Кӏиабилеб июналда «Муслимат» Руччабазул регионалияб жамгӏияб гӏуцӏиялда, СВОялда хварал аскариязул лъималазе байрам тӏобитӏана.

Лъимал цӏуниялъул къоялде «Муслиматалъ» ва «Сила матерей» абураб СВОялъул гӏахьалчагӏазул улбулгун лъудбузул движениялъ гӏуцӏараб тадбиралда гӏахьаллъи гьабуна «Матери России» ДРОялъул председатель, Махачхъалаялъул Ленинский районалъул депутат Сефижат Мухӏамадрасуловалъ, ДРялъул милияб политикаялъул ва диниял ищазул министерствоялъул отделалъул нухмалъулей Хасайбат Валиевалъ, ДРялъул информациялъул ва печаталъул агентствоялъул нухмалъулесул заместитель Наида Мухӏамадовалъ, ДРялъул ва Ингушетиялъул халкъияй артистка, Пачалихъияб ДУМАялъул депутатасул кумекчӏужу Зульфия Ильясовалъ, жамгӏиял хӏаракатчагӏаз.

Гьитӏичазда байрам баркулаго, гьезул улбуздехунги ракӏбатулеб калам гьабуна ва лъималазе рухӏияб тарбия кьеялъулъ ва дандчӏварал захӏмалъаби тӏуразе квербакъизе хӏадурал ругин руччабазул динияб жамгӏияб гӏуцӏиян абуна:

«Мухӏамад аварагас (с.гӏ.в.) абуна: «Эбел-инсуца лъималазе кьолеб бищунго лъикӏаб ирслъун тарбия ккола», — ян. Аллагьас къуват кьеги нужее бихьараб къварилъи хӏехьезеги лъималазе тарбия кьезеги».

Хасайбат Валиевалъги гьитӏичазда байрам баркана ва бицана: «Гъарачаево-Черкесия республикаялда вугев ДРялъул вакилас лъазабуна Дагъистаналдаса СВОялъул гӏахьалчагӏазул лъимал (20) къабул гьаризе ругин, рехсараб республикаялъул хӏухьбахъиялъулал ва сахлъи щула гьабиялъул лагеразда. Нилъер республикаялъин абуни, къабул гьаризе руго Гъарачаево-Черкесиялдаса лъимал».

Лъимал цӏуниялъул къоялде тӏобитӏараб байрамалда рихьизаруна кӏаз (хӏижаб) чӏвазе ва гӏараб хӏарпаз берцинго хъазе малъулел мастер-классал. «Муслимат» ДРООЖалда цебе рагьараб «Аманат» лъай кьеялъул централда цӏалулел лъималаз рекӏехъе цӏалана Къуръаналдаса аятал, рикӏкӏана кучӏдул, бицана исламалъул хӏакъалъулъ. Гьитӏичазда гьоркьоб диниял асалаби лъаялъул ва бицанкӏабазул фикторинаги тӏобитӏана. Тӏагӏамаб квенги сайгъаталги кьун рохизаруна СВОялъул гӏахьалчагӏазул лъималги.