Северияб Кавказалъул «Каспий-2023» гӏолилазул форум тӏобитӏизе буго 16-21 сентябралда. Гьедин бицана 27 июналда «Дагъистан» РИАялда тӏобитӏараб прессконференциялда ДРялъул гӏолилазул ишазул рахъалъ министр Камил Сагӏидовас. «Исанасеб форум тӏобитӏизе буго Избербашалда, «Прибой» турбазаялда. Гьелда гӏахьаллъизе вуго 500 чи. Цӏикӏкӏине буго грантазул конкурсалъе бихьизабураб гӏарцул къадарги. Ахираб кӏиго соналъ форумалде гӏамм гьабун 12 миллион гъурущ биччан букӏун батани, исана 9 миллион гъурущ биччазе хӏукму гьабуна. Форумалъул программаялъулъги рукӏине руго хиса-басиял. Масала, цебе гьеб цохӏо лъай кьеялъул форум букӏун батани, исана букӏине буго лъайгун тарбия кьеялъул форумлъун. Жакъа нилъеда цебечӏараб масъала бугелъулха гӏолеб гӏелалъе рухӏияб тарбия кьей», — ан бицана К. Сагӏидовас. Пресс-конферанциялда гӏахьаллъана «Каспий» форумалъул жамгӏияв директор Гӏиса Рамазановги. Гьес бицана нилъеда бихьулеб бугин «Движение первых» абураб Тӏолгороссиялъул гӏолилазул ва школлъималазул гӏуцӏиялъул бугеб цебетӏей. Гьединлъидал исана форумалда гӏахьаллъизе рес бугин 14-18 сон барал гӏолилазулги. Гьезие хӏадурараб хасаб программаги букӏине буго. Форумалда гӏахьаллъизе бокьараз гӏарзал ритӏизе бегьула Росмолодежалъул сайталде, 30 июлалде щвезегӏан.
sources.avar.me / hakikat / 2023