Къойил гъираялда гӏедегӏула гьев хӏалтӏуде. Гьесухъ балагьун батула анцӏ-анцӏ бер. Гьел беразулъ букӏунебщинаб божилъиги рокьиги. Гьесул гӏумруялъул гӏидраялда аза-азар батӏиял кьеразул накъищал угьула гьел бераз. Кӏи-кӏи бер цадахъ рикӏкӏун – гьелгощинал тӏанчалги рукӏуна гьесул къисматалъул тӏохьода. Гьанирги ракӏалде рачӏунел руго дида Хӏамзатил Расулил рагӏаби:
— Нужеда рихьаралищ – тӏугьдузда берал руго,
Ралагьула гъол нужехъ, ралагьула-гьимула…
Гьеле гьеб гьимиялъухъ тӏолабго гӏумру кьола гьес. Гьеле гьеб гьимиялъ кьола гьесул талихӏалъе къуват. Ракьалда толел лъалкӏалги гьесул гьеб гьимиялда рарал руго.
Ва гьесда цӏарги буго – УЧИТЕЛЬ.
Бералги ругел тӏугьдуллъун руго ва хутӏула гьесие абадиялъе жиндирго цӏалдохъаби.
Гьел тӏугьдуз бицуна учителасе гӏумруялъул хӏакъалъулъ, чанги гӏумруялъул дарсалги кьола гьез учителасе. Гьезул гьимиялъул роцада букӏуна учителасул талихӏги. Гьезда цӏарги буго – Цӏалдохъаби.
Учительги цӏалдохъанги – цоцазе рокьи бикьулеб кӏиго хӏикматаб жавгьар.
Кӏиго хӏикматаб жавгьар
Жакъа гьаб гьитӏинабго макъалаялда дие бицен гьабизе бокьун буго гьел жавгьаразул цояллъун ругел Махӏачхъалаялъул №8 лицеялъул авар мацӏалъул ва адабияталъул учитель Хатимат Мирзоевалъул ва гье-лъул цӏалдохъабазул хӏакъалъулъ.
— Хатимат гӏемерал соназ хӏалтӏулей йиго гьеб лицеялда. Цӏалдохъабазе гьей йокьулеблъи дида мухӏканго лъала. Щайгурелъул дида аскӏой гьей дагьабниги мехалдагицин хутӏани, гьелъухъе цӏалдохъан кӏалъачӏого хутӏичӏо цониги нухалда. Рокъобе хӏалтӏи щиб кьурабилан гьикъизе гуребха – дур гьаракь рагӏизе бокьун букӏанилан ва цоги-цогидал багьанабиги ратун. Гӏенеккизе бокьилеб хӏалалда бицунеб магӏарул мацӏги букӏуна гьезул. Учителалъ гьезие данде кьолеб хӏеренаб жавабгиха. Дунялалда ругелщинал бищун берцинал рагӏабиги сайгъат гьарула гьелъ гьезие. Гьединго зама-заманалдаса рокъореги ахӏула Хатимат Дахӏададаевнаялъ лъимал. Гьедин бижун бачӏуна учителасдаги цӏалдохъабаздаги гьоркьоб гӏажаибаб хинлъи. Гьелда цӏарги буго – РОКЬУЛ КЬО.
Гьеб рокьул кьодасан къойил гӏедегӏула Х. Мирзоева жиндираллъунго лъугьарал цӏалдохъабазухъе.
— Дида ккола гьеб бугин аслиябиланги учителасул жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏулъ. Учителасул рекӏел гъварилъудасан беролаго бачӏине кколеб хинлъиялъул тӏагӏам цӏалдохъабазда байбихьудаго би-чӏчӏичӏони, гьесул хӏалтӏуда тату букӏунаро. Учителасул хӏалтӏул тату — цӏалдохъабазул рокьиги, тӏугьдулгӏан берцинал гьезул беразулъ тӏегьан бачӏунеб божилъиги, божилъиялъ лъалъалеб рокьиги. Гьеб кинабго цадахъ бугони, абизе бегьула учителас жиндир гӏумруялъул дарсал гӏадада инчӏилан, — илан абуна Хатиматица.
Республикаялъул Лъай кьея-лъул министерствоялъ исана тӏо-битӏулеб буго «Баркала, учитель!» абураб акция – чӏахӏиязги гӏисиназги открыткаялдалъун бар-
кизе ккола жидер гӏумруялда лъалкӏал тарав вокьулев учителасда Педагогасул Лъагӏел. Хатиматихъе рачӏаралщинал открыткаби рихьараб мехалда, ракӏалде ккана дида гьелъул хӏакъалъулъ макъала хъвазеги. Гьенир дица цӏаланщинал берцинал рагӏаби. Ва бичӏчӏана учителалъ лъималазе кьураб хинлъиялъулги рокьулги дагьалго къатӏ-раби тӏадруссун рачӏунел рукӏин.
Дица гьаниб дагьалго къатӏра-бийилан абулеб буго. Щайгурелъул учителасул кӏудияб ракӏалъ къва-тӏибе кьураб канлъиги хинлъиги тӏубанго тӏадбуссинабизе хӏалкӏолеб батиларо.
Цо нухалда Хатиматихъе рокъоеги щвана дун – компьютералдасан гьабулеб хӏалтӏуе кумек къваригӏун букӏана. Гьелъухъе гьоболлъухъ рачӏарал цӏалдохъабиги ратана дида гьенир. Гьединго тӏаде ячӏана ИЯЛИялъул аспирантка, Санкт-Петербургалдаса Рания. Дагъистаналде ячӏарай гьелъие цӏакъ бокьун букӏана Хатиматица магӏарул мацӏ малъизе. Гьейги — Хатимат Дахӏададаевнаялъул цӏалдохъан. Хатиматица дарсал кьола «Калам» школалдаги, ай онлайн-дарсазде рачӏунаан бокьараб ригьалъул цӏалдохъаби. Гьей студенткаялъ бицана жиндие дагьабги лъикӏ лъай-хъвай гьабизе бокьун букӏанила учителалъулгун. Сордо-къоялъул бокьараб ригьалда жиндихъе кӏалъазе ихтиярги кьун букӏуна учителалъ.
Бокьула цӏалдохъабазе Хатиматил дарсазде рачӏине. Гьелъул хӏасиллъунги ккола цӏалдохъабаз республикаялъул ва шагьаралъул даражаялда тӏоритӏулел конкурсазда, олимпиадабазда росулел цересел бакӏал.
Хатимат жийгоги ккола творческияб къагӏидаялда хӏалтӏулей учитель. Гьелъ санайил росула тӏолгороссиялъулги, республикаялъулги, шагьаралъулги творческиял конкурсазда цересел бакӏал. Масала, «Второе дыхание родным языкам», «Науки юношей питают», «Язык предков», «Учитель живет в учениках», «Литературная Россия», «Мой лучший урок», «Лучшая методическая разработка». Улкаялъе захӏматал гьал ахирисел соназги бихьизабуна Хатиматица цӏалдохъабазда мисал.
— Ватӏан бокьиялъул тарбиялъул щибаб дарсида бицуна щивав учителас. Ва гьале тӏаде щвана къо, гьеб тарбиялъул хӏасил гьабулеб. Ватӏаналъул гъалатӏал ралагьулаго, цо-цоязда кӏочон тана Ватӏаналъ реэдулеб букӏараб заман. Жиндир лъималиланги абун, гьелъ каранде къалел рукӏарал лахӏзатал. Жакъа нилъерги рес буго гьелъул рокьи дагьабниги къадаралда тӏадбуссинабизе. Ва дида ракӏалде ккана лъималгун цадахъ гьеб рокьул къатӏраби ватӏаналъе тӏадруссинаризе. Тӏоцебесеб иргаялда, дицаго бихьизабуна мисал СВОялда гӏахьаллъулел солдатазе кумек гьабиялъулъ. Дица цӏалдохъабазда щибго абичӏониги, гьелги гьезул хъизаналги нахъе кӏанцӏун чӏечӏо.
Солдатазухъе кагъталги цадахъ хъвана нижеца, бахӏарзазул хӏакъалъулъ матералги цадахъ бакӏарана нижеца. Ирга щоларого рукӏунаан дарсазда лъимал, жидецаго бакӏарараб материалалъул хӏакъалъулъ цогидазе бицине къваригӏун.
Гьединго нижеца тӏоритӏана «Спасибо деду за Победу» ва «Спасибо внуку за Победу» абурал акциялги, — ян бицана Хатиматица.
Гьал тадбираздалъун жиндие бихьизабизе бокьун букӏанила бахӏарчиял наслабазул бухьенилан абуна учителалъ.
Хатимат ккола «Хӏакъикъат» газеталъулги божарай гьудул. Щиб тадбир газеталъ яги газеталда тӏобитӏулеб бугониги, гьелъги гьелъул цӏалдохъабазги жигараб гӏахьаллъиги гьабула. Гӏемер щола Хатимат гӏагараб газеталде гьоболлъухъ.
— Къадада чӏварал суратаз бицуна нилъее магӏарулазул тарих. Гьединлъидал дир гъира букӏуна цӏалдохъабигун цадахъ нужехъе, магӏарул миллияб гъасде, ячӏине. Батӏаго ракӏ цӏала дир нужехъе щвезе, магӏарул мацӏ цӏунулел нуж рихьидал, дагьабги гъира ккола хӏалтӏизе, — ян абуна Хатиматица гара-чӏвариялъул ахиралда.
Рокьуца ракарал чирахъаллъун руго Хатимат Мирзоевалъе цӏалдохъаби. Биччанте цоцазде бугеб рокьиялъ бокъинабурал учителалъулги цӏалдохъабазулги шагьраялда ва сухъмахъазда киданиги хер бижунгутӏизе.
Хатимат Дахӏададаевнаялъ кӏу-дияб гӏахьаллъи гьабула учительзабазул жамгӏияб гӏумруялъулъги. Гьей чанго нухалда мустахӏикълъана республикаялъул школазул магӏарул мацӏалъул учительзабазул ассоциациялъул председатель Баху Мухӏи-диновалъул баркалаялъе, хасго коронавирусалъул заманалда учительзабазе дистанционниял дарсал хӏадур гьариялъухъ. Гьелъие кьуна Хӏурматалъул грамота, батӏи-батӏиял даражаязул дипломал, баркалаялъул кагътал. Магӏарул ва цогидал миллаталъул учительзабазе кумекалъеги, жиндир хӏалбихьиялдаса цогидаз пайда босизеги букӏине, гьелъ гӏуцӏун буго хасаб сайтги.
Гьединго Хатимат ккола Махӏач-хъала шагьаралъул школазул миллиял мацӏазул учительзабазул модераторги.
Х. Мирзоева ккола «Шагьара-лъул бищун лъикӏав рахьдал мацӏалъул учитель» конкурсалъул лауреатги.
Хатимат Дахӏададаевна муста-хӏикълъана «Россиялъул лъай кьея-лъул Хӏурматияй хӏалтӏухъанг» абураб цӏаралъеги.
Гьарула учителалъеги гьелъул гӏумруялъул жавгьараллъун ругел цӏалдохъабазеги дагьалги чӏахӏиял творческиял бергьенлъаби. Гьезул нухазда къалъараб даимаб чирахъги талихӏалъул нурлъун рещтӏаги щивасул къисматалда.
Шамай Хъазанбиева