Щибаб росулъ руго жидер хӏакъалъулъ хъвазе мустахӏикъал гӏемерал хъизамал. Жакъа дие бокьун буго дирго росдал хъизамазе сайгъат гьабизе гьаб гьитӏинабго макъала. Гьел хъизамазул хӏакъалъулъ хъваялъе гӏиллаги буго гьел гӏемерлъималазулаб букӏин.

Хъизамалъул гъасда — талихӏал расеналлъун

Гӏабдурахӏман Маккашарипов ва Патӏимат Мухӏамадова. Лъикӏаб тарбия кьун, гӏадатиял рос-лъадуца гӏезабуна анлъго лъимер — лъабго васги лъабго ясги.

Патӏимат ккола дир классцояй. Школалда цӏалулеб заманалдаса нахъего букӏана гьелъул гӏодобе биччараб гӏамал. Нижеда цадахъ гъалмагъирги гьабулароан гьелъ. Гьикъаралъе жавабги кьун, иш тун йикӏунаан. Патӏимат жийгоги ккола лъимал гӏемераб хъизамалдаса яс. Лъабго ясги ункъо васги рукӏана гьезул

Патӏиматил рос Гӏабдурахӏманги ккола лъимал гӏемераб хъизамалдаса – щуго вас вукӏана гьезулги. Гьединлъидал гьезие захӏматго букӏун батилищха гӏемерал лъималазе тарбия кьей.

Гӏумруялъул чанги захӏмалъабиги хӏехьезе ккана Патӏиматица. Амма лъиданиги хӏал лъазеги течӏо. Гӏурабго заманалъ росдал почтальонлъунги хӏалтӏана Патӏимат.

Гьезул киналго лъималги рукӏана дир цӏалдохъаби. Бищун го гьитӏинай Асиятил кӏудияб махщел буго суратал рахъизе. Хӏалтӏулей йикӏана росдал яслиахалда. Росу рагӏалда бугеб гьеб къватӏисан къачӏан берцин гьабун буго Асиятил суратаз. Ясазул кӏудияй, Мадина, цӏалулей йиго Кисловодскиялъул медколледжалда. Хадусей яс Наидалги лъугӏана гьебго колледж, хӏалтӏулейги йиго гьебго шагьаралда. Гьоркьохъев вас Мухӏамад ккола росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъан. Гьесги гӏуцӏана жиндирго хъизан. СВОялъул гӏахьалчи, кӏудияв вас Хӏажимурадил бергьенлъабазулги шапакъатазулги хӏакъалъулъ чанги бицана Россиялъул телевидениялдасанги. Гьев мустахӏикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе ва «За воинскую доблесть» медалалъе.

Гьитӏинав вац Сайгидги ккола СВОялъул гӏахьалчи. Гьевги мустахӏикълъана Суворовасул медалалъе. Гьабсагӏаталдаги кӏиявго вац вуго ватӏаналъул парахалъиялъул хъаравуллъуда. Патӏиматиеги дагьаб цебегӏан Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовас кьуна Амет-Хан Султанил цӏаралда бугеб медаль. Росулъе щведал, Патӏиматихъе цо-цо яккула дун. Ва гьезул рукъалде аскӏое щолелъул, азбаралда бугеб гара-чӏвариялъ дагьайго лъалхъизаюла. Гьале доб гӏемерал лъимал ругеб хъизамалда букӏунеб гӏадатияб гуреб талихӏ — анлъабго лъимерги, жеги тӏаде васасул хъизанги, гьез сверун ккурал талихӏал эбел-эменги. Тӏокӏабги берцинаб сурат бугебдай дунялалда! Хъизамалъул гъасда талихӏал расеналлъун ругел умумулги лъималги – гьеле доб хъизамалда бижулеб рокьул байбихьи.

Шамай ХЪАЗАНБИЕВА