Европаялда бищун кӏудияблъун рикӏкӏунеб, 12-13 миллионгӏанасев чияс гӏумру гьабулеб ва ахирал соназда кутакалда цебетӏолеб бугеб Москва шагьаралда, цо-цо баяназда рекъон, гӏумру гьабун вуго 100 азаргогӏанасев дагъистанияв. Гьезда гьоркьор руго политикалгун хъулухъчагӏи, машгьурал гӏалимзабигун спортсменал, бизнесчагӏи, студентал ва цогидалги. Гьезул гӏемерисел ккола берцинго тӏадаб ишги тӏубан, лъикӏаб цӏарги бортизе течӏого, къадруги цӏунун ругел гӏадамал. Гьединазул цояв ккола «КЭМЗ-Сервис» гӏуцӏиялъул директор, Цӏунтӏа районалъул Гьинухъ росулъа Хӏадисов Рамазанги. Москваялде щведал рес ккана гьевгун дандчӏвазе ва гьитӏинабго гара-чӏвари гьабизе.
— Рамазан, мун гьавуна ва гӏуна гӏадатияб хъизамалда…
— Битӏарабха. Нижер букӏана гӏадатиялдасаги гӏадатияб хъизан. Эмен вукӏана вехь, эбел – колхозчӏужу.
— Гьитӏинаб мехалъ захӏматаб хӏалтӏи гӏемер гьабизе кканищ?
— Хӏалтӏичӏого рес букӏинчӏо ва захӏматаб хӏалтӏиги гӏезегӏан гьабуна. Доб мехалда батӏайисан гьабизе ресги букӏунароан, хӏалтӏичӏес хӏанчӏулеб букӏинчӏелъул. Хӏадурулаан ва рокъобе баччулаан хер, тӏалаб гьабизе кколаан боцӏул, эменгун цадахъ унаан гӏияде. Хӏалтӏудаса эркенаб заманго гӏемер букӏанин абизе кӏоларо. Нагагьлъун рокъоб хӏалтӏи гьечӏого хутӏани, гьеб гьабизе ритӏулаан гӏагарлъиялъухъе, мадугьалзабахъе.
— Цӏализе кинав вукӏарав?
— Цӏализе цӏакъав вукӏинчӏо, амма рачӏчӏалтӏаги вукӏунароан. Вукӏана гьоркьохъеб бакӏалда. Техникиял предметал (физика, математика) цӏакъ рокьулаан дие. Гьезие лъикӏавги вукӏана. Гуманитариязулгун гьоркьоблъи дагьаб захӏматаб букӏана, гьел рокьизе байбихьана нахъа, ригьалде вахиндал. Хӏасил гьабун абуни, школа лъугӏана гьоркьохъел хӏасилалгун. Гьелдаса хадув дун лъугьана Пединституталъул физ-маталъул факультеталде. Гӏурус мацӏ лъаларого букӏиналъ (лъалароан магӏарул мацӏги) байбихьуда гӏезегӏан захӏматго букӏана. Бахъана яхӏ, дове-гьаниве кьуричӏого чӏана цӏалуда тӏад ва 2-3 курсазда бигьалъана кинабго, цӏалана лъидасаго нахъе ккечӏого, ункъил-щуйилазда. Институт лъугӏун хадуб ункъо соналъ хӏалтӏана нижерго районалъул Асахъ росдал школалда. Цинги (1990 сон) ниж гочана Гъизляралде ва хадусеб 10 соналъ батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏана КЭМЗ заводалда. Хадуб Приволжский округалда (Чебоксары шагьар) рагьана заводалъул вакиллъи, дунги витӏана гьениве, гьелъул нухмалъулевлъун. 2013 соналда Москваялда рагьана «КЭМЗ-Сервис» ва гьелдаса нахъе вуго гьанив.
— Щиб хӏалтӏиха нужеца тӏубалеб?
— «КЭМЗ-Сервис» рагьун букӏана, тӏоцебесеб иргаялда, рагъулабгун ва ракълилаб (для военных и гражданских самолетов) авиациялъе къваригӏунеб къайи-алат къачӏазе, къотӏи-къай гьабун Россиялъул самолетал къачӏалел заводазе, гьезул заказазда рекъон хӏалтӏи гьабизе. Гьединго дун вакил гьавун вукӏана КАМАЗ заводалъулгун бухьен гьабизе. КАМАЗалъул хӏакимзабазулгун дир бугеб бухьенги хӏалтӏизабун дица заводалъе тӏалаб гьаруна цӏиял заказал. КЭМЗгун рекъон КАМАЗ хӏалтӏулеб буго 20-гӏанасеб соналъ, концерналъул хӏалтӏиги гьелъул даражаги лъикӏ лъан, дозул гьелдехун буго цӏикӏкӏараб божилъи. КАМАЗалъул цӏиял тайпабазда гӏезегӏан хӏалтӏизарулаан къватӏисел пачалихъазул алатал. Санкциял лъазариялда хурхун гьоркьоб къотӏизабуна гьездалъун хьезари. Заводалъ нижехъе кьурал техникиял документазда рекъон, нижеца гьарула гьезул цо-цоял (хӏалтӏулел руго цогидал гьариялда тӏадги), ай тӏурала «импортозамещениялъул» суалал, масъалаби. Руго гьебго хӏалалда самолетазе къватӏире риччалел, къачӏалел алаталги.
— Гьебго хӏалтӏи Гъизляралда гьабизе бегьуларищ?
— Бегьула, амма Москваялда кинабго тӏубазе, гӏумруялде бахъинабизе рес букӏуна хехаб хӏалалда, заказазул киналго тӏалабал цӏунун. Нижеца ралагьарал заказал, хӏалтӏаби, гьанирго тӏуразе рес гьечӏел, нижеца ритӏула Гъизляралда бугеб заводалдеги, щайгурелъул гьениб къуватги сурсатги цӏикӏкӏун бугелъул.
— Чан хӏалтӏухъан нужер вугев, ругищ хӏажатал специалистал, заманалда рекъараб техника-оборудование?
— Буго кинабго хӏажатаб техника, гьеб рахъалъ къварилъи гьечӏо. Нижер вуго 4-5 хӏалтӏухъан, ругел заказазда рекъон, гьарун къотӏи-къаялгун росула тӏадеги. Лъикӏаб махщел ва хӏалбихьи бугел специалистал щвей бигьаяб масъала гуро, амма нижеца гьединал ралагьула.
— Гьаб даражаялде мун вахун вуго дурго бажари-лъаялдалъун. Кин кӏвараб, сунца квербакъараб?
— Дида цебе буго эбел-инсул захӏматаб гӏумру-магӏишат, хъизамалъе хинкӏ-чед балагьизе дозда бихьараб гӏакъуба. Бокьун букӏинчӏо доздаги дидаги бихьараб мискинлъи-къварилъи дир лъималаздаги бихьизе. Гьединлъидал дица кутакаб яхӏ бахъана цӏализе, лъай тӏалаб гьабизе, дир мурад ва анищ букӏана лъаялдалъун цевехун ине. Батӏияб нух дие букӏинчӏо. Дие кумек гьабуна, квербакъана гьитӏинаб къоялдаса нахъего хӏалтӏул къимат лъалеб букӏиналъ.
— Мун лъалез бицуна дур гӏаданлъиялъулгун гӏадатлъиялъул…
— Дида кинго бичӏчӏуларо щай ва сундаса инсан чӏухӏизе кколевали. Дица гьеб гӏамал киданиги къабул гьабичӏо ва гьабуларо. Дир хасияталъулъ гьеб гьечӏо.
— Гьезго бицана мун вугин кидаго кумекалъе ватулев, гӏагараб росдада кверчӏвалев чийилан абун.
— Гьеб гьезда лъикӏ лъала, гьез гьединаб къимат дие кьолеб батани, гьел мекъи ругилан кин дица абилеб? Дидаго гьеб гӏезегӏан бихьун букӏиндал гӏемер лъикӏ лъала мискинлъиялъул къимат. Дур чвантинибе дагьабниги гӏарац баккидал, кӏочон тезе бегьуларо гьеб чӏобого букӏараб заманги, гьеб чӏобого бугел гӏадамалги. Гьединлъидал, кумек гьарун аскӏове вачӏарав чиясе дир рес-санагӏаталда рекъараб кумек гьабичӏого киданиги течӏо. Росдал гӏумруялъулъ гӏахьаллъиги, бажарараб кумек росдае ва росуцоязе гьабиги дица рикӏкӏуна тӏадаб налъилъун.
— Дагъистаналде, Гьинухъе гӏемер щолищ, дуда бихьулеб хиса-свери бугин кколищ доба?
— Дун гьитӏинаб мехалъул Гьинухъги гьабсагӏаталда бугебги данде босани, гьеб буго «зобги ракьгигӏан батӏияб». Цӏилъулеб, лъикӏлъулеб буго росу, ресалда руго росуцоял, лъикӏлъулел руго шартӏал. Махӏачхъалаги хисун, берцинлъун буго, гьедин букӏин загьирго бихьула. Амма бокьилаан цоги лъикӏал шагьараздаго гӏадин гьабулеб-толелъулъ Махӏачхъалаялдаги дагьаб жавабчилъи, гӏадлу-низам букӏинабизе, архитектурияб сипаталъулги цо чӏезабураб низам-къагӏида гьабизе.
— Дуца бан буго 60 сон. Хадусеб гӏумру-магӏишат Москваялдагойищ букӏине бугеб яги Дагъистаналде тӏадвуссинейищ ракӏалда бугеб?
— Живго рикӏкӏалъарабгӏан ракӏ гӏагарлъулин, цӏикӏкӏун цӏалин Ватӏаналде абун гӏадада гурелъул абулеб, дирги буго гьединго. Дагъистаналдаса дун киданиги тӏечӏо, тӏезеги гьечӏо, лъагӏалида жанив чанго нухалъ щола, хӏалтӏул суалазда хурхунги дирго мурадаздаги. КЭМЗ концерналъул генералияв директор Ахӏматӏовасда кӏвана биххизе, чӏунтизе течӏого заводги заводалъул коллективги цӏунизе, гьеб цебетӏеялъе ресалги сурсаталги ратизе. Гьесул гӏадинаб бажари-гьунар бугев, гьев гӏадинав гӏуцӏарухъан гӏемер ватиларо республикаялда. Дунги кутакалда вохарав вуго гьесул нухмалъиялда гъоркь гӏемераб заманалда хӏалтӏулев вукӏиналдаса. Доба, Гъизляралда, буго дир мина-рукъ, дора рукъун руго дир эбел-эмен, дове гурого тӏокӏав киве дунги вуссинев…
Гӏабаш Гӏабашилов
Щвараб хӏехьезеги яхӏ къваригӏуна
Ассалам гӏалайкум, Рамазан-хӏажи,
Гьинухъел чӏухӏарав цӏунтӏадерил вас.
Гӏагарлъиялъе мун — мугъчӏвалеб «кьуру»,
Ибрагьим-хӏажилги «кваранаб квер» мун.
Бакъуца ракьалъе хинлъи киниги,
Гӏадамазе дуца бикьула лъикӏлъи.
Рогьалилъ баккулеб бакъул чӏор гӏадин,
Кумек дурги щола хӏажалъаразе.
Гӏадатав, гӏакъилав, гӏумру бичӏчӏарав,
Гӏаданлъи кӏудияв, гӏамал гьитӏинав,
Чӏухӏи рекӏелъ гьечӏев ритӏухъав инсан,
Аллагьас дуй кьеги халатаб гӏумру.
Захӏмат баччун хадуб бигьалъи щола,
Щвараб хӏехьезеги яхӏ къваригӏуна.
Ургъел рикӏкӏалъаги рохел цӏикӏкӏаги,
Рахӏманас цӏунаги балагьаздаса.
Мухӏаммад ГЪАЗИМУХӏАММАДОВ,
Унсоколо район, Балахьуни росу