб сали, гьаб тайпаялъул гӏиязда дуда гьеб батизе гьечӏо, — ян бицана Саврица
Гьезухъа бичун босараб квас къватӏисел пачалихъаздеги битӏулеб буго. Аргентина, Италия, Франция гӏадал пачалихъаз хирияб маркаялъул костюмал гьаризе хӏалтӏизабулин жидер гӏиял квасин разиго бицунеб букӏана Саврица. Бихьулеб букӏана жидерго захӏматалдаса гьесул ва къайицадахъазул бугеб чӏухӏиги рохелги. Гьесда аскӏор кьерухъе жеги лъабгогӏаги павильон букӏана Калмыкиялдаса гӏияхъабазул.
Гьезда дандбитӏун букӏана Гумбет районалъул Цӏиликьа Чумаев Гӏисаца бетӏерлъи гьабулеб чед абураб КФХялъул павильон. «Артлухский меринос» абураб цӏияб тайпадулаб гӏи гьес гӏезабизе байбихьараб куцалъул кӏиго соналъ цебего бицун букӏана нижеца газеталдасан. Гьезул тайпадулаб гӏиги берцин бихьун, Белоруссиялдасацин рачӏун ругоан гьезухъе гӏи босизе чи. Гьезул хӏакъалъулъ нижеца гӏатӏидго бицина газеталъул хадусел номеразда
«Эдельбай» куйдузул мармаралъулаб гьанги гьелъул тӏагӏамги
Хунзахъ районалъул Тӏанусиса Гӏабдулаев Гӏалица чанго соналъ цебего кьучӏ лъураб Эдельбайский абураб, цебеккун нилъер гьаниб бихьун букӏинчӏеб батӏияб тайпаялъул гӏиги букӏана выставкаялде бачӏун. Магӏарухъ букӏунеб кьур-кьурал лълъурдузул, кӏургӏараб ва гъалгъараб тахтадул квасул гуреб. Тӏарцаб, гӏиснабго квасги тӏад бугел рорхатал, чӏахӏиял, лъурдул гьечӏел куйдул ругоан Гӏалил васасул вас, Мухӏамадрасулица выставкаялде рачун рачӏун.
— Гьаб буго Казахстаналдаса бачӏараб порода. Мунагьал чураяв кӏудияв инсуца колхозалъул председательлъун вугеб мехалъго калмиказул доба ижараялъе ракьги босун, гьениб гӏезабизе кьучӏ лъуна. Риидал магӏарухъе гочинабулаан, гьезие рии нилъер гьаниб бигьаяб букӏуна тӏамизе, кьин абуни калмиказул доба тӏамула.
— Гӏицӏаб гьанае гӏоло хьихьулел ратилаха нужеца гьел. Гьан кинаб букӏунеб гьезул?
— Гьезул букӏуна цӏакъ тӏагӏамаб гьан. «Мраморное мясойилан» абула гьелда (цо гъат кьаралъиялъул, цо гъат ччоборидул букӏуна. Авт.). Гьоркьоб щибниги лъамалъиги гьечӏеб, кваназе татуяб гьан букӏуна цӏакъ.
Гьесдаго аскӏор ругоан Гиссарские абураб тайпалъул гьединалго куйдул. Амма рихьизе гьелъ дагьалги рорхатал, чӏахӏиял ругоан. Нилъер гьава-бакъалъул шартӏаздеги хехго ругьунал, хьихьизеги щибго захӏмалъи гьечӏеб тайпа кколин гьебин бицана Мухӏамадрасулица.
Австралиялъул ва Германиялъул тайпаги цолъизабун лъугьараб куй
Гъизляралдаса Закариев Хӏажицаги вас Рустамицаги гӏезабулеб цӏияб тайпаги бихьана гьеб къоялъ выстакаялда. Кӏиго батӏияб пачалихъалъул: Австралиялъул ва Германиялъул гӏиял хьонги цолъизабураб куйдул ругоан гьезухъ. Гьумерги габурги лахӏгӏан чӏегӏерал, хутӏараб бакӏал хъахӏал. Гьеб тайпалда гьез жидецаго ургъараб цӏарги бугоан «Кизлярский дорпер» абураб. Гьеб тайпадулаб гӏи гӏезабизе бабйихьараб куцалъул гьадин бицана Хӏажил вас Рустамица.
— Нилъер гьаниб цӏакъ къанагӏатаб тайпа ккола гьаб. Гьелъул цохӏо кьагӏрида бахъула 45 килограмм цӏайи. Сордо-къоялда жаниб 450-500 грамм цӏайиялъул бакӏарула гьез тӏаде. Гьеб буго гьезул хаслъи. Гьел ккола гӏицӏаб гьанал порода. Ихдал къунцӏизеги гьел кколаро, квас жибго уна гьезда тӏаса гъун.
— Нилъер гьава-бакъалъул шартӏал дандекколищ гьезие?
— Ккола. Дагъистаналда согӏаб хаселги, кьварарал гьава-бакъалъул шартӏал рукӏинги киназдаго лъалеб батила. Кигӏан согӏаб хасел бачӏаниги гьеб бигьаго нухда тӏамуна гьез, — ин бицана Рустам Закариевас
Кабардагун Балкариялдаса чӏегӏерал куйдулги рачӏун рукӏана выставкаялде гӏахьалъизе.
Лъабго гьезулги кӏиго черкесазул щуго павильоналде жанире къотӏун рукӏана лахӏчӏегӏераб тӏомалъул лъикӏал базалиял куйдул. Рихьизеги квеш гьечӏоан. Магӏарухъ къанагӏат гурони дандчӏваларо гьединал чӏегӏерал куйдул. Амма кутакалда тӏагӏамаб гьан букӏунин гьезулин бицунеб рагӏун букӏана гьитӏинго. Гьеб ритӏухъ гьабуна выставкаялде вачӏун вукӏарав «Дарган» ОООялъул бетӏерав зоотехник Сейитгӏали Гебеновас.
— Бищун тӏагӏамаб гьан бугилан абула хӏакъикъаталдаги гьелде. Гьазул гьанада гъорлъ гьечӏо цо процентцин холестериналъул. Дунялалда цоги гьединаб тайпа гьечӏо гӏиял. Бацӏцӏадаб, татуяб, гьоркьоб щибниги зарал гьечӏеб гьан буго гьеб.
Цеве хӏукуматлъул нухмалъулесул заместительлъун вукӏарав Гъуниб районалъул Гьонодаса Набиюлла Мухӏамадовги ватана выставкаялда. Гьесги вас Мурадицаги Кочубеялда рагьун буго «Агроком» абураб гӏуцӏи. Кӏиазаргогӏанасеб тайпадулаб гӏиял бетӏер буго жакъа гьезул магӏишаталда.
— 2006 соналъ кьучӏ лъуна нижеца гьелъие. Байбихьуда дагьабго гурони къадар букӏинчӏо. Гьабсагӏат ункъо вехьги вуго, саламатаб кӏудияб рехъен гӏиязулги буго. Мисалалъе гьале гьаб, — янги абун, цо куй бихьизабуна Набиюллагьица. — Гьалъул чӏагояб цӏайи буго 145 кило. Хъун хадуб бацӏцӏадаб гьанал 80 килограмм бахъула.
Хьаргабиса Зайнулгӏабид Хӏусеновги вачӏун вукӏана жиндирго гӏиги бачун. Нижеца гьесул хӏакъалъулъ хъван букӏана дагьаб цебегӏан. Цӏакъ разиго вугоан выставкаялда гӏахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас рагӏи кьунин хадубккун жиндие кумек гьабизеян бицана Зайнулгӏабидица.
Гьединаб букӏана выставкаялъул тӏоцебесеб къо. Цогидаб рахъалда рукӏана щибаб муниципалитетазул майданал. Цояб рахъалда жидецаго хӏадур гьабураб къайи-цӏа бичулел чагӏи. Ахӏулеб кечӏги ва бежулебгун белъунелъул махӏги бугоан.
Батӏатӏезабун гьабураб чалиялда нахъа ругоан хъахӏаб вараниги гьелъул тӏинчӏги. Аскӏоб бугеб чалиялда жаниб бегизеги бегун рагӏ бахунеб бугоан, магӏарзул къалазда горги бараб цо залимаб бугъа. Дагьал дорегӏан ругон хӏамул ва чуял.
Къалъудаса хадур гьенире рачӏана гьал къоязда Ташкенталда боксалъул рахъалъ дунялалъул чемпионаллъун рахъарал Муслим Хӏажимухӏамадовги Шарапудин Атаевги.
Аэропорталда букӏараб дандчӏваялдаса хадур рачӏинахъего выставкаялде рачӏун ругоан гьел. Гьенибги гьарзаяб дандчӏвай гьабуна чемпионазда. Щивасе цо-цо куйги кьун, гьезда бергьенлъи баркана Гӏ. Гӏабдулмуслимовас.
Бакъанидехун гӏадамал дагь-дагьккун гьениса рикьа-риххун ине байбихьана. Выставкаялъул тӏоцебесеб къоялъул хӏасилал гьарулаго гьадин бицана «Хӏакъикъаталъе» республикаялъул росдал магӏишаталъул ва продовольствиялъул министрасул тӏоцевесев заместитель Шарип Шариповас: