7 июналда Махӏачхъалаялда Профсоюзалъул минаялъул зал занкӏун цӏун букӏана тарихчӏужу Патӏимат Тахӏнаевалъухъ гӏенеккизе рачӏарал чагӏаз.
Гьелъ бицана лъабавго имамасул заманалда Дагъистаналда букӏараб жамгӏиябгун политикияб ахӏвал-хӏалалъул. Гьелде щвезегӏан чанго моцӏалъ цебеккун батӏи-батӏиял харбал тӏиритӏизарулел рукӏана тарихчӏужуялъул рахъалъ. Масала, гьелъ имам Шамил какун вугила, гьев гӏурусаз унголъунги асир гьавун вукӏанилан чӏун йигин гьейилан. Гьединлъидал лекциялъухъ гӏенеккизе рачӏарал гӏемерисезеги хас гьабун гьеб суалалъе жаваб щвезе къваригӏараб хӏисаб букӏана.
Цебегоялдасаго бугеб дагӏба кколелъулха Шамил асирищ гьавурав яги кӏалъа-басаязде вачӏаянги абун, махсародейищ ккурав абураб суал.
Асир гьавиялъул тема къазе кколин цоял, гурин, кинаб батаниги, битӏараб бицине кколин, гьеб нилъер тарихлъидал кколебилан дорасахун ахӏдолел гӏолохъабазул, цого хъуй бахъана гьеб къоялъ залалдаги.
«Имам Шамил асирлъуде унев вукӏинчӏо, амма гьев асирлъуде ккана. Хъизангун цадахъ кӏагьадерил тӏалъиялда вугев гьесухъе сардилъ Даниял-Султан (Барятинскиясда цадахъ имамасулгун кӏалъа-басаязда вукӏарав) вачӏуна. Жинца жиндирго яс Каримат (имамасул вас Мухӏамадил лъади) нахъе ячунин гьев чӏедал, Шамилица инкар гьабулеб букӏун буго гьей йиччазе. Цинги Даниял-Султаница абула мун асир гьавурав чи вугин, жинца жиндирго ясги асирлъуде йиччаларилан. Гьедин хъвалеб буго Гӏабдурахӏманица (Гъазигъумекиса – авт.).
Гьединго нилъер Миллияб музеялда буго 1859 соналъул ноябралда имам Шамилица жиндирго квералъ наиб Мухӏамадаминихъе хъвараб кагъат. Гьес гьениб хъвалеб буго жив вугин асирлъуде ккарав имам Шамилилан.
Дица гьаниб бахъиларо гьеб суалалда сверухъ цӏа боркьараб дагӏба-къец багъаризабурав чиясул цӏар. 1991 соналда имам Гъазимухӏамад ракӏалде щвезавун тӏобитӏулеб гӏелмияб конференциялда цӏалана гьеб «Шамилил нусго кагъат» абураб тӏехьалъул авторас (Хулата Гӏумаров – авт.). Гьесда тӏокӏкӏун лъалаан имамас кагътал хъвалеб къагӏидаги гьесул хатӏги. Гьеб кагъатги имамас жиндирго квералъ хъвараб бугин абулаан Гӏабдурахӏманица», — ян бицана Патӏимат Тахӏнаевалъ.
Амма цогидав тарихчи – Шамхалдибир Гӏисаев кинго разилъулев гьечӏоан гьелъул пикруялда: гьев Гӏабдурахӏманица хъвараб жоялдаги гьедигӏан кутакалда ракӏчӏун рукӏине кколарила, Тахӏнаевалъул росулъа Хӏажигӏали Данияловасдаса разилъи гьечӏолъиги загьир гьабуна гьес, гьесулги гьелъулго гӏадаб пикру букӏанила. Цинги Шамхалдибир Гӏисаевас Лазаревасул хӏакъалъулъ цо жо бицинехъин букӏана рагӏа-ракьанде щун магӏарул мацӏ лъалев вукӏарав Лазарев абун. Расги лъалароан Лазаревасда магӏарул мацӏ абун гьоркьов къотӏизавуна Патӏимат Тахӏнаевалъ гьев.
Залалда ахӏвал-хӏал гӏодобиччазабизелъун, Шагьрудин Шамхаловасул (советияб заманалда рукӏарал республикаялъул нухмалъулезул цояв) хӏакъалъулъ цо бицен ракӏалде щвезабизе лъугьана Хунзахъа тарихчи Мухӏамад Гӏаммаев. Магӏарухъ ЛЭП (высоковольтная линия электропередач) лъунилан, партиялъ кьварараб бадибчӏвай гьабун буго гьесие (выговор). Цинги ахиралда кӏалъазе ихтиярги кьун буго Шагьрудиние. «Выговорал рукӏуна кьолелги рахъулелги жал. Гьанже гьал ЛЭПал нахъе рахъизеги хӏал бихьеха нужецаго» ян абун буго гьес.
«Гьединлъидал, Патӏимат, хъвай, дуцаго хъвалеб букӏараб куцалъ. Киназгоги ецциларо мун, амма гӏемерисез дуе баркала кьезе буго. Критикалги рукӏина, тарихалъул магӏна бичӏчӏулеб ххвел гьабулел критиканалги рукӏина. Амма улкаялъул президентасул Администрациялде щвезегӏангицин дуда бугьтаналги лъун кагътазда гьоркьоб цониги гьечӏо унго-унголъунги гьабураб гӏелмияб критика», — ян абуна Мухӏамад Гӏаммаевас.
Палхӏасил, жеги гӏезегӏан асар гьабулел кӏалъаял рукӏана гьенир. Гьезул хӏисабги гьабун, Патӏимат Тахӏнаева цӏидасан ахӏизе кколин гьалдасаги кӏудияб залалдеян абураб хӏасил гьабуна гьеб тадбир нухда бачарав жамгӏияв хӏаракатчи Сулайман Уладиевас.