Кагътил гурелги, пахьул ва гӏарцул гъуршалги риччалел рукӏана имараталъул «гӏарцул азбаралда»
1919 соналъул байбихьуда генерал Александр Деникинил нухмалъиялда гъоркь букӏараб Добровольцазул армиялъ Северияб Кавказалда гьарурал гьужумазул хӏасилалда тӏагӏинабуна Мугӏрузулаб Респуб-ликаги цогидал миллиял пачали-хъалги ва «Цогояб ва цоцадаса бикьи гьечӏеб Россия» абураб ахӏиялда гъоркь чӏезабуна жиндирго хӏукумат. Гьелъие жаваб хӏисабалда къватӏисан рачӏаразул нухмалъиялде данде къеркьезе рахъана бакӏалъул халкъал.
Кавказалъул имарат гӏуцӏи
1919 соналъул байбихьуда Кавказалде рачӏарал деникинилазде данде къуркьи гьечӏеб рагъ гьабизе бугин лъазабурав Салтӏаса Узун-Хӏажил
къадру жеги цӏикӏкӏана дагъистанияздаги чачаназдаги гьоркьоб. Шайихас байбихьана Северияб Кавказалъул тӏолалго бусурбаби цолъизарулеб пачалихъ гӏуцӏиялъе нухал ралагьизе. Гьеб цӏияб пачалихъалъе, имараталъе бетӏерлъи гьабуна амир Узун-Хӏажи Хайир-Ханица. Гӏуцӏана батӏи-батӏиял министерстваби гъорлъ ругеб хӏукуматги. Премьер-министрлъунги, къватӏисел ишазулгун ралъдал, вакъпуялъулгун диниял, мулкалъулгун халкъияб лъайкьеялъул министерствабазул министрлъунги тӏамун вукӏана чачанав Дишниса Иналук; ханасул администрациялъул министрлъун (министр двора) – генерал-майор Каим-Хӏажи, кванил нигӏматазулги, дармилги ва промышленносталъулги министрлъун – Мухӏамад Хамхиев; ракьулги пачалихъияб мулкалъулги министрлъун – Билал Шамилов; рагъулав министрлъун – генерал-майор М. Истамулов; бухьеналъул, нухазулгун почалъул ва телеграфалъул министрлъун – Куси Байгириев; жанисел ишазул министрлъун – генерал-майор Хабала Бесланеев; финансазул министрлъун – Гӏабдула Гӏазим Гӏабдулаев.
Веденоялда «Гӏарцул азбар»
1918 соналъул ахиралдаго Узун Хӏажида ракӏалда букӏана Терская Республикаялда билълъанхъараб гӏарац хисизе. Амма, гьеб гӏарцул бакӏалда цӏияб биччазе ресги санагӏатги букӏинчӏого, гьес лъазабун букӏана, жиндие мутӏигӏал бакӏазда хӏалтӏизабизе бегьулин, жиндир «канцеляриялъул» мугьру тӏад чӏвараб Терская Республикаялъул гӏарац. Хадубккун гьес гьабуна жиндирго мугьру: тӏад бахъун букӏана бащдаб моцӏрол суратги лъабго хъахӏаб цӏваги. Гьеб мугьру тӏад чӏвалеб букӏана Терская Республикаялъул 10, 50 ва 100 гъуршазда тӏад.
Имарат гӏуцӏараб мехалда, Узун Хӏажица хӏукму гьабуна цӏияб гӏарац биччазе. Имараталъул тахшагьар Веденоялда рагьана «гӏарцул азбар», гьенир кьабулел рукӏана кагътил гъуршал ва гьезда абулаан «кредиталъул билеталин». Гьел белтазул кӏудияб кӏвар буго тарихияб, финансазулаб ва художествияб рахъаз. Масала, 500 гъуршидаги 25 гъуршил цо тайпаялдаги тӏад бахъун буго ралъдахъан къватӏибе бахъунеб бакъул сурат. Гьеб букӏун батила имараталъул цебетӏеялде хьулалъул игӏланлъун. Хутӏарал билетазда тӏад бахъун буго Узун Хӏажил герб тӏад бугеб амирасул байрахъ.
Киналго белтазда тӏад хъван буго гӏарац къватӏибе биччараб сон – 1919 ва гьижрияб къагӏидаялдаги – 1338. Гьезда тӏад хъван буго, гъуршида цадахъго, гӏараб къагӏидаялъ туманин абунги (цо тумен бащалъула 10 гъуршида). 500 гъуршил гьумералда буго цӏадирабазулги, тункӏилги, байрахъалъулги, тажалъулги композиция. Гьелда тӏасан гӏарабалъ хъван буго «Кавказалъул севералда ругел бусурбабазул амир Хӏажи Узун Хайир» абун. Гьелдаги гъоркь хъван буго «Финансазул управляющий Гӏабдал Гӏазим Гӏабдаллагь» абун. Гьелъул нахъисеб рахъалда буго гьадинаб хъвай-хъвагӏай: «Гьадинал гӏаламатал басмаялда кьабизе гьукъун руго, хӏукуматалъул бетӏерасул изну гьечӏого. Хӏалтӏизабула Веденоялда басмаялда рахъулел цогидал гӏарцул гӏаламатазда цадахъ. Гьесул къуват цӏикӏкӏаги», — ян.
Цогидал купюраздаги руго гьелдаго релълъарал хъвай-хъвагӏаял. Киналго гӏарцул гӏаламатазда гӏурусалъ хъван буго, балъго гӏарац басмаялда кьабиялъухъ законалда рекъонкколеб тамихӏ гьабулин абун. Руго, Россиялъул пачалихъияб казначействоялъул билетаздаго гӏадин, паранг мацӏалда гьарурал хъвай-хъвагӏаялги, амма гьезулъ руго гъалатӏал риччан. Масала, 500 гъуршил (50 туман) купюраялда “roubles” абураб хъвай-хъвагӏаялъул бакӏалда хъван буго “rubles” абун. Кагътил гӏарац биччазе хӏажатал полиграфиялъул сурсатал гьечӏолъиялда бан, Узун Хӏажил гӏарцул купюраби кьабун руго литографиялъул ганчӏида чӏинтӏараб басмаялдалъун. Полиграфиялъул рахъалъ щвалде щваралги гьечӏо гьел: релъеналъул кьерал данде кколаро, цогоял купюразда тӏад рахъарал тарихалъул ва хӏарпалъул роценал батӏи-батӏиял руго, цебе ккараб хӏалалда хъван руго гӏарцул сериялъул номералги.
Купюрабиги монеталги
500 гъуршил цо дагьабго къадар кьабун буго лъел ишараби ругеб хасаб кагътида. Гӏемерисеб гӏарацин абуни, бищун хашаб кагътил гьабураб букӏунаан, ратула цӏалдохъанасул мухъал ругеб тетрадалъул тӏанчазул гьарурал купюрабиги.
Кагътил гурелги, пахьул ва гӏарцул гъуршалги риччалел рукӏана имараталъул «гӏарцул азбаралда». Гьел рукӏана 2,5 тумен, щуго тумен ва 10 тумен. Гьелги гьарулаан гӏурус монеталда тӏад имараталъул гӏарцул багьа хъварал. Гӏемерисеб мехалда тӏад хъвараб тарихалда гъоркьан якъинго бихьулаан цебеккун букӏараб хъвай-хъвагӏайги.
Имараталъул гӏарац гӏемер биччачӏо ва гьеб хӏалтӏана лъагӏелгӏан заманалъ Чачаналъулги Дагъистаналъулги мугӏрузулаб рахъалда. Кин бугониги, гьеб буго махщелчагӏазе кӏвар бугеб иш.
Хӏажимурад Доногъо