Цӏумада районалъул Агъвали росдал маданияталъул кӏалгӏаялда, машгьурав тохтур Мухӏамад Гӏабдулхабировасул хӏаракаталдалъун, школлъималазда гьоркьоб тӏобитӏана Расул Хӏамзатов гьавуралдаса 100 сон тӏубаялда бухьинабураб, гьесул асарал пасихӏго ва рекӏехъе рикӏкӏиналъул къец.
Гьелда гӏахьаллъана районалъул бетӏер Шамил Гӏумаров, Гъуниб районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Патӏимат Абакарова, Лъондодаса меценат Ахӏмад Гъазимухӏамадов, тохтур Гӏабдурашид Сагӏидов, Тӏиндиса шагӏирзаби Салихӏат Хӏасанова ва Патӏимат Мухӏамадова.
Тадбир рагьана ва нухда бачана Агъвали росдал гимназиялъул 11 классалъул цӏалдохъаби Патӏимат Жахӏбаровалъ ва Аминат Муртазагӏалиевалъ. Машгьу-рав шагӏирасул хӏакъалъулъ бица-
на Шамил Гӏумаровас, Мухӏамад Гӏабдулхабировас, Патӏимат Абакаровалъ ва цогидазги. Гӏу-рус ва магӏарул мацӏазда Расул Хӏамзатовасул кучӏдул рекӏе-хъе рикӏкӏиналъул къецалда гӏа-хьаллъана 40-ялдасаги цӏикӏкӏун цӏалдохъан. Гьел рикьун рукӏана кӏиго батӏияб къокъаялде, ай 1-4 ва 5-11 классазул цӏалдохъабазде. Школлъималаз рекӏехъе рикӏкӏана Ватӏаналде, эбелалде, авар мацӏалде, Ахӏулгохӏалде, магӏарулазде гьарурал шагӏирасул кучӏдул. Жидерго гьунар-махщел бихьизабизе гьез бахъараб хӏаракаталъ балагьарал хӏайран гьаруна ва жюриялъе унго-унголъунги захӏмалъана бищун лъикӏазда цӏарчӏвазе. Кин батаниги, байбихьул классалъул цӏалдохъабазда гьоркьоб авар мацӏалда кечӏ рикӏкӏун тӏоцебесеб бакӏ щвана Сасикьа Хъиличова Аминатие, кӏиабилеб бакӏ — Агъвалиса Гӏалимухӏамадова Сафияе, лъабабилеб бакӏ — Агъвалиса Зубаирова Аишае ва Хӏажимурадова Жамилае.
Гӏурус мацӏалда кечӏ рикӏкӏун бергьана Тӏисси-ахикьа Гӏабдуразакъова Фатима, кӏиабилеб бакӏ щвана Сасикьа Хъиличова Аминатие ва Агъвалиса Хӏажимухӏамадова Раянае, лъабабилеб бакӏалде ккана Агъвалиса Хӏасанова Саида, Гьадириса Гӏусманова Патӏиматзагьра ва Хуштадаса Мусалов Ахӏмад.
5-11 классазул цӏалдохъабазда гьоркьоб магӏарул мацӏалда кечӏ рикӏкӏун тӏоцебесеб бакӏ щвана Инхокъвариса Мухӏамадсагӏидова Саидае, кӏиабилеб бакӏ — Агъвалиса Исмагӏилова Аминатие ва Гъоркьгьаквариса Муртазагӏалиева Фатимае, лъабабилеб бакӏалде ккана Зубаирова Аиша, Лъондодаса Денгаев Ислам ва Агъвалиса Мухӏамадов Мухӏамад.
Гӏурус мацӏалда кечӏ рикӏкӏун бергьана Хуштадаса Гъазиева Гӏай-шат, кӏиабилеб бакӏ щвана Агъвалиса Жахӏбарова Фатимае ва Инхокъвариса Гереева Хадижатие, лъабабилеб бакӏалде ккана Агъва-
лиса Ибрагьимова Амира, Гъоркьгьаквариса Муртазагӏалиева Марь-ям ва Гьигьалъа Нурасмухӏамадова Багьжат.
Бергьаразе ва призеразе кьуна дипломал ва гӏарцулал премиял, киналго гӏахьалчагӏазе — сайгъатал. Гьелъие спонсорлъи гьабуна Мухӏамад Гӏабдулхабировас, Ахӏмад Гъазимухӏамадовас, РУДНалъул студентаз, къватӏисел пачалихъаздаса Мухӏамад Гӏабдулхабировасул гьудул-гьалмагъзабаз. Гьединго батӏи-батӏиял номинациязда гӏарцулал сайгъатазе мустахӏикъ-лъана щуго лъагӏел барай Агъвалиса Гӏалимухӏамадова Асият («Бищун гьитӏинай кечӏ рикӏкӏарай яс»), балагьаразул рокьиялъе мустахӏикълъана Тарумовка районалдаса ячӏарай Гӏисаева Марьям. Конкурсалъул «Бищунго кӏудияв гӏахьалчи» номинациялъе мустахӏикълъана шагӏир Патӏимат Мухӏамадова. Гьединго конкурсалда рихьизаруна Франциялда гӏумру гьабулей Зулейха Мухӏамадовалъ жиндирго кӏодоэбел Тӏиссиса Савдат Хӏажиевалъ Расулиде хъвараб ва Москваялда гӏумру гьабулей Мухӏамад Гӏабдулхабировасул ясалъул ясалъул яс Малика Расуловалъ кучӏдул цӏалулаго рахъарал видеороликал. Силди росдал бегавул Мухӏамад Нурмухӏамадовас конкурсалда бергьарал васазе кьуна Хӏабиб Нурмухӏамадовасул рахъалдасан футболкаби.
Данделъиялъул ахиралда районалъул бетӏер Шамил Гӏумаровас кӏвар бугеб конкурс тӏобитӏаралъухъ Мухӏамад Гӏабдулхабировасе ва районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей Зайнаб Гӏабдусаламовалъе загьир гьабуна ракӏ-ракӏалъулаб баркала, тадбир ракӏалде щвеялъе сайгъатал кьуна Патӏимат Абакаровалъе, Ахӏмад Гъазимухӏамадовасе ва цогидазеги. Жиндирго рахъалдасан Мухӏамад Гӏабдулхабировас баркала загьир гьабуна конкурс тӏобитӏизе гӏарцулаб рахъалъ квербакъи гьабурал спонсоразе, районалъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей Зайнаб Гӏабдусаламовалъе, райадминистрациялъул культураялъул отделалъул нухмалъулев Гӏабдусалам Мухӏамадовасе, библиотекаялъул нухмалъулей Патӏимат Хӏасбулаевалъегун гьелъул хӏалтӏу-хъабазе, конкурсалде лъимал хӏадур гьарурал учительзабазе ва эбел-инсуе.
Тадбиралъе хасаб берцинлъи кьуна Гъуниб, Болъихъ ва Цӏумада районазул культураялъул хӏалтӏухъа-базул музыкалиял церерахъиназ.
Зульфия Сажидова