Рухӏияб бечелъи кидаго букӏана миллат цӏуниялъул аслияб шартӏлъун. Гьеб кӏудияб малалъулъ маданияб ирс ккола гьечӏого гӏолареб алатлъун, ай цересел гӏелаз гӏасрабаз гӏезабураб ва хадусел кьераз такрар гьабулеб рухӏияб ва материалияб хӏалбихьиялъул цо хасаб бутӏалъун.
Гӏарабиял ва гӏажамиял
Маданияб ирсалъул, узухъда, щулияб кьучӏлъун ккола жиндалъун кинабго бечелъи цӏунизе кӏолеб хъвай-хъвагӏай. Дагъистаналъул халкъаз бечедаб гӏараб мацӏалъул алипги кьочӏое босун, гӏуцӏун буго дунялалда кибниги букӏинчӏеб, гьечӏеб мацӏ ва хъвай-хъвагӏай, лъазарун руго исламалъул гӏелмабазул гъварилъаби. Гӏараб мацӏалъул бечелъиялъе рачине бегьула гӏемерал мисалал. Масала, востоковедазул цо гӏалимчиясда, гьеб мацӏалъул хаслъаби лъазарулаго, «къварилъи», «пашманлъи» абураб гӏараб калимаялъе гьединабго магӏна бугеб 500 рагӏи батун буго. Гьеб мехалъ гӏалимчияс гьабун буго «гьаб рагӏи унго-унгоги къварилъи буго» абураб махсара. Гьединлъидал гӏараб мацӏалъ гӏураб асар гьабуна Дагъистаналъул халкъазул мацӏазул словарияб рахъ бечед гьабиялъеги. Гьелъул хӏасилалда Дагъистаналда гӏемер рахъана тӏадегӏанаб лъай бугел гӏалимзаби. Северияб Кавказалда гуребги, хӏатта цо-цо гӏарабазул улкабаздацин Дагъистаналъул ва-
килзаби цӏакъго цереккурал гӏа-лимзабилъун рикӏкӏунаан. Масала, машгьурав шагӏир, гӏалимчи, бахӏарчияв рагъухъан Гӏурадаса Ибрагьим—хӏажица (1685-1760) Маккаялде хӏежалде аралъув, гьениб цо гӏелмияб бахӏсалда жиндирго гӏакълу-лъаялдалъун, вагӏза-хабар гьабизе бугеб махщалидалъун киналго хӏайран гьаруна. Гьесие шагьаралъул шериф вищулеб къецалда гӏахьаллъизе рес кьуна ва гьенив цогидаздаса цӏикӏкӏараб лъай бихьизабурав Ибрагьим-хӏажи тӏамуна Маккаялъул шерифасул тӏадегӏанаб хъулухъалде.
Бицен буго, гьев бергьаниги, гӏарабияв гурин абун гьесие хъулухъ кьезе разилъуларого ругез гьесда гьикъанила: «Дуда лъалищ гӏарабиясдаги гӏажамаясдаги гьоркьоб кинаб батӏалъи бугебали?» — ян. Лъалин жаваб кьунила Ибрагьим-хӏажица ва абунила, белалдаги раханалдаги гьоркьоб гӏадаб батӏалъи бугин: белалъ ракь бухъулин, раханалъ – лъим ххалин. Нижги нужго гӏадал бусурбабиги, Мухӏамад аварагасул (с.т.гӏ.в.) умматалъул чагӏиги ругин. Нужедаса къун лъаларин нижеда шаригӏатги, нужедаса нахъе ккечӏого, гьелъул нухдасан церехунги унин ниж. Жидедаса цӏикӏкӏун лъай гьесул букӏин бихьарал гӏарабиязул тӏокӏаб абизе жо хутӏичӏо ва гьев хъулухъалдаги тана.
Гьедин жидерго гӏелмияб лъаялдалъун, рухӏияб бечелъиялдалъун бусурбанлъиялъул Бакъбаккул рахъалда киназго рикӏкӏунел гӏалимзабазда гьоркьоб буго нусгоялдаса цӏикӏкӏарал дагъистаниязул цӏаралги.
Гьединабго цебехъанлъи ва гӏел-мияб тӏокӏлъи дагъистанияз бихьизабуна дунявиял гӏелмаби ва маданият лъазариялъулъ ва гьезул балъголъаби рагьиялъулъ. Хӏуригат бахъилалде цебегицин нилъер рукӏана гьеб рахъалъ жидерго гӏелмиял хӏалтӏаби ругел гӏалимзаби. Амма официалияб хъвай-хъвагӏаялда дагъистаниял рикӏкӏунаан интеллектуалияб цебе-тӏей гьечӏеб, жагьилаб агьлулъун.
Гӏалимзаби рукӏана гӏелму жидер камилал
Гьеб пикру мекъи букӏиналъе рикӏкӏен гӏемерал мисалал рачине бегьула. Амма гьаниб цо мисал рехсон тела. Цӏар рагӏарав гӏалимчи, шагӏир, жиндир заманалъул пачалихъияв хӏаракатчи, магӏарул гӏажам хъвай-хъвагӏаялъул реформатор, ватӏаналда цӏали лъугӏун хадуб Ираналде, Сириялде, Турциялде цӏализе арав Хунзахъа Дибир-къадида (Мухӏамад-шапи) 1742-1817)) лъикӏго лъалаан гӏараб, парс, турк, гуржи мацӏал. Бакъбаккул улкабазул мацӏал лъаялъ гьесие рес щвана бусурбанаб диналда хурхарал фикъгьи, мантӏикъ, астрономия гӏелмаби ва рехсарал мацӏазул грамматика лъазабизе гуребги, гьел мацӏазда хъварал художествиял асаразул, хӏалтӏабазул гъварилъуде ваккизеги.
Цӏар рагӏарав Дагъистаналъул гӏалимчи М.-С. Сагӏидовас хъван буго: «Дибир-къадица гӏуцӏараб алипалдаса магӏарулаз, хӏуригат бахъизегӏан, кинабгӏаги хиса-баси гьабичӏого, пайда босулаан», — илан.
Ялъуни, восизин Хъандиев Мухӏамад (1818-1861), магӏарул мацӏалъул грамматика ва словарь хъварав гӏалимчи, педагог.
1854 соналда Новочеркасскиялъул гимназиялъул бакъбаккул мацӏазул отделениялда цӏалдолезе дарсал кьезе ахӏарав гьес гӏурус офицерзабазда магӏарул мацӏ малъулеб букӏана. Хадуб П. К. Усларица хъвана: «Хъандиевасе гӏумруялъул хутӏун букӏана дагьаб заман, амма гьес тӏадчӏун лъазабулеб букӏана паранг мацӏ ва къокъабго заманалда жаниб цӏакъ лъикӏал хӏасилалги щвана. Мухӏамадил хрестоматиялъул кӏудияб пайда буго гьидерил лугъат лъазабизе. Гьелда буго цӏакъ пасихӏго буссинабураб А. С. Пушкинил «Ччугӏихъанасул ва меседил ччугӏил хӏакъалъулъ маргьа», — ян.
Тарихалда тана
кӏочонареб лъалкӏ
Рухӏияб бечелъи цӏуниялдегун мадинияб цебетӏей букӏинабиялде сунцаха тӏамулел рукӏарал нилъер халкъалин абураб суал бачӏине бегьула. Дида ккола, тӏоцебесеб иргаялда, гьелъие гӏилла букӏанин дагъистаниял гӏемерал гӏасрабазул манзилалда хӏажаталлъун рукӏана жидерго эркенлъи, чияда бараблъун гьечӏолъиялъе гӏоло кидагосеб къеркьеялда. Тарихалдасан нилъеда бихьула Дагъистаналда кверщел гьабизе гӏоло нилъгун рагъде рахъана татаралгун монголол, тимурилал, къажаразул къиралзаби, туркалзул султанал, Крымалъул ханзаби ва пачаясул Россиялъул чӏухӏби. Амма гьел мурадалде щвечӏо. «Дир Дагъистаналда» Р. Хӏамзатовас хъвалеб буго: «Мешхеталда Надир-шагьасул квачӏид чӏараб чода бугеб бергьараб памятникалъухъ балагьун ираназул цо поэтас дида абуна: «Индиялдаса меседил тахги босун вуссарав персазул шагь нужер доваса цӏакъ гӏетӏул цӏун вуссана», — ян.
Гьеб къеркьеялъулъ кидаго хӏажат букӏана лъай, гӏелму. Гьединлъидал лъай босиялде, гӏумруялъул хӏалбихьи камил гьабиялде кӏварги буссинабизе кколеб букӏана. Гьелъул хӏасилалда Дагъистаналъул халкъазда кӏвана миллатал хӏисабалда жалго цӏунизе, миллатазул культураги борхизабулаго, тарихалда щулияб лъалкӏ тезе.
Гьелъ рес кьола гӏолеб гӏелалъе ватӏан бокьиялъулаб тарбия кьеялъул иш хӏакъикъиял мисалаздалъун щула гьабизе. Ватӏаналдехун бугеб лъикӏаб бербалагьиялъул хӏасиллъун ккола жакъа Россиялъ Украинаялда тӏобитӏулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъулъ Дагъистаналъул гӏолохъабаз гьабулеб жигараб гӏахьаллъи ва бихьизабулеб бугеб унго-унгояб бахӏарчилъи. Къокъаб заманалда жаниб Дагъистаналдаса анкьгояв Россиялъул Бахӏарзаллъун рахъин гьелъие якъинаб мисаллъунги ккола. Талихӏкъинлъун буго гьезул лъабгоял гӏумруялдаса ратӏалъун рукӏин. Жакъа къоялде улкаялда кинавниги 120 чиясе гьеб тӏадегӏанаб цӏар кьун батани, Дагъистаналъул Бахӏарзазул къадар бахуна анлъго проценталде. Россиялъул тӏолабго халкъалде дандеккун, дагъистаниязул къадар гӏицӏго 0,2 процент гурони гьечӏеб мехалда.
Нилъ жеги цере руго
Жакъаги республикаялъул нухмалъулез, Дагъистаналъул жамгӏиял гӏуцӏабаз маданияб ирс цӏуниялъул ва гьеб хадубккунги бечед гьабиялъул хӏалтӏи рехун тун гьечӏо. Республикаялда хӏалтӏулеб буго 9 миллияб театр, 1065 библиотека, 140-гӏанасеб республикаялъулал ва бакӏалъулал газетал, анкьго мацӏалда къатӏире рачӏунел 25 журналал. Хӏалтӏулеб буго 30 батӏияб телеканал. Гьездаго гьоркьор руго ГБУ РД «РГВК «Дагъистан»; ФГУП «ВГТРКялъул филиал – «ГТРК «Дагестан» ва телеканал «Наше национальное телевидение» («ННТ»). Хӏалтӏулел руго Дагъистаналъул тӏахьал риччаялъул басмаханаби.
Жакъаги руго нилъер гӏалимзаби Америкаялда, Англиялда, Япониялда хӏалтӏулел. Гьезул кӏудияб къадру-къиматги буго. Рехселин цо-цоязул цӏарал:
Сахрат Хизроев (1970), Америкаялъул гӏалимчи, клеточнияб биологиялъул профессор, Халкъазда гьоркьосеб наномедицинаялъул централъул директор, наночастицабазул рахъалъ дунялалъулго эксперт.
Жавид Гъазиев (1953), Италиялда хӏалтӏулев цӏар рагӏарав гӏалимчи, сахлъи цӏуниялъул гӏелмабазул доктор, Средиземноморскиялъул гематологиялъулаб институталъул директор, Италиялда мугъзал гьодил нахалъе гьарулел операциязул цӏар арав махщелчи.
Тажиб Мирзабеков (1957), Америкаялъул гӏалимчи, СШАялъул Biomirex, 1nc. компаниялъул президент.
Видади Юсибов (1982), Пенсильвания штаталда Томас Джефферсонил цӏаралда бугеб университеталъул ва гьединго Фраунхоферил молекулярияб биотехнологиялъул цӏиял дараби ва вакцинаби гьарулеб централъул генералияв директор.
Жалалудин Сагӏидбеков, тохтур-невролог, Рималъул медицинаялъулаб университеталъул профессор, сахлъи цӏуниялъул гӏелмабазул доктор.
Гьел ва цогидал мисалаз нугӏлъи гьабула Дагъистаналъул халкъазул вакилзабазул дунялалъулго даражаялда жидер гьунар бихьизабизе бажари букӏиналъе.
Хадурагӏи
Амма жакъа кӏвар кьезе ккараб суал буго радиоялдасан ва телевидениялдасан миллиял мацӏазда кьолел передачаби риз гьари, гьезие эфиралда кьолеб заман цӏикӏкӏинаби. Гӏемер бицунеб букӏин гуребги, гьелъул цо бихьулеб хӏасил бугони, лъикӏ букӏинаан. Щайгурелъул миллиял мацӏал, лъица щиб бицаниги, дагь-дагьккун кӏочене толел руго. Рокъоргицин эбел-эмен лъималазда гӏурус мацӏалда кӏалъалел руго. Гьеб буго миллат тӏагӏиналъе гӏунги тӏокӏаб гӏилла.
Зикрула Ильясов