Нилъеда кидаго бицунеб рагӏула гьве инсанасул гьудул кколин абун. Руго гӏезегӏан лъугьа-бахъинал ункъхӏатӏилаб гьалмагъалъ гӏадамал хвасар гьарураб, гьезие лъикӏлъиялъе батараб. Амма гьединаб хӏужа жеги бихьичӏо ва рагӏичӏо Каспийскиялдагун Махӏачхъала шагьаразда. Гьелъул гӏаксалда, гьениб лъимада хӏанчӏана, доба гӏадамазде бортанаян гӏемер хъвала. Хасго ниж ругеб рахъалда, Каспийскиялда, руго цӏакъго квешал, хӏинкъи бугел гьаби. Чанго нухалда гьаби кколел чагӏазухъе, участковиязухъе кӏалъаниги, къоялдаса къоялде цӏикӏкӏун гурони, дагьлъулел гьечӏо гьел. Рогьинегӏан хӏапдола, толаро рахӏаталда хӏухьбахъи гьабизе.

Риидалил заманалда къватӏахъ лъималазулги чӏахӏиязулги къадар цӏикӏкӏуна. Хасго цӏикӏкӏун руго гьабсагӏаталда нилъехъе рачӏарал гьалбал-туристал. Гьезиеги ракӏ гӏодобе биччараб хӏал гьечӏо гьеб рахъалде балагьани.

Цо къоялъ радалго ралъдахъе унел рукӏана. Гали бахъа-бахъаралъуб букӏана гьабзазул къапила. Нилъеде бортулеб гьечӏониги, гьеб бихьарабго ракӏ хӏинкъичӏого хутӏуларо. Хӏинкъарав чиясде бортулин абулелъул гьве, «къвакӏун» цересан ине ккола.

Щибаб къоялъ къватӏире рахъине бокьаниги, гьеб къоялдаса хадур, цадахъ чи гьечӏого, нижго ралъдахъеги паркалдеги ине хӏинкъула. Жалго жидедаго чӏун расандулел, гьаниредоре рортанхъулел рукӏарал гӏечӏого, хаду-хадур рачӏунги рахӏат толаро гьез хӏухьбахъулезе. Гьедин, дидаго нахъа рахчарулаго лъималгун, киндай гьабзаздаса цӏунилел гьелилан ургъалида ана нижер радакь мех.

Гьаб буго велосипедалгун лъимал къватӏир, улбул хӏалтӏудаги рокъорги рукӏунеб заман. Гьединлъидалги цӏикӏкӏуна улбузул ургъел. Киндай къватӏире арал лъимал тӏадруссун рачӏинелин рукӏуна гьел.

Гьойдул хӏапи бахъанщинахъе гордухъе екерула дунгоги, лъималазде бортулеб бугищали бихьизе. Сонги гьедин гордухъе яккидал, лъималазул ахӏи-хӏур рагӏана. Велосипедалда рекӏун йикӏарай мадугьалалъул ясалда хӏанчӏун буго гьойца. Ахӏана хехаб кумекги, гьабуна гьелъие кколеб хъулухъги, амма хаду-хадубги чандай гьединал лъугьабахъинал ккела?

Сонисеб лъугьа-бахъиналдаса хадуб дидаго ракӏалде ккана гьединаб «гьалмагъ» букӏиналдаса букӏинчӏого лъикӏилан абун. Яги гьел «гьалмагъзабаздасан» гӏадамазе хӏинкъи гьечӏеб хӏал гьабизе бокьилаан.