Балъго ислам цӏунарал

Доб мехалда дун вукӏана гьитӏинав чи, дида бичӏчӏулароан нижер хъизамалда жаниб лъугьунеб букӏараб жо, амма зама-заманалда бихьулеб букӏана, щибаб нухалда дун школалдаса тӏадвуссараб мехалда, эмен рахӏатхун лъугьунев ва гьурмалъ хисулев вукӏараб куц. Кидаго, дица гьесие дарс бицунеб ва Инжилалдаса лъазабураб жо цӏалараб мехалда, испан мацӏалдасан щварал лъикӏал къиматал рихьизарулаго, гьев пашманлъун лъугьунаан ва нижее аскӏорегӏанцин къазе гьукъун букӏараб жиндирго рокъове жаниве унаан. Дида лъалароан щиб гьес гьениб гьабулеб букӏарабали, амма гӏемерал сагӏтаздаса хадув къватӏиве вачӏунаан багӏарлъарал бералгун, живго хутӏараб хӏалалда халатккун ва ракӏунтун гӏодулев вукӏарав гӏадин. Гьев гӏемер валагьулаан дихъ пашманго ва ургъун, ва цо жо абизе бокьарав гӏадин, амма, дун гьесда цеве кӏваркьун вахъунчӏун вукӏаралъухъ балагьичӏого, гьесдаса цо жо рагӏизе бокьун гьев кьурун вуссунаан ва нахъе унаан. Дир эбелги, дун школалде тӏовитӏулаго, гӏодулаан ва къочун, гӏемераб мехалда дун виччалароан, ва тӏубараб къоялъ дир кӏаркьада букӏунаан гьелъул магӏил бухӏиялъул асар.

Дун рокъове вуссараб мехалъин абуни, гьелъ дида дандчӏвай гьабулаан, дун цо чанго сагӏаталъ гурев, чанго соналъ рокъов вукӏинчӏев гӏадин. Гьел гӏемер кӏалъалаан цоцазда дие чияраб мацӏалда ва, дун аскӏовегӏан вачӏаравго, гаргар гьоркьоб къотӏизе толаан. Дида бичӏчӏуларого букӏана гьезул хьвада-чӏвади, гьелде тӏадеги гӏазабалда жанив вукӏана, ургъалида вукӏана дун гьезул вас ватиларин, гьезул гьоркьоблъи бичӏчӏулеб букӏинчӏо ва, кӏудияб рокъоб жаниб цо бокӏонги батун, къваридго гӏодулаан.

Гьеб киналъго жиндирго асар гьабуна, ва дун цогидал дирго кьерилал гӏадин васандулароан, велъанхъулароан, ургъел гьечӏого, аваданго дирго заман тӏобитӏулароан. Дун дунго гӏодов чӏолаан ва пикрабалъе восулаан, дирго масъалаб тӏуразе нухал ратизе хӏаракат гьабулаго, монахазул цояс къвал ккун, цӏан, как базе ахӏизегӏан.

Анцӏго сон дица бараб мехалда, нижер хъизамалда лъугьана рохалилаб лъугьа-бахъин, гьавуна дир гьитӏинав вац. Амма дида бихьичӏо дир инсул гьурмада рохел, гьев хӏатта гьимизецин гьимичӏо. Пашманго ана гьев килисаялде ва кашиш ахӏана лъимер хъанчизе (крестить). Гьурмада кӏудияб пашманлъиялъул ва къварилъиялъул лъалкӏгун нахъвуссун вачӏана гьев кашишгун цадахъ рокъове. Гьеб кинабго жоялъ ургъалилъе тӏамуна дун ва цӏикӏкӏинабуна дир унти.

Щвана Пасхаялъул сордо. Гранада букӏана канлъул ралъдалъ тӏерхьун, Ал-Гамбара букӏана киналго кьеразулъ кенчӏелеб. Гьелъул хъубабазда тӏад гвангъун рукӏана хъанчал. Гӏадамал релъанхъилел, аваданго рукӏана. Гьеб сордоялъ инсуца ахӏана дун жиндирго рокъове жаниве. Дир ракӏ хӏалуцине лъугьана щиб букӏаниги гӏажаибаб жо бихьиялъухъ балагьун, ва дун сородулев вукӏана щиб букӏаниги хӏинкъараб жо бихьилилан. Гьес дун рокъове жаниве вачана ва лахӏчӏегӏераб бецӏлъиялда жаниб чирахъ бакине байбихьана. Инсуца гьитӏинаб чирахъ бакараб мехалда, дун сверухъ валагьана ва бихьана халичаги, хъарщазда тӏахьалги, къадалда далараб хвалченги тун, рокъоб жаниб тӏокӏаб щибниги жо гьечӏеблъи. Гьес дун жиндаго аскӏов халичаялда тӏад гӏодов чӏезавуна ва халатбахъун дихъ валагьун вукӏана, кӏалъазе таваккал гӏоларого. Цинги босана кодобе дир квер ва сасараб гьаркьица абуна:

– Дир вас, дур гьанже буго анцӏго сон. Мун гьанже бихьинчилъун лъугьана, ва дие бокьун буго дуе цо балъголъи рагьизе, дица дудаса гӏемераб заманалъ бахчун букӏараб. Кӏвелищ дуда гьеб цӏунизе, хӏатта эбелалдасагицин? Дудаса борчӏараб цо рагӏуца дун вачине бегьула инквизициялъул махӏкамаялде гъоркье.

Дида «инквизиция» абураб рагӏи рагӏараб мехалда, ракӏ гъанцӏиялъ дун тӏуркӏизавуна. Расал хичун чӏана, щайгурелъул дие гьеб рагӏудаса хӏинкъи бугеб жо щибниги букӏинчӏелъул. Дида щибаб къойил бихьулеб букӏиндал инквизициялъ гӏадамазе рухӏизе хӏукму къотӏулеб букӏараб куц. Ва дун гӏенеккун чӏана.

— Дуе щиб, щай дуца жаваб кьолареб, дуда кӏвелищ цӏунизе дица дуда абизе бугеб жо?

— У, кӏвела, эмен!

— Дуца лъиданиги бицинаребищ гьеб, хӏатта эбелалдагицин?

— Гьечӏо, бицинаро.

— Гӏодов чӏа аскӏовегӏан, дун хӏинкъун вуго, къадазулги рукӏине бегьула гӏундул.

Гьес хъорщодаса босана цо тӏехь ва абуна.

— Дуда лъалищ гьеб щиб тӏехьали?

— Гьаб буго хирияб калам.

— Инжилищ?

— Гуро, гьеб буго Къуръан, Аллагьас жиндирго авараг Мухӏамадихъе битӏараб.

Виххун хутӏиялъ дида щибго жо абизе кӏвечӏо.

— Гьаб буго исламалъул тӏехь. Ислам жиб Мухӏамад-аварагасе киналго гӏадамазухъе босун бачӏараб. Гьев вижана гьаниса цӏакъ рикӏкӏад, ралъадазда нахъа, салул авлахъалда, цӏакъ жагьилал гӏадамазда гьоркьов. Ва бецӏлъиялдаса канлъуде, жагьиллъиялдаса гӏелмуялде, саяхълъиялдаса ахлакъалде рачана гьес гьел. Ва гьез гьеб канлъи тӏибитӏизабуна тӏолабго дунялалда, ва нилъер улка Андалусиялде щвана. Гӏуцӏана кӏудияб маданиятги ва идара гьабуна 800 соналъ. Дунялалда бищунго цебетӏураб улкалъун гьабуна гьаб улка. У, вас, нилъ ккола гӏарабал, бусурбаби.

— Щиб?!! Нилъ бусурбаби?!

— У! Гьеле гьеб буго доб, дица дуе рагьизе кколеб букӏараб балъголъи. У, нилъ руго бусурбаби. Нилъ руго гьаб улкаялъул бетӏергьаби. Нилъеца рана гьал гьундулги, гьабсагӏаталъ жидеда жаниб тушбабаз гӏумру гьабулел ругел. Нилъеца рорхана гьал минараби, жидедесан как ахӏулел рукӏарал, гьанжейин абуни кӏудиял цӏурмал кьабулел ругел. Нилъеца рана гьал мажгитал, жидеда жаниб чӏурканаб кьер гьабун цо имамасда хадув чӏун, цого заманалда 80000 чияс как балеб букӏарал. Гьанже гьел ккола килисаби ва монастырал. Гьаниб щибаб бакӏалда буго нилъер умумуз тараб лъалкӏ, щибаб ганчӏида гъоркь турулел руго дур кӏудадаязул рукьби. Нилъеца бачӏана гьаб культура, рана шагьарал, лъуна нухалги кьоялги, гӏезаруна гьал ахал.

Амма кӏикъого соналъ цебе, рагӏулищ дуда, кӏикъого соналъ цебе шагьаралъул ахирав бетӏер Мухӏамад Абу Гӏабдуллагьица Ал-Гамбра гьундузул кӏулал кьуна испаниязухъе ва, абадиялъ шагьарги рехун тун, Мароккоялде ана, гьенив ялгъузго хвезе гӏоло. Къиралай Изабеллаялъги къирал Фердинандицаги рагӏи кьун букӏана нилъер диналъул эркенлъиги ритӏухълъиги цӏунизе, ва гӏемерисел хутӏана гьанир. Амма бащдаб чӏинкӏиллъиялъул тӏубанго кверщел кодоб бугел бетӏергьабилъун рахъараб мехалда, гьез хвезабуна жидецаго кьураб рагӏи. Чанго соналдасан аслияб майданалда рухӏана киналго диниял ва гӏараб тӏахьал. Гьукъана исламалъул кинаб букӏаниги загьирлъи, гьукъана мацӏ ва лъималазда жидерго гӏадатал малъизе. Инквизициялъул мукъадасаб махӏкамаялъ дин батӏиявщинав чиясе чӏвазе къотӏула. Кӏикъого соналъ, дир вас, гьаб гӏазабалда жанир руго нилъ, Аллагьасул рахӏматалъухъ балагьун руго ва хьул къотӏун гьечӏо. Гьеле гьеб балъголъи буго дица дудаса бахчун бугеб. Дун хвалдаса хӏинкъуларо, амма дун хӏинкъун вуго хвезе, дуда нилъер мацӏ, нилъер дин малъичӏого. Гьанжейин абуни кьижизе а, ва кӏочон тоге дуца дие кьураб рагӏи.

Гьелдаса нахъе щибаб нухалда Ал-Гамбраги, минарабиги, рукъзалги, гьундулги рихьараб мехалда, дун пашманлъулаан, дир ракӏ гьаб шагьар бараздехун рокьуца цӏолаан, ва тушманлъи букӏана гьеб хвезабулел ругездехун. Дун тира-сверулаан къватӏазда ва гаргадулаан шагьаргун: «Ва, Ал-Гамбра! Ва, хирияб гьин. Кӏочон таралищ дуда мун барал, бидуцаги гӏетӏуцаги мун лъалъарал, дуца киналго хӏайран гьаризе гӏоло бугебщинаб жо къурбан гьабурал? Ракӏалда ругищ дуда дур ритӏухъал гӏамирал, дуе машгьурлъиги реццги босун рачӏарал? Ругьунлъанищ мун как ахӏиялдаса хадуб кӏудиял цӏурмазде, имамзабазда хадуб монахазде, канлъудаса хадуб бецӏлъиялде?!» – ян.

Дица лъазабулеб букӏана гӏараб мацӏ. Дица латин хӏарпаз хъвалаан, инсуцайин абуни аскӏор гӏараб хӏарпал хъвалаан. Гьес дун ругьун гьавулев вукӏана гьаркьал рахъизе ва хъвадаризе, как базе ва дугӏаби гьаризе, нижеца доб хасаб рокъоб тӏуралел рукӏарал къасиги къадги дир чорхолъа унеб букӏинчӏо хӏинкъи. Дида балъголъи цӏунун бажариларилан абураб. Инсуцайин абуни, дир хӏалбихьизе гӏоло, дихъе йитӏулаан эбел, ва гьелъ цӏехолаан сундуе дун инсуца ругьун гьавулев вугевали, амма дица кӏал рагьулароан ва сундасаги инкар гьабулаан ва абулаан гьес дида щибго малъулеб гьечӏилан.

Ана чанго сон. Дица лъазаруна гӏараб мацӏ ва диналъул аслаби. Инсуца дир лъай-хъвай гьабуна балъго исламалда хадур рилълъарал цогидал бусурбабигун. Дун ана Севилья, Кордова шагьаразде, ва кирго рукӏана балъгоял бусурбаби. Хӏатта Толедоялдацин, жеги 500 соналъ цебе испаниязул кодобе аралъухъ балагьичӏого, дида ратана балъго исламалда хадур рилълъарал гӏадамал.

Инквизициялъ кутаклъизабуна жиндирго хӏаракат. Киналго цӏияб насран дин босарал насраниязул божилъиялде халгьабулеб букӏана ва, щибниги щакаб жо батани, рухӏизе бегьулаан ялъуни цогидаб тамихӏ къотӏулаан гьезие. Цо нухалда 90 сон барай кӏодохъ (Изабелла Сюзан) батун буго Къуръан, ва жинда цӏализе лъаларилан гьелъ абуниги, рекӏинаюн хӏамидаги, шагьар сверизабун буго гьелда. Цо мориск (Испаниялда ва Португалиялда – официалияб къагӏидаялда насран къабул гьабурал Ал-Андалусиялъул бусурбаби ва гьезул наслаби – А.М.) гӏазаб кьун, хвезавун вуго гьесул «тӏокӏаб» ва щакаб рацӏцӏалъиялъе гӏоло.

Цо нухалда инсуца ахӏана дун ва абуна: «Дида бичӏчӏулеб буго гор дандекъалеб букӏин. Дун хӏинкъуларо ва бокьун буго Алжаналде ккезе. Дица гьабизе кӏолебщинаб жо гьабуна, малъана дуда ислам. Амма, щиб кканиги, дуца гьав чиясухъ гӏинтӏаме», – ян ва вихьизавуна жиндирго гьудул.

Ана чанго анкь. Цо сордоялъ инсул гьудулас ахӏана дун ва буюрана ретӏел ретӏине ва жинда хадув ине.

– Кире нилъ инел ругел?

– Инсуца дуда абунагури дихъ гӏенеккейилан, гьединлъидал щибго гьикъуге ва дида хадув вилълъа.

Шагьар тун къватӏирехун ниж рахъараб мехалда, гьев чӏана ва абуна: «Дур хъизамалъе инквизиторазул квераздасан Алжаналде ине хъван буго. Нилъин абуни инел руго Мароккоялде – бусурбабазул улкаялде. Бисмиллагь», – ан.

Буссинабуна Ахӏмад Муртазагӏалиевас.