Стрессазул гӏасруян абула гьаб заманалда. Гьединлъидал гьанже баккун буго гӏадамал психологазухъе унеб гӏадатги. Гьедин дагьалъ цебе социалиял гьиназда Расул Гӏалисултанов абулев психологасул страницаялде тӏаде ккана дун.
Газеталъе гьесулгун гара-чӏвари гьабизе ракӏалдеги ккун, лъай-хъвай гьабидал, гьев ватана Лаваша районалъул Урма росулъа.
Гьадин байбихьана Расулилгун гара-чӏвари.
— Дун гьавуна ва гӏуна росулъ. Гьитӏинаб къоялдаса нахъе дие бокьулаан литература цӏализе. Дир эбелалъ 10 класс гурого лъугӏизабичӏо, амма гьей йиго кутакалда литература хирияй инсан. Гьелъго бижизабуна дирги гӏурус литератураялде рокьи. Жакъаги лъабабилеб-ункъабилеб нухалъ тӏатӏала юссун цӏалула гьелъ гӏурусазул классиказул асарал. Рокъов цӏалдолев чи вугеб мехалъ, лъималазулги хутӏилищха рокьиги гъираги бижичӏого. Хьолбохъ нижги чӏезарун, асаразда тӏасан накъиталги гьарулаан эбелалъ. Художествияб литература гуребги, нижер рокъоб цӏалуаан психологиялъул тӏахьалги. Масала, дир полкаялда руго жакъаги дица цӏалулел, нижеца хъван, нижехъе рачӏунел рукӏарал психологиялъул хӏакъалъулъ журналал.
Бищун цебе гьеб нух тӏаса бищана дир яцалъ. Хадуб дирги гъира ккана. Гьанже нижеда ракӏалда буго нижерго психологияб центр рагьизе. Дир цоги цӏали буго – юридикияб. Гьеб нухалъ инеги рес букӏана дир. Амма психологиялде цӏикӏкӏун цӏайи букӏиналъ, гьаб цояб нухалъ анаха.
Цӏакъ кӏвар бугеб жо ккола рекӏее бокьараб хӏалтӏи-пиша тӏаса бищи. Щолеб гӏарцухъ балагьичӏого, рекӏее бокьараб, ракӏ бохизабулеб хӏалтӏи тӏаса бищизе ккола. Унго-унголъунги бокьичӏого гьабулеб хӏалтӏуца хадуб-хадубккунгӏаги гӏумруялда галгъенал лъечӏого толаро. Гьеб сабаблъун рес буго хъизаналъулгунги, эбел-инсулгунги, гьудулзабазулгунги гьоркьоблъи хисизе, захӏматаб бакӏалде ккезе.
— Аслияб къагӏидаялъ кинаб ригьалъул гӏадамалгун мун хӏалтӏулев?
— Дун ккола психолог-гипнотерапевт. Ай, кумек гьабизе бегьула, медицинаялъул кумек хӏажалъуларев бокьарав чиясе. Аслияб къагӏидаялъ дун хӏалтӏула 18 сонил ригьалдаса тӏадехун ругел гӏадамалгун. Нижеца рагьизехъин бугеб централде лъикӏа-лъикӏал специалистазул къокъа бакӏарулеб буго нижеца. Гьенив вукӏине вуго лъималгун хӏалтӏулев психологги.
Аслияб куцалъ дихъе рачӏуна самооценкаялда хурхараб суалгун. Гьеб буго щибав чиясе чара гьечӏого хӏажатаб жо. Гьелда бараб гӏемераб букӏуна. Дихъе рачӏуна сункьаниги хӏинкъа-къай бугел, эбел-инсулгун, хъизаналъулгун гьоркьоблъи захӏматаб хӏалалде ккарал гӏадамал. Финансазда сверухъ раккулел гӏузрабигунги хӏалтӏула дун.
Инсанасда гӏумруялда жанир дандчӏвалел гӏузрабазул кьучӏлъун рикӏкӏуна мекъаб самооценка. Ялъуни нилъго тӏадегӏан гьари, ялъуни цӏакъго гӏодорегӏан гьари. Мекъаб самооценка буго хӏатӏалги гьечӏого рилълъин гӏадаб жо. Гьел «хӏатӏазе» дару гьабулел чагӏи руго ниж – психологал. Аслияб къагӏидаялъ ниж хӏалтӏула инсанасул самооценкагун.
— Нилъер республикаялда ахираб заманалда гӏемерлъун руго ригьнал риххиял. Гьелъие аслияб гӏиллалъун щиб дуца рикӏкӏунеб?
— Дир пикруялда, аслияб гӏиллалъун ккола хъизаналъул бугеб кӏвар бичӏчӏилалдего гьеб гьаби. Ахираб заманалда нилъеда бихьулеб буго 18-19 сон барал гӏолилаз хъизанал гӏуцӏулел рукӏин. Дица абиларо гьеб квеш бугин. Амма букӏине ккола гьелде хӏадурлъиги, жавабчилъи бичӏчӏиги. Гьеб ригьалда гьезул гормонал хӏалтӏизе байбихьула. Амма хъизан гӏуцӏун цо-кӏиго моцӏ индал, гъуждузде тӏаде ккараб жавабчилъи бичӏчӏидал, байбихьула гӏузраби раккизе. Сахаб хъизан гӏуцӏизе ккани, инсанасл рекӏел хӏалги букӏине ккола сахаб.
Кинаб букӏаниги психологияб галгъен камурав чи вукӏунаро. Гьеб сах гьабичӏел чагӏаз жиндиегоги сверухъ ругезеги ритӏухъаб къимат кьоларо. Сверухъ бугелъе букӏине кколеб къимат кьезе бажарунарев чияс сахаб хъизан гӏуцӏунги бажаринищха.
Масала, цо пуланав 18-19 сон барав васас ячуней йиго рокьи ккун яс. Байбихьудасанго, гормоналги хӏалтӏун, гьесда рокьи тун батӏияб жо бихьулеб букӏунаро. Гьей ячинегӏан гьев гьей ясалъухъ валагьула йикӏинесей лъадиялъухъ гӏадин гурей, гормоналгун хӏалтӏизе бегьулей чӏужуялъухъ гӏадин. Гьелдасан бихьулеб гьечӏищ гьев васас гьей ясалъе ритӏухъаб къимат кьолеб гьечӏеблъи. Хадуб, кинабго жидедаго ракӏалде кковухъе батичӏеб мехалъ, гьел ургъизе байбихьула: цадахъ жидерго гӏунгутӏабазда тӏаддай хӏалтӏилел ялъуни ригьин биххизедай гьабилеб. Гӏемерисез тӏаса бищула ригьин биххизаби.
Гьединго, нилъерго хъизан гӏуцӏиялъул къагӏида нилъеца босула нилъерго эбел-инсул букӏараб гӏадаб. Эбел-инсуца гьоркьоблъи гӏуцӏараб къагӏида кидаго гуро битӏараб букӏунеб. Гӏелалги заманаги хисулебго гӏадин, гьебги хисула. Жидерго эбел-инсул гьоркьоблъиялъул моделал ритӏаралищ тӏекъалищ ругелали къимат кьун бажарунаро гьезда. Кӏиго гьединав чи дандчӏвараб мехалъ сахаб хъизанги букӏинищха. Гьел гӏузраби наслабаз наслабазухъе кьун уна. Психологиялда гьелда абула «Негативный поколенческий сценарий» — ян.
— Гьединал ригьназде гьоркьоре эбел-эменги лъугьуна. Гьелъул кумекищ бугеб ялъуни квалквалищ?
— Дагьа- дагьабгӏаги халкквеялъул зарал букӏунаро, гьел цӏакъго гӏолохъанал ругониги. Амма гьелъул гӏурхъи бахани, гьелъ, узухъда, зарал гьабиларищха. Гӏурхъи бахинчӏогоги къанагӏатги хутӏуларо. Бищун лъикӏаб буго, щивниги гьоркьове лъугьиннчӏого чӏани. Гьединлъидалин, хъизанги гӏакълуги бичӏчӏиги цӏубараб гӏужалда гьабуни лъикӏаб букӏунеб. Дир пикруялда, хъизанал риххиялъул кӏиго аслияб гӏиллалъун ккола гӏакълу цӏубалалде, цӏакъго гӏолохъанго ригьнал гьари ва гьел ригьназде гьоркьоре эбел-эменги гӏагарлъиги лъугьин.
Гӏемерисел гӏолохъабазул букӏунаро жалго бетӏергьанаб рукъги къайи-къоноги. Чияр рокъо ячӏуней йиго магӏишат-яшавалъул хӏакъалъулъ жиндирго бичӏчӏи бугей гӏолохъанай яс, гьебго рокъой йигей чӏужугӏаданлъул-якьадалъулги букӏуна жиндирго бичӏчӏи. Гӏиси-бикъинал жал сабаблъунгицин гьезда гьоркьоб ракӏ сукӏи, дагӏба-къец ккечӏого хутӏуларо. Гьебги батӏаго букӏунареб жо гуро, эбел-ясалда гьоркьобгицн гӏемер кколеб жо буго. Амма якьадалдаги нусалдаги гьоркьоблъи гьединал жалаз хӏалуцинабичӏого хутӏуларо.
— Расул, жакъа цӏакъ гӏемер бицунеб буго эбел-инсулги лъималазулги гьитӏинаб къоялдаса нахъего хӏалуцунел рукӏиналъул. Гьебни кидаго букӏараб гӏузруги батила. Дур пикруялда, щиб гӏиллаялда бан жакъа гьеб гӏузру цӏакъго гӏемер загьирлъулеб бугеб?
— Гьанжеги добго самооценка. Жиндидаго ракӏ чӏоларев чияс лъималазеги гьединабго тарбия кьеларищха. Лъималазги гьелдасан босула мисал. Гьанибги добго «Негативный поколенческий сценарий». Гӏемерисел эбел-инсуе кӏварго гьабуларо жидедаго гьоркьоб ккараб бичӏчӏунгутӏи, дагӏба-къецалъул хӏисаб-суал гьабиялъул. Гьеб кинабго лъималазда цебелъидал кколеб. Гьеб кинабго лъималазул психикаялдаги хъатӏичӏого хъутӏуларо. Гьелъул хӏисабалда, лъималаз жидерго напсалъул хӏакъалъулъги мекъаб пикру гьабула. Дагӏба-къецалда эбел-эмен рихьидал, лъимералъ пикру гьабула, жиндилъго бугин кинаб букӏаниги гӏузруян, живго лъиениги къваригӏун гьечӏин ккола гьелдаги.
Лъималазул психикаялъе галгъенал ккеялъеги гьезулгун гьоркьоблъаби хӏалуциналъулги аслиял гӏиллабилъун ккола лъималазда цере конфликтал гьари ва букӏине кколеб хӏалалъ хӏисаб-суалги гьабичӏого, кӏвар кьечӏого гьел те. Гьединал гӏузраби раккидал, лъикӏаб буго психологасухъеги ун, гьесул малъа-хъваял гӏадахъ росани. Жинцаго жиндиего кумек гьабун бажарулареблъи бичӏчӏидал, гьеб гӏузруялъе дару гьабулев, гьеб тӏагӏинабулев специалистасухъе ине ккола чара гьечӏого. Масала, лъикӏаб хӏалалъ хӏетӏе къотӏани, чвахулеб би къотӏине тӏад гӏабкӏил, ялъуни къоркъол тӏамахги чӏван чӏунин абун, гьеб къотӏунареблъидал. Нилъ уна тохтурасухъе. Гьединго, гӏумруялъулъ гӏузраби дандчӏвайдалги, тӏатӏала квералги лъун чӏани, гьеб тӏадеялдаса тӏаде хӏалуцуна.
Жакъа къоялда, эбел-инсухъан гӏураб кӏвар щолеб гьечӏо гӏемерисел лъималазе. Дагьал кӏудиял гӏейгун, жидерго ругел гӏунгутӏаби кӏочон тезе рукӏине, гьел лъимал рала жидеего асар гьабулел жалазде: наркоманиялде, игроманиялде ва гь. ц. Гьелъ гьабулеб асаралъ (азарталъ) гьел гӏузраби жанир гъанкъизарула, кӏочон тезарула. Цо-цояз жидерго рекӏел хӏалуцараб хӏал хъачӏлъиялдалъун къватӏибе загьир гьабула (агрессия). Гьеб цонигияб, узухъда, лъикӏ букӏинищха. Рукӏуна лъимал, хӏеренал, хӏалимал, лъиего кумек гьабизе рортулел. Гьезие бокьун букӏуна жалго рихьизаризе, ай, гьез тӏалаб гьабулеб букӏуна сверухъ ругездаса жидедехунго кӏвар. Гьебги эбел-инсухъан гӏураб къадаралда внимание щолареб мехалда букӏуна.
— 10-15 соналъ цебе, захӏматаб хӏалалде ккарав чиясде психологасухъе йаин абуни, гьесда дун мекъи вичӏчӏизеги рес букӏана. Жакъа психологасул бугеб кӏварги бичӏчӏулел, гьесдасан щвезе бегьулеб кумекги бичӏчӏулел гӏемер ругищ?
— Цебеялде дандеккун, гьанже психологасухъе рачӏунезул къадар цӏикӏкӏунеб буго. Гӏадамазда гьезухъан щибниги кумек щоларин абулел чагӏи, жалго, балъго-гӏатӏго уна психологасухъе. Жакъа къоялда жалго психологалги гьеллъун рахъине бокьаралги гӏемер руго. Жакъа къоялда, психологазул хӏалтӏиялъул гӏадлу-низам гьечӏо хӏукуматалъул рахъалъан, нижеца кинал рукӏаниги налогал кьезе кколаро, лицензия тӏалаб гьабулеб гьечӏо. Абулеб бугоха, кватӏичӏого гьеб гӏадлу-низам нижер пишаялъулги букӏине буго. Гьедин гьабулеб бугони, бащадаялдасаги цӏикӏкӏун психологаз рехун тезе буго гьаб пиша.
— Живго психологасе къваригӏунищ психолог?
— Узухъда, чара гьечӏого къваригӏуна. Нижго психологасухъе унел гьечӏони, гӏадамазеги букӏине кколеб куцалъ кумек гьабун бажаруларо нижеда.
— Психолог хӏисабалда, кинал малъа-хъваял гьарилел дуца гӏадамазе?
— Психолог хӏисабалдаги, гӏадан хӏисабалдаги, дица сверухъ ругезе гьарила гьадинал малъа-хъваял:
I) Гӏелазда гьоркьор дандеккунгутӏиялги дагӏба-къецалги кидаго рукӏарал жал руго. Гьеб букӏине бегьулареб жо гуро. Киданиги гьелдаса инкар гьабуге. Гӏодорги чӏун, гьезул хӏисаб-суал гьаби, цогидазул пикруялъухъ гӏенеккизе лъай– цӏакъ кӏвар бугеб жо буго.
2) Кире кканиги, щиб кканиги кодоса тӏехь биччаге. Цӏалдеялъ, рекӏехъе кучӏдул лъазариялъ нилъер гӏадалнах сагӏат гӏадин хӏалтӏизабула. Цогидаб жоялъул бицинчӏониги.
3) Спорталъулгун гьудуллъи кквей. Нилъер гӏадалнахуда цадахъ къаркъалаги хӏалтӏизе ккола.
4) Хъизанал гӏуцӏилалде цебе, чанцӏулго психологасухъе ани лъикӏаб букӏина. Нилъ гьелде хӏадурун ругищ гьечӏещали бичӏчӏизе.
5) Бадибчӏвай гьабичӏого, нилъеегоги гӏадамазеги ритӏухъаб къимат кьей. Критика гьабилалде, цин инсанасулъ ругел лъикӏал рахъазухъ балагье.