Цебего бицунеб рагӏун букӏана хурдузул «мацӏги лъалей», щивав унтарасул хасияталда рекъараб дарманги тӏаса бищун бажарулей фитотерапевтлъун рикӏкӏуней Гъуниб районалъул Хьиндахъ росулъа Марям Муртузагӏалиевалъул хӏакъалъулъ. Онкологиял унтаби сах гьариялъулъ хурдул хӏалтӏизариялъул хӏакъалъулъ докладгун гьей цее яхъана фитотерапевтазул халкъазда гьоркьосел съездазда. Жиндирго ригьалъухъ балагьичӏого гьей цӏалана РУДНалъул фитотерапиялъул курсаздаги. 70 сонил ригьалде яхарай, гӏажаибай магӏарулалъул гӏумруялъулъ халкъияб медицинаялъ кидаго гуро бакӏ ккун букӏараб. Хурдуздалъун гӏадамал сах гьаризе гьелъ байбихьана 20 соналъ цебе. Гьеб букӏана Марямил гӏумруго хисараб, захӏматаб заман. Гӏадамал сах гьаризе тохлъукьего бижараб гьунаралъул, халкъияб медицинаялда мукӏур гьаризе кӏолел унтабазул ва жиндирго гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицана нижергун ккараб гара-чӏвариялда М. Муртузагӏалиевалъ.

— Марям, гӏадамал сах гьаризе махщел кин духъе щвараб?

— Рак унтиги ккун больницаялда йикӏана дун. Сахлъиялде хьулго букӏинчӏей дир, операциялдаса хадуб, гӏадалнах тӏубанго батӏияб къагӏидаялъ хӏалтӏизе байбихьана. Хӏухьелги ракӏги чӏун, лъавуде ячӏунарого хутӏарай дир гӏакълуялъулъ хиса-басиял ккана. Дида бичӏчӏулеб букӏинчӏо сверухъ щиб кколеб бугебали. Дир гӏадалнах дунгун «кӏалъазе байбихьана». Гьелдаса хадуб дида гӏадамазул унтабиги ричӏчӏизе лъугьана. Сахлъиялъухъ балагьун инсанасул гӏумру халатаб букӏине бугищали бичӏчӏула дида. Масала, бокьарав чиясул кверазухъ ва гьурмахъ балагьун бичӏчӏула гьесул гӏумру халатаб букӏине бугищали. Гьесул унтуда данде къеркьезе кигӏанасеб заман кьун бугебали лъазе кӏола. Амма унтарасухъ балагьун, гьесул хӏакъалъулъ дида лъалеб жоялда рекъон дица дару гьабуларо. Дихъе кумек гьарун вачӏарав чиясул кинаб унти бугебали бичӏчӏаниги, дица гьев витӏула гьеб рахъалъул тохтурасухъе. Дида лъалеб жо гӏадатияб медицинаялъги битӏараблъун бихьизабун хадуб хъвала дица унтарасе дандекколел хурдул. Тохтурас гьабураб цӏех-рехги, дида бихьараб унтиги кидаго цого батула.

— Фитотерапевтазул халкъазда гьоркьосеб съездалде кин ккарай?

— 12 соналъ цебе дица сах гьавуна онкологиялъ унтун вукӏарав Пачалихъияб Думаялъул цо депутат. Гьесул гьуърузулъ букӏана рак. Германиялда гьесда абун буго цояб гьуэр къотӏизе кколин абун. Гьев разилъун гьечӏо. Дагъистаналда пуланай гӏаданалъ онкологиялъ унтарал сах гьарулел ругин рагӏун, дихъе вачӏана. Кӏиго соналда жаниб сах гьавуна дица гьев. Гьелдаса хадуб дун Москваялде ахӏулей йикӏана гьес, тохтурлъун цӏализе. Депутатасги гьесул гьалмагъзабазги абулеб букӏана дида институталда цӏализе лъелин. Дун разилъичӏо. Гьанже херлъидал дие гьеб щайин абун тана.

Хадуйги гьез дун ахӏана фитотерапевтазул халкъазда гьоркьосеб съездалда гӏахьаллъизе. Дир гӏакълуялъги гӏадалнахалъги гьебжо бачӏинахъего къабулги гьабуна. Съездалда докладгун цее яхъана дун. Руччабазул органазул, гьуърузул онкология, гемангиома (кӏудияб гӏолеб) унти ва цогидалги квешал унтаби хурдуздалъун сах гьарулеб къагӏидаялъул хӏакъалъулъ бицана дица гьениб. Кинавниги 150 фитотерапевт гӏахьаллъана гьеб съездалда. Гьелдаса нахъе дун фитотерапевтазул ассоциациялда гьоркьойги йиго. Гӏахьаллъула съездаздаги. Дун тӏоцее гӏахьаллъараб съездалдаса хадуб къватӏибе биччараб тӏехьалда дир докладги буго кьун. Амма гьеб тӏехь бичизе ва халкъалда гьоркьоб тӏибитӏизабизе бегьуларо. Гьеб ккола съездалъул гӏахьалчагӏазул хасаб буголъи.

— Гӏадамазе дару гьабизе ихтияр бугищ духъ? Щиб абулеб дур пишаялда гӏадатияб медицинаялъ?

— Дица хурдуздалъун гӏадамазе дару гьабизе байбихьараб мехалда гӏемерисел дихъ божилъи гьечӏого ралагьулаан. Гьанже цо-цо тохтурзабигицин рачӏуна дихъе хӏажатаб даруяб хер босизе. Гьезда бихьулеб бугелъул дица гьезул пациентазе кумек гьабулеб букӏин. Гьуърузул туберкулёма ва цогидал онкологиял унтабазе дару гьабиялъул къагӏидаялъул патент босана дихъа чанго соналъ цебеккун Америкаялъул фитотерапиялъул компаниялъ. Гьединго дир къагӏидаялъул хӏакъалъулъ цӏехон, гьеб бичеян абун вачӏун вукӏана Индонезиялдаса целитель. Гӏизраилалдаса гӏалимчи, фитотерапевтас босана руччабазул лугбазул эндометрия сах гьабиялъул къагӏида. Гьел къагӏидаби дицаго хӏалтӏизаризе бегьула, амма гӏадамазда гьоркьоб тӏиритӏизаризе бегьуларо, дица гьел чияе ричаралъул.

Халкъияб медицина гьабизе байбихьизе бегьула химиялъул анлъго курс гьабун хадуб. Гьеб мехалда халкъиялъ гӏадатиялъе кумек гьабула. Гӏадатиялдаса батӏа гьабуларо халкъияб медицина. Гьедин гьабизе лъикӏабги гьечӏо. Инсанасул гӏумруялъул жаваб кьезе ккезе бугелъул хадуб дица. Фитотерапиядай яги гӏадатияб медицинадай тӏаса бищилаян васвасдулев чиги тохтурасухъе витӏула. Гьединлъидал дихъе рачӏарал унтаразул 50 процент гӏадатияб медицинаялдаса пайда босизе уна. Дида гьеб къагӏида лъикӏаблъунги бихьула.

— Дур умумузда гьоркьор ру-кӏанищ халкъияб медицинаялъул махщелчагӏи?

— Рукӏинчӏо. Дир кӏиго яс йиго. Кӏудияй психолог, гьитӏинай художник. Кӏудиялда лъала дир махщел, кумек гьабула, кинаб хер щиб унтуе дандекколебали лъала. Психологияб лъай гьечӏого гьаб хӏалтӏи гьабун киназухъаго гуро бажарулеб. Тӏубараб къоялъ дихъе 20 унтарав вачӏани, гьезда гьоркьор цӏикӏкӏарасел васвасдулел рукӏуна. Гӏемер дандчӏвала нилъер энергия бахъулел (энергетические вампиры) гӏадамал. Гьезда рекъон кӏалъани, къасиялде тамахлъун ккола. Гьединал гӏадамал жидерго кинабго захӏмалъиги диде гьурщун уна. Гьез жидерго бетӏер бакӏал пикрабаздаса эркен гьабула. Унтарасулгун гара-чӏвари — гьеб буго бищунго захӏматаб хӏалтӏи. Дихъе рачӏуна сахлъилин хьул къотӏарал. Гьединал гӏадамазе битӏараб гӏакълу кьезе, гьезда гьоркьоса щив къабул гьавилевали, лъие инкар гьабилебали хӏукму гьабизе ккола. Гьениб кидаго психологияб лъаялъ кумек гьабула. Дун цееса ун хадуб, ясалъ гьаб махщел бокьани тӏаса бищила, бокьани психологлъун хӏалтӏулей йикӏина.

— Гӏадамал сах гьаризе байби-хьизегӏан щиб хӏалтӏи-пишаялда мун йикӏарай?

— Гӏолохъанаб мехалда чанго батӏияб махщалие цӏалана. 20 соналъ хӏалтӏана прораблъун. Тӏасияб Гъуниб кӏудияй экономистлъун, инженер-сметчиклъун хӏалтӏана. 25 соналъ юкъарана. Гьеб буго дие цӏакъ бокьулеб махщел. Гьабсагӏат тӏад бугеб гурдеги дицаго букъараб буго. Чияр квералъ букъараб ретӏел дида рекъоларо, данде кколаро. Махщелазде хехго ругьунлъула дун, гьитӏинаб къоялдаса нахъе цогидазул кумек гьечӏого гӏумру гьабизе ругьунай йикӏиналъ.

Кӏиго сон барай яс йикӏана дун, эбел-эменги ратӏалъун кӏодохъ хутӏидал. Дица эбел-инсуда гӏайиб гьабуларо. Баркала буго гьезие дие гӏумру кьуралъухъ. Дун гьадинай гьаюралъухъ. Баркала буго бесдал эбелалъеги дир тӏалаб гьабуралъухъ. Бигьаяб жо батиларо чияр лъимадул ретӏел чурун, квен кьун, хъулухъ гьабизе.

— Кинал унтабигун рачӏунел духъе гӏадамал?

— Улкаялъулго батӏи-батӏиял регионаздаса унтарал рачӏуна дихъе. Аслияб къагӏидаялъ рикӏкӏадаса рачӏуна онкологиялъ унтарал гӏадамал. Цунтрузда данде хурдул росизе рачӏуна. Гьединго организм бацӏцӏад гьабизеян рачӏуна. Бокьараб гӏузруялъе дару буго дунялалда бижун. Гьелъул пайда щвеян абуни, инсанасул гӏакълуялда къимат кьезе кӏолареб психикияб хӏалалда бараб буго. Онкологиялъул буго 72 тайпа. Гьеб сах гьабизеги кӏола. Гьеб унтукьа ворчӏизе кӏолищ яги кӏоларищ гьесдаяли живго унтарасда бараб буго.

XХӀ гӏасруялъул гӏадамал психологияб рахъалъ хӏадурлъи бугеллъун, цӏуна-къараллъун рукӏине ккола. Дунял хисун буго. Унтабиги советияб заманаде дандеккун 50 проценталъ цӏикӏкӏун руго. 15 соналъ цебе онкологияб клиникаялде щведал лъабго-ункъо бакӏ гурони букӏунароан иргаялда чӏарал кӏусизе. Гьанжеян абуни иргаялда чӏаразул читӏир рагьу тун къватӏибецин щун букӏуна.

— Унтаби цӏикӏкӏиналъе гӏилла-лъун щиб дуца рикӏкӏунеб?

— Инсанасул гӏумру берда цебе хисулеб буго. Сахлъиялъе заралияб техника цӏикӏкӏун буго. Квен хашлъулеб буго. Цунтрулги 20 нухалъ цӏикӏкӏун руго инсанасул чорхолъ. Гьанже нилъеца хӏалтӏизабулеб квен, нилъеялдаса цунтрузе пайдаяблъун ккола. Гӏадамазда ракӏ хварал, барщун чӏарал, жахӏда рекӏелъ бугел гӏадамал цӏикӏкӏун унтула. Гьединлъидал дица унтаразда абула киданиги цоцазда ракӏхвезе, цебе букӏараб ракӏбакъвай ракӏалде щвезабизе бегьуларин. Гӏумру къокълъизе ва унтизе бокьани, цебе аралъул ургъел гьабе, ракӏхун рукӏа.

Нагагь дихъе цогидазда хехго ракӏхолев, къварилъахъдулев чи вачӏани дица гьесда абула, ццидал къвачӏаялъул ва ургьисалабазул хал гьабеян. Жахӏдаяв ва ракӏхолев чиясул чорхолъ ганчӏал ратизе рес буго. Гьеб хӏалалда кидаго вукӏунев чиясул сфинктер къала ва ццин чӏун хутӏула. Хадуб гьеб ганчӏазде яги салуде буссуна.

Гӏадамасда ракӏхун йикӏунаро дун. Кинавго чиясул гӏамал ва гӏадалнах цого букӏунаро. Дие квешлъи гьабураздасагицин тӏаса лъугьаянги абула, амма хӏаракат бахъула гьездаса рикӏкӏад чӏезе. Цогидазда ццим бахъинчӏого, нилъерго хасияталда тӏад хӏалтӏизе ккола. Нилъ лъицаго къварид гьаруларо, нилъецаго гьезие гьеб ихтияр кьун хадуб гурони. Цогидав чиясул хасиятги, гӏумру гьабиялъул къагӏидаги, дунялалдехун бугеб бербалагьиги хисизабун нилъехъа бажаруларо. Гьелъул гӏаксалда, нилъерго хасият хисизабизе ккола.

П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА