1-5 июлалда Дагъистаналда тӏобитӏана «Горцы» абураб фольклоралъул ва маданияталъул халкъазда гьоркьосеб ХХӏ фестиваль.
Гьелда гӏахьаллъана Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса, Азербайжаналдаса, Белоруссиялдаса, Монголиялдаса, ДНР ва ЛНР республикабаздаса творческиял коллективал ва халкъиял махщалил устарзаби. Дагъистаналдаса фестивалалда гӏахьаллъи гьабуна 50-ялдасаги цӏикӏкӏун фольклорияб коллективалъ.
Фестиваль тӏобитӏана «Культура» абураб миллияб проекталда рекъон, ЮНЕСКОялъул ишазул рахъалъ РФялъул комиссиялъул квербакъиялдалъун.
«Горцы» фестивалалъе байбихьи лъуна Авар театралда цебе бугеб майданалда.
Расул Хӏамзатовас 100 сон тӏубаялъул хӏурматалда «Россиялъул гьаракь» абураб халкъияб творчествоялъул байрамалдалъун рагьана гьаб нухалда халкъазда гьоркьосеб фестиваль. Байрамалде рачӏаразе жидерго махщел рагьана Дагъистаналъул пачалихъияб операялъул ва балеталъул театралъул, Даггосфилармониялъул, «Каспий» Дагъистаналъул пачалихъияб кьурдул ансамблялъул, Махӏачхъала шагьаралъул культураялъул управлениялъул лъималазул филармониялъул артистаз.
Халкъияб творчество бихьизабуна РДНТялъул «Волна», Махӏачхъалаялъул «Лукоморье» ансамбляз ва республикаялъул батӏибатӏиял шагьараздасагун районаздаса артистаз. Расул Хӏамзатовасул рагӏабазда кучӏдулги ахӏана гьез.
Гьелдаса хадуб «Халкъиял гӏадатал» абураб концерт бихьизабуна тахшагьаралъул аслияб майданалда. Гьениб Дагъистаналъул халкъазулгӏадатал рихьизаруна ва кьурдабигун, кечӏ-бакъангун цере рахъана Болъихъ, Шамил, Хунзахъ, Унсоколо, Гъуниб, Лъаратӏа ва цогидал районазул фольклориял коллетиктивал.
Гьединго, фестивалалъул гӏадаталда рекъон, Расул Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана республикаялде рачӏарал творческиял коллективазул вакилзабазулгун данделъиги. ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ, тадбир рагьулаго, абуна фестиваль тӏобитӏулеб бугин маданияб ирс цӏуниялъе ва цебетӏезабиялъе, гьединго халкъаздагун миллатазда гьоркьоб бухьен щула гьабиялъе гӏоло. «Горцы» фестивалалда гӏахьаллъулел нилъер ва цогидал улкабазул вакилзабаз маданияб ирсалъул унго-унгояб бечелъи бихьизабуна. Нилъер халкъазги гӏадатал ва халкъияб творчество цӏуниялдалъун, тӏолгодунялалъул маданияталъул хазинаялъулъ кӏудияб бакӏ кколеб буго», — ян абуна ДРялъул культураялъул министралъ.
Кӏиабилеб къоялъ фестивалалъул гӏахьалчагӏазда гьоркьоб тӏобитӏана «Нилъер Расул» абураб адабияталъул марафон. Гьелда гӏахьаллъана Бежтӏа участокалдаса, Болъихъ, Лак, Хасавюрт, Агъул районаздаса, Махӏачхъала шагьаралдаса кучӏдул рикӏкӏунел ва шагӏирзаби. Гьединго Махӏачхъалаялъул Родопалъул бульваралде ракӏарунрукӏана улкаялъул батӏи-батӏиял регионаздаса бищунго лъикӏал хал- къиял махщалил устарзаби ва гье- нир лъун рукӏана гьезул хӏалтӏаби.
Гьезда гьоркьоб къадруяб бакӏ ккун букӏана республикаялъул халкъияб махщалил устарзабаз. Масала, цӏулал, гӏарцул ва меседил тӏагӏелал, миллияб ретӏел ретӏарал ясикӏаби ва цогидабги халкъияб махщалил къайи-матахӏ бихьизе лъун букӏана майданалда гьеб къоялъ. Фестивалалъул программаялда рекъон, Махӏачхъалаялда тӏобитӏана «Гӏурусазул майдан» абураб хъа- захъазул культураялъул байрамги. Щуабилеб июлалда, Л. Н. Толстояс 195 сон тӏубай кӏодо гьабуна Гӏурус театралда цебе. Гьениб жидерго фольклор бихьизабуна Дагъистаналъул ва улкаялъул цо-цо регионаздаса творческиял коллективаз. Гьебго къоялъ Родопалъул бульваралда тӏобитӏана «Русский казачий мир России» абураб суратазул выставкаги.