Кунчӏараб къисматалъул гъанситохъ…

Мухӏамад Ибрагьимович Мухӏамадов. Лъикӏав гьалмагъ. Магӏарул мацӏалда тӏад хӏалтӏулев гӏалимчи. Жеги гӏемер лъикӏалги тӏокӏалги рагӏабазе мустахӏикъав вуго Мухӏамад. Исана гьев гьавуралдаса тӏубала 60 сон. Киналго курсцоязул рахъалдасан баркула Мухӏамадида гьайбатаб ва бацӏцӏадаб гӏумруялъул завал. Гьарула гьесие дагьалги тӏадегӏанал гӏелмиял рорха-лъаби мукӏур гьаризе жанги, жигарги, хъизамалъул гъасда бакараб цӏадуе гвангъиги, гвангъарал къасдазе рогьалил гьогьенги, гьуридал гӏедерлъиги, гӏумруялъул нухазда дандчӏвалел гӏазу-цӏерги бураналги секьизаризе къуват бугеб сабруги, сабруялда нур базабулеб гӏакълуги, гӏакълуялдаги тӏегь базабулеб гӏадлуги. Амма лъала гьеб кинабго эбелалъул рахьдада цадахъ гьесул бидулъ бессун бугеблъиги. Мухӏамадил хӏеренаб, гӏадан вичӏчӏулеб, гьесие кумекалъе кидаго хӏадураб, цогиясда, хӏатта жиндехунго рагьун яги балъго рокьукълъи загьир гьабулездагицин, унтулеб рагӏи абизе гьукъараб гӏамал-хасияталъ чанги квалквалги гьабулеб батила гьесие.

Букӏаниги, Мухӏамад нижее, курсцоял гьалмагъзабазе, даим хутӏизе вуго гӏадатлъиялъулги, гӏаданлъиялъулги, тӏадегӏанлъиялъулги кӏудияб мисаллъун.

Ракӏалдещвеязул щенон балеб цӏад

Бокьун буго гӏумруялъул тӏохьол тӏанчал цо лахӏзаталъ нахъехун регизе…

Долдаса нахъе ана 35 сон, тӏоцебе Мухӏамадилгун лъай-хъвай ккаралдаса. Гьеб букӏана 1978 соналъул хасалил сессиялъул заман. Дунги Хунзахъа Нуцалайги, экзамен кьезе ине ирга щвезегӏан, кабинеталъул кӏалтӏа эхетун рукӏана. Гьеб параялъ нижеде аскӏове вачӏана цо студент ва магӏарул мацӏалда кӏалъана. Гьес бицана нижее живги филфакалда цӏалулев вукӏанила, гьале гьанжеги нижер курсалде вачӏанилан.

Дунги Нуцалайги цоцазухъ ралагьана, ва, гьев нахъе индал, цадахъ гӏадин абуна, гьав цо «двоечник» цощина ни-лъер группаялдецин вачӏинадайилан. Нижер тӏоцебесеб группаялда къоло щуго чиясда гьоркьов цониги вукӏинчӏо «3» къиматалда цӏалулев студент. Киналго рукӏана «отличникал» ва «хорошистал». Нижедайин абуни, ккун букӏана Мухӏамад, гъоркьги хутӏун вукӏун, цӏидасанги цӏализе восарав чийилан. Бихьулищха, гьес лъабго курс лъугӏизабун букӏун буго гӏицӏго «5» къиматалда. Цинги лъикӏаблъун бихьун буго армиялда хъулухъ гьаби. Гьес хъулухъ гьабуна Чехословакиялда. Ватӏаналда цебе тӏадаб налъиги тӏубан, Мухӏамад тӏадвуссана институталде. Гьесул хӏакъалъулъ нижерго рукӏарал тӏоцересел пикраби ракӏалдещведал, гьанжеги релъанхъула дунги Нуцалайги.

Экзаменазде хӏадурлъулагоги, Мухӏамадица цӏаларал гӏолаан тӏахьалги. Цинги, цо рокъореги данделъун, гьес бицунаан нижее нижехъа цӏаличӏого хутӏарал тӏахьазул хӏасил. Щиб захӏмалъи-квекӏен цӏалулъ кканиги, ниж гьесухъе унаан.

Цинги — щуабилеб курс. Хунзахъ районалъул Гӏарани гьоркьохъеб школалда ахирисеб практика. Гьениреги цадахъ ккана ниж. Гьеб букӏана цӏакъго талихӏаб заман — гӏанчӏаб гӏолиллъиялъул карачелабалъ чвердолел нижгун сапаралда букӏана магӏарул кечӏ-бакъанги. Гьединго нижгун цадахъ рукӏана гьанже магӏарулазда кочӏохъан хӏисабалда лъалев Хьаргаби районалъул Кӏикӏуниса Мадани Ибрагьимов ва Сайхӏат Хӏажимухӏамадова, Бо-лъихъ районалдаса Агъларов Ахӏмад, Хунзахъ районалъул Бакьайчӏиса Гӏарапат Гьудова, Гъуниб районалъул Сугъралъа Патӏина Абакарова, Хунзахъа Нуцалайги. Хунзахъ тӏалъиялда бараб кӏиябго моцӏалъ (сентябрь-октябрь) нижер гьудуллъи дагьабги щула гьабуна. Ва гьеб тӏалъиялъул Цӏобокь чвахиялъул рагӏалда нижеца гьа бана гьудуллъиялъул ицц къине теларилан.

35 соналъ, беролаго, дандчӏварал захӏмалъабиги гӏанлъулаго, чвахулеб буго нижер гьудуллъиялъул гӏащикъаб, гӏолохъанлъиялъул анищазул цӏураб, роцӏараб ицц. Гьелда хӏохьбазе рещтӏуна ниж, курсцоял, зама-заманалдасан.

Щола ниж Мухӏамадихъеги. Гьалбадерида дандчӏвазе кидаго хӏадурай, хӏурулгӏиналъул хӏеренлъиялъул нур гьурмада бугей Аминатица Мухӏамадил гӏумруялъе кьун буго гӏажаибаб чвахи. Абизе кӏола гьеб чвахиялъулъ гьечӏин цониги хӏабургъараб лъел къатӏра. Гьесул гӏумруялъул нухазда махӏ берцинаб тӏегьлъун йижарай гьелъулги буго доб нижер гьудуллъиялъул ицц къун инчӏолъиялъул бутӏа. Мухӏамадил гьудул-гьалмагъзабазде Аминатил бугеб рокьул къатӏрабазги ахӏула гьеб иццухъе ниж. Гьединай гурони чӏужугӏадан гьесда хьолбохъ йикӏине ресги гьечӏо.

Даимал сапаразда

Гьелги Мухӏамадие бигьа гьарулел ратила лъел цӏурал гӏертӏаллъун даим гьесул гӏумруялъул нухазда ругел вас Даниялицаги, яс Мариятицаги, лъади Аминатицаги.

Дида ккола Мухӏамадил бугин бухӏун щвараб бакъ гӏадаб, роцӏараб зоб гӏадаб, зодор цӏваби гӏадаб кунчӏараб къисматилан. Гъасда бакараб чирахълъунги, чирахъалъул гвангъараб канлъунги хъизамалъеги гьудулзабазеги вугев, сапараздегицин гьеб кунчӏигун вахъунев, гӏаданлъиялъулги гӏадат-лъиялъулги хулжал кидаго цӏовухъе рукӏунев, ракьалда унго-унгояв инсанлъун вукӏиналъул налъи тӏубанго тӏубарав Мухӏамадие гьаризе бокьун буго щулияб сахлъиги, сахаватлъиги, гьабулелъулъ икъбалги.

Жиндиего зарал гӏемераб, гӏадамазе пайда цӏикӏкӏараб ритӏухъаб гӏамалалъ цӏунаги гьев зама-заманалдасан къисматалда хӏунчулеб заз-хъарахъалдаса.

Гӏелмиял свералабазда

1984 сон. Лъугӏана институт. Гьале тӏаде щвана цоцазулгун къо-мех лъикӏ гьабулеб заман. Гьенирго тезе барахщарал гогьлъиги гӏанчӏлъиги нижеца цадахъ росулел рукӏана. Ва жакъаги гьез хасаб бакӏ ккола дир «Ракӏалдещвеязул тӏехьалда».

Мухӏамадица институт лъугӏи-забуна багӏараб дипломалда. Гьенив цӏалулагоги, гьев гӏахьаллъулаан студентазул гӏелмиял конференциязда, цеве вахъунаан докладалгун. Гӏелмуялде Мухӏамадил бугеб цӏайиги, гьесул пагьмуги бихьана институталъул преподавательзабазда. Гьеб тӏатинабуна Мухӏума Чӏегӏерчиевасги. Гьес Мухӏамадил лъай-хъвай гьабуна РАНалъул ДНЦялъул ИИАЭялъул директор Хӏажи Хӏамзатовасулгун.

Байбихьана Мухӏамадил гӏелмиял свералаби…

1984-1988 соназда цӏалана институталъул аспирантураялда.

Кӏудияв лаборант. Гьитӏинав гӏелмияв хӏалтӏухъан. Кӏудияв гӏелмияв хӏалтӏухъан. Аслияв гӏелмияв хӏалтӏухъан. Грамматикиял цӏех-рехазул отделалъул нухмалъулев.

2005-2017 соназ хӏалтӏана РАНалъул ДНЦялъул ИЯЛИялъул директорлъун.

Филологиял гӏелмабазул доктор. Профессор. Дагъистан Республикаялъул гӏелмуялъул мустахӏикъав хӏаракатчи. 2012 соналда Мухӏамадие щвана ДРялъул президентасул грантги.

Магӏарул мацӏалъул бицун, гьев гӏахьаллъана Голландиялда, Германиялда, Америкаялда, Испаниялда, Москваялда, Элистаялда, Грозныялда, Казаналда, Уфаялда ва цогидалги бакӏазда тӏоритӏарал гӏелмиял конференциязда.

Мухӏамадица хъвана 250-ялдасаги цӏикӏкӏун гӏелмияб хӏалтӏи. Гьесул нухмалъиялда гъоркь гӏелмабазуул кандидатасул цӏаралъе диссертация цӏунана 12 чияс.

Мухӏамад ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул членги. Гьес гӏемерал макъалаби хъвана магӏарул хъвадарухъабазул махщелчилъия-лъул хӏакъалъулъ.

60 сон. Гьеб дагьищ яги гӏемерищ гӏалимчиясе? Лъаларо. Амма лъала, гӏагараб миллатги мацӏги цӏуниялъе гьес гӏемер пайдаяб хӏалтӏи гьабуна ва гьабулебги буго. Гьединго Мухӏамад хӏалтӏулев вуго жинцаго гӏелмуялде тӏоцересел галаби тӏамураб ва гӏагараблъун хутӏараб педуниверситеталдаги. Цӏидасанги байбихьулел руго гӏалимчиясул гӏелмиял свералаби…

Лъимерлъиялъул лъалкӏал

Мухӏамад гӏуна гӏемер лъимал ругеб хъизамалда. Гьединазул букӏуна гӏажаибаб хаслъиги. Лъимерлъудасанго гьел ругьунлъула цогидазул тӏалаб гьабизеги, цоцазе кумекалъе ратизеги. Гьезие щвараб тарбиягицин батӏияб букӏуна. Гӏаданлъиялъул къатӏраби гьезулъ цӏикӏкӏунги ратула. Рикӏкӏада хутӏараб лъимерлъуда щвараб тарбиялъул гӏаламатлъун ккола Мухӏамадил чорхолъ бугеб унго-унгояв инсанасул гӏамал-хасият. Гьеб гурищ, ракьалде витӏулелъул, Тӏадегӏанас инсанасда тӏадкъалеб иш — гӏаданлъун вукӏин ва хутӏи. Гьеб борч Мухӏамадица тӏубана. Гьесул гӏумруялъул ругел лъимерлъиялъул лъалкӏазул кенчӏей даимаб батаги.

Шамай Хъазанбиева