Ракӏалдещола кӏудияв шагӏир
Гӏемераб заман инчӏо, гӏага-шагарго анцӏила щуго сон бана нилъедаса Расул ватӏалъаралдаса
Дагъистаниязул, россиялъулазул, тӏолабго дунялалъул гӏадамазул рекӏелъ кӏочонареб лъалкӏ тарав шагӏир, жибго къисматалъ хъван букӏун буго гьесие дунялалъул маданияталъул тарихалде, инсанияталъул художествияб культураялде жаниве ине.
Жиндирго халатаб, гвангъараб ва хӏалуцараб гӏумруялъулъ Расул дандчӏвана, гьес гара-чӏвариял гьаруна, гьесул гьудуллъи ккана, хъвадарана нилъерги къватӏиселги улкабазул гӏемерал пачалихъиял, политикиял, культуриял ва адабиял хӏаракатчагӏигун, жамгӏиял гӏуцӏабазул ва миллиял гьунаралъулал къокъабазул вакилзабигун, батӏи-батӏиял ригьалъул ва гӏелалъул, махщелазул ва социалияб хӏалалъул, расабазул ва халкъазул вакилзабигун.
Къисматалъ гӏемерав чиясе сайгъат гьабуна талихӏ кӏудияв шагӏирасул заманалда гӏумру гьабизе, гьесул гучаб ва хвел гьечӏеб гьунаргун лъай-хъвай гьабизе, гьебгун бухьеналда вукӏине. Нилъеца цӏалулел рукӏана гьесул такрарлъи гьечӏел шигӏриял асарал, гӏинтӏамулел рукӏана гьесул гвангъарал, хӏайран гьарулел церерахъиназухъ батӏи-батӏиял, гӏадатиял гурел бакӏазда: нилъер тахшагьаралдаги къватӏисел улкабазул тахшагьараздаги, бертадул столалда нахъаги, зигара балеб митингалдаги, хъвадарухъабазул съездаздаги, гьудулзабазул горсвериялдаги. Нилъерго гӏагарал ва цересел гӏадамазул бергьенлъабаздаса рохулел гӏадин, нилъ гьесдаса чӏухӏулаан, нилъ хӏайранал рукӏана гьесул гучаб пагьмуялдаса, дунялалъулабго реццги адаб-хӏурматги щвезабураб шигӏруялдаса.
Гьанже, нилъгун Расул гьечӏеб мехалъ, бачӏана заман гьесул гӏумруялдаги гьунаралдаги, ватӏанияб тарихалъулъги, Дагъистаналъул гӏемерал наслабазул, халкъазул къисматазулъги, миллияб ва дунялалъулаб художествияб культураялъулъги гьес кколеб бакӏалда тӏад гъваридго ургъизе, гьелъул хӏисаб гьабизе, гьелъие къимат кьезе.
Кӏвар бугеб бакӏ гьениб ккола ва кумек гьабула шагӏирасул заманалъул гӏадамазул ракӏалдещвеяз. Гьенир ругел хасал, амма кӏвар бугел баяназги, хӏужабазги, далилазги бечед гьабула Хӏамзатил Расулил гӏумруялъулги гьесул адабияб хӏаракаталъулги хӏакъалъулъ лъалеб материал.
Жеги шагӏир гӏумруялда вукӏаго, гьесул заманалъул гӏадамаз хъвалел ва басмаялда рахъулел рукӏана гьесул хӏакъалъулъ жидерго ракӏалдещвеял. Аслияб куцалда гьел рукӏана гӏелмиял ва юбилеял мажмугӏазда, тӏахьазда рахъарал макъалаби. Гьединаллъун ккола, масала: «Хӏамзатил Расулил хӏакъалъулъ рагӏи», «Хӏамзатил Расул – шагӏир ва ватӏанчи», «Хӏамзатил Расулил устарлъи», «Хӏамзатил Расул ва гьанже заманалъул адабияб процесс», «Хӏамзатил Расул дунялалъул художествияб культураялъул системаялда», «Росдал ва дунялалъул шагӏир» абурал асарал. Гьанжезаманалъул дунялалъулъ ва миллияб художествияб культураялъулъ шагӏирас кколеб бакӏалъул хӏакъалъулъ коллективиял пикрабазул хасият бугел гьел асаразулъ буго Расулил хӏакъалъулъ автораз жидерго ракӏалдещвеял загьир гьарурал материалал.
Батӏияб тайпалъун ккола Хӏамзатил Расулил гӏумруялъеги адабияб хӏаракатчилъиялъеги сайгъат гьарурал улкаялъул литературоведазул монографиял тӏахьалги гӏелмиялгун цӏех-рехалъулал хӏалтӏабиги. Гьезулъ руго шагӏирасе сайгъат гьарурал авторасулал пикрабиги, къиматалги, хӏужабиги. Тӏоцебесеб иргаялда, гьел ккола гьадинал тӏахьал: В.Ф. Огнев «Поэзиялде жанибе сапар», «Хӏамзатил Расул», Л.Б. Антопольский «Поэзиялъул гъанситохъ», К.Д. Султанов «Хӏамзатил Расул. Хъвадарухъанлъиялъул очерк», С.М. Хӏайбуллаев «Хӏамзатил Расул: гӏумру ва хъвадарухъанлъи», К.И. Абуков «Хӏамзатил Расул: философияб лирикаялъул хаслъи», Ч.С. Юсупова «Хӏамзатил Расул кьватӏараб дунялалда».
Ракӏалде ккезе бегьула гьел, гӏицӏго гӏелмиял, гӏелмиялгун популяриял хӏалтӏабазулъ букӏине кколарилан шагӏирасул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеязе бакӏилан. Амма гьеб гьедин гьечӏо. Бицен гьабулел хӏалтӏабазул авторал, щивав батӏа-батӏа, рукӏана Расулие гӏагарал, хириял гӏадамал, гьел гӏемер дандчӏвалаан гьевгун. Бичӏчӏулеб жо буго, машгьурав рагӏул устарасул гӏумруялъеги гьунаралъеги бугеб гьединаб гьоркьоблъиялъ асар гьабичӏого толареблъи гьезул «ракъварал» гӏелмиял цӏех-рехазеги литературоведениял хӏалтӏабазеги.
Хӏамзатил Расулие сайгъат гьарурал гьесул заманалъул чагӏазул ракӏалдещвеязе къимат кьолаго, интересаблъун бихьулеб буго адабияб жанр хӏисабалда гьезул хӏакъалъулъ живго шагӏирасул пикру. Гӏумруялъул ахирал соназда кьурал жиндирго интервьюязул цоялда, гьесул пикру гьечӏодай къисматалъ гьев дандчӏвазавурал гӏемерал гьунар бугел, машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеял хъвазеян абураб суалалъе Расулица кьуна гьадинаб жаваб: «Дида ракӏалдещоларо, щайгурелъул кӏочон толаро. Гьезул хӏакъалъулъин абуни бицине дир планалда гьечӏо: дица мемуарал хъваларо. Машгьурав турк хъвадарухъан, дир гьудул Гӏазиз Несиница абуна, гьесда мемуарал хъвайилан гьарараб мехалда: «Дица мемуарал хъвазе руго нижер президент гӏадин гӏадлъараб мехалда», – ян. Дица тӏаде жубалаан: «Ва нижер депутатал гӏадин пахрулъараб мехалда», – ян.
Батӏи-батӏияб заманалда шагӏирасул хӏакъалъулъ жидерго ракӏалдещвеял тана батӏи-батӏиял наслабазул, улкабазул, халкъазул, махщелазул, жамгӏияб даражаялъул ва социалияб хӏалалъул вакилзабаз, жидер къисматалъулъ Хӏамзатил Расулица кӏочонареб лъалкӏ тарал. Амма гьенив гьев цевечӏола гӏумруялъулъ вукӏарав гӏадинав: жиндир улкаялъул ритӏухъав ватӏанчи ва патриот, кӏудияв миллияв шагӏир, машгьурав жамгӏиявгун политикияв хӏаракатчи, ракӏбацӏцӏадав гьудул ва гьалмагъ, жиндир халкъалъул мустахӏикъав вакил.
Гьале, масала, кин ракӏалдещолев вугев Хӏамзатил Расул улкаялъул Президент Владимир Путинида: «Дир лъай-хъвай букӏана живго Расул Хӏамзатовгун. Тасдикъ гьабизе кӏола гьев вукӏанин цӏакъав чи, жиндаса Дагъистаналда гуребги, Россиялъул киналго халкъазги мисал босизе мустахӏикъав. Гьединлъидал кӏалъай гьечӏого, гьесие памятник лъезе ккола Москваялда. Гьев вукӏана жинда унго-унгоги россиялъулавилан, Россиялъул кӏудияв ватӏанчийилан абизе бегьулев инсан…».
Гӏадамасул хӏакъалъулъ бищунго хинал, бищунго рекӏелал ракӏалдещвеял тола, тӏоцебесеб иргаялда, гьесул гӏагарал чагӏаз, хъизамалъул вакилзабаз, рос-лъадиялъ, лъималаз. Шагӏирасул гӏумруялъул ритӏухъав, тӏей гьечӏев гьалмагълъун, гьудуллъун, пикруцоявлъун, лъадилъун ва лъималазул эбеллъун йикӏана Патӏимат — гьесул рокьи, гьесул хиялай. Расулица цӏакъ къимат гьабулаан гьелъул, гьей кутакалда хирияй йикӏана гьесие. Гьединабго гьоркьоблъи букӏана Патӏиматилги гьесдехун. Хвелалда цее «Молодежь Дагестана» газеталъе кьураб интервьюялда гьелъ росасдехун бугеб жиндирго гьоркьоблъи баян гьабуна гьадинал рагӏабаздалъун: «Тӏубараб гӏумруялъ дун гьесухъ ялагьулей йикӏана росасухъ киниги гурейги, дица жигар бахъулеб букӏана гьесие кумек гьабизе, гьесул пагьму гӏумруялде бахъинабизе, киданиги тӏалаб гьабичӏо гьесдаса рукӏа-рахъиналъул суалал тӏураялъулъ гӏахьаллъи гьабизе — гурони гӏемераб жо хутӏизе бегьулаан тӏубачӏого. Жакъа дица Аллагьасда гьарулеб буго гьесие сахлъи, сахлъи ва сахлъи кьейилан. Тӏокӏаб дие щибниги хӏажат гьечӏо. Бокьун буго гьесда Дагъистаналъул, гьелъул халкъалъул къалъарал къоял рихьизе. Гьев гӏемер вукӏуна пашман, ургъаликь, гьес дида гьикъула: «Нилъеени лъикӏ буго, Патӏимат, кидадай лъикӏ букӏина киналго нилъер гӏадамазе?» — ян.
Жиндирго гьайбатал эбел-инсул хӏакъалъулъ гьезул яс Салихӏатица хъвалеб буго гьадин: «Эбел йикӏана цӏакъ унтун. Гьелъул букӏана онкология ва гьелъие хутӏун букӏана цӏакъ дагьаб заман гӏумру гьабизе. Эмен вукӏана чанго моцӏалъ гьелда аскӏов Москваялда. Ниж рачӏана больницаялде, ва гьелъ гьарана инсуда Махӏачхъалаялде айилан. Инсуца абуна жив хутӏилин, жинда кӏоларин гьей рехун тезе. Дир эбел йикӏана цӏакъ бахӏарчияй гӏадан ва, лъималазул гӏадин, кидаго тӏалаб гьабулаан инсул. Гьай ялагьана инсухъ ва абуна: «Расул, щиб дуда кӏолеб гьабизе? Кинаб кумек духъа бажарулеб гьабизе? Мун вукӏина Москваялда бугеб рокъов гӏодов чӏун, ва дуда къватӏиве вахъинецин кӏвезе гьечӏо гьава цӏазе», – ян.
Инсул бадиса чвахана магӏу. Дир эбел-инсул квартира букӏана Тверская къватӏалда анкьабилеб тӏалаялда, ва, хӏакъикъаталдаги, паркинсонил унтигун инсуе захӏмат букӏана Тверскаялда хьвадизе. Эбелалъ рагӏи кьуна, дару гьабиялъул курс лъугӏарабго, ячӏине.
Гьей, хӏакъикъаталдаги, ячӏана, амма нижеда лъалаан гьей сахлъуларейлъи. Гьей кидаго, рокъое юссуней йигилан, ячӏунаан гьадин берцинай, исбагьияй, йохарай. Гьанжесалайин абуни рокъое ячӏана рухӏ лъугӏарай, носилкабазда. Виххарав инсуца лъиданиги бицунароан жиндирго хӏалалъул хӏакъалъулъ, амма гьей хун хадув гьесда кӏолароан гьезул рокъов жанив кьижизе, гьев цогидаб рокъовехун ана, гӏицӏго лъагӏалидасан нахъвуссана жинда аскӏоб гьесул кабинет букӏараб рокъове».
Хӏамзатил Расулил хӏакъалъулъ ругел ракӏалдещвеял ккола гьесул коллективияб портретлъун, гьезулъ загьир гьарун руго гьесул хӏурмат гьабулел, гьев вокьулев, гьев кӏодо гьавулел, гьесулгун гьудуллъиялъул ва гьоркьоблъиялъул цӏакъ къимат гьабулел, къисматалъ гьевгун дандчӏвазе хъваялдаса талихӏал гӏадамазул бищунго ракӏбацӏцӏадал, хинал ва хӏеренал асарал.
Хасаб рокьи букӏана кӏудияв шагӏирасул жиндирго магӏарул халкъалдехун. Жеги 22 сон бачӏев чияс гьес 1945 соналда хъвана жиндирго машгьураб «Магӏарулал» абураб кечӏ:
Релъи-хъуй гьечӏого рохизе лъалел,
Магӏу чваххичӏого гӏодизе лъалел,
Гӏишкъул рекӏараб цӏа цӏунизе лъалел,
Магӏарулал ругел лъикӏал гӏадамал.
Бакӏал къваридалъур ракӏал гӏатӏидал,
Рукъ мискинлъаниги намус бечедал,
Тӏаде бачӏараб къо лъимлъун къулчӏулел,
Магӏарулал ругел лъикӏал гӏадамал.
Лъимадул гӏадинаб гӏадатияб ракӏ
Чарамлъун къвакӏула, къел гьабун хадуб;
Къваригӏаралъуб рухӏ «майилан» кьолел,
Магӏарулал ругел лъикӏал гӏадамал.
Рикӏкӏен дагьлъаниги гьунар гӏемерал,
Гӏурда тӏегь бижизе чорхол би тӏолел,
Божизе бегьила гьаб дир халкъалда, –
Магӏарулал ругел лъикӏал гӏадамал.
Гьеб щуго ункъмухъалда жаниб гӏолохъанав Расулица рагьана магӏарулазул хаслъиги, тӏабигӏияб гӏамалги, гӏумруялъул философияги. Гьениб гьес загьир гьабун буго жиндир кӏудияб, гӏурхъи гьечӏеб рокьи гӏагараб халкъалдехун, гӏураб ракьалдехун. Ва гьеб рокьуе гьев ритӏухъавлъун хутӏана тӏолабго гӏумруялъ.
Амма гьеб рокьи киданиги букӏинчӏо цорахъалъулаблъун. Нилъер халкъалъеги цӏакъ хирияв вукӏана кӏудияв шагӏир. Щивав магӏарулав талихӏавлъун вукӏунаан гьесул квер босизе щвеялдаса, гьесда аскӏов чӏун сурат бахъизе, гьесулгун гара-чӏвари гьабизе рес букӏиналдаса. Чанги гӏадатияв магӏарулас кочӏодалъунги, биценаздалъунги, ракӏалдещвеяздалъунги загьир гьабуна Расулидехун бугеб жиндирго рокьиги, гьесдаса чӏухӏиги, гьесдехун бугеб адаб-хӏурматги. Гьале, мисалалъе, Расулилгун тохлъукьего лъугьараб дандчӏваялъул хӏакъалъулъ Тӏукитӏаса Насухӏил Мухӏамадгъазил ракӏалдещвеялдаса гьитӏинабго эпизод. Гьениб цӏакъ гвангъун бихьизабун буго гьеб лъугьа-бахъиналъ гӏадатияв магӏаруласе гьабураб кӏудияб асаралъул сурат: «Гьеб букӏана 1966 соналъул кӏиабилеб январалъул къаси кватӏараб гӏуж. Ниж, ункъоял магӏарулал, батӏи-батӏиял бакӏаздаса къваригӏелаз Грозныялде щварал, данделъана маххул нухлул вокзалалъул рестораналда, Лъаратӏа районалдаса хъутаде вачӏарав колхозалъул председательги (цӏар ракӏалда гьечӏо), Грозныялда чӏарав Ансалтӏаса Хасбулатги, Дагъистаналъул Верховный Советалъул гӏаммаб отделалъул жавабияв Хан-Мухӏамад Камиловги, институталда цӏалулев Хасавюрт районалъул тӏукитӏасев дунги.
Цоцазулгун лъай-хъваялги гьарун, гьанже тӏаде щун бугеб цӏияб сонги баркун, сахлъиялъул нусго граммал рорхулаго, залалдаса нижеде тӏаде ячӏана Хасбулатил чӏужу. Кӏудияб чӏаголъиялда, чӏваркьизарун бералгун, рохалил ахӏи-хӏуралда гьелъ абуна: «Гьадаве, вокзалалъул залалде вачӏун вуго нилъер Хӏамзатил Расул», – илан. Расулил цӏар рагӏарабго дун, цогидав дидаса цеве ккеларедухъ, щибго аскӏор ругездаги абичӏого, векерана залалде. Нуцӏихъе щваравго, дир берречӏчӏана, мугӏрузул бис гӏадин, гӏадамазда гьоркьов вахъун чӏун вугев, нилъер миллаталъул баракат, Дагъистаналъул рохел, СССРалъул чӏухӏи, дунялалъул шагӏир Цӏада росулъа магӏарул гӏакъиласул вас, къоабилеб гӏасруялъул чӏел босарав шагӏир Расул Хӏамзатовасда.
Гьесул квер босизе щун бугеб шавкъалъул ресалъ намусги, гӏаданлъиги, адабги букӏарав дун, кӏудияб багьадурасул гӏадаб бахӏарчилъиги чорхолъ бачӏун, векерун аскӏове ун, саламги кьун, квер бегьана Расулихъе.
Зодисан рехарав гӏадин, ракӏалдаго гьечӏев чи цеве вахъун чӏун вихьарав кӏудияв шагӏирас, саламги буссинабун, дихъе кверги бегьулаго, абуна: «Вахӏ, гьал магӏарулал камураб бакӏго букӏунарогури», – ян».
Расул хварал пашманал къоязда Дагъистаналда къватӏире рачӏарал газетазул цоялда бахъун букӏана «Лъидаса гьанже чӏухӏилел?» абураб цӏаралда гъоркь макъала. Бахъинабизе кӏолареб камиялъул кьогӏлъи къулчӏарал гӏемерисез кьолеб букӏана доб мехалда гьеб суал жидеего. Гьединаб хьулкъотӏараб къагӏидаялда гьеб суал лъей букӏана тӏабигӏияб, бичӏчӏулеб жолъун. Бащдаб гӏасруялдаса цӏикӏкӏун заманалъ жиндир асараздалъунги адабияб гьунаралдалъунги гӏумру цӏезабун вукӏарав инсан дунялалдаса иналъ дагъистаниязулъ бижизабуна риххи, Дагъистаналда рещтӏинабуна гъваридаб чӏобоголъи.
Дол чӏегӏерал къоязда шагӏир Мухӏамад Гӏисаевас хъван рукӏана гьадинал рагӏаби, Расул камиялдалъун тӏолго халкъалъул рекӏел къварилъи жиделъ загьирлъарал:
Жакъа дир кечӏ хъвазе квер унеб гьечӏо,
Каранда багъулеб цо унти буго,
Гӏалам унеб буго, бачӏунеб буго,
Дун нухлул рагӏалда эхетун вуго.
Ихгицин бачӏуна цо чӏамучӏлъигун,
Чӏалгӏун буго рии, бухӏараб гьаб бакъ,
Бугеб цо берцинлъи хаслихълъиялъул,
Хасалиде унеб тӏабигӏаталъул.
Расул къаникьги лъун буго Дагъистан,
Беразда гӏунараб магӏу бацӏцӏунеб.
Рехун толев гьечӏо ракӏалдещвеяз,
Дица къисматалъул къимат гьабичӏин.
Гьанже мун кӏочена, цевеса индал,
Дур цӏар цӏаруего балагьаразда.
«Гӏумруялъул чашка» цадахъ борхидал,
Дица гьабилеб щиб, лъихъе дун инев?
Дир гӏунгутӏабазулъ тӏокӏлъи батарав,
Теларо дицани мун гьечӏин абун.
Жакъа дир кочӏоде квер унеб гьечӏо,
Ками бакӏаб буго, бичӏчӏила хадуб.
Амма ана дагьа-макъабго заман, анцӏила щугоялдаса цӏикӏкӏунгӏанал сонал, ва нилъ разилъана кӏудияб камиялда, нилъеда гьоркьов чӏагояв Расул гьечӏолъиялда. Гьеб мехалда жибго гӏумруялъ кьуна жаваб, гьеб философияб «Лъидаса гьанже чӏухӏилел?» абураб суалалъе — Расулидаса, гьесул хвел гьечӏеб ирсалдаса ва гьунаралдаса, гьесул кӏудияб шигӏрияб рагӏудаса чӏухӏараллъун рукӏине ккола нилъ. Инсанасул тӏабигӏияб хвел кколаро ракӏалдещвеялъул, гьесул хӏакъалъулъ пикрабазул, гьесул ирсалъул хвеллъун. «Гьунаралъул хвелгьечӏолъи — гьеб ккола унго-унгоял пагьмуял ва хӏакъикъаталдаги кӏудиял гӏадамазул къисматлъун», — илан абуна академик Хӏамзатил Хӏажияс. Гьел рагӏабазе, тӏад калам гьечӏого, мустахӏикъав вуго Расулги. Щайгурелъул нилъер кӏудияв ватӏанцояв чӏаго вукӏагоги вихьулаан жиндирго асаразулъ, ва хун хадувги гьесие хъван батана гьезулъги гӏемерал гӏадамазул ракӏазулъги, гьезулгун гӏумруцадахъазул ракӏалдещвеязулъги вукӏине.
Ахӏмад Муртазагӏалиев