Ахирал соназ гӏемер бицунеб буго ХӀX гӏасруялда Кавказалъул магӏарулаз эркенлъиялъе ва чияда рачӏолъиялъе гӏоло гьабулеб букӏараб къеркьеялъул, имам Шамилил, Имамат пачалихъалъул хӏакъалъулъ. Тарих лъаларезги, лъалин чӏаразги, гӏелмиял цӏарал ругезул цо-цоязги хӏаракат бахъулеб буго хӏакъикъаталдаса батӏияб «къимат» кьезе халкъияб къеркьеялъе. Бичӏчӏизе ккола, жакъасеб къоялда рекъон къимат кьезе бегьулареблъи цебесеб тарихалъе.

Нилъер тарих балъаргъине лъугьарал цо-цо «гьалмагъзабаз» щибго магӏна-гӏин гьечӏел форумазда, данделъабазда бицунеб гӏахьучӏалъул гӏемер рехсей гьабиларо. Амма рехсела цо мисал. Масала, исана 16-абилеб марталда ДГУялда тӏобитӏана имам Шамилил цӏар кьураб халкъазда гьоркьосебин абулеб форум.

Рехселин гьеб форумалда къабул гьабураб резолюциялъул тӏоцебесеб пункталдаса мухъал: «Национальный герой имам Шамиль… стал одним из основоположником современного многонационального Российского государства». Гьалъул магӏна щиб? Гӏурус мацӏалъ абуни, абсурд. Гьединлъидал, мекъал, кьучӏ гьечӏел баянал, харбал тӏиритӏизарулел гӏемерлъун рукӏиналъ, нижеца гара-чӏвари гьабуна Дагъистаналъул тарихалъул, хасго ХӀX гӏасруялда букӏараб магӏарулазул къеркьеялъул хӏакъалъулъ хъвараб лъебергогӏан тӏехьалъул автор, машгьурав гӏалимчи, тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор Хӏажимурад Доногъолгун.

Сундулъго къваригӏуна

мухӏканлъи

— Хӏажимурад, щай ахираб за-маналда Кавказалъул рагъда, имам Шамилида хурхун социалиял гьиназдаги жамгӏияталдаги гьал бахӏсал, харбал гӏемерлъулел ругел?

— Дагъистаналъул машгьурав тарихчи, кавказовед, профессор Расул Мухӏамадовас хъвана «Большая личность будоражит умы людей на напряженных этапах общества», — абун. Гьелъги батилаха, гьаб хӏалуцараб XХӀ гӏасруялъул байбихьуда имам Шамилидеги гьесул къеркьеялдеги кӏвар буссунеб бугеб. Халкъалъ цебесеб тарихалде кӏвар кьей лъикӏаб иш буго. Квеш ккараб жо буго, тарихалъе мекъаб къимат кьолеб къапилаялда гьоркьор тарихалъул гӏелмуялъул рахъалъ жагьилал гӏадамал гурелги, гӏелмиял цӏарал ругел цо-цо тарихчагӏи ратиги.

Социалиял гьиназда цоцазде «хӏапдолел» рукӏинчӏого, чӏаха цо столалда нахъа, рихьизаре хӏужаби, архивалъул документал. Архивазул документазулги мухӏканаб анализ гьабизе ккола. Пачаясул офицерзабаз, доб заманалъул тарихчагӏаз хъварал документазул киналго гуро ритӏухъал, кьочӏое росизе бегьулел рукӏунел. Гьел рукӏуна жидедего цӏарал, дандиял гӏодорегӏан гьарулел.

Дандекквезе ккола нилъер бакӏалъулал чагӏаз, доб рагъул гӏахьалчагӏаз ва нугӏзаз хъваралде, гьездаса хадусеб гӏелалъ хъваралде.

Кинабго мухӏканго цӏехон, тарихияб гъалатӏ биччачӏого хъвазе ккола. Щайин абуни, гӏадатияб заманалъулги, гӏадатияв чиясулги хӏакъалъулъ гурелъул бицунебги хъвалебги бугеб.

Шамил асир гьавичӏо

— Гъуниб магӏарда Шамил асир гьавунищ ялъуни гара-чӏвариязде вачӏарав чийищ ккурав? Гьеб суалалда сверухъги руго бахӏсал. Тарихчи, шамиловед хӏисабалда дуца щиб абулеб?

— Тӏоцебесеб иргаялда, асирлъуде чи уна квералги рорхун, кодоб хъахӏаб байрахъги ккун. Сардаргун дандчӏваялде имам Шамил ана бан ярагъгун рекӏун чодагун. Полковник Лазаревас, Барятинскиясе мунгун дандчӏвазе бокьун бугин чанго нухалъ гьарун, вачӏана имам Шамил гьевгун дандчӏвазе. Шамилил нигат букӏана ахиралде щвезегӏан вагъизе. Амма цадахъ хутӏарал муридзабаз Гъазимухӏамадида гьарана инсуда абейин гиназгун дандчӏвазе айилан абун.

Барятинскиясулгун дандчӏваялда къотӏи гьабуна рагъ лъугӏизе тезе. Лазаревасулгун Гъуниб росдал рагӏалда букӏараб дандчӏваялда гьес Шамилида абун букӏана сардаргун дандчӏван хадув мун тӏадвуссун росулъего виччазе вугин ва хадубккун хӏежалде инеги рес кьезе бугин. Барятинскияс Шамилида абула, дур суал жинца тӏубалеб жо гурин, гьеб пачаясул ихтияралда бугин.

Гьелдаса хадуб имам хъачӏго кӏалъала Лазаревасда кьураб рагӏи хвезабунинги абун. Бихьулеб букӏахъе, Шамил асирлъуде инчӏо, дандчӏваялде вачӏарав чи, макру гьабун, ккуна. Цере-цере цоцазда божунгутӏиялъул, къотӏи-къаял хвезариялъул хӏужаби ккун рукӏиналъ батизе бегьула, Шамил нахъе виччачӏолъиялъе гӏиллаги.

— Художник Теодор Гольшетица бахъараб, тӏехьалдаса тӏехьалде рехулеб сураталда гъоркь хъван буго: «Фельдмаршал Барятинский принимает пленного Шамиля» абун. Гьелдасан бижараб далил гьечӏодай Гъуниб магӏарда имам асир гьавунин абиги?

— Т. Гольшет хӏакъикъаталдаги Гъуниб магӏарда вукӏана. Амма гьес гьеб сурат бахъун буго рагъ лъугӏун анцӏго сон индал, Барятинскиясул гьитӏинав вац Владимирица гьарун. Барятинский гӏодов чӏун, Шамил гьесда цеве эхетун вихьизави буго Владимирил тӏадкъай тӏубазабулаго, гьесда лъикӏ вихьизе (гьайгьай мухьги кьун батиларищха) хӏаракат бахъи.

25 соналъ пачаясул Россиягун вагъулев вукӏарав, жиндирго пачалихъги бугев, пачалихъалъул бетӏерасулгун дандчӏваялда А. Барятинский гӏодов чӏун, Шамил гьесда аскӏов эхетун вукӏине рес гьечӏо. Гьеб букӏинаан кӏалъа-басаязул къанун, этикет цӏунунгутӏи. Гьединлъидал битӏараб, хӏакъикъияб ритӏухълъи бихьизабураблъун гьеб сурат рикӏкӏине бегьуларо.

Кӏиабилеб, имам Шамилилги А. Барятинскиясулги дандчӏвай букӏана майданлъи ккараб гӏурччинаб гӏурдада, гьениб аскӏоб букӏараб кьурда, ганчӏида цебе. Гьеб кьурда 1859 соналъул 25 августалда гьабун букӏана гьадинаб хъвай-хъвагӏай: «1859 года 25 августа, четыре часа пополудни» абун, ай гара-чӏвариялги гьарун рагъ лъугӏизе теялъул къотӏи-къай гьабураб заман. Хадуб, пачаясул Россия Дагъистаналда щулалъидал гьабуна батӏияб хъвай-хъвагӏай: «На сем камне восседал генерал-фельдмаршал, князь Барятинский, принимая пленного Шамиля 25 августа 1859 года», — абун.

— Социалиял гьиназда чанго интервьюялда тарихчӏужу Патӏимат Тахӏнаевалъ абулеб буго, имам Шамил Дагъистаналъулги Чачаназулги имам вукӏинчӏилан, щивчи вукӏунилан гьесулгун Барятинскияс къотӏи – къаял гьаризе рукӏаралилан. Гьелъ рехсолел гьединал ва гьезда релъарал гӏахьучӏал гӏемер руго.

— Щиб мурадалда Дагъистанияй – тарихчӏужуялъ, магӏарулалъ гьединал жал абулел ругелали бичӏуларо. Кинаб рокьукълъи букӏине кколеб гӏагараб халкъалъул тарихалде тударизе.

Шамил Дагъистаналъул имамлъун вищана Хӏамзатбег имам чӏван хадуб 1834 соналда Гӏашилтӏа росулъ. Имамлъун вищизе разилъи кьоларого вукӏана Шамил. Гьес инкар гьабулеб букӏана гьеб иш тӏаде босизе. Гӏарахъ мегӏералдаса рикӏкӏад гьечӏеб, Гьоркьобкӏалин абулеб бакӏалде данделъарал гӏалимзабаз, щибаб виллаяталъул вакилзабаз Шамил мукӏур гьавуна имамлъи тӏаде босизе. Хадуб гӏагардегӏан бугеб Гӏашилтӏа росдал мажгиталда Шамил имамлъун вищи тасдикъ гьабуна.

Чачаназул имамлъун Шамил вищана Ахӏулгохӏда ккараб рагъалдаса хадув, 1840 соналъул март моцӏалда. П. Тахӏнаевалъ абухъе чачаназул имамлъун Ташавхӏажияв вукӏинчӏо. Гьев вукӏана Шамилил наиб.

Шамил вукӏинчӏо гъачагълъун, ялъуни кинавалиго бунтарьлъун. Гьев вукӏана пачаясде данде бахъараб халкъалъул цевехъан. Гьес гӏуцӏана хасаб пачалихъ – Имамат. Гьеб пачалихъалда гӏадал ритӏухъал, гьанжесеб мацӏалда абуни демократиял рахъал европаялъул пачалихъаздацин рукӏинчӏо.

Шамилги, гьесул къеркьейги лъалаан Турциялда, Ираналда гуребги Англиялда, Франциялда. Пачалихъалъул бетӏер хӏисабалда дандчӏвана гьев Барятинскийгун. Пачалихъалъул, Имаматалъул бетӏерлъун гьев вукӏиндал.

Асир вукӏаравани, гьев Е. Пугачев гӏадин клеткаялъувги тӏамун чӏвазе вачинаан.

Харьков губерниялъул Чугуевалда лъагӏалида жаниб цо нухалда тӏоритӏулаан Россиялъул аскаразул халгьабиял.

Петербургалде унев Шамилилги аскаразул халгьабиялде вачӏарав пача Александр Кӏиабилевги гьенир дандчӏвана. Гьеб букӏана хинаб дандчӏвай, пачаяс Шамилида къвал бан квер босана. Кидаго лъилгунниги букӏинчӏеб гӏадинаб хӏурматияб дандчӏвай пачаяс гьабиялда гӏажа-иблъун рукӏана сверухъ рукӏарал. Асир гьедин кӏодо гьавуларо. Абизе ккола гьобол хӏисабалда тӏалаб гьабунин пачаяс имам Шамилил.

Хадув хӏежалде унаго Турциялда Султӏанас, Египедалъул хедивас (Султӏанасул Египедалда тарав бетӏер). Ай пачалихъазул бутӏруца гьев кӏодо гьави тарихалда буго.

— Гьал къоязда дихъе щвана дагьаб цебе къватӏибе бачӏараб, дуца цӏех-рехал гьарун ракӏарарал архиваздаса документазулгун материалазул «Кавказский архив» абураб тӏехь. Дол соназул хӏакъикъат рагьулеб анцӏ-анцӏ документ буго гьениб. Гьездаго гьоркьоб Шамилихъе хъварал, гьес хъварал кагътал, жеги лъалел рукӏинчӏел тарихиял документал…

— Гьел цӏехолаго дун хӏалтӏана Москваялъул, Санкт-Петербургалъул, Казаналъул, Типлисалъул архивазда. Дихъе щвана жеги чанго тӏехь бахъизе гӏурал къиматал документал. Цо чиясе гьеб захӏматаб иш буго, бугониги, иншаАллагь, гьелги рахъила.

Шамилил библиотека

ва музей хӏажат буго

— Къватӏисел пачалихъазул архиваздаги дагьал ратиларо имам Шамилидаги Кавказалъул рагъдаги хурхарал документал. Масала, Турциялъул архивазда.

— Хӏакъаб жо, Турциялъул, Ира-

налъул, Азербайжаналъул, Гӏизраи-лалъул, Польшаялъул, Англиялъул, Франциялъул, СШАялъул, гӏагараб бакъбаккуда ругел цо-цо гӏарабазул улкабазул архивазда гьединал документал рукӏин. Цо чиясухъа гьеб бакӏарун бажаруларо. Буго халкъалда гьоркьосеб Шамилил цӏаралда бугеб фонд. Гьез тӏалаб гьабизе, цӏехезе ккела. Гьелдаса аслияб хӏалтӏи цоги щиб бугеб фондалъул?

Дун гьеб фондалда хӏалтӏулев вукӏараб заманалдаги ва гьанжеги дица абулеб буго пайдаяб хӏалтӏи гьабулеб батани, гьабе Шамилил фондалъул библиотекайилан. Гьенире ракӏаре Шамилида ва Кавказалъул рагъда хурхарал тӏахьал, бакӏ-бакӏазда ругел архиваздаса документазул копиял, гӏуцӏе каталог. Кир ругел нижеца цере ракӏарун рукӏарал тӏахьал?

— Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаевасе кьуна дица гьеб суал. Гьел тӏахьал кир ругелали жинда лъаларин абуна гьес. Батирайил къотӏноб бугеб Гранд-Плаза абураб минаялъуб кӏиго-лъабго рукъги арендаялъе босун, гьениб хӏебтӏун бугила фонд. Лъеберго сон унеб бугила фондалъе мина кьеян тӏалъиялда гьарулаго, гьеб щолеб гьечӏила. В. Васильев республикаялъул бетӏерлъун вукӏараб мехалда, филармониялъул мина кьезехъин букӏанила фондалъе, амма Культураялъул министерство гьоркьоб речӏчӏун, кьезе биччачӏила.

— Гьаб кӏудияб шагьаралда фондалъе хасаб бакӏ кьезе захӏматаб ишищ бугеб шагьаралъул ва республикаялъул нухмалъулезе? Щай бегьулареб ракьул участок тӏалаб гьабизе. Гьениб базе бегьилаан фондалъе мина, рагьизе бегьилаан Шамилил музей, библиотека, ай гьеб букӏинаан рухӏияб центрлъун. Гьеб ишалъе квербакъулел сахаватал дагъистаниялги гӏезегӏан рукӏинаан.

Турциялда ругел Кавказалъул магӏарулазул мугьажирзабазул хӏа-къалъулъ тӏехь хъварав, тарихиял гӏелмабазул кандидат Гӏамирхан Мухӏамаддадаевас бицана Стамбулалъул Бахӏария Джаресси проспекталда бугин шейх Шамилил библиотека. Гьеб гӏуцӏун бугин 100-150 соналъ цебе, Дагъистаналдаса Турциялде гочарал мугьажирзабазул наслуялъул гӏадамаз. Библиотекаялде бакӏарун буго ХӀX-XХӀ гӏасрабазда къватӏибе бачӏараб имам Шамилида, Кавказалъул рагъда хурхараб – авар, гӏурус, турк, гӏараб, паранг, ингилис, немец, фарс, поляк, иврит мацӏазда лъабазаргоялдаса цӏикӏкӏун тӏехь. Гьеб темаялда хурхараб кинаб тӏехь кибниги бахъани, гьез библиотекаялде бачӏинабулеб буго. Турциялда — Шамилил библиотека, Калугаялда – музей-рукъ. Нилъехъ щиб бугеб?

1993 соналъул 22 августалда Шамилил фондалъул нухмалъулевлъун мунагьал чураяв Дибир Мухӏамадов вугеб мехалда Махӏачхъалаялъул Октябралъ 50 сон тӏубаялъул паркалда Северияб Кавказалъул магӏарулаз ХӀX гӏасруялда жидерго эркенлъиги къадруги цӏунун гьарурал рагъазул гӏахьалчагӏазе сайгъат гьабураб тарихияб мемориалалъе кьучӏ лъун букӏана.

Гьеб гьединго хутӏана. Бицинарин хӏорго хутӏараб имам Шамилие памятник баялъул суалалъулги. Гьабунани гӏураб хӏалтӏи буго Шамилил фондалъе.

Хӏамзатбег имамасул

ясалъул хоб — Гьеллиб

— Ахираб 20-30 соналда жаниб тарихчагӏаз, краеведаз Дагъистаналда ва Чачаналда хабзалазулъ гьарурал цӏех-рехаз тӏатинаруна Кавказалъул рагъда шагьидлъарал наибзаби, рагъул гӏахьалчагӏи рукъарал бакӏал, гьел хвараб заман. Заназда гьарурал хъвай-хъвагӏаязги, цо къадаралда, кӏу-дияб кумек гьабулеб буго тарих рагьизе.

— Битӏараб буго, заназда гьарурал хъвай-хъвагӏаяз, цо къадаралда, кумек гьабула бахчараб тарих рагьиялъе. Гьелъие цо мисалги бачина. Кӏиабилев имам Хӏамзатбегил наслу (лъимал) рукӏанищ яги рукӏинчӏищали тарихалдасан лъалеб букӏинчӏо.

Гьанжегӏагар Карабудахкент районалъул Гьелли росулъа Хосар Хосаровасда росдал хабалалъ батана цоцазда аскӏоб чӏвараб кӏиго зани. Цоялда гьабураб хъвай-хъвагӏаялда буго, гьаний юкъун йигин Гӏалискандерил вас Хӏамзатбегил яс Разия абун. Цогидаб кколеб буго гьелъул рос Ибрагьимил. Гьезул наслуги Гьеллиялда, цӏехани, гьайгьай, батила.

Баянаб букӏахъе, Хӏамзатбегил тӏоцеесей чӏужу йикӏана жиндирго яцгӏал Патӏуч. Гьезул лъималазул хӏакъалъулъ баян гьечӏо. Хунзахъ бахъун хадуб гьес гьений ячана Гӏамирхан абурав Чӏанкӏал яс. Хӏамзатбег чӏван хадуб гьаюрай яс ятизе бегьула гьей.

Рос чӏван хадув, жийгоги ургьиб бугеб лъимерги цӏуниялъул мурадалда, гьей лъутун ятизе йиго лъарагӏлъиялде, Гьелли росулъе. Гьений гьаюн ятизе йиго Разияги.

Тӏахьазде чучула ракӏ

— Хӏажимурад, балъголъи бати-чӏони, лъазе бокьилаан щай мун республикаялъул Гӏ. Тахо-Годил цӏаралда бугеб музеялъул директорасул заместителасул хъулухъалдаса нахъе аравали?

— Дун нахъе инчӏо. Инавуна. Музеялъул директорас дида абуна, тӏасан амру бачӏанин мун нахъе витӏеян абун. Гьенив хӏалтӏулаго, цадахъго дица дарсал кьолаан ДГУялдаги. Гьенибги абуна сагӏтал гьечӏилан. Дида лъаларо, щиб такъсир, гӏайиб дир бугебали. Дицаги цӏехечӏо. Лъаларо, дир тӏахьаздаса, лекцияздаса цо-цо бакӏал (ХӀX гӏасруялда хурхарал) гьанжесеб ахӏвал-хӏалалда хурхинарун, бухьинабун хӏалтӏизарулел тӏатун ратизеги бегьула. Аллагьасда лъала. Дир щибго дагӏба гьечӏо, парахат рокъов, дирго тӏахьал хъвалев вуго.

— Сунда тӏад гьабсагӏаталда хӏалтӏулев вугев?

— Цебеккун абухъе, чанго моцӏалъ батӏи-батӏиял архиваздаги хӏалтӏун, дица бакӏарун буго цӏикӏкӏараб къадаралда тарихиял документал. Гӏагараб заманалда хӏадурун лъугӏун руго ва къватӏире рачӏине руго:

«Ахульго» (сборник документов и материалов).

Гьединго документаздаса ва материалаздаса данде гьабураб лъабго тӏехь:

Гъазимухӏамад имам.

Наградная система в имамате.

Биография детей имама Шамиля.

Гара-чӏвари гьабуна

Пайзула Пайзулаевас.