Имам Шамил гьавуралдаса 225 сон тӏубаялда бан, гӏемерал батӏи-батӏиял тадбирал гьаруна «Ахӏулгохӏ» абулеб жамгӏияб идараялъ. Масала, гьезул цояб ккола чотӏахъаби Шамилил сухъмахъалккун ин.
Гьедин, гъоркьисалаги ана гьел Ахӏулгохӏдасан Даргъоялде щвезегӏан. Гӏицӏго гьел сухъмахъаздасан ин гуребги, гьезул мурад букӏана тарихиял цӏи-цӏиял хӏужаби лъазари, зияратазде щвей, бакӏ-бакӏалъул гӏадамалгун дандчӏвай.
Гьеб сапаралъул хӏасилги гьабун, исанасеб къокъаялде гъорлъе журана цоги батӏи-батӏиял гӏолохъабиги — Болъихъ районалъул Гъагъалъа, Лаваши районалъул Къулецӏмаса, Хасавюрт шагьаралдаса, Казбек районалдаса, Хьаргабиса, Гъуниса, Шамил районалдаса.
31 чиясдалъун гӏуцӏараб чуязул къокъаялъ цӏияб сапаралъе байбихьи лъуна Даргъо росулъан.
Исана нигат букӏана 1859 соналъ Даргъоялдаса Имам Шамил Гъуниб магӏарде щвезегӏан араб сухъмахъаздасан ине. Къокъаялъ тун буго, кинабниги 345 километраялъул нух — мугӏруздасан, гӏалахалдасан, кӏкӏалабахъан. Байбихьуда 31 чи вукӏараб батани, чачаназул Ведено районалъул Даргъосан Гъунире щвелалде гьенив гӏуна 55 чотӏахъан. Батӏи-батӏиял росаби къотӏун унаго, гьениса гӏолохъабиги журана гъорлъе. Бихьулеб букӏана тарих лъазабизе гьезул бугеб гъира -шавкъ.
Гъуниб магӏарде щун, гьениб ахир лъолеб мехалъ, гьенив вукӏана 55 чода рекӏарав. Киналниги гьез тун ругоан Болъихъ, Гъуниб, Шамил, Гумбет ва цогидал районалъул кинабниги 15 росу.
Гьеб сапар сабаблъун тӏатана жеги тарихалда загьирлъун рукӏинчӏел хӏужабиги. Масала, мухӏкан гьабуна наиб Хъараласул Мухӏамад кив вукъун вугевали. Гьел сухъмахъаздасан унаго, 17-ниги зиярат бугоан — Килалъ, Рикӏкӏвани, Болъихъ, Ругъжаб, Кӏижани, Ичичӏали ва Гъуниб.
Гӏадамазул кинаб дандчӏвай букӏарабали бицани, чотӏа рекӏарал гӏолохъаби гӏажаибго хутӏана росуго бахъун данде бачӏиндал. Нилъер чотӏахъабиги бачунаго зикригун лъугьунел рукӏана щибаб росулъе. Хасго кӏудияб гьоболлъи гьабуна чачаназул Ведено, Даргъо, Рикӏкӏвани, Кӏижани, Ичичӏали, Гъуниб, Ругъжаб ва цогидал росабалъ.
Хӏисабалде босун букӏана нухда анкьго къо базе. Гьелда тӏаде жеги цойгиги къоги жубана, щайгурелъул Имам Шамил 1859 соналъ жидер росулъан ун ватичӏониги, жидехъеги гьоболлъухъ рачӏаян гьарана цогидал росабазги.
Щибаб росулъа чотӏахъабиги гӏахьаллъун, гьаруна мавлидал, бачана зикру, кӏудияб дандчӏвай гьабуна Килалъ, Ичичӏали росабалъ. Ичичӏалире гӏолохъаби рачӏиндал, Имам Шамил вукӏараб рокъоб жаниб лъуна мемориалияб къоно, гьелъие хӏаракатчилъи гьабуна Гумбет районалъул бетӏер Гъалип Гъалиповас ва Ичичӏали росулъа бизнесмен Гӏусман Къадиевас.
Цо лъугьа-бахъинги ккана гьениб. Килалъ росулъе щолаго, кьурул рагӏалдасан бугеб сухъмахъалдасан унаго ракӏалда гьечӏого, цо чотӏахъанасул чу, хъущтӏунги ун, кьурдаса гъоркьеги бортун, хвана. Гьеб хабар рагӏун бугоан килдерил жамагӏаталда. Чотӏахъаби росулъе щвелалде жамагӏаталъ хӏукму къотӏун буго, чу хварав васасе росдал жамагӏаталъул рахъалдасан чу сайгъат гьабизе. Гьебги кколарищха Дагъистаналъул гӏадамазул гъунки, цоцазе квербакъи.
Гъуниб магӏарде щведал, районалъул бетӏерас ва имамас хӏурматалда дандчӏвай гьабуна гьеб къокъаялда. Гьенире рачӏун рукӏана байбихьуда чотӏахъабазул къокъа нухда лъурал Чачаналъа Жаватханов Гьарун ва гьесул вакилзаби. Гьел цӏакъ гӏажаиблъана Дагъистаналъул гӏолохъабаз гьабураб хӏалтӏуда ва рикӏкӏана гьединаб тадбир жеги Дагъистаналдаги Чачан Республикаялдаги лъицаниги гьабун букӏинчӏилан.
Гӏолохъабазул мурад буго хадусел соназдаги Шамилида ва гьесда хурхун гьарулел тадбиразда гӏахьаллъизе.
«Хӏакъикъат» газеталдасан «Ахӏулгохӏ» жамгӏияб гӏуцӏиялъул нухмалъулев Гъаирбег Гӏабдулаевас гьел чотӏахъабазе баркала загьир гьабулеб буго Чачан Республикаялъул Ведено районалъул Даргъо росдал жамагӏаталъе, Болъихъ районалъул Рикӏкӏвани, Кӏижаниб росабазе, Гумбет районалъул Ичичӏали, Килалъ росабазе, Гъуниб районалъул Гъуниб, Ругъжаб росабазе ва Шамил районалъул Лъануб, Цӏекӏоб, Хучада, Хӏотода, Зивури, Тӏогьохъ росабазе.
Цӏилъана гьоболлъи, гӏадамазда гъорлъ гьуинлъи, Чачан Республикаялдаги магӏарул миллаталъул хакъалда гьоркьоб тӏадеги щулалъана гьуинлъи, вацлъи.