Март моцӏалда «Бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул мугӏалим — 2023» абураб республикаялъул къецалда бергьиндал, дие кьун букӏана Тӏолгороссиялъул профсоюзалъул тренинг-лагералде путевка. Гъоркьиса гьениве ун вукӏарав Рамазан Гъазимухӏамадовас бицун букӏана кутакалда лъикӏаб хӏухьбахъи кканин гьениб абун.

Дидаго цадахъ гьенир рукӏана республикаялъул «Лъагӏалил учитель — 2023» конкурсалда бергьарав Алексей Шаулов, «Лъагӏалил тарбиячи — 2023» конкурсалда чӏел босарай Виолетта Акаева, «Бищун лъикӏав гӏолохъанав учитель» конкурсалъул призер Тамерлан Таибов, Махӏачхъала шагьаралъул №15 школалъул завуч Виктория Письменская, №27 байбихьул школа-ясли-ахалъул завуч Эльдар Эмирбеков, Дербент районалъул Геджух ясли-ахалъул хӏалтӏухъаби Зугьраханум Ходжаева ва Саният Къурбанова.

Тренинг-лагералде ракӏарун рукӏана тӏолабго Россиялдасаго мугӏалимзабиги тарбиячагӏиги. Гьезул гӏемерисез исана хасалихъе гӏахьаллъи гьабизе буго профессионалиял къецазул финалияб, ай федералияб бутӏаялда.

Гьелда цӏарги букӏана «Профессионально готовим к победам» абураб. Тӏолгороссиялъул лъай кьеялъул профсоюзалъул квербакъиялдалъун 10 къоялъ халатбахъараб гьеб тадбир тӏобитӏана исана ичӏабилеб нухалда. Гьеб кинабго гӏуцӏула ва нухда бачуна Тӏолгороссиялъул лъай кьеялъул профсоюзалъул жамгӏиял бухьеназул департаменталъул нухмалъулей Елена Елшиналъ. Лагералде ячӏун йикӏана Тӏолгороссиялъул лъай кьеялъул профсоюзалъул нухмалъулей Галина Меркуловаги.

Салам, Краснодар!

Рокъоса къватӏиве вахъунелъул, «10 къо гӏемер букӏинаребдай?» абураб пикру ххенолеб букӏана ботӏролъ. Палхӏасил, халатаб нухги нахъа тун, ниж щвана Кубаналъул ракьалде. Автобусалъул гордухъан рихьулел рукӏана рагӏа-ракьан бихьуларел хурзал. Ракӏ хӏайран гьабулеб букӏана батӏи-батӏиял кьеразул «халичаби тӏад тӏамурал» ролъул, бакъдебуссалъул, цӏоросаролъул хурзабазухъ балагьидал.

Берцинаб тӏабигӏаталъул асаралда гъоркь, ахир-къадги ниж щвана Краснодар краялъул Туапсе районалъул Шепси росулъе. Гӏемер кӏудияб гьечӏеб росу буго гьеб. Аслияб къагӏидаялъ гьенир руго хӏухьбахъиялъул бакӏал, лагерал, пансионатал. Гӏемераб халкъ бугоан гьенибе хӏухьбахъи гьабизе бачӏун. Къватӏиб лагьун букӏаниги, цӏакъ бацӏцӏадаб гьаваги букӏана гьениб. Аслияб бечелъи – Чӏегӏераб ралъдал рагӏалда букӏин.

Щакъидул кьераб

«Лада-Седан»

Къасиялде ниж киналго данделъана «Маяк» пансионаталъул залалда. Гьенир ниж анкьго къокъаялде рикьана. Щибаб къокъаялъул букӏана жидерго кьерги. Дунги, цадахъ рукӏарал Тамерлан Таибовги Виолетта Акаеваги ккана щакъидул кьераб къокъаялде. Хутӏарал дагъистаниял – тӏогьилаб кьералъул къокъаялде.

Данделъи лъугӏун хадуб, къокъаби данделъана лъай-хъвай гьабизе. Нижер къокъаялда рукӏана Моск-ваялдаса, Санкт-Петербургалдаса, ХМАОялдаса, Тулаялдаса, Белгородалдаса, Чачан республикаялдаса вакилзаби.

Цохӏо лъай борхизаби ва хӏухьбахъи гьабиги гуребги, лагералда ругебгӏан заманаялъ къокъабаз хӏадуризе ккола жидерго хӏакъалъулъ бицунеб гьитӏинабго церерахъин, гӏахьаллъи гьабизе кколаан кьурдул ва гитараги хъван цӏадухъ ахӏулел кучӏдузул конкурсазда. Цинги, тренинг-лагералъул ахирисеб къоялъ, гӏадатлъун лъугьухъе тӏобитӏула «Золотая ракушка» абураб театралияб фестиваль. Гьелде тӏадеги, щибаб къоялъ лагералда цо-цо командаялъ дежурствоги гьабизе кколаан. Гьез тӏубараб къоялда жаниб цогидал къокъабазе чанго тадбир тӏобитӏизе ккола.

Палхӏасил, нижер пикру ккана къокъаялда машгьураб «Лада-Седан» абураб цӏар лъезе. Гьениб нижер щивас бицана жидерго ракьалъул хӏакъалъулъ. Дагъистанияз ва чачаназ бихьизабуна миллияб кьурди ва киналго къокъацоял кагътил «Ладаялдаги» рекӏун «свери бахъизе» рачана.

Кӏиабилеб къоялдаса нахъе, къалъудаса хадуб байбихьана дарсаздеги. Нижее лекциял цӏализе, мастер-классал рихьизаризе рачӏун рукӏана батӏи-батӏиял соназ Тӏолгороссиялъул «Лъагӏалил учитель», «Лъагӏалил тарбиячи» къецалда чӏел босарал учительзаби ва тарбиячагӏи, гӏалимзаби, методистал. Гьезда гьоркьор рукӏана Раис Загидуллин, Мария Ахапкина, Дмитрий Лутовинов, Анастасия Шлемко ва гь.ц.

Лекциял цӏалун гурониги, гьез гъира бугезе тӏоритӏана индивидуалиял консультациялги. Цӏакъ гӏемерал ва пайдаял баяналгун лъай щвана киназего гьел спикераздаса. Конкурсазде хӏадурлъиялъе щулияб кьучӏ лъунин абизе бегьула гьел къоязда жаниб. Хадубккунги жамгӏиял гьиназдасанги нужее кӏвараб кумек гьабилин рагӏи кьуна гьез.

Лагералда Кавказалъул къоял

Тӏоцебесеб къоялъго, лъай-хъвай гьабулелъул гӏадат-гӏамалалъул хӏа-къалъулъ суалал кьолел рукӏана гьел. Цо къоялъ Чачаналдаса Мадина Минтаяевалъ тӏаде босун букӏана радал зарядка гьабизе. Гьелъ гьеб бихьизабуна миллияб кьурдул хаслъабаздалъун. Гьенирго гьелъ киналго къокъацоял ахӏана къасиялде аскӏоб бугеб кафеялде гьангун хинкӏал кваназеги. Гьениб гьелъ бицана гьел гьариялъул ва цогидалги жидерго гӏадатазул хӏакъалъулъ, бихьизабуна миллияб кьурди. Гӏурусазулги гъира ккана лезгинка кьурдизе ва гор-свериги гьабун чанго свери бахъана гьезги нижеда цадахъ.

Гьениб цояз гьикъана нужеда гъорлъ Расул Хӏамзатовасул ракьцоял ругищилан. Дун вугин абидал, рахьдал мацӏалда гьесул кучӏдул цӏалеян тӏаделъана киналго. Авар мацӏалъул чвахиялъ хӏайран гьарурал гьел рихьидал, ракӏалде бачӏана машгьураб, кьода гъоркь къвакъвадулел къуркъбузул хӏакъалъулъ абундач. Пикру ккана гьитӏинабго къец лъазабизе: лагералъул ахирисеб къоялъ гьеб абундач цӏализе кӏваразе дир рахъалъан гьитӏинаб сайгъат букӏине бугин. Гӏемеразе интерес ккана гьелъул. Кигӏан ралагьаниги, дун тун батӏияв магӏарулавги лагералдаго ватичӏого, батӏияб миллаталъул вакилзабазухъеги ун, чангояз хӏаракат бахъана гьеб лъазабизе.

Нижеда цадахъ йикӏарай Зугьраханум Ходжаевалъги жийго йигеб рукъ гьалбал къабул гьарулеб рукъалде сверизабуна. Гьелъ гьабураб тӏагӏамаб чай гьекъечӏев чи лагералдаго къанагӏатги хутӏун ватиларо.

Гӏицӏаб чаялъул жо кколарин, белъун гьангун, хинкӏал гьаричӏого тӏубаларин чӏана Зугьраханум. «Лъагӏалил учитель» конкурсалъул жюриялъул гӏахьалчагӏиги цогидал гъира бугелщиналги ахӏун, нижецаги «Маякалъул» столоваялда гьитӏинабго сухӏмат тӏобитӏана. Киназего цӏакъ бокьана хинкӏазде данде хӏадурараб ражи.

Лагерь къаялъул тадбиралдаги рачӏана гӏуцӏарухъаби нижеда аскӏоре сценаялдеги рахъун лезгинка кьурдизе рахъинарищилан. Нижедаго цадахъ гьенир рукӏарал гӏемериселги щвана кьурдул гурулъе.

Нижецаги гьел киналго исанасеб Расул Хӏамзатовасул юбилеялде ахӏана.

Ратана лагералда батӏи-батӏиял шагьаразда ругел нилъер ракьцоялги. Ниж Дагъистаналдаса рукӏин лъайдал, цо гӏолохъанчи вачӏана нижехъе, жив Астраханалда гӏумру гьабун вугев лезгинав вугин. Гьев ватана цадахъ вукӏарав Тамерлан Таибовасул росуцояв. Гьединго, цо гӏурусай ячӏана нижеда аскӏое, нужеда гьоркьоса кинавила авар мацӏалъул учитель кколевинги абун. Дун кколин абидал, жиндир кӏодоэбел магӏарулай йикӏанин бицана гьелъ.

«Балъгояв гьудулги» Расул Хӏамзатовги

Байбихьудаго гӏуцӏарухъабаз лъазабуна «Балъгояв гьудул» абураб хӏай тӏобитӏизе бугин. Гьеб тӏобитӏула гьадинаб тартибалда: щивас жиндихъе кьураб кӏудияб конверталда тӏад хъвала жиндирго цӏар ва фамилия, къокъаялъул цӏар ва телефоналъул номер. Гьелго баянал тӏад хъвараб гьитӏинаб конвертги рехула гьелда жанибе. Гӏуцӏарухъабаз кӏудиял конвертал залалъул къадазул ракьандасан цӏарал кваразда рала, гьитӏинал конвертал журазеги гьарун гӏахьалчагӏазда гьоркьор рикьула. Цинги, ахирисеб къоялде щвезегӏан щивас жиндирго цӏияв гьудуласул конверталъур хъвай-хъвагӏаял ва гьитӏинал сайгъатал лъолел рукӏана. Ахирисеб къоялъин абуни гьеб конверталда жаниб лъезе кколаан нилъеего бищун бокьулеб тӏехь. Дица дирго гьудуласе кьезе босун букӏана гӏурус мацӏалда Расул Хӏамзатовасул «Целую руки матерей» абураб тӏехь. Бихьиларедухъ гьениб тӏехьги лъун гӏодов чӏедал, дида халлъана конверталъул бетӏергьан гьелде аскӏое ячӏуней йикӏин. Гьениб жаниб Расулил тӏехь батидал, гьелъул гьаракь кӏанцӏана. Цинги, хадув жиндирго «балъгояв гьудул» дун вукӏин лъайдал, баркала кьезе ячӏана Москваялдаса цӏияй гьудул. Расулил тӏехь цӏализе щвезе анищ букӏанин бицана гьелъ. Эбелалъул хӏакъалъулъ хъварал кучӏдул рукӏиналъ цӏакъго йоханин абуна гьелъ.

Гьудуллъиялъул цӏадухъ

Гьале, ахирисеб къоялъ нахъеги данделъана къокъацоял нижерго гъасда. Гьеб букӏана пашманлъиялъул асар гъорлъ бугеб данделъи. Щайин абуни, лъиениги бокьун букӏинчӏо цӏиял гьудулзабигун ратӏалъизе. Ракӏалдещвеялъе цоцазе сайгъаталги гьарун, цоцахъе гьоболлъухъеги ахӏун дагь-дагьккун къо-лъикӏ гьабуна тренинг-лагералъулгунги гьудулзабазулгунги. Хьул буго, Шепсиялда бакараб гьудуллъиялъул цӏа щивасул рекӏелъ даим бакун хутӏилин абураб.

Мухӏамад Манапов