31 маялда «Дагъистан» РИАялда бицана гьанжегӏар республикаялда тӏобитӏараб Халкъазда гьоркьосеб диназда гьоркьосеб гӏолилазулаб форумалъул хӏасилазул хӏакъалъулъ.
Исана анцӏабилеб нухалда тӏобитӏараб гьеб форумалъул мурадаялъул ва масъалабазул хӏакъалъулъ бицине рачӏун рукӏана ДРялъул миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул отделалъул нухмалъулев Заур Уруджев ва ДРялъул Муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулесул заместитель Гӏумар Абакаров.
Исанасеб форумалда гӏахьаллъана Дагъистаналдаса, Волгоградалдаса, Ставрополаздаса, ЛНРалдаса ва цогидалги регионаздаса студентал. Рачӏун рукӏана батӏи-батӏиял регионаздаса экперталги Египеталдаса, Йеменалдаса, Туркменисталдаса, Афгъанистаналдаса, Нигериялдаса ва цогидал улкабаздаса вакилзабиги.
«Батӏи-батӏиял диназул вакилзабазда гьоркьоб тӏобитӏулеб халкъазда гьоркьосеб форум Дагъистаналда гьабулеб букӏиналъул магӏна ккола гьанир чанго батӏиял миллаталги конфессиялги цадахъ рекъон гӏумру гьабулел рукӏин», — ан бицана Заур Уруджевас.
«Гӏадамаз кинаб букӏаниги диналъул хӏисаб гьабула, «къимат кьола», гьелъул вакилзабазухъ, гьезул хьвада-чӏвадиялъухъ балагьун. Жибго диналъул хӏакъалъулъ цӏалун, цӏех-рех гьабун лъазабуларо. Диназда гьоркьосеб форумалдаян абуни студентазул рес буго исламияб, насранияб, ягьудияб, буддизмалъул диназул хӏакъалъулъ экспертаз бицунеб рагӏизе. Гьенир данделъарал батӏи-батӏиял диназул вакилзабазул цогӏаги бахӏс букӏинчӏо, гӏицӏго цоцаз бицунелъул интерес гьаби гурони. Гьенир гӏахьаллъулез хӏаракат бахъулеб букӏана цоцазда хъвараб, цоцазда жалго ричӏчӏунеб бакӏ батизе, батӏи-батӏиял диназда гьоркьор ккезе рес бугел гӏунгутӏаби цереккунго лъазаризе», — ян бицана Гӏумар Абакаровас.
Дандчӏварал захӏмалъаби гӏакъилаб каламалдалъун, гӏодорги чӏун тӏуразе бегьулеблъи бихьизабунин форумалдаян тӏаде жубана З. Уруджевасги.
Форумалъул гӏахьалчагӏи щвана РФялъул лъабго батӏияб диналъул гьулаклъун кколеб Дербент шагьаралде ва гьелъул кӏвар бугел бакӏазде.