«Хӏакъикъат» газеталъул 28-абилеб номералда бахъараб Мухӏамад Гӏабдулхабировасул хӏакъалъулъ хъвараб макъала батидал, дидаги ракӏалде ккана гьесул хӏакъалъулъ дирго пикраби загьир гьаризе. Гӏурабго заман буго дир гьесулгун лъай-хъвай ккаралдаса. Ва щибаб дандчӏваялъ дие рагьула цӏи-цӏияв Гӏабдулхабиров.
Москваялда гӏумру гьабун вугев тохтур, Цӏумада районалъул Гъоркьа Гьаквариса Мухӏамад Гӏабдулхабиров лъаларев чи ватиларо Дагъистаналда. Лъала гьев, тохтур хӏисабалда гуревги, лъикӏав инсан гӏадинги. Сундулъха бугеб гьев магӏаруласул лъикӏлъи? Гьеб бичӏчӏула, цо щуго минуталъ гьесухъ гӏенекканигицин. Унго-унголъунги вугевдай цоги инсан, гьесие гӏадин, вижараб ракь бокьулев? Рикӏкӏада Москваялдасан гьесул пикраби роржунел ратила цӏумазул улкайилан цӏар тараб гӏараб районалде. Ва гьелъул мугӏрузул тӏавапги гьабун, гьел жеги щолел ратила лъимерлъиялъулги гӏолохъанлъиялъулги тахлъун, гъанситолъун жиндие бугеб гӏагараб Гъоркьа Гьаквариб росдал годекӏанире…
Чанго нухалда щвана дунги, Мухӏамадгун цадахъ, гьесул ватӏаналде. Ва чанго нухалда рихьана гьев хӏикматав инсанасул ракӏалдещвеязул гьулчун рачӏунел карачелабазул къатӏраби.
Гьесул пикрабазулъ ва анищазулъ даим хӏайранаблъун бугеб росулъе тира-сверизе къва-тӏире рахъана ниж. Ва гьале доб Мухӏамадил пикрабаз ва анищаз рещтӏен гьабулеб алжан. Гьале Мухӏамад чанги сверарал росдал къватӏал. Гьале рорхатал мугӏрул, мугӏрузул ахалъудасан, къад къоялъе саламги кьолаго, къаси сордоялъе аххги бачунаго, чвахун унеб лъар. Гьаб лъарал чилиялдасанги, рорхатал мугӏрузул тӏогьаздасанги, тӏогьазда тӏавап гьабулел пахруял цӏумазул рорженалдасанги байбихьула гьесие Ватӏан.
Гьале гӏалимчиясул рокьи ккараб гӏагараб ракь. Гьаб росдал тарих лъазе ккани, росдал годекӏанире щвани гӏола — гьанир Мухӏамадил жигаралдалъун рагьарал музей-памятниказ бицуна росдал щибаб ганчӏилцин къиса. Гьаб нухалдайин абуни гьес гьениб рагьана тӏохьое бараб памятникги. Гьелда цебеги — росдал къисмат хъвараб чанго памятник.
— Жакъа тӏолабго инсанияталъул хвасарлъи буго гӏакъилаб тӏохьолъ. Гьединаб тӏехьалъ малъула гӏакълу, кьола гӏумруялъул дарсал. Гьединлъидал нилъеца бачӏунеб гӏел куцазе ккола сахал тӏахьазул кьучӏалда. Хӏаракат бахъизе ккола тӏахьазде гьезул рокьи куцазе. Ватӏаналъул букӏинеселъул кӏул кодосел гӏолилазда жакъа бичӏчӏизабизе ккола тӏохьол къуват, — илан абула гьес.
Москваялда вугониги, гьесул ракӏ даим хутӏана мугӏрузда. Росдаде бугеб гӏищкъу гьес бикьула жиндирго хъвай-хъвагӏаязде, анищал гьурщула макъалабазде.
Цоги, дида цӏакъго берцин бихьулеб гӏа-мал-хасиятги буго Мухӏамадил. Санайил, отпускаялъул заманалда, гьев вачӏуна Дагъистаналде. Ракӏ кигӏанго гӏагараб росулъе гӏе-дегӏаниги, гьев цин тахшаралда дандчӏвала бищунго жиндие гӏагараллъун лъугьарал гьудулзабигун. Гьенибги бицуна Дагъистаналъул, гьелъул гӏузрабазул.
Мухӏамадие цӏакъ бокьула Хӏамзатил Расулил творчествоги. Гьесда жиндагоги гӏезегӏан лъикӏ лъалаан шагӏир. Гьал къояздайин абуни къватӏибе бачӏана Расулил хӏакъалъулъ хъварал макъалабаздасан гьес данде гьабураб тӏехь.
Гьединав вуго гӏагараб ракьалъухъ гӏищкъу бергьарав, лъикӏав инсан, махщел камилав тохтур, гӏалимчи, нилъер Мухӏамад Гӏабдулхабиров.
Шамай Хъазанбиева