Расулилгун рукӏарал дандчӏваял

Гьей йигоан Николаев шагьаралъул горисполкомалъул секретарь

Дида ракӏалде кколааан шигӏручагӏаца хъван, цӏалун, бацӏцӏун, цӏидасан хъван, хӏадур гьабулеб батилин жидерго калам халкъалъухъе кьелелдеян. Лъаларо, гьедин гьабулелги рукӏунел ратила, амма Расулил гьединаб къагӏида гьечӏолъи, гьесие Аллагьасго кьураб пагьму, гьунар, махщел шигӏру-назмуялъе букӏиналда дир ракӏчӏана Расулилгун букӏараб тӏоцебесеб дандчӏваялдаса хадуб.

Гьел рукӏана дол рикӏкӏадал 60-абилел соназ Казбек района-лъул росдал магӏишаталъул начальник Мухӏамадов Гӏабдулгӏазизил бетӏерлъиялда гъоркь, управлениялъул бетӏерав зоотехник Мадаев Мухӏамадрасул, «Цӏияб гӏумру» колхозалъул председатель Сурхаев Къебедилав, Чкаловасул цӏаралда бугеб колхозалъул председатель дунги ун рукӏана Хунзахъе. Нижер сапара-лъул мурадги букӏана нижерго районалъул магӏишатазда гӏиял тайпа лъикӏ гьабизе гӏоло «Дагъистаналъул мугӏрузулаб» тайпаялъул хух боси. Гьел соназ гьединаб тайпадулаб гӏи гӏезабулеб идемстанция букӏана Хунзахъ. Хӏалтӏул къоялъул ахиралдехун Хунзахъе щварал ниж, гостиницая-лъул тӏалаб-агъазалда рукӏаго, тӏаде вачӏана гьел соназда Хунзахъ районалъул прокурорлъун вукӏарав Хӏажиев Загьид. Хъваш-баш гьабун бахъарабго, хъулухъ-къваригӏел цӏехечӏого, Загьидица нижеда абуна: «Метер хунздерица дида щиб абизе бугеб, нуж гостиницаялда сордо бан рукӏанин абуни», — ян. Хех машинаялде нижги рахинарун, жинда хадуб бацӏеян нижее амруги гьабун, Гӏабдулгӏазизги жиндирго машинаялде жаниве вахинавун, Загьидица машина цебехун бачана. Нижееги чара щиб, лъабго къо базегӏан, гьоболасул амруялъухъ гӏенеккизе кколелъул. Загьидил рокъоре щун, квана-гьекъолел рукӏаго, Загьидица абуна: «Нуж парахатго рукӏа, дун цо гьалбадерида дандчӏвай гьабизе ине кколев вуго. Гӏахьвахъ районалде ун букӏараб обкомалъул делегация нахъбуссунеб буго тӏоцевесев секретарь Гӏумахановасул бетӏерлъиялда гъоркь, гьелгун цадахъ Расул Хӏамзатовги вуго», – ян.

Гьел соназда Гӏахьвахъ районалъул цо росу бухӏун букӏана. Гьезде бачӏараб къварилъи загьир гьабизе ун букӏараб къагӏидаха обкомалъул делегация.

Гӏемер заманго иналде, вачӏана Загьид цадахъ Расулгун. Цогидал руссинчӏила, Расулица абунила, Хунзахъеги щун, инсул рукъалъе саламги кьечӏого, жив ине бегьуларилан бицана Загьидица нижее. Загьидица нижер щивасул цӏаралги хӏалтӏулеб бакӏги рехсон, лъай-хъвай гьабуна Расулилгун. Лъай-хъвай гьабун хадуб, нижер киназулго цӏаралдасан, Расулил пагьму-гьунаралъе рецц-бакъ гьабулаго, сахлъиги гӏумруги гьарулаго, Гӏабдулгӏазизица лълъарги борхун, Расулил сахлъиялдасан дагьа-дагьаб жо гьекъана.

Хадусеб иргаялда Загьидица абуна Расулидехун, гьалбадерил хӏурмат гьабун, цо-кӏиго рагӏи абун лъикӏ гурищилан.

Тӏаде вахъунаго, щибиндилаха гьазул хӏакъалъулъ абилебанги рехсолаго, Расулица байбихьана:

Казбекалъул цӏумал,

Цӏар арал васал,

Цӏар-цӏар ккун абилищ

Нужейго тоста.

Босе, Гӏабдулгӏазиз,

Воре, Мухӏамад,

Гьекъе, Къебедилав,

Къулчӏе вац, Расул, – абун.

Ниж риххун, Расулихъ ралагьун хутӏана 10-15 минут гурони инчӏел, цо нухалда Загьидица абун гурони нижер цӏарал рагӏичӏев Расулица, щивасул цӏарал рехсон, гьел рагӏаби абураб мехалда.

Гьеб бакӏалда дида ракӏалде ккана гьале доб Расулие Аллагьас кьураб пагьмуги, гьунарги, махщелги абун.

Кӏиабилеб дандчӏвай Расулилгун букӏана Дилималда. Гьел рукӏанин ккола дида 80-абилел сонал. Нижер районалда унеб букӏана Расулил хъвадарухъанлъиялъул сордо. Гьениб диеги рес щвана районалъул росдал магӏишаталъул хӏалтӏухъабазул цӏаралдасан Расулида баркиялъулал рагӏаби абизе.

Расулил гьунаралъе, дихъаго бажарараб даражаялда къиматги кьолаго, бицана доб Хунзахъ букӏараб дандчӏваялъул хӏакъалъулъги, рикӏкӏана Расулица нижер щивасул адресалда абурал рагӏабиги. Гьимун, рази-ракиго Расулги вукӏана. Гьелде тӏадеги, Анапаялда санаториялда вукӏаго, цо гӏурус миллаталъул гӏаданалъ Расулиеги гьесул гьуна-

ралъеги кьураб къиматалъул хӏакъалъулъ бицана дица гьениб.

Анапаялда армиялда хъулухъ гьабулев вукӏарав васасухъе щвезе вилълъана дун цо къоялъ. Часта-лъул кӏалтӏа рукӏарал гъутӏбукь лъурал хьонбакӏабазул цоялда гӏодой чӏун йигоан цо гӏадан. Цевесан унаго, гьелъие саламги кьун, гьей гӏодой чӏараб хьонбакӏида гӏодовги чӏечӏого, цо гьоркьоб тун, лъабабилеб хьонбакӏида гӏодовчӏун заманго иналде, яхъун ячӏун, дой гӏадан дида аскӏой чӏана, ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб хабар:

– Мун киса вачӏарав кколев?

– Рикӏкӏада мугӏрул улкаялдаса, дица бицаниги, дуда гьеб лъаларо.

– Бице, дун щибго лъаларей ва бичӏчӏуларей гӏадан гуро.

– Дагъистан лъалищ дуда?

– Узухъда, лъала! Кин дида Дагъис-тан лъалареб, гьениблъидал дир рокьи бугеб.

– Балъголъи батичӏони, щив гьев кколев?

– Гьев вуго Расул Хӏамзатов.

Залалъго релъи-хъуялда хъат чӏвана. Гьездаса лъикӏ Расулги велъанхъана. Хадуй гьей гӏаданалъ жиндирго удостоверение бихьизабуна. Гьей йигоан Николаев шагьаралъул горисполкомалъул секретарь.

Гьел киналго лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъги бицун, нахъеги Расулие рецц-бакъги гьабун, дирго кӏалъай дица лъугӏизабуна: «Расул лъикӏав вуго, лъидасаго тӏокӏавги вуго, амма Расулил «Дингир-Дангарчоялдаса», дие Цӏадаса Хӏамзатил «Гӏумруялъул дарсал» рокьулаха», — ян.

Гӏодов чӏараб трибунаялдаса тӏадеги вахъун, жиндирго каранзулъ зарги кьабун, Расулица абуна:

– Мухӏамад, дунги Хӏамзатил тӏанчӏазул чи ккола, — ян.

Залго кодобе босараб релъи-хъуй, хъат кьаби гьабуна гӏодор чӏаразги. Гьанивги гӏажаиблъизавуна дунги гӏахьаллъаралги Расулил хехаб, бегӏераб, гӏужилаб жавабалъ.

Мухӏамад Мусаев

2006