Рокьула дие ригьалде рахарал кӏудиял чагӏи. Гьезда бихьана гӏумру. Жакъа 70-90 сонил ригьалда ругел гьезда бихьана нилъер пачалихъалъул батӏи-батӏияб гӏуцӏи. Баччизе ккана гӏезегӏан захӏматги, хӏехьезе ккана гӏакъуба-къварилъиги. Гьединазул цояй йиго Махӏачхъалаялъул Семендер поселокалда гӏумру гьабулей дир якьадалъул яц Муъминат.

Расги бокьичӏого цӏализаюна

Муъминат Гӏумарова гьаюна 1930 соналда Унсоколо районалъул Колоб росулъ. Гьелъ лъугӏизабуна росдал школалда ункъо класс. Нилъеца лъимерлъи ракӏалде щвезабулеб бугони, тӏоцебесеб иргаялда, цебечӏола школалда цӏалулеб заман. Къанагӏат гурони чи ватуларо, гьеб заман талихӏаб букӏанин абуларев. Амма Муъминатица рокьукъго ракӏалде щвезаруна школалда цӏаларал сонал. «Анкьго сон барай гӏадан йикӏана дун школалде ячараб мехалда. Кваранаб гъежги борчӏун, унтулеб букӏун, квегӏаб квералъ хъвадаризе кколаан. Цо талихӏалъ, ункъо класс лъугӏун хадуб рокъой тана», — ян бицана гьелъ.

Бицана жидер дарсал лъугӏидал чӏахӏиялги цӏализарулаанила ликпункталда (пункт ликвидации безграмотности). Гьезиеги расги бокьулароанила дарсазде хьвадизе. Цо кӏудияй гӏаданалъ (мадугьалалъ) абулаанила, хунго йикӏарайани жий гьение хьвадизе ккезегӏанин абун. «Аллагьасда рагӏун батизе буго гьелъул гьари. Анкь балелде хвана мадугьал», — ан абуна Муъминатица. Школалде букӏараб гьединаб рокьукълъи бичӏчӏизе ккани, нилъеда лъазе ккола доб заманалъул хӏакъикъат. Как-диналда рекъон гӏумру гьабулеб халкъ ва, диналъул тӏалабалги мерхьун, цӏияб гӏадлу чӏезабулеб советияб школаги (масала, ясазул ботӏродаса кӏазал рахъизе тӏами). Кинго рес гьечӏо гьеб кӏиябго рекъонккезе.

Зулму-хӏал бергьана

Муъминатица анкьго сон байдал байбихьана улкаялда репрессиял. Дагъистаналъул диниял гӏа-

лимзабазда тӏад михир бачараб, щибаб росулъе, щибаб хъизамалде балагь рещтӏинабурал сонал. Хъинтӏана гьел соназул балагь Урузмагилги Хӏажимухӏамадилги хъизамалдаги. Цӏаларав чиян абун, вачун туснахъ гьавуна Урузмагил вац, Хӏажимухӏамадил вацгӏал Хӏайдарил Мухӏамад, Муъминатил вацгӏал. Гьел хвана туснахъалда ва гьезул хобал ругеб бакӏцин лъаларин абун, жакъаги къварилъахъдулей йиго Муъминат. Бечедал чагӏиян абунги рачун ана гьелъул тухумалъул бихьинал. Гьедин туснахъалде ккарав росдал дибирлъун вукӏарав Хӏайдарил Мухӏамадица кочӏохъего хъвараб кагъатги рикӏкӏана гьелъ дие:

Дирго квералъ гъулбасун, гъурабалда данделъун,

Лъезин письмо почалда, Дагъистан областалде.

Кӏикъоябго къо ана къарал вагонахъ жанир,

Жидер гьумер бихьичӏо, вакъун квен кваначӏого…

Гьев туснахъ гьавизе рачӏараб мехалда, милициялъул вакилзабаз нуцӏида тункарабго, рокъой йикӏарай гьесул чӏужуялъул гӏодиялъул гьаракь борчӏун буго. Жинда хадур гьел рачӏине ругеблъи лъаниги, рокъовгӏаги щайдай дов вукӏаравин бицана Муъминатица. «Гьев кквезе рачӏараз абулеб букӏана, гьададигӏан мискинаб рокъоса чи жеги вачине ккечӏин жидеца, нужер росдал гӏадамазул нахъегӏанлъиго щибилан абун. Росуцоязул мацӏ сабаблъунлъидалха дов туснахъ гьавурав», — ан тӏадеги жубана гьелъ.

Санагӏат гьечӏеб Курчули росу

13-14 сон бан букӏана Муъминатица, тӏолабго росу Чачаналде гочинабураб мехалда. Росдаде бачӏараб балагьлъун рехсана гьелъ гьел къоял. Гочинаризе ругин лъазабун къоял иналде хвана гьелъул эмен. «Колхозалъул бачазда вукӏарав эмен вачӏана росулъе ва вегараб бакӏалда хун ватана», — ян абуна Муъминатица. Гьев вукъун, рокъоса магӏирукъ лъугӏилалде рахъинаруна росулъа. Щуго лъимергун цадахъ яхъине ккана Урузмагги. Гӏемераб къоги бихьун, щвана гьел Курчули росулъе. «Цӏатӏанихъ росдал жамагӏаталъе щвана лъикӏаб ракь – Тӏаса Курчули. Ниж рукӏана Бакьулъ Курчули. Гъоркь Курчули рукӏана иштӏал (Иштӏибури росдал жамагӏат). Бищунго санагӏат гьечӏеб бакӏалде ккана нижги иштӏалги. Гьенив гӏемер чи хвана – унтун, гьава-бакъ рекъоларого. Хвана нижер имгӏалги, инсул яцгӏалги, гьелъул ясги. Гӏезегӏан лъималги хвана. Хӏалтӏизе байбихьана колхозалда. Цӏоросаролъ бухъулаан. Дояркалъунги хӏалтӏана. Гьение щведалги дун ячана школалде. Хадуб эбелалъ бихьизабуна росулъ ункъо класс лъугӏизабунилан хъвараб кагъат ва дун рокъой тана», — ян бицана Муъминатица.

Гьелъ ракӏалде щвезавуна инсул вацгӏалги. «Чахъдал чанагъалъухъги балагьун, букӏинесеб бицунаан дос. Ниж рукӏана ункъо яц – дунги, Сайгибатги, Булбулги, Султанатги. Инсул вацгӏалас, чахъдал чанагъалъухъги валагьун, инсуда абун буго, кида-къадги вас гьавизе вугин дуейин абун. Гьавунаха нижее вац Гӏумар. Дир яс Патӏиматида гьес абун буго: «Вай дир яс, биххулин нилъер рукъ», — ан абун. Гьале биххана. Цо яц ккана Гумбет районалъул Кунзахъе, цояй – Хъахӏабросулъе. Лъимал рикь-рикьана бакӏ-бакӏазде. Дунги, харадуний яхъун, Махӏачхъалаялда хутӏана», — ян бицана гьелъ.

Чачаналъа тӏадруссарал Колоб росдал гӏадамаз цӏидасан гӏуцӏизе ккана 13 соналъ рехун тун букӏараб магӏишат. Нахъеги хӏалтӏизе ккана колхозалда. Рецаризе унаан, боцӏи хьихьулаан. Амма букӏинчӏо гьеб магӏишаталдаса рохизе бакӏ – гӏемерисеб бачӏин кьезе кколаан пачалихъалъе. Бугониги, гьекъезе лъимгӏаги лъикӏаб бугин гьанибиланги абун, Урузмаг Колойго чӏана. Цо-цоял Чачаналде тӏадруссана, цоял чӏана Хасавюрт районалъул ракьалда. Эбелги яцал-вацги росулъе тӏадруссун хадуб, Муъминат цӏидасан ана Курчулие. Гьений йикӏана имгӏаласул чӏужу – росги лъабго васги хун хутӏарай гьей хьихьизе ана гӏолохъанай Муи. «Хварал васазда хадуй угьдилей имгӏаласул чӏужуги тун йикӏине кӏвечӏо дида. Метер къиямасеб къоялъ дол щай рехун таралин гьикъани, дица кинаб жаваб кьелеб? Гьеб суалалда тӏад ургъулаго, ракӏалде ккана гьелда аскӏой чӏезе. Гьелъул мадугьалги вукӏана цӏакъ санагӏат бахъарав чи. Кӏиязулго гӏорхъода букӏана жибго бижараб гъветӏ. Гьелда тӏад кокон бижараб мехалда, гъветӏ жиндир бугилан чӏана гьев», — ан бицана М. Гӏумаровалъ.

Талихӏаб къого бихьичӏо

Чачаналда йикӏарай гьей росасе кьуна 24 сон бараб мехалда. «Гьеб мехалдаги расги хӏажат букӏинчӏо дие росасе ине. Кьунаха. Тӏаса вичӏичӏо Сайпулагь. Бох унтарав чи вукӏана гьев. Рохьове, мегӏер-гӏалахалде вахъине кӏолев чи вукӏинчӏо. Дунго хьвадизе ккана Гӏарахъ магӏардеги, гӏачияздеги, бачаздеги. Аллагьасул кумекалдалъун, хьихьана хъизамги», — ян бицана Муъминат-адаца.

Гьелъул букӏана микьго лъимер. Лъабгояб хвана гьитӏинго. Ункъабилеб лъимер – цохӏо вугев вас Гӏумар – хвана хъизам гьабун хадуб. Гьев хӏалтӏулев вукӏана Махӏачхъалаялда, Бизнесалъулгун нухмалъиялъул институталда преподавательлъун. Цӏияб сон тӏаде щолеб заманалда гьес Москваялда цӏунана экономикиял гӏелмабазул кандидатлъиялъе диссертация. Тӏаде щолеб букӏана кӏалбиччанкъо. Кӏудияб сордоялъ васги гьавуна гьесие. Гьесул рохелалъе гӏорхъи букӏинчӏо. Лъидаха лъалеб букӏараб Аллагьас кьураб гӏумрудул ахирисел къоял гьел ругеблъи. Нухда къварилъиги ккун, къадаралде щвана Гӏумар. Тӏун ана эбелалъул рекӏел чӏчӏва, ва гьелдаса нахъе дунялалъул нурго свана Муъминатие.

Бихьулеб гьечӏо гьелда канлъи жакъаги, хъахӏлъи-бецӏлъи батӏабахъизе гурони. Амма гьеб сабаблъун кинабгӏаги зигардиги букӏунаро гьелъул. «Как базеги кӏола, унтараб бакӏги гьечӏо, гӏибадаталъе ресги кьун буго Аллагьас. Тӏокӏаб щиб хӏажат бугеб дие?» — ян абула гьелъ. Дур гӏумруялда жаниб бищунго лъикӏаб, талихӏаб заман кида букӏарабин гьикъидал, киданиги букӏинчӏилан жаваб кьуна гьелъ. «Гӏемерал хвелал рихьана, къварилъи баччизе ккана, захӏмалъи хӏехьана. Кинаб талихӏ букӏунеб?» — ян тӏадеги жубана.

Кутакалда лъикӏаб, ругьел базе санагӏатаб алатлъун гьелъ рехсана гьанже заманалъул телефон. «Бугеб цӏакъаб жо! Кир ругониги, аскӏор гӏадин рихьизарула цоцазда, хвел кканиги, ригьин гьабуниги, ккара-тараб хехго рагӏизабула», — янги абун, гьадинал мухъал рикӏкӏана Муъминат-адаца:

Дуниял ахирлъанила,

Ахират гӏагарлъанила,

Гӏаламатал тӏатанила,

Низаматал хисанила.

Дида лъалелдаса нахъе Муъминат-ада йикӏуна Аллагьасе гӏибадаталда. Чамалиго соналъ, къо гьоркьоб биччачӏого, кӏал ккола гьелъ. Дун ячӏараб къоялъги гьей кӏалги ккун йигоан. Якъван тӏагӏуней эбелалъухъ балагьун, магӏу бацӏцӏуней йиго гьелъул яс Сундусги. Боголил как бан гурони кваналаро эбелилан бицана гьелъ. Дица Муъминат-адада абуна, Аллагьасе гӏибадаталъе къуватги къваригӏунелъул, кваназе ккелахаян. «Якъани, кванала. Квачани, тӏаде юргъан бачина. Ягӏарун йигони, щиб гьабилеб? Нолъ кӏал биччазе нису-нах кьуна дие ясалъ. Гьеб букӏана дун гӏорцӏизе гӏураб жо. Цӏакъго гӏемер кванани, Аллагьасе гьабулеб гӏибадаталъе жагъаллъи ккола. Къойил бачуна дица зикру. Кваналаго заман бани, чанго минут гьоркьоб инарищ дир», — ан жаваб кьуна гьелъ.

Ункъо классалъул гурони лъай гьечӏониги, Муъминат-адада рекӏехъе лъала гӏемерал назмаби. Диргун харбида йикӏагоги рикӏкӏана гьелъ Ахӏулгохӏалъул руччабазде гьабураб кочӏолъа гьадинал мухъал:

Ва гохӏил руччаби, хӏурулгӏинзаби,

Ракъун гьечӏищали, квен кваналарищ?

Ва гохӏил руччаби, хӏурулгӏинзаби,

Къечон гьечӏищали, лъим гьекъеларищ?

Ракъунилан абун, квенищха кунеб,

Бидул кесек босун кваналеб къоялъ.

Къечонилан абун, лъим кин гьекъолеб,

Лъобаса гӏебеде бигун чвахулеб…

Гӏемер гӏакъуба-захӏмат къул-чӏараб кӏудияб гӏел дагь-дагьккун лъугӏулеб буго. Гьез цадахъ унеб буго ва абадиялъго балъго хутӏулеб буго халкъалъул тарих. Рес буго, жакъа чӏаго ругездаги цӏехон, гьезул гӏумруялда ккарал кӏвар бугел хӏужаби къалмиде росизе. Бокьилаан цӏалдолезги гьелъул хӏисаб гьабуни.

Кавсарат Сулейманова