Тарихалда гӏемерал лъугьа-бахъиназул нугӏлъун буго Казбек районалъул Буртунай росу. Гьединлъидал бокьун буго Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь ватӏаналъул эркенлъиялъе гӏоло гьабураб Кавказалъул рагъул заманалда гьеб росдал ракьалда ккарал цо-цо ишазул бицине.
Гӏемерал соназ унеб букӏана рагъ. Бихьулеб букӏинчӏо гьелъул ахир. Кавказалъул сардарлъун тарав щивас рагӏи кьолеб букӏана Шамилил хӏаракат къинабизе. Гьелъие харж гьабулеб букӏана гӏемераб гӏарац, къуват ва сурсатал. Амма гьелъул хӏасил кколеб букӏинчӏо. 1937-1939 соназ Шамилица тӏобитӏана цо чанго рагъулаб операция ва бергьенлъаби росана. Гӏемерлъулел рукӏана имамасул рахъкколелги.
Пачаясда бичӏчӏулеб букӏана Дагъистаналда Россиялъул власть щулалъизе ккани, кьучӏал хӏукмабиги чӏванкъотӏарал тадбиралги хӏажат ругеблъи. Ракӏалда букӏана 1839 соналда гьединаб цо чанго тадбир гӏуцӏизе. Гьезда гьоркьоб аслияб кӏвар буссинабун букӏана, Ахӏулгохӏги бахъун, Шамил асирлъуде восиялъул масъалаялде. Хӏажат букӏана гьеб масъала тӏубазабун бажарулев цӏияв рагъулав нухмалъулев Кавказалде витӏизе. 1838 соналъул ихдал императорасухъе ахӏун вачӏана Ставрополалда хъулухъ гьабулев вукӏарав генерал-лейтенант Граббе. Дандчӏваялдаса хадуб Граббе тӏамуна Кавказ мухъалдагун Черномориялда бугеб аскаралъул командующийлъун.
Цӏияб хъулухъалда тарав Граббе ана «Внезапная» хъаладухъе, ахӏвал-хӏалалъухъ балагьизе. Хъала бан букӏана Эндирей росдада гӏагарлъухъ ва гьелъие кьучӏ лъун букӏана Ермоловас.
«Внезапная» хъаладухъан байбихьана
1838 соналъул хасалихъе Граббеца байбихьана Дагъистаналде рагъулаб сапар хӏадуризе. Кавказалъул мухъалда ругел рагъулал частазул командиразухъе кагътал ритӏана гьес, Дагъистаналде сапар гьабиялъул мурадалда 1839 соналъул тӏоцебесеб маялде «Внезапная» хъаладухъе ракӏареянги лъазабун. Гьениб данделъулеб букӏана Шамилиде данде рагъизе ругел гӏурус аскаразул къуват. Хъаладухъ данделъана микьазаргониги аскарияв, гӏемерал гӏарадабигун гумпараби. Рагъул нухдасан унаго, гьезда цадахъ рахъине къачӏан рукӏана Шураса Апшерон полкалъул батальоналги бакӏалъулаб милицияги. Гьедин гӏолеб букӏана 10-12 азарго чи вугеб аскар.
1839 соналда бищунго аслияблъун рикӏкӏунеб букӏана Граббел нухмалъиялда гъоркь Салатавиялдасан Гумбеталде гьабулеб сапар – Ахӏулгохӏ бахъизе ва Шамил асир гьавизе. Ахӏулгохӏда хъала цӏигьабун букӏана Шамилица ва гьевги хӏадурлъулев вукӏана тушманасда дандчӏвай гьабизе. Имамасда лъалаан гӏурусазул гьужум гӏагарлъулеб букӏин, Ахӏулгохӏде гӏагарлъизегӏан течӏого, нухда гӏурус аскар гъуризе кколеблъи. Гьелъул мурадалда щула гьаруна Буртунай ва Аргъвани росаби.
«Внезапнаялдаса» Ахӏулгохӏде букӏана кӏиго нух: цо – Темир-хан-Шураялдаса ва кӏиабилеб — Салатавиялъул Миякьоб, Инчхе, Гъозтала росабалъан Хубаралъул гохӏазде ва хадубккун – Салатавиялъул магӏардасан ва Сунхъулихъалдасан, Ханахъайил мегӏералъул тӏогьисан Къикъ магӏарде. Гьенисан – Гумбеталде. Тӏоцебесеб нух къокъабги киназдаго лъалебги бугониги, Граббеца тӏаса бищана кӏиабилеб нух. Гьелъие гӏиллалъун букӏана Салатавиялда гӏурусазе мукӏурлъичӏел росаби рукӏин. Ва гьезул жамагӏаталги Шамилие кумекалъе Ахӏулгохӏде рахъине рес букӏин. «Граббеца кӏиабилеб нух тӏасабищи букӏана Шамил имамасулги мурад», — ан хъвалеб буго Шапи Казиевас «Ахӏулгохӏ» тӏехьалда.
1839 соналъул 15 маялда «Внезапная» хъаладухъ бугеб аскар хӏадурун букӏана сапарлъ бахъине. 20 маялда, микьазарго аскарияв вугеб къокъагун, генерал Граббе вагъарана Салатавиялдехун. Гьесул нухмалъиялда гъоркь бугеб бетӏераб отряд къокъана Эндиреялдасан Гебекхъала магӏарде ва бахана Хубаралдехун бугеб тӏалъуде.
Аскаралъул цогидаб бутӏа, цадахъ юкалгун ва гӏарадабигун, ана Миякьосан Ичкаялдехун, Гъозталаялде ва гьениса – Хубаразул тӏалъиялде. Гьениб цолъараб аскар лъалхъана, Апшерон полкалъул аскариялги, бакӏалъулаб милицияги тӏаде щвезегӏан. Гьел рачӏун хадуб аскар ана Гертмаялдаса Буртунаялде — нухрикьуде, ай Теренгъул кӏкӏалахъе щвезегӏан.
Гьеб заманалда генерал Граббеда бицун букӏана кӏкӏалахъ жанибги ва гьелъул квегӏал щобаздаги, «Байрахъ чӏвалеб гохӏдаги», гьединго Буртунай росулъги муридзабазул кӏудияб къуват бакӏарун бугин абун. Гьел рукӏана Шамил имамасулги, наиб Ахъбердил Мухӏамадилги нухмалъиялда гъоркь ругел муридзабазул къокъаби – 3-4 азаргогӏанасев чи.
Шамилида лъалеб букӏана «Внезапнаялдаса» гӏурусал къватӏире рахъараблъи, гьединлъидал гьев вачӏуна Буртунаялде. Аслияб мурад букӏана гӏурусазе магӏарухъе нух къай ва, рес рекъани, гьел тӏагӏинари. Ахӏулгохӏда хъала барав Колоса Сурхайил хӏаракаталдалъун цӏакъ щула гьабун букӏана Буртунай росуги. Букӏаниги имамасда бихьула гӏураб щулалъи гьениб гьечӏеблъи.
Гьужумал ва камиял
1839 соналъул 24 маялда генерал Граббеца байбихьана гьужумал. Штабс-капитан Л. Богуславскияс хъвараб «Апшерон полкалъул тарих» абураб тӏехьалда гьадин бицун буго гьел лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ: «Граббеца хӏукму гьабуна вугеб бакӏалдаса тушман вачахъизе. Ункъо гӏарадаги бачун, аскариял рещтӏана Теренгъул лъарал кваранаб рахъалда ва гьениса байбихьана гьужумалде. Гьезда данде гьабулеб букӏана кутакаб дандечӏей. Тушманасухъа бажаричӏо дандечӏей гьабун ва хехго гьениса лъутизе байбихьана гьез. Шамилил бо биххизабиялъул мурадалда, генерал Граббе, батальоналгун цадахъ вахана кӏкӏалал квегӏаб рагӏалде. Камиязул гӏемерлъиялъ муридзабаз хивалго гьабичӏо, оборонаялъе щулияб хъала гӏадаб бакӏ букӏаниги, Буртунай росу цӏунизе. Маркӏачӏуде гьеб кӏудияб ва гӏезегӏан бечедаб росу бахъана ва бухӏана. Гӏурус аскаралъул чӏвана ункъо ва лъукъана 39 чи. Магӏарулазе ккана кӏудиял камиял», — ан.
Гьаниб абизе ккола, гӏурус офицерзабаз цӏакъ кӏодо гьабун бицунаан жидерго бергьенлъиялъул ва тушманасе ккараб камиялъул хӏакъалъулъ. Гьел лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ рехсаралда релълъараб баян кьолеб буго «1839 соналъул рагъулал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ» абураб хъвай-хъвагӏаязда Россиялъул империялъул генералияб штабалъул поручик, гьел рагъазул гӏахьалчи Д. А. Мимлютиницаги (хадубккун гьев вахъана Россиялъул Империялъул рагъулав министрлъун). Гьес хъвалеб буго: «Кӏкӏалал рохьхӏалал щобазда (гьел ккола «Байрахъ чӏвалеб гохӏалдаса» Теренгъулалдехун ругел бакӏал) ккараб кьварараб рагъул хӏасилалда батальонал хӏалихъего рахана гьенире, цадахъ мугӏрузулаб кӏиго гӏарадаги бехъерхъун. Гьеб мехалда магӏарулазул ризал къокъаби, артиллериялъул кьвагьдеялде гъоркьеги ккун, чӏварал муридзабиги авлахъалда рехун тун, Буртунаялдехун ана.
Цогидал батальонал гохӏде рахи-негӏан чӏечӏого, гьенибе щвараб аскаралъул къокъабигун цадахъ, генерал Граббе лъугьана муридзабазда хадув. Амма магӏарулазул хехлъиялъ гьев хадув гъезе течӏо: муридзаби рикь-рикьун ана сверухъ ругел гохӏаздегун щобазде ва гьезда ракӏалдецин ккечӏо Буртунай росу цӏунизе. Гӏурусазда батана чӏобоголъараб росу. Тӏоцебе гьенибе щвараб къокъаялъ ккуна гьеб ва хутӏараб аскар рещтӏана росу сверун. Генерал Граббеда ракӏалде ккана росулъ сордо базе ва гьес тӏаса бищана ганчӏил бараб кӏудияб мина. Гьесул чукъа-рахханалъги штабалъги ккуна жеги цо чанго мина. Хадусеб къоялда, ай 25 маялда, гӏурус аскариязе ихтияр кьуна росу талавур гьабизе. Росулъа солдатал араб мехалда гьениб бухӏулеб букӏана чанго мина. Хадубккун бухӏана тӏолабго росу», — ян.
Шамилил рагъул къокъаби уна Буртунаялдаса Гумбеталде унеб нухдасан Мичӏчӏикӏкӏалахъехун, гьенибги гьабун букӏуна щулалъи.
Гӏурус аскар уна Тюз-Тауялдаса Сунхъулухъ магӏардехун ва гьенисан – Къиркъ магӏарде, цинги рещтӏуна Гумбеталъул ракьалда. Къиркъ борхалъиялдаса гъоркье рещтӏараб бакӏалда бугеб майданалда гьез бала «Удачная» абураб щулалъи. Щаклъи гьечӏо, гьел рагъазулъ гӏахьаллъана кодоб ярагъ босун бажарулевщинав Буртунаялдаса бихьинчи.
Ибрагьимовалъ хъвана…
Цо дагьаб батӏияб баян кьолеб буго гьел лъугьа-бахъиназул ва Шамил имамасул хӏакъалъулъ художествиял асарал хъварал автораз. Масала, Шамил имамасул хӏакъалъулъ роман хъвана хъвадарухъан Мариам Ибрагьимовалъ. Гьеб рикӏкӏуна гьесул хӏакъалъулъ хъвараб бищун лъикӏаб асарлъунги. Буртунаялда ккараб рагъул хӏакъалъулъ гьадин хъвалеб буго гьелъ: «24 маялъул бакъанида Граббе щвана Буртунаялде. Радалалде гьениб рещтӏараб артиллериялъ цо чанго гӏарадаялдаса цадахъго чанцӏулго кьвагьана росдаде. Муридзабаз данде жаваб кьуна тункӏазул кьвагьиялдалъун. Гӏарадабаз гумпараби ран рахъиндал, генералас буюрана гьужум гьабейилан абун. «Гьурра» ахӏулаго, бухулеб къолол гьаркьихъе, солдатал рортана нухлул рагӏалда букӏараб кӏудияб гохӏде. Кодор хвалчабигун ва хунжрулгун, гьезде данде рортана муридзабиги. Къокъаб заманалъул рагъги гьабун, солдатал нахъе къана. Гьеб мехалда Граббеца хӏукму гьабуна кӏиго рахъалдасан Буртунаялда кьаби щвезабизе: гъоркьан – нухдасан ва тӏасан — северияб рахъалдасан. Ракӏалда гьечӏеб гьеб ишалдаса хадуб солдатазухъа бажарана оборонаялда кьватӏел ккезабун. Гьел рорчӏана росулъе ва унел рукӏана церехун, тӏохаздасан лъималазги руччабазги жидеде балеб гамачӏ букӏаниги.
Тушман ворчӏараб рахъалдехун кӏанцӏана Шамил ва гьес гьев росулъа вачахъана. Хадусеб къоялъги росдаде кьвагьдана гӏарадабаздасан. Гӏарадабазул щибаб кьвагьиялдаса хадуб бихьулеб букӏана росу тӏубанго биххулеб букӏин. Шамилица сардилъ росулъа къватӏире рахъинаруна руччабигун херал ва лъимал. Кӏиабилеб гьужумалдаса хадуб Буртунай росдал кӏиябго рахъалдасан гьенире рорчӏана Граббел солдатал ва гьезул щибаб галул манзилалда гьабизе кколеб букӏана хунжрузулгун хвалчадул рагъ. Палхӏасил, Шамилида бичӏчӏана Буртунай росу цӏунун бажаризе гьечӏеблъи. Буртунаялдаса гьев нахъе ана».
Гьумер хӏадур гьабуна
Зайнудин Окмазов