Рацӏцӏалъи цӏунизе бокьани, нилъедаго хадуб балагьизе ккола

Тахшагьаралъул «унтилъун» лъугьараб рищни-къулалдаса къватӏал рацӏцӏалъулел гьечӏолъи бихьулеб буго шагьаралъул цояб рагӏалдаса цогидалде щвезегӏан дандчӏвалеб чороклъиялъ. Къватӏазда гуребги, шагьаралъул КОРалда (канал) жанибгицин бихьула рищни-къул.

КОРалъул рагӏаллъабазда ран ругел минабазул канализациялъул рогӏрал кьвагьун къватӏибе кӏанцӏараб чорокаб лъимгицин букӏуна мех-мехалда гьенибе чвахулеб.

Нилъеца гӏумру гьабун бугеб шагьар чороклъиялъул гӏайиб лъидаха бугеб: рищни жанибе балел къалал битӏун лъезе лъалареб компаниялдайищ яги жидедаго хадуб рацӏцӏалъи гьабизе кӏвахӏалал гӏадамаздайищ?

СанПиналъул хӏукмуялда рекъон

Нилъер улкаялда рацӏцӏалъи цӏуниялъе рихьизарурал низамазда рекъон (СанПин) кинаб къагӏидаялда къватӏазда рацӏцӏалъи цӏунизе кколебали ва кинал шартӏал гьелъие рукӏине кколелали киназдаго лъалеб гьечӏо. Нилъеда закон цӏунизе лъангутӏиялъ хӏетӏе чӏанщиналъубги чороклъи дандчӏвалеб буго. Халгьабилин СанПиналда рекъон шагьаралда рацӏцӏалъи кин цӏунизе кколебали ва кинал шартӏал шагьаралъул нухмалъиялъ гьелъие чӏезаризе кколелали.

Рацӏцӏалъи цӏуниялъул низамазда рекъон, гӏадамаз гӏумру гьабун ругел минабаздаса, лъималазул яги спорталъул майданаздаса 20 метралъ рикӏкӏад рукӏине ккола рищни балел къалал, амма 100 метралдаса рикӏкӏад лъезе бегьуларо. Гьеб низамин абуни шагьаралъул гӏемерисел бакӏазда цӏунун гьечӏин абизе бегьула. Цо-цо минабаздаги рищни-къулалъул къалаздаги гьоркьоб машина хьвадулеб нух гуреб гьоркьоб манзилго батуларо. Нагагь кколеб манзилги цӏунун лъун ратаницин, кьабун цӏурал рощнол къалазда аскӏоре къазецин кӏолеб хӏал букӏунаро, сверухъе бараб чороклъиялъул кутакалъ. Гӏемерисеб мехалда гӏемертӏалаял минабахъ гӏумру гьабун ругел гӏадамазда гьоркьоб дагӏба ккола рищнидул къалал кир лъундай лъикӏилан абураб суалалда бан. Нагагь рищни жанибе балел къалал минабазда цӏакъго гӏагардегӏан лъун ратани, коммуналиял хъулухъазде гӏарз бахъизе бегьула. Гьез кӏвар гьабулеб гьечӏони, Роспотребнадзоралде гӏарз гьабила.

Гьединго, СанПиналда рекъон, щугоялдаса цӏикӏкӏун къали цого бакӏалда лъезе бегьуларо. Махӏачхъалаялъул цо-цо къватӏаздайин абуни микь-микь къалицин букӏуна лъун. Гьури бахъараб заманалда, тӏадагьабщинаб рищни минабазда сверухъе бакӏарула, гъутӏбиги кьер-кьерал къучӏбуз «къачӏала». Цо-цо бакӏазда рищни балел къалалцин рукӏунаро.

СанПиналда рекъон, рищни бакӏаризецин чӏезабураб заман буго — радал анкьгоялдаса къаси сагӏат 11 тӏубазегӏан. Щайгурелъул гьеб босизе бачӏараб машинаялъул хъуялъ гӏадамазе кьижизе квалквал гьабизе бегьулелъул. Махӏачхъалаялдайин абуни гӏемертӏалаял минабазда гӏумру гьабун ругел радал щуго тӏубалелдего рорчӏизарула рищни-къул машинабазде балезул хъуялъ. Рощнол къалал щай хехго холел ругел абураб суалалалъе жавабги нилъее щвезе бегьула радалго машинаялде рищни балезул «жигар» бихьани.

Ахираб чанго соналда жаниб республикаялъул ва тахшагьаралъул нухмалъулел хисаниги, къватӏал рацӏцӏадго чӏезарун бажарулеб гьечӏо. Аслиял гурел къватӏаздаса рищни-къул анкьицаги бакӏаруларебги заман букӏуна. Щибаб къойил рищни бакӏарулел аслиял къватӏаздайин абуни, рощнол къалал къасиялде цӏун ратула анкьица бакӏаричӏеб гӏадин. Гьелъие гӏилла — шагьар кӏодолъулеб букӏин.

СанПиналда рекъон, рощнол къалазда сверухъ метр яги метргун бащдаб бугеб къед базе ккола, сверухъ чӏезе ккола гӏурччинлъи. Амма гьединаб сурат къанагӏат гурони бихьуларо тахшагьаралда.

Гьоркьоб букӏине кколеб манзил

Майданазда ва къватӏазда, хӏухьбахъиялъул ахазда, вокзалазда, аэропортазда, базаразда, транспорт чӏезабулел бакӏазда лъун рукӏине ккола кьищни балел гӏисинал къалал. Масала, 800 квадратияб метр гӏатӏилъи бугеб хӏухьбахъиялъул ах яги цогидаб бакӏ хӏисабалде босани, гӏисинал къалал лъун рукӏине ккола щибалда гьоркьоб 40 метрги тун, гьелдаса цӏикӏкӏун манзилалъ рикӏкӏад ратани, гӏарз бахъизе бегьула Роспотребнадзоралде. Транспорт чӏолеб бакӏалдаги чара гьечӏого лъун букӏине ккола рищни балеб гьитӏинаб къали. Цо-цо мехалда шагьаралдасан унаго нухлул рагӏалдасан гӏебеде, тукабазда цере лъун рихьула чӏорогоял ящикал. Рацӏцӏалъи цӏунизе бокьарал тукадул бетӏергьабаз маххул гӏисинал къалазул бакӏалда рищни жанибе базе лъола гьел.

Цо-цо къватӏазда, гӏисиназул бакӏазда, лъун руго чӏахӏиял къалал. Риидал гьадингоги квешаб махӏ бахъарал рощнол къалазда аскӏор чӏезе кколел руго гӏадамал автобус яги цогидаб жамгӏияб транспорт бачӏинегӏан. Гьелде тӏадеги, гьениб аскӏосанго чвахулеб букӏине рес буго канализацияги къватӏибе кӏанцӏараб махӏцараб лъимги. Гьединаб сурат бихьизе бегьула Махӏачхъалаялда, масала, Хӏажиевасул къотӏносан унаго.

Гӏисинал къалал лъезе ккола гӏурччинлъи бугел бакӏаздаса 3-5 метралъ рикӏкӏад. Гьеб низамги нилъер гьаниб цӏунун гьечӏо. Гӏурччинлъи бугел бакӏазда аскӏор цун лъун рукӏуна гьел.

Гьединго, СанПиналда рекъон базаразда рацӏцӏалъи цӏуниялъеги гьенир рищни бакӏарулел гӏисинал ва чӏахӏиял къалал рукӏине ккола. Больницабазда сверухъин абуни гӏисинал маххул къалал рукӏине ккола щибаб анцӏ-анцӏ метралдасан.

Цогидал улкабазда бугеб хӏал

Сингапур

Дунялалдаго рищни-къул батӏа гьабун къачӏалел заводал соналдаса соналде цӏикӏкӏунел руго. Цо-цо улкабаздайин абуни гӏодобе рехараб рищни-къулалъухъ гӏакӏа къотӏула. Масала, рищни-къул нухде рехаралъухъ дунялалда тӏад бищунго цӏикӏкӏун гӏакӏа къотӏулеб бакӏ ккола Сингапур. Гьеб ккола дунялалдаго бищунго бацӏцӏадаб улкаги. Гӏадамаз закон хвезабиларедухъ сундаго хадур халкколел видеокамераби гӏемер руго къватӏазда. Лъачӏогоцин гӏодобе рехараб кагътихъ Сингапуралда, нилъер гӏарцуде буссинабуни, 24000-48000 гъуруш гӏакӏа къотӏула. Гӏодобе реххараб батӏи-батӏияб рищниялъухъги батӏи-батӏияб гӏакӏа буго. Бищунго гӏаламатаблъун ккола сакъис чӏамиялъухъ гӏакӏа — гӏодобе рехизеяли щайгурин, гьеб я чӏамизе, я цӏунизе бегьуларо. Нагагь гӏодобе рищни-къул баялъул гӏадлу чанго нухалда хвезабулеб бугони, гӏакӏа кьун тӏубаларо, рес буго туснахъалъур тӏамизеги.

Япония

Гьединалго тамихӏал гьарула Япониялдаги. Рищни-къул жаниб букъизе ракь гьечӏелъул, Япониялда цебегоялдаса нахъе гьеб батӏа гьабун бакӏарулеб гӏадат буго. Япониялда гӏумру гьабун вугев щивав чиясда тӏадаб буго къватӏибе рехилалде цин рищни-къул батӏа гьабизе. Щибаб минаялъуб лъун рукӏуна рищни балел къалал: цоялъубе пластик, цогидалъубе кагъат, лъабабилелъубе кванил хутӏелал ва гь.ц. Пластикалъул шушби гӏисин гьарун ххенон, хадуб гьелъулго цӏиял шушби гьарула, хӏатта цо-цо ретӏел гьабизецин хӏалтӏизабулеб буго гьеб. Бухӏизе кколеб рищниялдасаги гьез пайда босула. Рищни бухӏун щвараб энергиялдаса ток гьабула, бухӏун хутӏараб рахъу, ралъдал рагӏалдеги бан, цӏияб «чӏинкӏиллъи» лъугьинабула. Ралъдал рагӏалде бараб рахъуялде тӏаде цӏияб ракьги бан гьениб гъветӏ-хер чӏола.

Нагагь рищни-къул бакӏариялъул гӏадлу-низам хвезабулев чи ккани, чороклъи нухде барав чиясде гӏакӏа къотӏула, нилъер гӏарцудалъун хӏисаб гьабуни, 5 миллион гъуршиде щвезегӏан, рес буго щуго соналъ туснахъалъув тӏамизеги.

Рищни-къулалъул зарал

Нилъеца хӏалтӏизабун хадуб нахъе рехараб рищни-къулалъ зарал гьабизе рес буго лъималазул лъималазе гуребги, хадуб бачӏунеб чанго гӏелалъецин. Анцӏ-анцӏ соназцин турулареб, турулебгӏан заманалъ заралиял жалги гьаваялде кьолел батӏи-батӏиял хутӏелаз зарал гьабулеб бугин тӏабигӏаталъеги гӏадамазегиян ахӏи балеб буго экологазги.

Масала, боцӏул рак турула 10-15 къоялда жаниб, кванил хутӏелал – 30 къоялда жанир, газеталъул кагъат туризе хӏажалъула 1-4 моцӏ, гъутӏбузул тӏамхал, гӏаркьалаби – 3-4 моцӏ, офисалда хӏалтӏизабулеб кагъат – 2 сон.

Консервабазул маххул банкаби туризе хӏажалъула – 10 сон, хьитал -10 сон, кирпич яги хъил – 100 сон, машинабазул аккумуляторал – 100 сон, фольга – 100 сон, электрикиял батарейкаби – 110 сон, резиналъул гьакал – 120-140 сон, пластикалъул шушби – 180-200 сон, тутиядул банкаби – 500 сон, цӏер – 1000 сон, лъималазул подгузникал – 250-500 сон.

Бачӏунеб гӏелалъул сахлъи ва тӏабигӏат цӏуниялъул мурадалда цо-цо къватӏисел улкабазда гӏуцӏун руго рищни-къул батӏа гьабун, гьелъул цогидаб къайи гьабулел заводал. Гьединал заводал, дагьго ругониги, ран руго Россиялдаги.

Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА