Пикру гьабулев чиясда бичӏчӏула ва бихьула гьаб дунял, нилъее къокъабго заманаялъ гӏумру гьабизе кьураб, хӏалбихьиялъул рукъ букӏин. Гьаниб балеб нусго сонги халатаб гӏумру гуро. Саназул къадар дагьаб букӏаниги, цо-цо чияс дунялалда бараб 40-50 сонги халатаб, инсанияталдаго гӏасрабаз ракӏалда чӏолеб, гӏемерав чисе пайда гьабураб, къисматалъул гӏуруде данде квачӏ бараблъун бихьулебги букӏине бегьула.
Нусилъа арал сонал раниги, цо къо бараб гӏадин, кӏочон теялъул пардавалъул риццатал гъатаз вахчунги хутӏизе бегьула инсан. Гьелдалъун бичӏчӏула: аслияб жо дунялалда рарал соназул къадар гуро, гьезда жаниб лъураб магӏна, гӏадамазе ккараб пайда, Аллагьасе гьабураб тӏагӏат, ай Аллагьасе гӏоло гьабураб лъикӏаб гӏамал, Тӏадегӏанасул амруялда нахъ рилълъин букӏин.
Амма гӏемерисезул иш машгьурав гӏурусазул шагӏир Сергей Есениница абухъе кколеб буго:
«Как мало пройдено дорог –
Как много сделано ошибок»…
«Нахъа тарал нухал цӏакъ дагьал руго,
Гьарурал гъалатӏал – унго гӏемерлъи!»
Гъалатӏалго гьаруларел малаикзабилъунги ритӏун гьечӏо нилъ гьаб дунялалде. Гъалатӏги мунагьги щиб жоялиги бичӏчӏулел, щивасе бихьизабураб къисматалъул нухдасан унаго, Бетӏергьанас кьураб лъикӏлъиялдаса роххун шукруги гьабизеги лъалел, Гьесго цере лъурал захӏмалъабигун къеркьолаго щиб бихьаниги, сабруялдаги рукӏунеллъун ричан руго. Гьедин хьвадизе ккани, цӏакъго кӏвар цӏикӏараблъун буго щулияб иман букӏин ва исламияб хьвада-чӏвади кӏалъаялъулъ гуреб, тӏагӏат гьабиялъулъцин гуреб, рекӏелъ букӏин. Нилъее бокьун буго Иманги рекӏелъ щула гьабун Исламалда рекъон хьвадизе гуреб, Иманги, Исламги, шаргӏги, гӏумруги нилъеда рекъон букӏине, нилъер гӏунгутӏабазда, хӏатта мунагьаздаги тӏад рекъон чӏезе. Нилъецаго Исламалда рекъон напсги куцазе черхги хӏалтӏизабизе нилъер цо кӏудияб гъираго гьечӏо. Гьединлъидал, нилъ гӏалимзабигун, дибирзабигун къацандулел руго, гьезда нилъедаялдаса цӏикӏкӏун лъалеблъи бичӏчӏулебги букӏин якъинаб бугониги. Нилъ къацандулел руго кидаялиго лъицаялиго гьадин абулеб букӏанин рагӏаралда мугъги чӏван, гӏелмияб лъайги гьечӏого. Гьеб гьедин букӏиналъе хӏужаби рачине лъугьани тӏубараб тӏехь лъугьина.
Дие бокьун буго цо, дир пикруялъе рахӏат толареб, гӏиллаялъул бицине. Нилъеца бицунеб харбилъги, хӏатта вагӏза насихӏаталъулъги Цогояв Аллагьас бижараб гӏумру гьаб дунялалдеги ахираталъул дунялалдеги рикьулаго, тӏей гьечӏого цоцада рухьарал, цоцада хадур цун ругел, цояб цойгиялде хӏадурлъилъун ругел гьел цоцадаса ратӏа гьарулел, рикӏкӏад гьарулел руго. Хӏатта гьаб дунялалда цӏарцин лъолеб буго «светияб», «дунявияб» гӏумруйилан, ахираталдаса батӏалъулеб хӏалалъ. Атеистасда гьениб гӏемераб къого бихьулеб гьечӏо, «диналдаго хурхинчӏеб», «жинде Аллагьасул асарго гьечӏеб», «нужер беразда бихьулеб», «тӏабигӏаталъ жибго жинцаго лъугьинабулеб» гӏумру абун тӏаде жубазе.
Гьаб дунялги Аллагьас бижараб, Гьесул асар гьечӏого щибниги лъугьунареб, нилъее хӏажатабщинабги чӏезабун, ахираталъул нухда нилъер хӏал бихьизе кьураб букӏин Иман бугев чиясда лахӏзаталъги кӏоченаро, кӏоченеги бегьуларо. Аллагьас инсанасе кьун буго гӏакълу, пикру гьабизе ва кӏалъазе гьунар. Гӏакълуялъул бетӏергьанасда, пикруги гьабун, щай жив вижаравали ва сундуе вижаравали лъазе ккола. Лъалеб гьечӏони, гьесие гьеб гӏакълу кьеялъул магӏнаго гьечӏо.
Гӏакълу Аллагьасго кьечӏев чи вугони, гьесда нилъеца «гӏабдал» — илан абула. Гьесда тӏад лъураб жоги щибго гьечӏо. Психологиялъул гӏалимзабаца гӏабдаллъун рикӏкӏарав чияс гьабураб такъсирцин рикӏкӏунаро. Аллагьасги фарз тӏубаянцин абуларо жужахӏалдеги витӏуларо. Гьедин букӏаниги, нилъеда гьоркьосан щивго разилъиларо, гӏакълуги нахъе босун, гӏабдаллъун лъугьине.
Гьединлъидал, Аллагьасе тӏагӏат гьабизеги, гӏадамаллъун гӏадамазулъ рукӏинеги нилъго разилъун, нилъецаго тӏаде босараб амру ккола. Гьеб тӏубалеб гьечӏони нилъ, Аллагьасе гурелги, нилъерго тӏадебосиялъеги хилиплъарал чагӏи ккола. Цо-цоязе цӏакъ бокьун букӏуна дин кӏиабилеб бакӏалде хъущтӏизабизе, дунявияб гӏумру цебе лъезе. Гьеб ккола гьоко чода цебе бай гӏадаб жо. Хӏакъикъаталда гӏумруялъулъ букӏине ккола гьадинаб тартиб – хадуб-цебе рекъей:
1.Тӏадегӏанав Аллагь – кинабго бижарав, кинабго лъалев 99-абго сипатазул Бетӏергьан, бищун кӏудияб, цоги щивго ва щибго жинде рахунареб гӏакълу, Гьесдасан бачӏанщинаб.
Аварагзаби, бетӏералда Аллагьасул ахирисеб амру халкъазухъе щвезабурав аварагзабазул хатму Мухӏаммадгун (жинда Аллагьасул ссалатги саламги лъеяв) ва гьесдасан бачӏанщинаб, гьесда нахърилълъарал гӏалимзаби.
Исламиял ва Аллагьас рижарал дунялалъул гӏалимзаби, иман щулиялги цере ккезарун.
Аллагьасдаса хӏинкъарал муъминзаби.
Аллагьасе гӏоло лъикӏаб гӏамалалда хьвадулел чагӏи.
Гьаб тартиб буго гӏакълуялъул камиллъиялъухъ балагьун гьабураб. Гьединаллъун гьечӏони, 1 ва 2 хутӏизегӏан, гьезулги гӏакълу мукъсанлъулелъул ва гьаб тартибалдаса рахъулелъул.
Гьездаги гьел гурел дунялалда вижанщинав чиясдаги Аллагьас тӏадаблъун гьабун буго дунялалда гӏумру гьабизе. Гӏицӏго хӏалалъи- хӏарамлъиялъул гӏорхъи цӏуни буго нилъее хӏалбихьилъун кьураб жо. Дунялалъул хӏалбихьиялъе жавабги кьечӏого ахираталде хьул лъурав чи кколев вуго, рекьиги тӏаса-масаго, хашго гьабун, хаслихъе лъикӏаб бачӏиналде хьул лъуравлъун. Дунял, ахираталъе бачӏин щвезе, бекьулеб хур бугинги абулелъул гӏалимзабаз.
Дирни, заманалда хурги бекьичӏого, херлъараб мехалъ гьардухъ лъугьарав чиясул хӏисаб бугин: киназдаго дугӏа гьабеян гьарделев хутӏун вуго. Рахъ битӏун бай, гӏолохъаби! Рекьи-хӏалтӏи заманалда гьабе хурухъаби, ай бусурбаби!
Бихьун лъарав
Сурат босана гьаниса: https://klike.net/10419-kartinki-zhiznennyj-put-100-foto.html