Туризм — Дагъистаналда

Туризм буго гьабсагӏаталда Да-гъистаналда бищунго бицунеб, цебетӏезабулеб бугеб экономикаялъул бутӏа. Номералдаса номералде хъвалебги бицунебги бугониги, гьеб буго гьабсагӏаталда бищунго кӏвар кьолеб тема. Лъагӏалил байбихьудаго бицунеб букӏараб куцалда, цересел соназде дандеккун исана Дагъистаналде рачӏунел туристазул къадарги цӏикӏкӏана, жеги цӏикӏкӏунебги буго.

2023 соналъул январь-июнь моцӏазда Дагъистаналде вачӏун вуго 745 азарго турист. Араб соналде дандеккун, гьеб 10 проценталъ цӏикӏкӏун бугин абулеб буго ДРялъул хӏукуматалъ. Туристал цӏикӏкӏиналъе гӏилла бугин авиарейсал цӏикӏкӏин ва цӏи-цӏиял самолеталъул мухъал рагьийин абулеб буго ДРялъул Туризмалъул ва халкъиял художествиял промыслазул министерствоялъул нухмалъулев Эмин Мердановас.

Туристазул къадарги гьездаса бахунеб хайирги бихьарабго, нилъер гӏадамалги ругьунлъулел руго дагь-дагьккун шартӏал чӏезаризе. (Амма нилъеразе бачӏинахъего цӏикӏкӏун бокьулеблъи лъалеб жо буго, гьединлъидал багьабиги зодоре рахинарулел ругел).

Туристал цӏикӏкӏиналда цадахъ цӏикӏкӏинарищ гьел рещтӏиналъе ралел бакӏалги, кваназе кафеялги, гьанире доре раччизе транспортги. Гьеб кинабго ккола нилъер гӏадамазул чванта биццалъиялъе санагӏатаб шартӏ.

Туристазул гӏемерлъиялъ цо-цо бакӏазда бугеб хӏалкъай бихьарабго, гьаб сапаралдаса разилъанадай гьелин ккола ракӏалде. Масала, дагьал церегӏан къоязда Дербенталда бугеб кьода рахъарал видео-съемкаби рихьараб мехалда гӏадамазе ине нухцин гьечӏоан. Нилъер республикаялде рачӏун ругелъул, гьезул лъикӏал пикрабазги, гьабураб асаралъги нилъее пайда гурони кьеларо. Дагъистаналда ругел берциналщинал бакӏазул маршруталги, жидерго сураталги, бихьаралъул хӏакъалъулъ пикрабиги рукӏуна социалиял гьиназда хъван. Цересел соназде дандеккун, исана гӏемерисел комментариял рукӏана дагъистаналъул гӏадамалги гьезул гьоболлъиги, бихьараб берцинаб тӏабигӏаталъулги лъикӏаб рахъалдасан хъварал. Гьединал комментариял рихьаралго ракӏ бохизе бачӏуна, гӏарцул гурони, гӏаданлъиялъул ургъел бугелги камун гьечӏолъи бихьула.

Гьел гьанире рачӏиндал батилин ккола, республика бахун къватӏирехун нилъерал инеги цӏикӏкӏун байбихьараб.

Кисловодскиялъул бацӏцӏадаб гьава

Рии буго киназего хӏалтӏудаса хӏухьбахъи гьабизеги бокьулеб,

бацӏцӏадаб гьава цӏузе тӏабигӏа-талдеги, ралъдахъеги гӏадамал цӏикӏкӏун хьвадулеб заман.

Гьале лъабабилеб соналъ тӏатӏала сапаралъ рахъана ниж Ставрополь краялъул курортазулал шагьаразде. Кавказалъул Минералиял лъиназул курортазда гьоркьоб Кисловодск буго бищун киназдаго лъалеб, рагӏараб, берцинаб тӏабигӏаталъул, багӏарараб мехалдаги гьогьомараб гьаваялъул шагьар. Кисловодск гурониги, Пятигорск, Железноводск, Ессентукиги руго гӏурччинлъи гӏемерал шагьарал, амма дида бихьараб бакӏалдаса гӏебеде бищунго цӏикӏкӏун туристал рачӏунел руго Кисловодскиялде. Цохӏо миллияб паркалъул хӏисаб гьабуни, 965 га гӏурччинлъиялъ, батӏи-батӏиял гъутӏбуз бацараб рохьосан унаго букӏунеб бигьалъи гьава цӏазеги, беразе рахӏатги, рекӏее парахалъиги.

Санаториязгун курортаз цӏураб

шагьаралда, кирехун аниги, кире щваниги кинабго буго хӏухьба-хъулезе лъикӏал шартӏалги ресалги чӏезарураб.

Гьел курортазул шагьаразул берцинлъи, бицинчӏониги гӏеме-рисезда бихьун батила, амма цо нухалда щварав чиясе тӏад-тӏадвуссунги ине бокьула гьенире гӏурччинлъиялъулги минералиял лъиназулги гӏемерлъиялъ.

Кисловодскиялда бугеб Курорталъулаб бульваралда тирулеб мехалда ракӏалде ккана, Дагъистаналде туристал рачӏун, гьенир ругел киналго гӏадамал Кисловодскиялда рещтӏун ратилин. Гьедигӏанги гӏемерал нилъер республикаялдаса гӏадамал рукӏана цохӏо гьеб шагьаралда.

Ракӏ бохизабулеб хӏужа букӏана, ниж Дагъистаналдаса рукӏин лъайгун, лъикӏал гӏадамал ругин, нужерги берцинаб тӏабигӏатги, ралъадги, мугӏрулги ругин, нужги щиб бихьизе Дагъистаналдаса рачӏунелин абулел гӏадамал камулел рукӏинчӏолъи.

Багьаби

Курортазул шагьаразда санаториязде, курортазде путевкабазухъ балагьани — 30-50 азарго гъурущ буго 10 къоялъ хӏухьбахъигун сахлъиялъул хӏал лъикӏлъизабиялъе. Хаслихъе, хасало дагьал учузго щвезеги рес буго путевкаби. Амма санатариязде инчӏого, сахлъиялъе лъим гьекъезе хьвадулел, ваннабазде унелги камуларо. Киналго рукӏуна минералиял лъиназул источниказдаса пайда босулел.

Багьабазул хӏисаб гьабуни, Кисловодскиялда шагьар бакьулъ бугеб кӏиго рукъалъулаб квартираялъухъ 2500-3500 гъурущ босулеб батани, Дагъистаналда квартирабазухъ босулеб гӏарацги гӏадамал квартирабаздаса къватӏире къотӏиги киназдаго рагӏараб, лъалеб жо буго. Нигӏматазул, пихъил багьабазухъ балагьани, гьел нилъер гьаниялдаса дагьал хираго руго.

Нилъер гьаниб курак, алча, гиригара, малина некӏого барщун, гьелъул сезон лъугӏулеб буго, гьел шагьараздайин абуни гьел гьанжего гьанже барщулел руго.

Газ-бензин цо-кӏиго гъурущалъ учуз буго.

Гьанжесеб «мода»

Гьаб кӏиго-лъабго соналъ лъалаго цӏикӏкӏаниги, цересел соназдаги рукӏана нилъехъе рачӏунел гьалбал. Бищунго Дагъистаналде туристал рачӏиналъе квербакъи гьабунин «ковидалъин» абизе бегьула. Цогидал улкабазде ине щоларого, гьел соназда байбихьана дагь-дагьккун туристаз нилъер рахъ тӏаса бищизе.

Рукӏана сонал, щалниги цоги улкаялде ани, киназго бицунеб, интересалда гьезухъ гӏенеккулеб. Амма жакъа лъицаго гӏажаиблъи гьабуларо щив ватаниги Турциялде, Дубаялде, Египеталде анин абун рагӏидал. Хасго щивав блогер, инстаграмалъул «цӏваби» щвечӏеб улка-ракь хутӏун батиларо.

Цебе кив щив аниги, жиндаго лъан хутӏулеб букӏараб батани, гьанже бахъа-бахъараб гали, щвараб бакӏ, лъикӏаб-квешаб — кинабго нилъеда бихьулеб буго интернеталдасан, социалиял гьиназдасан. Цо рахъалъ гьеб лъикӏ буго, щайгурелъул лъачӏеб лъазеги, бихьичӏеб бихьизеги, цоцазе цӏияб лъикӏаб информация бикьизеги гьелъ квербакъула.

Цоги рахъ босани, бихьизаби-чӏониги бегьулеб, гӏадамал суризарулебги къватӏиб чӏвазабизе ругьунлъун руго гӏадамал.

Хасго Дагъистаналда гӏадатлъун лъугьун буго туристазул шортазулги, гьаниб-доба хъалиян бухӏиялъулги, бихьа-таралъулги бицине.

Рачӏаха, туристалги, гьез бачӏу-неб хайирги бокьулел чагӏаз, гьезул квешал рахъалги къватӏир чӏвазаричӏого, нилъерго мисалалдалъун, берцинго, квеш бихьуларедухъ абизе, гьезда Дагъистаналъул гӏадамазул гьоболлъиги лъикӏал рахъалги рихьизаризе.

Цоги-цогидал шагьараздеги республикабаздеги щвараб мехалда бихьула нилъеда нилъерго ватӏаналъул ва ракьалъул берцинлъи. Гьез гӏадин пайда босани, къачӏани, дагьалищ ругел нилъерги даруял лъиназул иццалги, бацӏцӏадаб гьаваялъул рохьалги.

Патӏимат Мухӏамаева