Гьерекӏдерил магӏарда жамагӏаталъул гӏачиязда вукӏун вугила къватӏиб росулъа вачӏарав цо мискинав чи. Гьеб заманалда хьиндалазул гӏезегӏанго гӏадамал унел рукӏун руго Азайни вугев ханасухъе, гьесие сайгъаталъе батӏи-батӏияб пихъил цӏурал гьагьалги лъун, хӏамулги рачун.

Гьев ханасги жив кӏодо гьавун рачӏарал гьел гӏадамазе гьез бачӏаралдаго рекъараб батӏи-батӏияб сайгъатсалам кьун, ритӏулел рукӏанила. Хасго басрияб, бихъа-тараб ретӏел-хьит, партал гӏемер кьолеб букӏанила гьес.

Цо нухалда дов гӏачивехьасул чӏужуялъ жиндирго росасда абунила:

– Ле, дир бетӏергьанчи, нилъги хьит-парталалъулъ цӏакъго язихъго руго, мунги щай унарев Азайниве ханасухъе, гьесие кинаб букӏаниги сайгъатги босун. Гьенире арал гӏадамалги, партал-хьитги щун, рачӏунел руго, – ян.

– Дунни гьениве кутакалда инаан, гьесие босизе жо бугебани, нилъерго щибго гьечӏогури, щиб босун дун гьесухъе инев? – ан абунила росас.

– Дица курак балагьилин, гьедин батани, мун ине къачӏай, – ан абунила чӏужуялъ.

Чанго къоялъ тӏатӏалаго батӏи-батӏиял гӏадамазе цебе ккара-ккараб хӏалтӏи гьабизеги хьвадун, цо хӏамида лъезе гьагьал цӏезегӏанасеб курак балагьанила чӏужуялъ.

Цо кӏудияб сапаралъ къватӏиве вахъунев чи гӏадин, рачӏ хӏулараб хӏамида куракул гьагьалги лъун, Азайни ханасухъе сапарги бухьун, вехьги къватӏиве вахъанила. Росас гьениса рачӏунел жалазул пикрабиги гьарулаго, йоха-хинлъун гьев вачӏинегӏан, гӏачиязде хьвадилей чӏужуги йикӏанила.

Гьерекӏдерил мегӏерги бегун, эрпелдерил магӏарде щвараб мехалда, вехьасда дандчӏванила кутакалда ретӏел-хьиталъ къачӏарал, месед-гӏарцуца гвангъизабураб ярагъги барал, гъоркь чӏоларел кьариял чуязда рекӏерал цо чагӏи.

Гӏачивехь данде ккейгун, гьез чуял лъалхъизарунила, ва бищунго цеве вукӏарас, нухлуласдехунги вуссун, гьадин абунила:

– Ле, нухлулав, мун щив чи, мун киса вачӏунев, киве унев чи? – ян.

«Мун щив чи?» – абураб суалалъе «Дун вуго цо чи», – ян жавабги кьун, цогидал суалазе жавабги кьечӏого, гьев ине лъугьанила.

Жидее дагьаб курак бичейилан гьаранила гьес гӏачивехьасда.

Гӏачивехьас абунила: – Валлагь, бичиларо, гьеб буго цӏакъ рикӏкӏадаса бахъа раб Азайниса ханасе сайгъаталъе босун унеб бугеб жо, – ян.

Гӏемер гьарданила гьел гьесда дагьаб жогӏаги бичеян, жидеца дуе дуца абураб гӏарацги кьелин. Нужеца кигӏан гӏемераб гӏарац кьуниги, бичиларилан вехьасги абунила.

– Лъикӏ бугоха, а дурго Азайниве, – ян абунила гьесда хъахӏаб чода рекӏун вукӏарав чияс. Гьев чи живго Азайниса хан вукӏанила. Жиндирго хӏамаги цебе къотӏун, вехь Азайниве валагьун вилълъанила. Амма, магӏардаги сверун, ханги гьесул нукарзабиги вехьасдаса цере рокъоре щванила. Гьел рукӏанила хангун цадахъ мугӏрузде рекӏелгъеялъе тира-сверизе арал чагӏи.

Цо заманалдасан гӏачивехьги щванила Азайниве, ханасул рукъги цӏехон, гьенив рещтӏанила, гьесие сайгъаталъе босараб куракги кьунила. Ханасул чагӏаз гьесие ва хъизамалъе бихъа-тараб ретӏел-хьитги гӏарацги кьунила ва нахъияб къоялъ берцинго, разиго нухда лъунила. Гӏачивехь нухде вахъун гӏемер мех балелде, нукарзабаздаса цояс ханасда гьадин абунила: – Гьадав гьоболасе кьурабгӏанасеб жо, гьабгощинаб заманалда дуе нукарлъи гьабулел ругониги, дуца нижее кьечӏо.

Гьеб дир ракӏалъе цӏакъ захӏмалъана. Гьабсагӏаталда досда хадувги ун, дуца досие кьураб жо бахъизе ракӏалде ккун буго дида, – ян.

– Лъикӏ буго, – ян абунила жиндирго нукар къварид гьавизе бокьичӏого ханас, – амма дуца досие ярагъ-квералдалъун щибго жо гьабуге, кӏолеб бугони, хабар-кӏалалдалъун бахъе. Бан лъикӏаб ярагъгун, рекӏун чодагун, нукар вахъа — нила гӏачивехьасда хадув.

Ханасул ракь телалдего, нукар гьесда хадув гъунила ва борхатаб гьаркьидалъун ахӏанила гӏачивехьасде:

– Ле, нухлулав, мун чӏа, ханас дун витӏун вуго мун нахъвуссинавун жиндихъего вачейилан! – ян.

Щибизедай дун гьесие абун, батӏи-батӏиял пикрабиги гьарулаго, вехь цӏакъго ургъалилъе кканила. Гьев дагьавги захӏматаб хӏалалде ккезавизе къваригӏун, тӏаде щварав нукарас гьесда абунила:

– Дица кьураб лъабго суалалъе дуца битӏун жаваб кьуни, дица мун нахъвуссинавун вачинчӏого тела, – ян.

Лъикӏ бугилан вехьги разилъанила. – Кье дурго суалал, дица кӏвараб куцалда дур гьел суалазе жаваб кьела, – ян абунила вехьас.

– Гьаб дунялалъул бакьулъ бакӏ киб бугеб? – ан гьикъа — нила нукарас гьесда тӏоцебе.

– Гьаб дир чӏегӏераб хӏамил щинкӏил чӏараб бакӏалда гъоркь буго, гьелда божиларин ккани, борце дуцаго, – ян абунила гӏачивехьас нукарасда.

Бегьанила вехьасул гьеб жаваб нукарасе. – Гьадаб зодоб чан цӏва бугеб? – ан гьикъанила кӏиабизеги нукарас гӏачивехьасда.

– Гьаб дир чӏегӏераб хӏамида чан рас батаниги, гьедигӏан цӏва буго зодоб, гьелда дур щаклъи кколеб батани, рикӏкӏе дуцаго, – ян жаваб кьунила гьелда дандеги гӏачивехьас. Бегьанила гьеб жавабги нукарасе.

– Гьанже дуца бице бищун ясазе вокьулев чи щивали?– ян гьикъанила лъабабизеги нукарас.

– Гьеб дуца ретӏун бугеб ретӏелги, бан бугеб ярагъги, гъоркь рекӏун бугеб чуги дихъе кье, – ян абунила, хӏал хъубав нукарасда ракӏалда бугеб жо бичӏчӏизе лъугьарав гӏачивехьас,

– гьебмехалда дица бихьизабила дуда ясазе вокьулев чи кинав вукӏуневали.

Хисанила гьез ретӏелги, банила гӏачивехьас нукарасул ярагъги, ваханила гьев нукарасул чодеги ва «Ясазе гьадинав чи вокьула!» – янги ахӏун, кьабун чода цӏалгун, «Дуе къо-мех лъикӏ!» – илан нукарасдаги абун, бухъизабунила гӏачивехьас рокъобе.

Вехьасул хӏул-хӏулараб чӏегӏераб хӏамаги цебе къотӏун, ханасухъе тӏадвуссун нукарги анила. Гӏачивехьасулги жиндиргоги ккараб гьес ханасда бицанила. Гьебмехалда ханас гьесда абунила: – Чӏалгӏаде гуреб дос, мун щиван гьикъараб мехалъ, дун цо чи вугилан доб магӏардаго абун букӏараб. Долъул магӏна букӏана, дун вуго цо чиясда данде чи абураб магӏ — на, – ян.